Туркия
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:57
POS-tagging Coverage:
93.5%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (124)
124 sentences
1
ID: 89168
Дунялалда гьелъ ккола 18-еб бакӀ халкъалъул къадаралъул рахъалъ ва лъебералда налъабилеб бакӀ ракьалъул рахъалъ.
2
ID: 89170
Турция ккола динамикияб куцалда цебетӀолеб экономикаялъул къайи-матахӀ гьабулеб индустриалияб пачалихъ.
3
ID: 89172
Улкаялъул ракьазул цӀикӀкӀунисеб бутӀа ккола Анатолиялъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ва Эрменистаналъул мугӀрузул тӀалъиялде, дагьаб - Балканалъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ЧӀегӀер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб.
4
ID: 89173
Турциялъ гӀурхъи цо гьарула бакъбаккудасан Гуржиялъулгун, Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулугн ва Ираналъулгун; къиблаялдехун - ГӀиракъалъулугн ва Сириялъулугун; бакътӀерхьудахун - Герекалъулгун ва Булгъаралъулгун.
5
ID: 89174
Улкаялъул рагӀалда буго ункъго ралъад: ЧӀегӀер, Ракьдагьоркьосеб, Эгей ва Мармар ралъадал.
6
ID: 89175
2000 соналъ Турциялъул Жумгьурияталъе щвана Евроцолъиялъул гӀахьалчи-пачалихълъун лъугьине кандидат-пачалихъалъул официалияб статус.
11
ID: 89180
Туркиялъул географияб хаслъилъун ккола - церегосел заманаздасан бахъун Европагун Азия хурхинарулел ва чӀегӀералъдал рагӀаллъабазда ругел халкъал ракьдагьоркьосеб ралъдал рагӀаллъабигун хурхинарулел, аслиял нухазда букӀин.
12
ID: 89181
Гьанэейин абуни Туркиялъул ракьаздасан лъун руго Азиялъул гӀемерал пачалихъал Европагун хурхинарулел маххул ва хъилил нухал.
13
ID: 89183
Туркиялъул бищун цӀикӀкӀараб халалъул манзил буго бакъбаккудаса бакътӀерхьуде - 1600 км, севералдаса къиблаялде - 600 км.
14
ID: 89184
Лъабго рахъалъан гьеб батӀи-батӀиял ралъадаз жанибе бачуна: севералдасан - ЧӀегӀералъдаца, бакътӀерхьудасан - Эгей ралъдаца, къиблаялдасан - Ракьдагьоркьосеб ралъдаца.
15
ID: 89185
Туркиялъул европияб ва азиялъул рахъал цоцадаса ратӀа гьарун руго, ЧӀегӀералъадгун Эгей ралъад хурхинабулеб мармар ралъдацаги, Босфор ва Дарданел ралъдал къварилъабаз.
16
ID: 89186
Босфоралъул ва Меседил лълъарал къиблаялдехун буго дунялалъул бищун берцинал шагьаразул цояб ва Туркиялъул бищун халкъ ризаб шагьар - Истамбул.
18
ID: 89189
Севералдасан: Болгариялъулгун, ралъад гӀорхъи Романиялъулгун, Украиналъулгун, Россиялъугун, ралъдал ва ракълил гӀорхъаби Гуржиялъулун.
21
ID: 89192
БакътӀерхьудасан: ралъдал ва ракълил гӀорхъаби Грециялъулгун ва Болгариялъулгун.
23
ID: 89194
Улкаялда буго гӀемерал тайпаби рудаялъул, химиялъул, цӀатӀаригун-энергетикаялъул гӀатӀгоял материалазул.
24
ID: 89195
ТӀолгодунялалъул лъамамеседалъул нахърателалдаса Туркиялъул бутӀа ккола 25 %.
25
ID: 89196
Туркия - цӀикӀкӀунисеб бутӀаби мугӀруздасан гӀуцӀараб пачалихъ буго, гьединлъидал гьава-бакъги батӀи-батӀияб куцалда хисардула гӀодоблъабаздаги мугӀруздаги.
26
ID: 89197
Централиял бутӀабазда гьава-бакъ гьоркьохъеб даражаялъул континенталъулаб букӀуна, багӀарараб ва бакъвараб рииги гӀураб куцалда цӀорораб хаселги букӀуна.
28
ID: 89199
ЧӀегӀералъдал рагӀаллъиялдайин абуни гьава-бакъ танкараб, цӀадал гӀемераб ва хасало цӀорораб букӀуна.
29
ID: 89200
Къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гьава-бакъ тропикияб салул авлахъалъулаб букӀуна, цӀакъ багӀарараб риигун.
30
ID: 89202
Алп-Арсланил бетӀерлъиялда гъоркь туркал-селжуказ къвинаруна византиялъулал ва асирлъуде восана византиялъул император Роман IV Диоген.
32
ID: 89205
1927 соналъ тӀобитӀараб тӀоцебесеб халкъалъул хъвай-хъвагӀаялда рекъон, Туркия жумгьурияталда гӀумру гьабулеб букӀун буго 13 464 564 чияс, гьездаса 2 323 359 курдал, 376 000 эрмениял, черкесал, босниял ва и цогидалги.
34
ID: 89208
Бищунго гъункун халкъал руго Мармар ва ЧӀегӀер ралъадазул рагӀаллъабазда, ва гьединго Эгей ралъдал рагӀалдехун кколел мухъаздаги.
35
ID: 89209
Бищунго халкъ ризаб шагьарлъун ккола - Истамбул, бищун гӀадамал дагьаб мухълъун ккола - Хаккяри.
37
ID: 89212
Жакъасеб Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун, Сириялъулгун ГӀиракъалъул гӀорхъабазда, XX гӀасруялъул авалалда гӀумру гьабун рукӀана нус аза-азар сиряназ, гьесздаса 500 000 цӀикӀкӀун чи чӀвана тӀоцебесеб дунялалъул рагъул заманаялъ.
44
ID: 89220
1927 соналъул халкъазул хъвай-хъвагӀаялда рекъон Туркиялда рукӀана 2 323 359 курдав.
45
ID: 89221
Туркяилад гӀемерал соназ, цогидал халкъал турказде сверизабиялъул политика билълъинабулеб букӀана.
46
ID: 89222
Гьединлъидал, гӀага-шагарго миллатазул къадар рикӀкӀинцин цӀакъ захӀматаб букӀуна.
47
ID: 89224
Туркиялда гӀумру гьабун буго гӀураб къадар крималъул татараз (гӀага-шагарго 500 000 - 5 миллионалде щвезегӀан), гьезул аслияб бутӀаялъ Туркиялде гьижра гьабуна Россиялъул империялда гъорлъе Крим цӀцӀаралдаса хадуб, ва гьижра гьаби гьоркьоса къотӀичӀого цебе инеб букӀана XVIII, XIX ва XX гӀасрабазда.
48
ID: 89225
ЦӀкӀкӀараб къадар Шималияб Кавказалъул халкъазулги буго Туркиялда - гьезде киназдего турказ гӀаммаб куцалда черкесалин абула.
49
ID: 89226
Гьездаса руго адигал, абазинал, абхазал, нугъаял, карачаял ва балкарал, дагъистаналъул халкъал ва хасго магӀарулал, гъалгъаял, гьириял ва чачанал.
52
ID: 89229
Гьел кӀалъала алтаялъул мацӀазул хъизаналдаса тюрказул гӀаркьелалда гъорлъе унеб огъуз къокъаялъул мацӀалда ва гьез гьабула ислам дин.
53
ID: 89231
1927 соналъ Туркиялда гӀумру гьабун букӀана 13 464 564 чияс, гьезул цӀикӀкӀунисел рукӀана туркал.
54
ID: 89232
Жакъасеб Туркиялда халкъалъул къажар бахуна 80 000 000 чиясде, гьесдаса 50 000 000 - 59 000 000 чияс жалго туркаллъун рикӀкӀунел руго (62 % - 74 %)
56
ID: 89234
ТӀадехун рехсарал халкъаздаса батӀаго, аслияб куцалда Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гӀумру гьабун руго миллионалде гӀезе рекӀарал гӀарабаца.
57
ID: 89235
Лазазги хемшиназги гӀумру гьабун буго аслияб куцалда ЧӀегӀер ралъдал бакъбаккул рагӀаллъабазда.
58
ID: 89236
Гьединго улкаялда гӀумру гьабун руго албанал, гуржиял, падарал, узбекал, татарал ва цогиги гӀемерал миллатазул вакилзаби
60
ID: 89238
2014 соналъ Туркиялда букӀана 1 млн чиясдаса цӀикӀкӀун чияс гӀумру гьабулеб ичӀго шагьар.
64
ID: 89244
Илалъул сиясиял ишал тӀоразе тӀадтарасул хъулухъалда цӀар буго губернатор , гьевги вихьизавула хӀукуматалъ.
66
ID: 89246
Росдал магӀишаталъул суалал тӀорала муниципалитеталъул бетӀерас, гьевин абуни вищула халкъалъ.
67
ID: 89247
Мухъазулги руго муниципалитетал гьезда тӀадтаразул хъулухъалде абула мэр-абун.
68
ID: 89248
Къанунал рахъулеб къуват буго цопалатаялъул парламенталъул кодоб - ТӀадегӀанаб миллияб мажлисалъухъ, жибги гӀуцӀун бугеб 600 депутатасдасан, жалги рищулел 5 сонил болжалалда (2007 сон щвезегӀан рищулаан - 7 сонил болжалалда) халкъиял рищияздалъун.
69
ID: 89249
Цеве пачалихъалъул бетӀер - Республикаялъул президент, вищулаан ТӀадегӀанаб миллияб мажлисалъ 7 сонил болжалги цӀан, гьес тӀубазабулаан гӀицӀго вакиллъиялъул хӀалтӀаби.
70
ID: 89250
ХӀукму билълъинабиялъул къуват букӀана Министерлъиялъул Советалъухъ бетӀерав министрасул нухмалъиялда гъоркь.
71
ID: 89251
Гьединлъидал пачалихъалда цӀикӀкӀунисел ихтиярал рукӀана бетӀерав-министерасухъ.
72
ID: 89252
ХӀукму билълъинабиялъул ва къанунал рахъиялъул къуватазда тӀад халкквей гьабула Конституциялъул Диваналъ, жибги гӀуцӀун бугеб, президентас рихьизарурал, 11 даимав ва 4 хисулел членаздасан.
73
ID: 89253
Председателем Конституциялъул Диваналъул председателлъун (2007 соналъул октябралдасан бахъун) вуго Хашим Килич.
74
ID: 89254
2007 соналъул 21 октябралда Туркиялда тӀобитӀана билъанхъизабулеб бугеб конституциялда рекъезариял гьариялъул референдум.
75
ID: 89256
Президент вищулаан 7 сонил болжалги цӀан ва кӀиабизе вищизе ихтиярги букӀинчӀо.
76
ID: 89257
ЦӀиял тӀаде рачӀарал рекъезариязда рекъон, улкаялъул бетӀер вищула тӀолго халкъалъул рищияздалъун 5 сонил болжалалда ва гьесие рес буго цоги цо болжалалъ вачӀине ришиял гьаризе.
78
ID: 89259
Жакъа Туркиялъул бетӀерлъиялда буго консервативияб РитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партия.
79
ID: 89260
2017 соналъул 16 апрелалъ Туркиялда тӀобитӀана конституциялда хиса-басиял гьариялъул референдум, гьелъул хӀасилалда президентасул ихтиярал цӀикӀкӀинаруна, парламенталда бакӀал цӀикӀкӀинаруна ва бетӀерав-министрасул хъулухъ хвезабуна.
82
ID: 89263
2000 соналъ Туркиялъул Республикаялъе щвана пачалихъ - кандидат абураб официалияб статус Евроцолъиялъе членлъун лъугьине.
84
ID: 89265
Америкаялъул эксперт Фион Хиллица загьир гьабулеб буго, БакътӀерхьуда бачӀеб, икълималда кӀвар бугеб пачалихъ бугин Туркия абун, цо чанго шималиябгун-атлантикиял гӀуцӀабазда гъорлъ гьеб букӀанигицин.
85
ID: 89266
Жиндирго гӀорхъабазда сверухъ ругел пачалихъазда гӀемерал ишкалаби ругониги, Туркиялда бажарана кӀудияб экономикиял ресал гӀуцӀун ва гьелъ жигара бахъулеб буго цебе букӀараб гӀусманияб пачалихъалъул гӀатӀилъабазда цебехъан-пачалихълъун букӀине.
86
ID: 89267
Кавказалъул икълим ккола - Туркиялъул къватӀисеб сиясаталъул кӀвар бугел пунктаздаса цояблъун.
87
ID: 89268
Туркиялъул къватӀисел ишазу министр Мевлют Чавушоглуца кьураб баяналда рекъон, Туркиялъ жигара бахъулеб буго цоцадарарал рукӀине Кавказалъул пачалихъалгун.
88
ID: 89269
Гьаб заманаяляда Туркиялъ Евроцолъиялъулгун гьарулел руго кӀалъа-ралъаял, Туркияги европаялъул сиясиябгун-экономикияб гӀуцӀиялда гъорлъе лъугьине.
89
ID: 89270
Къануналда рекъон Туркиялда динал пачалихъалдаса батӀа гьарун руго ва улкаялъул живав чиясе бокьараб дин гьабизе ихтияралги кьун руго.
90
ID: 89271
Улкаялъул цӀикӀкӀунисеб халкъалъ гьабула исламияб дин ва гьел ккола хӀанапил мазгьабалъул гӀадамаллъун.
92
ID: 89273
Аслияб куцалда машгьурал тӀарикъатал руго накъшубандияб ва мевлеви тӀарикъатал.
93
ID: 89274
Руго Туркиялда шапигӀил мазгьабалъул гӀадамалги, гӀемерисел курдал ккола гьел.
95
ID: 89276
Улкаялъул экономикаялдаса промышленносталъ ккола 28 %, росдал магӀишаталъ - 15 %, минаби раялъ - 6 %, халкъалъе гьарулел хъулухъаз - 51 %.
96
ID: 89277
2018 соналъ Туркиялъ ккуна дуниялалда 18 бакӀ экономикаялъул гучалъул рахъалъ.
97
ID: 89278
2020 соналъул 1 январалдасан байбихьун, Туркиялда хӀалтӀул харжалъе чӀезабураб бищун дагьаб къадар ккола 2943 туркиялъул лир (€442,17) ва 2324,70 туркиялъул лир (€349,17).
98
ID: 89279
Улкаялда руго чанго гьавамухъал, жанисел ва халкъаздагьоркьосел рорженал гьарулел.
99
ID: 89280
ЦӀикӀкӀараб къадар туристазул букӀиналъ, Туркиялда цӀакъ цебе тӀураб система буго гӀаммаб транспорталъул - автобусазул хьури ва метро (1996 соналдаса бахъун).
100
ID: 89281
Гьединго руго чанго порталги, маххул нухазул хьури ва нартгун газ бачиналъул хьураби.
102
ID: 89283
Гьеб бараб буго ралъдал курортал рукӀиналда ва машгьурал гьайбатал бакӀал гӀемер рукӀиналда.
103
ID: 89284
2017 соналъ Туркиялъ ккуна 27-еб бакӀ къватӀисеб бича-хисияьлъул къадаралъул рахъалъ, къватӀисел пачалихъазе гьабураб бича-хисиялъул къимат бахана $166 миллиардалде, къватӀисан жанибе бачӀараб - $214 миллиардалде.
104
ID: 178597
Туркия, официалияб куцалда Туркиялъул Жумгьурият - аслияб куцалда БакътӀерхьул Азиялда, ва цо-цо бутӀа (гӀага-шагарго 3 % ракьалъул, 20 % халкъалъул) - Бакъдасебгун-Бакъбаккул Европаялда бугеб пачалихъ.
105
ID: 178599
ГӀуцӀана 1923 соналъ ТӀоцебесеб дунялалъул рагъда ГӀусманиязул империя къун хадуб ва гьеб бикьиялъул хӀасилалда, ва турк миллаталъул гӀадамаз гӀумру гьабун ругел ракьал хасаб турказул миллияб пачалихъалде сверизабун хадуб.
106
ID: 178600
2015 соналда жаниб халкъалъул къадар бахунеб буго 77 695 904 чиясде, ракь - 783 562 км².
107
ID: 178604
Бича-хисиялъул бажари буголъиялъул баршалъиялде данде ккун халкъалъул цо чиясе ГӀЖП-лъул къадар бахуна 19 6100 долларалде лъагӀалида жаниб (2014).
108
ID: 178605
2014 соналда БББ-ялъул рахъалъ Турциялъул ГӀЖП бахана 1508 млрд долларалде.
111
ID: 178641
1927 соналдаса бахъун Туркиялъул халкъалъул къадар цӀикӀкӀана 4,4 нухалъ, гӀицӀго 1950 - 1985 соназда жаниб - 2,5 нухалъ.
112
ID: 178642
2009 соналъ Туркиялъул халкъалъул къадар бахана 72,6 млн чиясде, халкъалъул гъунки 88 чи щибаб км², шагьаразда гӀумру гьабулезул бутӀа 75,5 %, 15 соналдаса рорчӀарал хъвазе-цӀализе лъалезул бутӀа 88,1 %.
113
ID: 178646
Эрменал - ккола Туркиялъул аслияб халкълъун, гьез гьабула насранияб дин ва эрменал хъвехъилалда цебе гьел гӀумру гьабун рукӀана тарихияб БакътӀерхьул Эрменистаналъул ракьазда ва Киликиялда.
114
ID: 178647
XX гӀасруялдаса цебе Туркиялъул ракьазда гӀумру гьабун рукӀарал эрменазул къадар бахунеб букӀана 3 000 000 цӀикӀкӀун эрменав.
115
ID: 178654
БатӀи-батӀиял баяназда рекъон, ТӀоцебесеб дунялалъул рагъда цебе, жакъасеб Туркиялъул ракьалда гӀумру гьабун букӀана 2,7 млн.
116
ID: 178661
БатӀи-батӀиял баяназда рекъон Туркиялда ругел курдазул къадар бахуна 10-ялдаса 23 % улкаялъул кинабниги халкъалъул къадаралдаса.
117
ID: 178662
8,13 миллион чи вуго курдазул Туркиялда (2014 соналъул баяназда рекъон), ва аслияб куцалда гьез гӀумру гьабулеб буго улкаялъул бакъбаккудахун.
118
ID: 178669
Турказул умумул ккола - огъузал, гьелги рачӀана жакъасеб Туркиялъул централияб бутӀаялде XI гӀасруялъул бакьулъ, жакъасеб Хъазахъистаналъул ракьазда букӀараб тарихияб Огъузазул пачалихъалдасан.
121
ID: 178696
Гьел рекъезариязул хӀасилалда хисизабуна президент вищулеб къагӀида, гьесул ихтиярал ва гьесие лъураб болжал, гьединго парламенталъул ихтияразул болжалги.
122
ID: 178697
1982 соналъ лъураб конституциялда рекъон пачалихъалъул бетӀер - президент - вищулаан парламенталъ.
123
ID: 178727
Туркиялъул рагъул къуватал тур. Türk Silahlı Kuvvetleri ккола - эркенлъи, лъидагобангутӀи ва улкаялъул ракьазул кӀибикьичӀолъи цӀунизе цойиде ракӀарарал аскарал.
124
ID: 178729
2006 соналъ кьурал баяназда рекъон туркиялъул армиялъул рикӀкӀен бахуна 514,85 азр.