Entry
Авар мацӀалъул история - ккола тарихалда жаниб ав…
Wikipedia: Авар мацӀалъул история
Авар мацӀалъул история - ккола тарихалда жаниб авар мацӀалъул цебетӀей ва гьеб мацӀ гӀуцӀиялъул процесс.
Тарихалъул периодизация.
Авар мацӀалъул тарихалда лъабго период бихьула:
Аваргин гӀандисезулал мацӀал рикь-рикьизе рагъарарал заман (V гӀасру).
X-XIV гӀаср. Бодул мацӀ гӀуцӀи. Гуржи алфавиталъул аслуялда Авар мацӀалъул хъвай-хъвагӀай бакки.
XIV-XV гӀ. ГӀараб мацӀалъул асар цӀцӀикӀкӀин. ГӀажам алфавит бакки.
XVI-XIX гӀаср. ГӀажамалъул аслуялда Авар мацӀаллда тьахьал раккараб заман. Авар мацӀалда адабияталъул байбихьи.
XIX-XX гӀаср. Кириллицаялда рахъин ва СССРалда авар мацӀалъул адабият цебетӀей.
Хъвай-хъвагӀай бакки.
МагӀарулазда гьоркьоб исламияб дин тӀибитӀизегӀан (XIII гӀасру), жедерго жиндаго чӀараб ханлъи букӀананиги, миллаталъул хасаб хъвай-хъвагӀай букӀинчӀеб гӀадин буго.
ГӀарабазул тарихчагӀазул (Ибн ал Асир, ал-МасгӀуди, ат-Табари) баяназда рекъон VII гӀасруялдаго Дагъистаналъул мугӀрузда батӀибатӀиял ханлъиял рукӀун руго, хӀатта меседил тах бугев ханги. Долго тарихчагӀазул ва ракь лъазабулел гӀалимзабазул хъвай-хъвагӀаязда рекъон меседил тах бугев ханасул чӀел гьанжесеб Аравиялъул бакъулъ бакӀ кколеб буго. БукӀине бегьулеб жо буго доб ханлъиялда гӀараб хъвай-хъвагӀай хӀалтӀизабилеб букӀин сверухъ ругел ракьазулгун гьоркьорлъаби щула гьаризелъунги. МагӀарулазда мадугьалихъ ругел лезги, табасаран, лак ва ц. миллатазул халкъаз VII абилеб гӀасруялдаго ислам босун букӀана ва Халифаталда гъорлъе унаан. Дозги гӀараб хъвай-хъвагӀай хӀалтӀизабулеб букӀун батила гьелго мурадазда.
МагӀарухъ гӀемер данчӀвала батӀи-батӀиял гӀанчӀал тӀад гӀараб хатӀги бугеб куфаялъул къагӀидаялъ хъвараб. Гьениб букӀанаро я накъишал я хъвараб къо-моцӀ. Руго гьел къанал Аваристаналъул бакьулъ - Хунзахъги. Лъалеб жо буго куфаялъулаб хъвай-хъвагӀай XIII-абилеб гӀасруялдаса нахъе хӀалтӀизего гьабулеб букӀинчӀеблъи. Гьединлъидал, дол тӀад гӀараб хатӀ бугел ганчӀал ва къанал жеги цебесеб заманалда рукӀарал кколел руго. Кинниги гьел хӀужабаз нилъее рес кьолеб гьечӀо гьеб хатӀалда дол соназда магӀарул рагӀаби хъван рукӀанин абизе, щай гурелъул доб хатӀ тӀолго гӀараб мацӀалда букӀун.
Цоги рахъалъ босани Кавказалъул бакътерхьул рахъалда магӀарулазул мадугьалихъ даимго рукӀана грузиялъул халкъ - жидеца насранияб динги босараб ва гьелъул хъвайхъвагӀайги хӀалтӀизабулеб. Гьел грузиялъул гиназаз замазаманалдаса хӀалал рихьулел рукӀана лекӀал, ай магӀарулал жидерго сиясатиалда гъоркье рачине ва гьаниб насранияб дин тӀибитӀизабизе, гьелъие гӀоло жидерго дагӀватчагиги ритӀулаан ЛекӀиялде. Цо-цо чагӀаз гуржиязул хӀарпалги хӀалтӀизарун магӀарул мацӀалда хъвазе хӀалбихьиял гьарун рукӀун ратизеги рес буго, амма гьелъие цониги хӀужа жеги батичӀо. МагӀарулазул ракьаздани дандчӀвала гуржи мацӀалда хъвай-хъвагӀайги тӀад ругел хъанчал. Дагьаб цебе батана гьединаб цо хъанч. Академик Чикобаваца цӀалараб гьеб хатӀалда дос абухъе магӀарул ва гуржи мацӀалда буго хъван. МагӀарул мацӀалда хъвараб бакӀалда хъанч бекун букӀун кӀиго рагӀи цӀализе кӀвана «цӀоб», ва «лъеги». Гьаниб «лъ» хӀарп хисун буго «гь» хӀарпалдалъун - гьебги анцухъезул диалекталда бугеб хӀалалъ. Академик Чикобаваца абухъе гьеб памятник кколеб буго XӀV абилеб гӀасруялъул. Гьесул пикру буго хъваялъул хаслъаби хӀисабалде росун гьабураб, амма дидани ккола гьесул хӀужаби гӀей гьечӀел ругилан. Доб памятник (хъанч) батараб бакӀ бихьизабун гьечӀо. МагӀаруллъиялда гьел хъанчал ракки букӀине рес гьечӀеб жо гуро, щай абуни гуржиялги лекӀалги кидаго политикияб ва экономикияб бухьеназда рукӀиндал. МагӀарухъ XӀX-абилеб гӀасруялъул ахиралде щвезегӀанги тӀубарал росаби рукӀиндал тархъан тарал лагъзадеридаса лъугьарал, гьелъ дозул умумуз гьел хъанчал гьарун рукӀине рес буго, ай гуржиялъа рачӀун гурел гьанир магӀарухъго. Гьединги нилъер гӀураб хӀужа гьечӀо гӀараб хатӀалдаса цебе магӀарулаз гуржи хӀарпазда тӀад магӀарул хъвай-хъвагӀай гӀуцӀун букӀанин абизе.
Нилъехъе щун буго, нахъе цӀунун хутӀараб магӀаруллъиялъул бергьараб памятник, - гӀараб мацӀалда ГӀандиса ГӀали Мирзаца хъвараб авар нуцал Ибрагьимил вас ГӀандуникӀил жиндирго ирсилав Булач-нуцалие гьабураб насихӀат-васият. Васият букӀин лъалеб букӀана жеги XIX-абилеб гӀасруялдаго, амма жибго гьеб батана 1941 абилеб соналъ Хунзахъ. Гьеб хӀакъикъаталдаги ГӀали Мирзаца хъвараб букӀин чӀезабизе кӀвана 1945 соналъ СалтӀа росулъ гьал мухъазул авторасда гьес (ГӀали Мирзаца) 1467 абилеб соналъ хъвараб «ШархӀул МухӀаррар» абураб тӀехь батидал. Гьеб кӀиябго хатӀги данде ккун чӀезабизе кӀвана цо чияс хъвараб букӀин. Гьедин нилъехъе щвана XV-абилеб гӀасруялъул хъвавул памятник жинда жаниб анцӀила анлъго магӀарул рагӀиги бугеб.
Фонетикияб рахъалъ гьел магӀарул рагӀаби магӀарулазе хасиятал гьаркьаздалъун рихьизарун гьечӀо, ай алифалда тӀаде журарал хӀарпалги лъун. Масала «кӀ» хӀарп бихьизабун буго гӀараб «каф» хӀарпалдалъун (ГӀандуникӀ - Андроник). «Ч» хӀарп бихьизабун буго персазул «ч» хӀарпалдалъун (Хучада, Булач), яги гӀараб «джим» хӀарпалдалъун (ГӀалигъилиджилал). «Г» хӀарп хъван буго гӀараб «каф» хӀарпалдалъун (джункут). «Лъ» хӀарпалъул бакӀалда хъван буго гӀараб «лам», (бакълулал, бакълал) яги «цӀ» хӀарпалъул бакӀалда хъван буго гӀараб «зал» (гьозал). «Ц» хӀарпалъул бакӀалда хъван буго гӀараб «сен» (нуцал - нусал). Хасаб кӀвар буссинабулеб буго кӀиго цӀарубакӀ цолъизабун лъугьараб рагӀиялъ: миясугьатӀан (Мия гьатӀан).
Заманалъул рахъалъ кӀиабилеб хъвавул памятниклъун рикӀкӀине ккола XVӀабилеб гӀасруялда Харахьиса ГӀумарил вас ТӀайгибил квералъ гӀараб тӀахьазул тӀанчазул рагӀалъабазда хъварал рагӀаби ва калимаби.
Дагъистаналъул гӀараб гӀелму тӀибитӀизабулезда гьоркьов ТӀайгиб машгьурав вуго гӀараб мацӀалъул магӀаналъул (логика) ва цогидал гӀелмабазе гӀемерал баянал кьурав гӀалим хӀисабалда. Нахъе цӀунун буго 1580 абилеб соналъул аваладла гьес хъвараб «Аль-ВафигӀи шархӀул аш-шафигӀия» - абураб тӀехь жив ТӀануси вугев мехалъ. Гьеб машгьураб тӀехьалъул рагӀалъабазда гьес таржама гьабун гӀадин кьурал рагӀабазул ва калимабазул хӀисаб гьабуни нилъеда бичӀчӀула кигӀан къадаралъ гӀажам алиф камиллъун букӀун бугебали. ТӀайгиб гьавуна 1563 абилеб соналъ хвана 1668 соналъ. ТӀайгибил хъвай-хъвагӀаязда нилъеда батулеб буго гьес киса-кибего «ч» хӀарп хъваялъе персазул «ч» хӀарп, ГӀандиса ГӀали Мирзаца абуни гьеб хӀарп цин гӀараб «дж» яги персазул «ч» гӀадин хис-хисун хъвалеб буго. ТӀадеги «кь» хӀарп нилъеда ТӀайгибица хъван батулеб буго гӀараб «къ» хӀарпалдалъун тӀад ташдидги лъун, ГӀали Мирзал абуни гьедин гьечӀо.
XVII-абилеб гӀасруялъул тӀоцебесеб бащалъиялда (1639) машгьурав гӀалимчи ГӀободаса ИсмагӀилил вас ШагӀбан ГӀарабустаналдаса тӀадвуссун вачӀуна ва магӀарулъиялда тӀоцебесеб мадраса рагьула жиндирго росулъ. Гьеб мехалде гӀажам хатӀалда хъвай-хъвагӀай къанагӀатаб жо букӀинчӀо. ШагӀбан-къадил гӀажамалда хъварал кагътазул нусхаби гурого нилъехъе щун гьечӀо, гьелъ мухӀканалъи чӀезабизе кӀвечӀо ва гьаб суалалда гьоркьобе бачинчӀо. ШагӀбан - къадил мутагӀилзабазул бищунго гӀемераб хъвавул ирс нахъе тана ГӀаймакиса МугӀавиятил Абубакарица ва Кудалиса КӀудияв ХӀасаница. Гьел руго шигӀриял назмаби, насихӀатал. Гьел гӀалимзабазул хъвараб гӀажам алифалъул Харахьиса ТӀайгибица хъваралдаса кӀудияб батӀалъиго гьечӀо. Гьаниб абуни нилъеда «г» хӀарп хъваялъулъ гӀараб «каф» хӀарпалда тӀад лъабго тӀанкӀ батулеб буго. Гьеб къагӀида хадур ругел гӀалимзабаз - катибаз хӀалтӀизабун гьечӀо.
Амма, гӀажам хатӀалъул гьаркьилал ва гьаркьикъал хӀарпал аскӀор хъваялъул камилаб хӀалтӀи гьабуна Дибиркъадица. Дибир-къади гьавуна 1742 соналъ Хунзахъ росулъ, ва къадаралде щвана 1817-абилеб соналъ. Гьев тӀоцеве цӀалана Дагъистаналда, хадув ана Персиялде, Турциялде, Шамалде. Гьесда рагӀа-ракьанде щун лъалаан парс, гӀараб, турк, лак ва гуржи мацӀал. Дибир-къадица нахъе тана гӀезегӀан бечедаб рухӀияб ирс. Гьес бахъана парс-турк-гӀараб мацӀазул къамус (словарь). Хъвана парс мацӀ малъиялъе тӀехь «Тибян-ул лисан литагӀлим-ис-сибъян», азербайжан, гуржи ва парс мацӀазул кӀалъазе малъулел тӀахьал дандего магӀарул мацӀалда таржамаги бугел. Дибиркъадица магӀарул мацӀалде буссинабуна дунялалдаго машгьураб Калила ва Димна къиса. Гьединго Дибир-къадица хъвана магӀарул, гӀараб ва парс мацӀазда гӀезегӀанго назмабиги. Гьелдаго цадахъ Дибир-къади гӀемерал соназ Аваристаналъул хан кӀудияв ГӀумаханил мирзалъун хӀалтӀана. Гьес гӀажам алиф камил гьабуна гьаркьилал хӀарпазе хӀаракаби лъун цӀалулеб хӀалалда.
Дибир-къадица камил гьабураб гӀажам алифалдаса магӀарулаз, кӀудияб хис-басго гьабичӀого, пайда босана хӀуригатги бахъун замана хисизегӀан. Имаматалъул заманаялъ абуни имам Шамилил амруялдалъун «лъ» хӀарп хъвалеб цого къагӀида тӀаде жубана. Дибир-къадица гьеб хӀарп цо къагӀидаялда хъван гьечӀоан. Гьеб хъвай - хъвагӀаялда тӀад хӀалтӀизе хасаб комиссия бихьизабун букӀана имамас. Гьел руго Шамилил мугӀалим ХӀариколоса Лаченилав, КӀулзебалдаса ГӀали ва цогидалги. Авар миллаталъул хъвай-хъвагӀай баккиялъул бицунеб бугелъул мацӀазда хӀалтӀулев ва кавказ лъазабулев вукӀарав гӀурусав П.К. Усларица ва гьесул кумекчи ЧӀикӀаса Айдемирица XӀX-абилеб гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъиялда (1863 с.) гӀуцӀун букӀараб алфавиталъул рехсей гьабичӀого гӀеларо. Кинниги доб Усларил алфавиталъ магӀарул хъвай-хъвагӀаялда щибго бакӀ кквечӀо, щай гурелъул гӀажам хатӀ машгьурлъун ва киса-кибего тӀибитӀун букӀун.
ГӀажам мацӀалда XX-абилеб гӀасруялъул авалалда цӀакъ гӀемерал тӀахьал рахъана Темир-Хан-Шура (Буйнакск) М-М. Мавраевасул басмаханаялда. Киналгоязде гӀунтӀун дол тӀахьал рукӀана диналъул хӀакъалъулъ хъварал. Гьебго гӀажамалда Констонтинополалда (Стамбул) 1902 абилеб соналъ басмаялде бахъун букӀана МухӀаммад аварагасул (с.гӀ.в.с.) гӀумруялъул хӀакъалъулъ бицунеб гьитӀинабго тӀехь. Гьеб хъван букӀана Миякьоса ГӀадул вас ГӀумарица. Гьединлъидал нилъеда кӀола Дибир-къадица бахъараб гӀажам алиф магӀарулазул миллияб хъвай-хъвагӀай букӀин чӀезабизе.
Латин ва кириллицаялде хъвай-хъвагӀай.
ХӀуригаталъул авалиял соназда хӀалбихьиял гьарулел рукӀана доб гӀажам камил гьабизеян жибго алифалда жаниса гьаркьилал хӀарпазе хасаб гӀаламатал гьарун. Кин бугониги добго гӀажам алиф 1928 абилеб соналде щвезегӀан школаздаги малъана, гьеб мацӀалда тӀахьалги рахъана. 1928 абилеб соналъ абуни Дагъистаналъул тӀолго миллатазул хъвай-хъвагӀай хӀукуматалъ латин алфавиталъул кьучӀалде бачӀана. Гьебги магӀарул мацӀалда данде ккечӀо, щай гурелъул гьеб букӀана батӀи-батӀиял алфавитаздаса жубан гьабураб. Школазда латин ва гӀурус алфавитал малъулеб жо данде ккечӀо, лъималазе захӀмалъулеб букӀун. 1938 абилеб соналъ тӀолго миллатазул хъвай-хъвагӀай бачана кириллицаялде (гьанже бугеб хъвай-хъвагӀай). Гьеб букӀана киналго СССРалъул миллатазги хӀалтӀизабулеб алфавит.