Египет
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:51
POS-tagging Coverage:
92.4%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (28)
28 sentences
1
ID: 83121
Египет ккола Ракьдагьоркьобралъадалъул регионалъул пачалихъ жиндир гӀурхъаби цураб шамалиябгин бакъбаккуда ПилистӀингун ва Исраилгун, жанубалда Судангун ва бакътӀерхьуда Либиягун.
2
ID: 83122
Ралъдал гӀурхъаби руго ГӀакъаба бугъазалдасан Урдуналъулгун, БагӀараб ралъадалдасан СагӀудиязул ГӀарабистангун, Ракьдагьоркьосеб ралъадалдасан Къубрусалъулгун, Туркиялъулгун ва Грециялъулгун.
3
ID: 83124
Цивилизациялъул кинилъун рикӀкӀунеб НекӀсияб Египеталъ загьирлъизаруна цебесеб хъвай-хъвагӀиялъул, росдал магӀишаталъул идракал, урбанизация, гӀуцӀараб дин ва централлъараб хӀукумат.
4
ID: 83125
Джизаялъул некрополис, КӀудияб Сфинкс гӀадал монументаз, гьединго Мемфисалъул, Васиталъул, Карнакалъул, Маликзабазул расалъиялъул хутӀелаз бихьизабулеб буго гьеб ирс, тӀаде цӀалеб буго гӀелмияб ва халкъияб интерес.
5
ID: 83126
Египеталъул халатаб ва бечедаб маданияб ирс буго гьелъул миллияб индетификациялъул гъорлъбосраб бутӀа, жинца гьелъул тӀолго Ракьдагьоркьоралъадлъиялдаги, ГӀагараб Бакъбаккудаги Шамалияб Африкаялдаги бугеб уникалияб трансконтинеталияб чӀей бихьизабулеб.
7
ID: 83133
Гьеб цӀар хурхараб батизе бегьула Египеталда гӀемераб халкъги шагьаралги рукӀиналда.
8
ID: 83134
НекӀсияб Египеталда жидерго ватӀаналде абулаан "Та-Кемет" - илан , гьеб хурхараб буго Египеталъул Нил гӀурул гӀаралда бугеб бечедаб чӀегӀер-ракьалда .
11
ID: 83137
БакътӀерхьуда Египеталъул гӀурхъи буго Либиягун, бакъдехун - Судангун, бакъбаккудехун ПилистӀингун ва Исраилгун.
12
ID: 83138
Гьединго Египеталъул ралъдал гӀурхъаби руго СагӀудиязул ГӀарабиягун ва Урдунгун.
13
ID: 83139
Бакъдасеб рахъалда ккун буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, бакъбаккуда - БагӀараб ралъадалъ.
14
ID: 83140
Египеталъул ккола Суэцалъул канал - бищун кӀудияб гӀадамасул квералъ гьабурал каналазул цоябги кколеб.
15
ID: 83141
Гьеб каналалъ Ракьдагьоркьосеб ралъадги БагӀараб ралъадги хурхинабула, гьелдалъун Атлантикияб океаналдаса Гьиндустаналъул океаналде нухги къокъ гьабула.
17
ID: 83144
Египеталъул ракьалда руго нартил, тӀабигӀаталъул газалъул, маххул магӀданалъул, фосфатазул, гачиганчӀил, марганецалъул, цинкалъул, тӀухьидул нахърателал
18
ID: 83146
Египеталъул аслияб лъел ицц буго Нил гӀор, бакътӀерхбуда ругел салул авлахъащда руго оазисалги.
22
ID: 83150
96% гӀанасеб Египеталъул ракьул къадар бацун буго салул авлахъаз, хӀутӀараб 4% ккола Дельтаги гӀоралъул жаниблъиги.
23
ID: 83152
Египеталъул фауналда данде чӀвала жайранал, цурдул, салул гӀункӀкӀал, гӀанграл, бегемотал, крокодилал, варанаби, гӀемерал батӀи-баӀиял хӀанчӀи, хӀутӀ-хъумур, ччутал ва борхьал.
24
ID: 173167
Египеталъул тарих буго бищун халатаздаса цояб, жиндир ирс Нил гӀоралъул расалъиялдаги дельтаялдаги н.
25
ID: 173173
Гьанжесеб Египет байбихьула монархия хӀисабалда 1922 соналъ Британиялъул империялдаса истикълал щведал.
26
ID: 173174
1952 соналъул инкъилабалдаса хадуб Египет лъазабуна жумгьуриятлъун, ва 1958 соналъ гьебги Сирияги жубан лъугьана Цолъараб ГӀараб Жумгьурият, жиб 1961 соналъ биххараб.
28
ID: 173176
100 миллионалдаса чи вугеб халкъгун, Египет буго Шамалияб Африкаялдаги, ГӀагараб Машрикъалдаги ГӀараб дуниялалдаги бищун халкъ гӀемераб пачалихълъун, лъабабилеб бищун халкъ гӀемераб Африкаялда ва 30-б тӀолго дуниялалда.