Аварал Азарбижаналда
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:36
POS-tagging Coverage:
94.5%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (47)
47 sentences
1
ID: 69350
Гьез абулеб буго XVI-XVIIIвеказда къажараз ва турказ Гуржиялде тӀаде кутакал гьужумал гьарун Алазан гӀоралда рукӀарал бакӀал чӀунтӀизарун халкъ бихахочизе гьабунилан.
2
ID: 69352
НекӀсиял хъвай-хъвагӀаязухъ ва Закаталаялъул магӀарулазул биценаз, гьединго археологиялъулал цӀех-рехаз бихьизабулеб буго гьеб мекъияб букӀин.
3
ID: 69353
Масала, XIV векалда вукӀарав «Тарихи Дагъистан» абулеб тӀехь жинца хъварав МухӀамад-Рапи абулев гӀалимчияс баян гьабулеб буго XIV гӀасруялдаго Кавказалъул кӀудияб балалъул бакъдал рахъалда магӀарул росаби рукӀанилан.
6
ID: 69356
Ругизеги закаталаялъул магӀарулал Кавказалъул кӀудияб балалъул бакъдал гъулдузда руго.
8
ID: 69359
Нилъеда лъала гьоркьохъел гӀасрабазда магӀарухъ ва сверухъ ругел ракьазда гӀуцӀун букӀана Сарир абулеб щулияб хӀукумат.
9
ID: 69360
ГӀарабиязул тарихчагӀазул тӀахьазда рекъон, Арраналда букӀараб кӀиазарго росдал бащдалдаса цӀикӀараб къадар Сариралъул пачаясул квершаликь букӀун буго.
10
ID: 69361
Гьел росабазул чангоязда, гьай-гьай, магӀарулал рукӀине ккола ва гьезда гъорлъе Закаталаялъул магӀарул росабиги ине ккола.
11
ID: 69362
Азарбижаналда магӀарулал ругел росаби цӀунизе гьабураб кӀудияб галам букӀун буго.
12
ID: 69363
Гьеб 30 километр халалъи бугеб галам жакъа къоялде щвезегӀанцин нахъе цӀунун хутӀун буго.
14
ID: 69365
МагӀарулазул биценалда рекъон гьеб бан буго Пари абурай пачаялъ гъажараздаса цӀунизелъун.
16
ID: 69367
Цо-цо азарбижаналъул тарихчагӀаз, масала, Е. Пахомовас рикӀкӀунеб буго гьеб галам Дагъистаналъул халкъалдаса цӀунизелъун бараб бугилан.
17
ID: 69369
Амма Закаталаялда гьарурал цӀех-рехазул хӀасилалда якъинго баянлъана къед бан букӀин бакъдаса рачӀунел тушбабаздаса цӀунизелъун.
18
ID: 69370
Гьединал къадал ва галам гьоркьохъел векалда Дагъистан цӀунизе киса кирего гьарун рукӀана.
19
ID: 69371
Тарихалда жаниб чӀарахъез чанги кӀвар цӀикӀарал хӀалтӀаби ва бахӀарчиял гьунарал гьаруна.
21
ID: 69373
Хасго чӀарахъел машгьурлъана Надиршагь Кавказалде вачӀараб мехалъ, XVIII гӀасруялъул 40-абилел соназда гьез рагъул кор боркьана «ТӀолго дуниял гьар-гьазабулев» къажаразул шагьасул аскаралде данде.
22
ID: 69374
Гьеб букӀана Кавказалъул халкъаз къажаразде данде гьарулел рагъазул тӀоцебесеб багъа-бачари.
23
ID: 69375
ЧӀарахъез ва гъолодисез щущахъ рихизаруна Надирил вац Ибрагьим-ханасул гӀемерал боял.
24
ID: 69376
Гьелдаса хадуб Надирица Закаталаялъул ракьалде рещтӀизаруна жиндирго аслиял боял.
25
ID: 69377
КигӀан гьез халкъалда зулмаби гьаруниги гьезда кӀвечӀо гьел магӀарулал чучизаризе.
26
ID: 69378
Закаталаялъул лебаллъиялъул хӀакъалъулъ чанго магӀарул нексиял кучӀдузулъ бицун буго.
27
ID: 69379
Масала «Боде гъара балел гъолодисел» абураб кочӀолъ руго гьадинал рагӀаби: "Агъалдаса чакма билъ чапизегӀан", "ЧотӀасан рагъана дол гъолодисел", "Черхалдаса ярагъ цӀед биинегӀан", "ЦӀадулъги рагъана чӀарлъул бахӀарзал".
28
ID: 69380
ХӀукуматалъул гӀуцӀиялда чӀарахъезул рукӀана ханзаби, бегзаби гьечӀеб жамагӀат.
29
ID: 69381
Аслиял ишал ва кӀвар бугел суалал гӀумруялде рахъинаризе гьезул рукӀана хасал ришарал гӀадамал - чӀухӀби.
31
ID: 69384
Амма чӀухӀбуца ва бечедал гӀадамаз пачаясул рахъ ккуна ва гьелъие кумекги гьабуна.
35
ID: 161764
Аварал Азарбижаналда - халкъалъул къадаралда рекъон Азарбижаналда анлъабилеб этникияб къокъа ва Россиялдаса къватӀир ругел авар диаспораздаса бищун чӀахӀияздаса ккола.
36
ID: 161765
Гьенир аварал раккин Цересел ва цо-цо гьанжесел гуржиязул гӀалимзабаз хъвалеб буго гьел гӀадамал ЧӀарахъе цӀакъго нахъа рачӀанилан.
37
ID: 161767
Гьелъ рес кьунила магӀарулазул цо-цо къукъаялде Кавказалъул балги бегун, бакъде рачӀун рахъал рахъизеДибир Атаев, тарихиял гӀелмабазул кандидат.
39
ID: 161777
1964 соналъ гьабураб археологиялъул цӀех-рехазул хӀасилалда баянлъана Гъолода росу Х гӀасруялдасаго нахъе бижараб росу букӀин ва гьенир ратарал археологиялъул хутӀелаз бицунеб буго гьезулги магӀарулазул аслиял мухъаздаги букӀараб маданият цого тайпаялъул букӀин.
41
ID: 161803
XIX векалда жалго эркен гьариялъе гӀоло пачаясул колонизаторазде данде магӀарулаз гьарурал рагъазулъги чӀарахъез цӀикӀараб гӀахьаллъи ва гьунарал рихьизаруна.
43
ID: 161806
Советияб заман Халкъалъул тӀибитӀи Азарбижаналъул хьуналгун бакътӀерхьул рахалда Алазан гӀоралдаса Кавказалъул мугӀрузул кӀудияб балалде щвезегӀан магӀарулазул чанго росу буго.
44
ID: 161808
Гьединго магӀарулал руго Закатала шагьараздаги гьоркьохъеб хӀисабалда Азербайджаналда ругел магӀарулазул къадар гӀага-шагарго 50 азарго чиясде бахуна.
45
ID: 161809
ГӀаммал баянал Закаталаялъул ракь гӀадамазе гӀумру ва яшав гьабизе цӀакъго лъикӀаб буго.
46
ID: 161811
Гьеб гуребги гьайбатал рохьазда батула женшень, хъазанлихъ гӀинтӀи ва цогидалги къиматал хъурдул.
47
ID: 161812
Лъай кьей Маданият МацӀ Гьезул мацӀ дагьаб сверараб буго магӀарул бол мацӀалдаса.