Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Арагва
-
1
Байбихьуда гӀоралда абула ХъахӀаб Арагви абуг.
-
2
Гьеб чвахулеб буго миччилалдаса ва гачиганчӀидаса, жинца лъималъе хъахӀккараб кьер кьолеб.
-
3
Пасанаури гьеналъухъ ХъахӀаб Арагва жубалеб буго ЧӀегӀераб Арагвагун, жиб чӀегӀераб миччиладаса чвахулеб ва гьелъ жиндир чӀегӀераб лъим бугеб.
-
4
Жубан хадуб гӀоралъул цо манзилалъ букӀуна кӀиго параллелияб мухъ - канчӀаб ва бецӀаб.
-
5
Гьедин кӀиго гӀаркьел жубан лъугьараб гӀоралде абула Арагвайилан.
-
6
Жинвали росдада аскӀоб Арагваялде гъорлъе жубала Пшавалъул Арагва, КӀудияб Борбало мегӀералъул бакътӀерхьул щобаздаса чвахун бачӀунеб ва жиндир шималияб гӀаркьеллъуг Хевсур Арагва бугеб.
-
7
Ункъабго Арагва жубаялда гьабун буго Жинвал лъелнахърател ва ГЭС, жидеца Хъизихъалъул тахшагьар лъедалъун ва каналдалъун хьихун бугел.
-
8
Мцхета шагьаралда аскӀоб Арагва жубалеб буго Коралде гъорлъе.
-
9
Арагваялъул лъим аслияб къагӀидаялъ буго цӀорол.
-
10
Гьел цоцазе рокьулел рукӀуна, ва кӀиязулго рокьи ккола цого васасухъ.
-
11
Васас ячуна хъахӀаб рас бугей.
-
12
Пашманлъи хӀехьезе кӀвечӀей яц кӀанцӀула кӀкӀалахъе, ва гьедин юижула гьениб гӀор, ясалъул гъалал гӀадинаб чӀегӀераб лъим жиндир бугеб - ЧӀегӀераб Арагва.
-
13
Хирияй яц хвараблъи лъайдал, хъахӀаб рас бугей яцги кӀанцӀула кӀкӀалалъе - гьедин юижула ясалъул рас гӀадаб хъахӀаб лъим жиндир бугеб ХъахӀаб Арагва.
-
14
ЦӀар Арагви абураб гуржи рагӀул магӀга буго «хехаб», «кватӀулареб» абураб.
-
15
Цогидаб версиялда, гӀоралъул цӀар бачӀун буго абхаз аракуа - «гӀаркьел» абураб рагӀудаса.
-
16
Сипат-сурат ГӀор байбихьулеб буго Кавказалъул бетӀераб балалъул жанубияб рахъалдаса.
-
17
Арагваялъул расалъиялдасан унеб буго Рагъулабгин Гуржи нух.
-
18
Арагва гӀор лъугьиналъул хӀакъалъулъ бицен Рорхатал мугӀрузда гӀумру гьабун йикӀун йиго яц - цояй хъахӀаб рас бугей, цояй чӀегӀераб рас бугей.