ГӀамир-СултӀан I (аваразул нуцал)
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:43
POS-tagging Coverage:
95.1%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (4)
4 sentences
1
ID: 75296
Абу-Муслим хун гӀага-шагарго 30 сон индал, ГӀамир-СултӀаница бакӀарула аваразул аскар ва Хунзахъ жиндирго рукӀарал балъгоял рахъкколезул кумекалдалъун тӀаде кӀанцӀула гъазиязде.
3
ID: 75298
Гьел яги гъурула, яги нахъе гъола, ГӀамир-СултӀан лъугьуна Аваристаналъул нуцаллъун, гьедин Суракъатил наслуялъухъе нахъбуссуна нуцаллъиялъул тах, халкъалъ дагь-дагьккун Ислам тезе байбихьула.
4
ID: 75299
«Тарих Дагъистан» абулеб Дагъистаналъул тарихияб хроникаялда рехсон буго: «... Гъумекиб ва Хайдакъалъул бутӀрузда гьоркьоб букӀараб ракълил матӀу бекула ЩайтӀаналъул хӀаракат бахъиялдалъун. Шагьидзабазул амирасул ирсилазул Хайдакъалъул бетӀергьабазул гьеб хӀинкъараб мехалъ нахъе рукӀарал МухӀамад-ханасдаги, Ашир-ханасдаги ГӀамир-ханасдаги рукӀел батула Аваристаналъул бетӀергьабазухъ ва гьезул рахъ кколеллъун рукӀине тӀаде босула... Гьенир гьездаги Гъумекиб бетӀерадаги гьоркьор лъугьуна вахӀшиял рагъар... Ва гьеб къотӀи-къай тӀубазе «...Каутар-шагь тюрказул аскарги бачун уна Гъумекиве бакъбаккул рахъалдаса», ва «Авар вилаяталъулги» Хайдакъалъулги аскар бакътӀерхьул рахъалдасан. Гьедин, гьеб хроникаялда рекъон, Саратанил эмен, ГӀамир-СултӀан, Исламалъул гъазиязухъа нуцаллъи бахъун хадув, кватичӀого, къотӀи-къай гьабун, цолъула магъулалгун ва Хайдакъалъул ханзабигун, ва гьез кьаби щвезабула гъазиязул централдаго - Гъази-Гъумекиб. Гьелъул хӀакъалъулъ хроникаялъ рехсолеб буго: «гьел рачӀана талат къоялъ, тӀоцебесеб рамазаналъ Нажмужинил къоязда... ГӀамир-СултӀанил ирс босула гьесул вас I Малик Саратница. ГӀамир-СултӀан I XIII гӀ. тӀоцебесеб бащалъи - Байсар нуцаласул вас, жинца умумузул тах Суракъатил наслуялъухъе нахъбуссинабурав. Аваразул ханас кагъатги ва, бищун кӀалъазе пагьму бугезда гьоркьоса рищун, чапарзаби ритӀула Каутар-шагьасухъе, тюрказул улкаялде... ва цебе лъола цолъиялъул ва гьудулъиялъул суал, мадугьалъиялъулги тушбабазде данде гьарурел рагъазда цоцазе кумек гьабиялъул шартӀазул къануназдаги рекъон», гьеб къотӀи-къай щула гьабула гӀагарлъи гӀуцӀиялдалъун - Каутар-шагьас жиндирго вас Кей-Кадие ячуна аваразул нуцаласул берцинай яс ва ахирисесул яц кьола Саратание, аваразул нуцаласул васасе... Саратаница ва Каутарица чӀунтизабуна ГӀумекиб... ва гъумекалъул киналниги амирзаби, жалги ХӀамзал ирсилал, щущала дунялалъуд батӀи-батӀиял рахъазде».