ГӀаихил Марин
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:43
POS-tagging Coverage:
96.2%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (32)
32 sentences
1
ID: 75062
Марин йикӀун йиго гьоркьосеб черхалъул, чӀегӀерал беразул, чӀегӀеркӀуяб гьурмал, берцинай гӀадан.
3
ID: 75064
Маринил букӀана бихьинчиясул гӀадаб гьунар, яхӀ. Гьединлъидалги гьелъ, гьеб диналъул законал бищунго мухӀканаб заманалда, ахӀана кучӀдул жиндир рокьул бицун, жиндир рекӀел хӀалал загьир гьарун.
5
ID: 75067
Нахъе къачӀого Мариница тӀалаб гьабуна мискин халкъалъе, хасго, руччабазе эркенлъи.
6
ID: 75068
ТӀоцебесеб иргаялда гьелъие бокьараб эркенлъи букӀана рокьул рахъалъул эркенлъи, гьелда бащадго мискинхалкъ зулмучагӀазул кверщаликьа бахъи.
7
ID: 75069
Гьеб кинабго букӀана гьеб заманалда гӀемер кӀудияб ва бихьинав чиясецин захӀмалъизе бугебгӀанаб иш.
8
ID: 75070
Мариница тӀоцебе кечӀ кида гьабизе байбихьарабали абизе захӀматаб буго, гьелъул рахъалъул нилъее щвараб баянлъиги гӀемер дагьаб буго, амма Ругъжаб росдал харабазул биценазда рекъон абизе бегьула гьелъ тӀоцебе рокьул кечӀ гьабунин.
10
ID: 75072
Мариние цӀакъ захӀмалъана ва бакӀлъана жинцаго нух битӀарав вац ЦӀоралдаса чӀван вуссин.
12
ID: 75074
Гьединго нилъеда лъала Маринил СалтӀа кварида ран чӀварал рагъухъабазде гьабураб магӀоги.
14
ID: 75076
Росдал харабаца абухъе, Марин йикӀана бадиса - бадиб рагӀи абулей, квешалда квешабин, лъикӀалда лъикӀабин абулей гӀадан.
15
ID: 75077
Гьеб захӀмалъулеб букӀана росдал ихтияр кодосел, жамагӀаталъул боцӀи - гӀарац кванан гӀумру тӀамулел чагӀазе.
16
ID: 75078
Мариница жиндир рагӀи кӀалаца аби ругеб, гьеб ахӀиги цӀакъ бакӀлъулеб ва хечлъун къалеб букӀана гьезда.
17
ID: 75079
Мариние гудур гъолаго чанги соназ гьединал чагӀаца бугьтанал рехана гьелде, рогьоял хӀехьезе ккана гьей.
19
ID: 75081
Ахирги гьелъ кучӀдул гьаризе тезе гьечӀеблъи лъарал росдал ихтияр кодосез гьелъул кӀал букъана, росдал гӀодосел хабзалалъ занидаги юхьун.
20
ID: 75082
Амма кьварарай, къвакӀарай магӀарул кочӀохъаналъ ахӀана жеги кечӀ, кӀал букъун хадубги.
22
ID: 75084
Жиндир яхӀалдалъун гьелъ баян гьабуна жий чӀужугӀадан йигониги гьединал чӀужугӀаданалда квер борхизе нахъе цӀаларел бихьиназда цее къуркьуларин, хӀинкъуларин.
23
ID: 75085
Амма балагьлъун ккана Мариние жиндир гӀамал, абулеб рагӀи - замана букӀана гьединаб, чӀужугӀаданалъул ихтияр букӀинчӀо сундуеги.
26
ID: 75088
Абухъе Марин Гьидалъ кидаго урхъун йикӀуна гӀагарлъиялъухъ, жий гӀураб росдахъ, мадугьалзабазухъ.
28
ID: 75090
Амма гьелда башадго гӀадин гьелъул кучӀдузулъ цӀикӀкӀуна зулмучагӀаздехун рокьукълъи.
29
ID: 75091
Жиндир тухумалдаса чиясе йокьаниги Марин росасе уна МухӀамад абурав мискинав чиясе.