ГӀараб хъвай-хъвагӀи
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:43
POS-tagging Coverage:
86.7%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (15)
15 sentences
1
ID: 75478
ГӀараб хъвай-хъвагӀи буго жиб хӀалтӀизабулел пачалихъазул гӀемерлъиялъул рахъалъ кӀиабилеб бищун хӀалтӀизабулеб хъвай-хъвагӀиялъул система ва лъабабилеб жиб хӀалтӀизабулел гӀадамазул къадаралъул рахъалъ, латин ва син хъвай-хъвагӀабазда хадуб.
2
ID: 75479
ГӀараб хъвай-хъвагӀи гьабула кваранидаса квегӀиде курсив стилалда, жинда жаниб хӀарпал гьезул рагӀиялда жаниб букӀунеб бакӀалде, цебе-хадур ругеб цогидал хӀарпазде балагьун ункъго батӀияб къагӀидаялда хъвалеб.
4
ID: 75481
ГӀемерисеб, хӀарпаз рихьизарула яги гӀицӀго рагьукъал, яги рагьукъалги цо чанго рагьарабги гьаркьал, гьедилда рекъон гӀараб хъвай-хъвагӀи ккола яги абжадлъун, мисалалъе, гӀараб алипба, яги хӀакъаб алипбалъун, мисалалъе, цӀияб авар гӀажам.
6
ID: 75483
Байбихьуда, гӀараб хъвай-хъвагӀи тӀоцебесеб иргаялда жаниб хӀалтӀизабулеб букӀана хирияб Къуръаналъул текстал хъвазе.
7
ID: 75484
Ислам тӀибитӀигун, гьеб байбихьана хӀалтӀизабизе аслияб алипбалъун цогидал мацӀазе тӀаде цӀиял ишарабиги журан.
8
ID: 75485
Цо-цо версиял, мисалалъе курд, уйгъур ва басрияб боснияб рукӀана абугидаллъун яги хӀакъал алипбаяллъун.
9
ID: 75487
Гьединал дандеккезарияз гъорлъе рачине бегьула хисизарулал яги цӀиял хӀарпал, жидеца гӀараб фонологиялда гьечӀел гьаркьал рихьизарулел.
10
ID: 75488
Мисалалъе, гӀараб мацӀалда гьечӀо гьаркьикъаб билабиалияб плозив , гьединлъидал гӀемерисел мацӀазда гьеб гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизабула хасаб хӀарп, батӀи-батӀиял мацӀазда гьелъие хӀалтӀизабун букӀине бегьулаб батӀи-батӀиял хӀарпалги.
11
ID: 75489
Гьел модификациял рикьула кӀиго тӀелалде: тӀоцебеселде гъорлъе рачӀуна гьинд, тюрк ва парс мацӀал, жидее парс модификациял хӀалтӀизабулел, кӀиабилеб тӀелалде гъорлъе уна Гьиндонезиялъул мацӀал, жидер тенденция джави мацӀалде релълъенлъизе бугел.
12
ID: 75490
Боснияб, курд, кашмираб ва уйгхур хъвай-хъвагӀабазда рагьарал хӀарпал хъвачӀого бегьуларо.
14
ID: 166503
ГӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабулел мацӀал ГӀараб хъвай-хъвагӀи дандеккезабун буго гӀараб мацӀалъе гуребги, цогидал батӀи-батӀиял мацӀазеги, гьенирго гъорлъе рачӀуна жал самиял мацӀаллъун кколарел парс, малай ва урду мацӀал.
15
ID: 166508
Гьединаб къагӀидаялда, гӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабун букӀине бегьула абжадалдаги, гьединго абугидаялдаги.