Indonesia AirAsia компаниялъул 8501 рейс
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:34
POS-tagging Coverage:
94.0%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (15)
15 sentences
2
ID: 67613
Самолет къватӀибе бахъана Джуанда аэропорталдаса 5:35 бакӀалъул заманалда (UTC+7) ва гьеб рещтӀине кколаан 8:30 SST (UTC+8).
4
ID: 67616
Къаси сагӀат 22:35 UTC (05:35 бакӀалъул заманалда рекъон), ай расписаниялдаса 15 минуталъ кватӀун, 155 пассажиргун (138 чӀахӀиял, 16 гӀиссинал ва 1 лъимер) ва 7 экипажгун, къватӀибе бахъана 8501 рейс Джуанда аэропорталъул 10 чӀолоялдаса, цинги квегӀиса свериги гьабун гьелъ ккуна 329° курс, Ява ралъдалъехун балагьун.
5
ID: 67617
СагӀат 22:54 самолёт бахана 320 рорженалъул уровеналде (9,8 км) ва дагьабго свери гьабуна квегӀисехун, 319° курсги ккун.
7
ID: 159992
Гьелъул кӀиябго къватӀибехунисеб турбовентиляториял двигателал рукӀана CFM International CFM56-5B6/3 моделалъул, ва салоналъул пассажирал жанире унеб къадар - 180 бакӀ эконом-классалъул (конфигурация Y180).
8
ID: 159993
2008 соналъул 16 октябралда авиалайнер лъугьана индонезиялъул авиакомпаниялде, цӀияб хъвай-хъвагӀаялдаса хадуб - номерги щвана.
9
ID: 159996
Цинги 10 минуталдасан цоги нухалъ квегӀисехун свери гьабуна, гьелъул хӀасилалда курс хисана 310°.
10
ID: 159997
23:12 (06:12 бакӀалъул заман) экипажалъ бухьен гьабуна Джакартаялда бугеб гьаваялъул багъа-бачариялъул бетӀерлъи гьабулеб централъулгун ва бицана пиригун бугеб чвахун цӀадалдаса лъутун сверун унаго рорженалъул маршруталдаса квегӀисехун сверараллъи.
11
ID: 159998
Гьединго гьез изну тӀалаб гьабуна 380 рорженалъул уровеналде (11,6 км) рахине изну.
12
ID: 159999
Самолеталъулгун ахирисеб радиохурхен букӀана сагӀат 23:16 минут араб мехалда.
13
ID: 160000
СагӀат 23:18 UTC (06:18 бакӀалъул заман) 8501 рейс тӀагӀана индонезиялъул гьаваялъул багъа-бачариялъул бетӀерлъи гьабулеб хъулухъалъул радиолокаторазул экраналдаса, ва 23:24 итнут араб мехалда экипажалъулгун тӀубанго бухьен тӀагӀана.
14
ID: 160001
Flightradar24 сайталъул баяназда рекъон, 8501 рейс гьеб заманалда букӀана Ява ралъдада тӀад 320 рорженалъул уровеналда, кутакалда гучаб пиригун чвахун цӀад бугеб бакӀалдас аскӀоб.
15
ID: 160003
Баяназда рекъон, щвезегӀан самолет бугеб бакӀ яги гьелъул хутӀелал ругеб бакӀ чӀезабун гьечӀо.