ЛъикӀазул МалламухӀамадил Малла–ХӀасан
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:49
POS-tagging Coverage:
93.8%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (39)
39 sentences
1
ID: 81741
Гьесдаги ХӀасан Алкъадариясдаги гьоркьоб гьудуллъи букӀана ва цоцазде гӀараб мацӀалъ хъварал кучӀдулги кагъталги нахъе цӀунун хутӀун руго.
2
ID: 81744
Живго Малла-ХӀасанги вахъана гьесдасаги бергьарав гӀалимчилъун ва бажариги гьунарги бугев шагӀирлъун.
3
ID: 81745
МагӀарулазул машгьурав журналист ва тарихчи, Маркъо ШагӀбановас гьадин хъвалеб буго Малла-ХӀасанил хӀакъалъулъ: Гьев ккола гьанжелъизегӀан гӀемер гӀадамаздаги лъаларев ва, гьелъие мустахӀикъав вукӀаниги, магӀарулазда гьоркьов машгьурлъичӀев шагӀир.
4
ID: 81746
Жиндир асараздалъун Малла-ХӀасан релълъунев вуго магӀарулазул машгьурав шагӀир Инхоса ГӀалихӀажиявсда.
5
ID: 81748
ТӀоцеесей чӀужу Малла-ХӀасанил йикӀана Динчиб росулъа ИсмагӀилил яс ХӀуру (1894 соналда гьаюрай).
6
ID: 81749
Гьелъ Малла-ХӀасание гьабуна щуго лъимер - васал НурмухӀаммад (1916 с.гь.), СаидахӀмад (1920 с.гь.), ГӀабдулгӀазиз (1923 с.гь.), ГӀабдурахӀман (1929 с.гь.) ва яс ХӀалимат (1927 с.гь.).
7
ID: 81750
КӀиабилей чӀужу - къоролайлъун хутӀун йикӀарай Рамазанил яс ГӀайшат (1887 с.гь.).
8
ID: 81751
Гьелъ гьабуна кӀиго лъимер - вас МухӀаммадги (1921 с.гь.) яс Шумайсатги (1925 с.гь.).
9
ID: 81752
Закатала районалъул ЧК-ялъ 1931 соналъул 19 марталда хӀукму къотӀана гьел Гъазагъстаналде хӀал гьабун гочинаризе.
10
ID: 81753
Гьеб кӀиябго хъизан динияв цевехъанасул, ай пачалихъалъул тушманасул руччаби ва лъимал хӀисабалда, ритӀун ана Гъазагъстаналде.
11
ID: 81754
Цониги чи нахъе щвечӀо гьев ичӀго чиясул - къеч ва ракъи ккун хун ратизе руго гъазахъул салул авлахъазда.
12
ID: 81755
Малла-ХӀасанил кӀудияв вац АхӀмадвали хвана 1936 соналда, жеги цеве гьесул васги хун хадув.
14
ID: 81757
Закатала мухъалъул ЧӀар росдал мажгиталъуб батана даптар, жаниб магӀарул мацӀалъ гӀажамалда лъабго кечӀ, цо-цо дугӀаби ва тӀарикъаталъул силсила бугеб.
15
ID: 81758
Гьелъул мусанип лъазе кӀвана тӀоцебесеб кочӀол (1863 соналда гӀурусазда данде рахъарал ЧӀар росулъа магӀарулазул цевехъан Занки-апандиде гьабураб марсияталъул) ахиралда ругел мухъаздасан: «Дунги - пакъир ЛъикӀави Малла-ХӀасан ал-ЧӀари, назмуялда марсият сияразда бахъарав».
16
ID: 81759
Гьеб даптаралда ругел кучӀдул хъвараб заман гьикъани, нилъеда батула лъабго хӀужа.
17
ID: 81760
ТӀоцебе, нилъеда рихьула тӀадехун рехсараб марсиялъул байбихьуда хъван ругел мухъал: «МухӀаммадгӀали ЧӀари - ЧӀарлъул хирав апанди, Панаяб дунялги тун, вуссана Аллагьасде.
18
ID: 81761
АнцӀила лъабнусида къоло ичӀилаб соналъ, Аллагьасул къадар щун, вуссана Къадирасде.
19
ID: 81762
Шагьру-рамазаналъул къоло анкьилаб сордо, Лайлатул къадриялъул хамиз сордо букӀана».
20
ID: 81763
Гьеб тарихалъул бицани, тӀоцебе абизе ккела МухӀаммадгӀали гьев чиясул унго-унгояб цӀар букӀанин, Занки-апанди абуни - тӀокӀцӀар«Поселения Джарского общества .
21
ID: 81764
КӀиабизе - гьев Занки-апанди, Закатала хъала бахъулаго лъукъун, гӀурусаз асир гьавун, туснахъалдеги рехун, нахъа кварида ван гъанкъана 1863 соналда, ялъуни гьижрияб 1280 соналда.
22
ID: 81765
Гьеб сон хъван буго Занки-апандил зонодаги, гьебго хӀужа рехсолеб буго тарихиял тӀахьаздаги.
23
ID: 81766
ТӀадехун рехсарал мухъазда абуни хъвалеб буго 1329 соналъул рамазан моцӀалъул 27 къоялъ гьев хванин абун.
26
ID: 81770
Гьеб заманалдайищ гьел кучӀдул хъван рукӀарал ялъуни 1911 соналъищали лъазабизе дида жеги кӀвечӀо.
27
ID: 81771
Амма Малла-ХӀасанил аслияб рухӀияб хазина жеги 1910 соналдаго Шурагьиб МухӀамадмирза Мавраевасул басмаханаялда къватӀибе биччан букӀана.
29
ID: 81773
Гьениб хъвалеб буго гьеб тӀехь хӀадурарав чи вугила «гӀалим Малла-МухӀаммадил вас Малла-ХӀасан ал-ЧӀари, ал-Кинтарийи» (Кинтар ккола Динчи росулъ гьес гӀумру тӀамураб ва гьев вукъараб авалалъул цӀар, жибго Динчиги буго 1830 соналда ЧӀар росулъа гочарал гӀадамаз бараб росу).
30
ID: 81774
Живго Малла-ХӀасаница тӀехь хъваялъул хӀакъалъулъ гьадинаб баян кьолеб буго: «Дие амруяб ишара гьабуна Малла-МухӀаммад устарас гьаб тӀехь хъвазе ва гьелъие хиянатлъи гьабизе бегьулеб букӀинчӀо»«МалламухӀаммадил Малла-ХӀасан.
31
ID: 81776
Лъабго къоялъ гьесул жаназа хъалаялда жаниб хутӀун буго, нахъа Динчиб росулъ букъана.
32
ID: 172227
ЛъикӀазул МалламухӀамадил Малла-ХӀасан ялъуни МалламухӀамадил Малла-ХӀасан, - магӀарулазул шагӀир ва гӀалимчи.
33
ID: 172228
Гьев гьавуна ЦӀоралда машгьурав гӀалимчи МалламухӀамадил хъизаналда ва гьев ккола ЧӀар росулъа «ЛъикӀал» абураб тухумалъул вакиллъун.
34
ID: 172236
Гьесул даражаялде гьев ваханищ - вахинчӀищали дида лъаларо, гьелъие къимат кьезе цогидал чагӀи ругелъул, амма, кин бугониги, Малла-ХӀасан гьунар тӀокӀав шагӀир вугин абизе бегьула.
35
ID: 172237
Хъизан Малла-ХӀасанил йикӀана кӀиго лъади, кӀияйго гьей ккана гьесде советазул букӀараб рокьукълъиялъул къурбаналлъул.
36
ID: 172265
Гьелдаго цадахъ Малла-ХӀасаница хъвалеб буго «гьаб тӀехь гӀалимзабазе гьабураб гуро, гӀадатиял гӀадамазе хъвараб буго, гьединлъидал гӀайиб гьабуге гьаб тӀадегӀанаб даражаялда хӀадурлъичӀоян».
38
ID: 172267
1929 соналда, ЧК-ялъул яргъилаз асирги гьавун, Закатала шагьаралъул тӀасияб авалалда бан букӀараб хъалаялда жанив чӀван вуго.