«Charlie Hebdo» казияталъул редакциялда кьвагьдей
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:35
POS-tagging Coverage:
95.6%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (49)
49 sentences
2
ID: 68031
Гьужум гьабурал лъутун рорчӀун руго «Renault Clio» маркаялъул автомобилалдаги рекӀун, лъалеб гьечӀо гьел араб рахъ.
4
ID: 68033
Медицинаялъул идараялда хӀалтӀулес журналистазе кьураб баяналда рекъон, гьужум гьабураз цин чӀван вуго тӀоцебесеб тӀалаялда вукӀарав цояв, хадуб гьел рахун руго кӀиабилеб тӀалаялде ва гьениб басмаханаялда рукӀарал редакциялъул хӀалтӀухъабазда бассаризабун буго.
5
ID: 68034
Гьужумалъул хӀасилалда хун вуго 12 чи, гьездаса кӀиго полициялъул хӀалтӀухъан - гьеб заманаялъ гьенире рачӀарал; гьединго анкьгояв лъукъунги вуго.
7
ID: 68037
Ал-КъагӀидаялъул рагъухъабаз гьесда хадуб чан ккун букӀана, МухӀаммад аварагасде гьес карикатура бахъи сабаблъун.
8
ID: 68038
Гьединго, Ле Бешел рагӀабазда рекъон, гьужум гьабуразда букӀун буго чӀегӀераб, рагъул стилалъул ретӀел ва тӀадхурал маскабиги лъурал капюшоналги; цо хӀинкъикьолесухъ букӀун буго гранатомёт.
9
ID: 68039
Хадубккун хӀинкъикьолезул цӀарал лъана: «Est Republicain» абулеб зарбоялда бахъулеб идараялъул рагӀабазда рекъон, гьев лъабавго вуго - Франсиялъул ватӀанчагӀи-гӀарабаллъун.
10
ID: 68042
Гьеб журналалъ чанго нухалъ бахъун къватӀибе биччан букӀана исламалде ва хассгьабун МухӀаммад аварагасде карикатура.
11
ID: 68043
Ахирисеб гьединаб басмаялда тӀибитӀизабилъун ккана 2012 соналъул сентябр моцӀалда, «Бусурбабазул гӀайиб гьечӀеблъи» абураб филмалъул рахъ ккун редакция кӀалъай ва гьеб филмалда хадуб гӀарабазул ва бусурбабазул пачалихъазда Америкаялъул дипломатияб ишазул минабазде гьарурал гьужумал какиги.
12
ID: 68045
Нилъ - цо пачалихъ, жинда ккаралъе жаваб кьун ва цолъун бажарулеб», - абун лъазабуна гьес.
14
ID: 68048
Манифестация гӀуцӀаразул рагӀабазда рекъон, гьелда гӀахьаллъи гьабулеб буго 10 азарго чияс.
15
ID: 68049
ГӀемерисеца рорхун рукӀана чӀегӀералда тӀад хъахӀалъ «Дун - Шарли» - ян хъварал кагътал.
16
ID: 68050
Гьелдаго релъарал манифестациял байбихьана Франсиялъул цоги шагьараздаги, гьездаса руго - Бордо, Лион, Марсель, Тулуза, Нант ва цогидалги.
18
ID: 68052
Бельгиялда гӀадамал ракӀарана Франсиялъул вакиллъиялда цере, ккаралда рекъонгутӀи загьир гьабизе.
19
ID: 68053
Болгариялъул президент Росен Плевнелиевас зигарудул кагъат битӀана Франсиялъул бетӀерасухъе.
20
ID: 68054
Болгариялъул хӀукуматалъул бетӀер Бойко Борисовас гьал рагӀаби абуна лъугьаралда тӀасан: Гьаб бидулаб, хӀинкъикьеялъул ишалъ нижер ццим бахъинабуна зулмуялдалъун инсанасул гӀумру тӀагӀинабиялда ва рагӀул эркенлъи зиян гьабиялда.
21
ID: 68055
Нижеца загьир гьабулеб буго, гьаб нилъее ва тӀолабго Европаялъе захӀматаб заманаялъ ниж Франсиялъул халкъгун рукӀин.
25
ID: 68059
КӀудабритӀаниялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница ккараб лъугьа-бахъин какун абуна: «Парижалда ккараб чӀвай-хъвей буго нахъечӀвараблъун.
26
ID: 68061
Митинг перед мэрией в Кёльне. Алманиялъул федералияй канцлер Ангела Меркелица франсиялъул бетӀерлъиялъухъе зигара бан телеграмма битӀана: Франсиялда ккараб гьаб рокьукъаб теракт кколаро гӀицго франсиялъул ватӀанчагӀазде ва Франсиялъул жанисеб хӀинкъибукӀунгутӀиялде гьабураб.
27
ID: 68062
Гьеб гьужум буго кинанго ритӀухъ гьабизе бегьулареб, рагӀул ва прессаялъул эркенлъиялде гьабураб.
28
ID: 68064
Россиялъул президент Владимир Путиница какана хӀинкъи кьей кинаб гьеб бугониги ва гьес гъваридаб зигара бай загьир гьабуна хваразул гӀагароъиялде ва киналниги парижалъулазде ва тӀолабго франсиялъул халкъалде.
29
ID: 68065
АЦШ президент Барак Обама «цӀакъ кутакал рагӀабаздалъун» какана гьабураб гьужум.
30
ID: 68067
ЦМГӀялъул бетӀерав секретарь Пан Ги Муница абуна, казияталлъул редакциялде гьабураб гьужум кколин демократиялде ва рагӀул эркенлъиялде гьабураб гьужуман.
31
ID: 68068
Цолъарал Миллатазул ГӀуцӀцӀиялъул бетӀераб минаялда журналистазда цеве вахъараб бакӀалда гьес зарал ккаразул гӀагарлъиялда ва тӀолабго Франсиялъул халкъалда зигара бай загьир гьабуна.
32
ID: 160263
ЧӀваразда гьоркьор ккана - «Charlie Hebdo» журналалъул бетӀерав редактор ва карикатурачи Стефан Шарбоннье.
33
ID: 160264
«The Daily Telegraph» казияталъ бицухъе, Шарбонье вукӀун вуго «Ал-КъагӀидаялъул» «чӀегӀераб сияхӀалда».
36
ID: 160270
7 январалъул къаси в полицейский города Шарлевиль-Мезьер шагьаралъул полициялъул комиссариаталде живго вачӀана, гьужумалда гӀахбаллъиялъулъ жинда шаклъи бугев 18-сон барав Мурад ХӀамид.
37
ID: 160271
Гьесул классцоязул рагӀабазда рекъон, къалъул гӀужалда гьев лицеялда вукӀун вуго, ва полициялде вачӀун вуго жинда хадуб цӀех-рех бугин полициялъулин абун Интернеталда бихьидал.
39
ID: 160275
Гьаб гьужумалда цебеги казияталъул редакциялде чанго нухалъ гьужум гьабун букӀана.
40
ID: 160276
2011 соналъул ноябралда "Шарли Эбдоялъул" редакциялде рехун рукӀана жаниб кьвагьулеб лъамалъи букӀарал шушби Реакция Франсиялъул президент Франсуа Олландица хитӀаб гьабуна, жинда жаниб ишара гьабураб, щибго щаклъи букӀунгутӀиялда, ккараб такъсирияб иш хӀинкъи кьей букӀиналда.
42
ID: 160280
Франсиялъул премьер-министр Мануэль Вальсица лъазабуна, «киналниги ресал хӀалтӀизаризе руго гьел чагӀи щалан лъазабизе, гьеб гьабизе ургъаразда хадуб хал кквезе ва гьел тамихӀалде рачине»-ян.
43
ID: 160281
7 январалъул къаси парижалъул Республикаялъул Майданалда байбихьана рикӀкӀен гӀемераб манифестация, чӀваразул ва лъукаразул гӀагарлъиялъул рахъги ккун.
44
ID: 160294
Нижеца квер чӀвала франсиялъул халкъалда, хӀинкъикьеялда данде ва информациялъул алатал цӀунун гьез гьабулеб рагъулъ», - абун, гьес хъвана жиндирго «Твиттералда».
45
ID: 160298
Гуржиялъул МИДалъ зигара бан, къварилъи загьир гьабуна гьужумалъул хӀасилалда хваразул ва зарал ккаразул гӀагарал-гӀунтӀаразе.
46
ID: 160299
«Гьаб, рагӀул эркенлъиялде данде гьабураб вахӀшияб ишалъ, цоги нухалъ бихьизабулеб буго, кигӀан хӀинкъикбей цӀикӀкӀараб бугеб радикалияй пикраби ва цадахъ лъугьун халкъалдагьоркьосел жамгӀиятаз кӀвар кьезе кколеблъи, бищун жиб квешаб - хӀинкъикьеялде», - ян бачӀана МИДалдасан.
47
ID: 160302
ХъахӀаб рукъалъул пресс-секретарь Джош Эрнестица лъазабуна, Америкаялъул Цолъарал Штатал хӀадур ругин Франсиялда цадахъ лъугьун, гӀайибиял хъирщиялъе кумек гьабизеян.
48
ID: 160304
«Твиттер» хӀалтӀизабулез, жалго казияталде гьужум гьабиялда данде рукӀин загьир гьабизе хӀалтӀизабулеб логоти.
49
ID: 160307
НАТОялъул бетӀерав секретарь Йенс Столтенбергица лъугьа-бахъиналде абуна, гьеб бугин «прессаялъул эркенлъиялде гьабураб ццим бахъинабулеб гьужум» - абун.