ГӀахьвалал
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:43
POS-tagging Coverage:
94.3%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (215)
215 sentences
1
ID: 1839633
Жеги Дагъистаналъул ракьалде тӀоцевесев инсан рештӀиялъул мухӀканаб баян гьечӀониги археологиялъул цӀех-рехалъе кодор щварал магӀишатиял алатаздасан хӀисаб гьабун инсан нилъер Эралдаса 300 азарго соналъ цеве,ай, полиолиталъул заманаялдаго рештӀун вукӀин чӀезабун буго гӀалимзабаз Северияб Кавказалъул ракьалда.
2
ID: 1839634
Гьединго чӀезабулеб буго ракьул гьумерги жакъа нилъеда бихьулеб хӀалалъ гуреб гӀодоб биччараб къилбаялъулгун бакътӀерхьул рахъалдаса борхалъи рехараб, Севералдехун гьетӀи ккараб букӀанилан.
3
ID: 1839635
Гьеб тӀабигӀаталъул хисиялда цадахъго доб заманаялъ букӀараб гъветӀ-херги, рухӀчӀаголъиги нилъер Эралде щвезегӀанго кӀудияб хиса-баси ккун букӀинги.
4
ID: 1839636
Доб заманаялъ гӀадамас хӀалтӀизарулел рукӀарал ганчӀил алатал ратун руго, Кайтагалда, Дербенталда, Усиша, ГӀандадерил хӀоразда сверухъ, Урма ва гь.
5
ID: 1839638
Инсанасул гӀумруялъулъго гӀадин тӀабигӀаталъул гьумералъулъги цӀакъго чӀахӀиял хиса-басиял ккун руго, гӀазу-цӀадалъул, цӀералъул, гьури-квачалъул, ракь багъариялдалъун, вулканал раккиялдалъун, лъар-лъималъул къуваталдалъунги.
6
ID: 1839639
Балагьизин нилъедаго цебе бихьулеб тӀабигӀаталъул гьумералъул хиса-басиялда: ТӀокӀитӀа тӀад унаго нилъеда бихьула Тахо мегӀералъул борхалъи ва гьенисан чвахулеб лъаралъ гӀахьвалазул жаниблъиялда гъун бачӀун бугеб гамачӀ-гъегъги.
7
ID: 1839640
Гьеб Тахо магӀардаса лъараца бачӀараб гамачӀ-гъегъ бахун буго лъарал гьумералдаса 700-800-го метраялъ тӀадегӀан, гьелъ нугӀлъи гьабулеб буго цо чанго азарго соналъ цебе Тахо лъарал чвахи гьаб бакӀалдасан букӀараблъи ва дагь-дагьккун лъаралъ ракь чурун кӀкӀал бахъун лъарал гьумерги гӀодобе ккун букӀин.
8
ID: 1839641
Гьединго тамашалъи гьабизе бачӀуна ТӀадмагъилъ росдада нахъа рештӀараб «АчицӀцӀа» абураб кӀудияб 30-35 куб.
10
ID: 1839643
Гьеб гамачӀалъги нугӀлъи гьабулеб буго кидаялиго цебего цӀвакилазул кӀкӀал букӀинчӀолъи ва гьеб гамачӀги чӀчӀетал кьурулъан ракь багъаридал тӀун бачӀун гьениб чӀун букӀинги.
11
ID: 1839644
Нилъеда умумуз бицунеб батана гӀахьвалазул мугӀрулгун кӀкӀалал чӀахӀиял накӀкӀил рохьаз ккурал рукӀун ругилан.
12
ID: 1839645
Гьеб битӀахъ гьабиялъе гӀадин «ЧӀанди» кьо балелъул ракьулъан къватӀиб баккун бачӀана 60-70 см жиндир рохтиялда бугеб накӀкӀил чӀалу, тӀадго гӀаркьелалгун.
13
ID: 1839646
Гьединанго накӀкӀил чӀалу-рахи батана «МукӀуди рахъе» - абураб кӀкӀал ччукӀун бачӀиндалги.
14
ID: 1839647
Бицунаан умумуз гӀахьвалазул кӀкӀалал цияз, гъалбацӀаз, цӀиркъаз, чундуз, бацӀаз ккураб букӀанилан.
15
ID: 1839648
ГьабсагӀатги цо-цо бакӀазда цӀарал хутӀун руго гьез ханлъи гьабулел рукӀарал бакӀазда: «ГъалацӀилъигӀа», «ЧанакӀведамугъу», «БачӀолъикъе», «Шилъели» ва цойгидалги бакӀазда.
17
ID: 1839650
Гьел хисун цойги хӀутӀ-хъумур, хӀинчӀ-гъеду рештӀун буго тӀабигӀаталда рекъараб.
19
ID: 1839652
1946 соналъул 3 аб. июлалъ мегӀер ччукӀун бачӀараб лъаралъ Тахо лъарахъан эхеде 70 гектаралда букӀараб чӀахӀияб заз-хъарахъ, гъветӀ-хер щибго течӀого лъаралъ ана ва гъогъол гохӀалда гьебги сверизабуна.
20
ID: 1839654
Щибго заз-хъарахъго букӀинчӀеб Зоноб кӀкӀалал ахалъи заз-хъарахъалъги ккуна.
21
ID: 1839655
ГӀумруялъго кього хӀажалъулареб, гӀадан тӀасан гали бегьун хьвадулеб букӀараб Кванлъеросезул лъар, лъун кьогицин толаребгӀан кӀодолъана, рохьал дагьлъиялъ, лъимал бакӀ-бакӀаздасан къватӀире кӀанцӀиялъ.
22
ID: 1839656
Гьединго нилъер умумуз бекьун пайда босулел рукӀарал хурзал хӀорго теялъ харил санда сверана.
24
ID: 1839658
1883 соналъул июлалъул бай-бихьуда цӀвакил колодаса эхеде букӀараб мегъ хвезабун гъогъоде сверизабун буго «Агичалъи» рахъ ччукӀун щвеялъ.
25
ID: 1839659
Гьел тӀабигӀаталъулъ ккарал хиса-свериялдасан лъугьарал нохъо-тӀокъоялдаса, гӀерекъ-гьодорлъиялдаса живго вахчизе пайдаги босун тӀоцеве ГӀахьвалазул кӀкӀалахъ рештӀарав инсанасги гьениб гӀумру гьабизе лъалхъен гьабун буго.
27
ID: 1839661
Февралалъул революциялдаса хадуб Дагъистаналъул халкъалъеги асар гьабула жалго жидедаго чӀей тӀалаб гьабиялъул нух ккун ине.
28
ID: 1839663
соналъул I маялъ Владикавказалда данделъараб съездалъ лъазабула Северияб Кавказалъул магӀарулазул Союз ва хӀукумат гӀуцӀараблъун.
30
ID: 1839666
соналъул 19 аб. августалда ГӀанди хӀорихъ данделъула чачаналъулги магӀарулазулги бусурбабазул вакилзабазул съезд, гьеб съездалъ жалго жидедаго чӀеялъул къеркьеялъе церехъаби рищула.
31
ID: 1839668
Дагъистаналъулги Чачаналъулги бусурбабазе имамлъун вищула ХӀоцоса Нажмудин, гьесул халифлъун СалтӀаса Узун-хӀажиги.
32
ID: 1839670
соналъул 3 аб. октябралъ гьебго суалгун съезд данделъула Владикавказалдаги гьенивги ХӀоцоса Нажмудин Северияб Кавказалъул бусурбабазул имамалъун вищула.
33
ID: 1839672
Гьединан чияда бараблъун гьечӀеб, эркенаб, ращалъи бугеб пачалихъ гӀуцӀиялъе гӀоло къеркьеялъул нух ккун лъабго батъияб группаялъул къуват баккула ва Северияб Кавказграждан рагъул цӀадуе кӀкӀуй бетула 1917-1920 абилел соназ: Дениникиниде данде бусурбабазул гӀемерисез Узун-ХӀажилги ГӀали-ХӀажицаги рагъ бала.
34
ID: 1839673
ТӀоцебесеб: Исламалъул кьучӀалда хасаб пачалихъ гӀуцӀизе къваригӀарал бусурбаби.
35
ID: 1839674
КӀиабилел: Горский хӀукуматалъулги Северияб Кавказалъулги цебеккун пачаясе хъулухъ гьабулел рукӀаразул вакилзаби, цебегосеб пачаясул гӀадлу-низамги бокьарал.
36
ID: 1839675
Лъабабилелги: Социалистазулги большевиказулги къокъа, хӀалтӀухъабазулгун рекьарухъабазул хӀукумат, ай Советазул тӀалъи къваригӀарал.
38
ID: 1839677
Аслияб къуват букӀуна бусурбабазул цолъиялъулъ: Жидерго миллат, культура, мацӀ, дин, рукӀа-рахъин, гӀадат, ракь цӀуниялъул мурадгун.
40
ID: 1839680
соналъул маялда Темир-Хан-Шура Деникинил хӀаракаталдалъун Горский республикаялъул парламент ва хӀукумат биххизе биччала.
42
ID: 1839682
Северияб Кавказалдаса Деникин вачахъизе рахъуна большевиказулги бусурбабазулги церехъаби.
44
ID: 1839684
Гьеб заманалда Терекалда II армиялъул цо часталъе команда гьабулев вукӀуна Гикало гьесда цадахъ лъугьун къеркьей гьабула Узун-ХӀажица Деникин Северияб Кавказалдаса нахъе гъезе.
45
ID: 1839685
Социалистал ва большевикал хӀалимго, тамахго лъугьуна бусурбабазул руккелалде гъорлъе ва гьезул церелъеялги заманаялъ къабул гьарула ва гьезулгун гӀахьалаб мацӀги батӀула.
46
ID: 1839686
Узун-ХӀажияс Дышнинский рагъулаб хъулухъалдаса вахъула ва шаригӀаталъул судалде кьола, ахирги гьев большевиказ судги гьабун чӀвала.
47
ID: 1839687
Большевиказ Узун-хӀажигун цадахъ рекъон Деникиниде данде къеркьеялъул мурад букӀуна Деникин Северияб Кавказалдаса нахъе къотӀизегӀан заманаялъе гьабураб рекъеллъун, хиянатлъиялъул цолъилъун.
48
ID: 1839688
ХӀакъикъаталда Узун-ХӀажил рагъулаб къуват цӀикӀкӀараб букӀуна гьесие Гуржиязул меншевиказ 1919 аб. соналъул 15 сентябралъ битӀула 80 пулемет, 2 миллион патрон, цогидаб ярагъги лъабго офицерги ва рагъуе хӀажатабщинабги.
49
ID: 1839690
Узун-ХӀажил аскаралъул Чечен-аулалъул рагъулъ Кренселидзеца, Тухарелица, Кавчавадзеца ва нахъиязги рехун тун Умаратгун халкъалъухъа рахъарал ва аскаралъул рукӀарал чуялги рачун Гуржиялъе тӀад руссуна.
50
ID: 1839692
соналъул 30 аб. марталда Веденов Узун-ХӀажи къадаралде щола ва кӀудияб къадруялда вукъула.
53
ID: 1839697
Узун-ХӀажил армиялда рукӀарал цоял Гикалол армиялде гъорлъе лъугьуна, цойгиял рихха-хочун жиде-жидер бакӀалде тӀадруссуна.
57
ID: 1839703
ГӀахьвалазул ва цойгидалги бакӀаздаса Деникиниде данде рагъулел рукӀарал БагӀарал партизаназул отрядалги тӀадруссуна жиде-жидер бакӀазде.
58
ID: 1839704
ГӀахъущалиса ГӀали-ХӀажил политика букӀун батани большевиказулгун рекъон, Октябралъул революциялъул рахъ кквей ва шаригӀаталъул гӀадлу Дагъистаналда лъай, Узун-ХӀажил политика букӀуна тӀубанго батӀияб - Дагъистаналдаги Северияб Кавказалдаги Исламияб хасаю Имамат гӀуцӀи - Россиялда яги лъидаго гьоркьоб жубачӀеб, жибго жиндаго чӀараб.
59
ID: 1839705
Имамат биххцун хадуб Чачанлъиялъул ихтияр большевиказул квершаликье ккола ва Совет хӀукумат гӀуцӀула.
60
ID: 1839706
Чачаналъан тӀадруссун рачӀунел гӀахьвалазул партизаназе ГӀанди округ ХӀоцоса Нажмудинил ва Халиловасул аскаразул квершаликье ккун батула ва КӀаратӀаса ГӀахьвахъе нухалги къан ратула, гьез нух бахъула КӀванадаса сверун.
61
ID: 1839707
ТӀадруссиндал Шамхвалица хехго ГӀахьвахъ ругел нухал къала ва партизаназул гӀадлу-низам лъугьуна.
62
ID: 1839708
Узун-ХӀажигун цолъун гьабулеб къеркьей гӀахьвалазул гьеб бакӀалда лъугӀула.
63
ID: 1839709
Гьединан ракӀчӀараб хӀалалъ Имаматги гӀуцӀун Узун-ХӀажи-Шайих щулалъула Чачанлъиялдаго 1919 аб. соналъул 15 аб.
64
ID: 1839711
сентябралъ генерал Дениникица Британиялъул рагъулаб миссиялде лъазабула: «ГьабсагӀаталда тӀолабго Дагъистан, тӀолабго Чачанлъиги восстаниялъ ккун буго Воостаниялъе рахъаразул къадар Чачаналъ бахуна 5 азарго, Дагъистаналдайин абуни 7 азаргоялде».
65
ID: 1839712
Узун-ХӀажи-Шайхгун Гикалол аскарал Деникиниде данде къеркьеялъул заманаялда, ай 1919 аб. соналъул 9 аб.
66
ID: 1839714
сентябралъ Дагъистсналда рещтӀун буго цадахъ турказул аскаргун Казим-бей ва гьес дагьабги хӀадурлъизабула Дагъистаналда рагъулаб ахӀвал-хӀал.
68
ID: 1839717
сентябралъ М. Дахадаев чӀван хадубги гӀахьвалазул партотрядалъ мугъчӀвай гьабула Соц.
70
ID: 1839720
Къоркъмасовасда, С. Хизроевасда, гьезулго политик Ккурал ГӀалихӀажида, КъахӀиса ХӀасан-афандида, Узун-ХӀажи-Шайихасдаги.
71
ID: 1839724
соналъул 17 октябралъ Болъихъе вачӀуна Грозниялдаса 100 гӀан чи большевиказулгун Узун-ХӀажил рахъ ккурал, ГӀанди округалдасан Узун-ХӀажил аскаралде гӀадамал ахӀун Деникинил аскарал Северияб Кавказалдаса нахъе рачахъиялъулъ гӀахьаллъи гьабизе.
72
ID: 1839725
Гьеб заманаялъ Чачаналдаги, Ингушетиялдаги гӀуцӀун букӀуна шаригӀаталъул кьучӀалда хӀалтӀулеб Северияб Кавказалъул Имамат бетӀерлъуда Узун-ХӀажигун.Узун-ХӀажид аскаразда цадахъ Деникинида данде багъулеб букӀуна Терекалъул областалда букӀараб большевиказул армияги бетӀерлъуда Ф.Н.Гикалогун.
73
ID: 1839726
Болшевиказ Узун-ХӀажигун цадахъ рекъон Деникинилгун гьабулеб къеркьей букӀуна заманаялъул къеркьейлъун.
74
ID: 1839727
Гьеб Узун-ХӀажилгун Гикалол ахӀиялда рекъон Деникиниде данде рахъуна гӀахьвалазул 260 го рекӀарав бетӀерлъуда Шамхвал СалихӀовгун.»" 1919 аб. соналъул 18 аб.
75
ID: 1839729
сентябралъ Дагъистаналъул правителасде хъвараб ГӀанди округалъул начальникасул ишал тӀуралев ХӀадис ХӀажиевичас жиндирго рапорталда баян гьабулеб буго: «1919 соналъул 17 сентябралъ Болъихъе рачӀанила 100 гӀурус большевиказул рахъ ккурав чи, Жиндие мутӀигӀал росабалъан Узун-ХӀажил аскаралде гӀадамал ахӀун, гьелдалъун гьарулила Дагъистаналъул хӀукуматалдаса большевиказул хӀукуматалде данде къеркьезе ярагъ, гӀарац, ххам биччаян.з Гьебго 1919 аб. соналъул сентябралъул бащалъуда Веденове вачӀуна чачанав Иналук Арсланалук Турциялъул СултӀанасул цӀаралдаса гьересияб грамотаги босун, Северияб Кавказалъул магӀарулазе Имараталъул пачалихъ гӀуцӀун букӀин лъазабун ва гьеб пачалихъалъул Амирлъун Узун-Хайр ХӀажи-ханги тун вугилан ва Имараталъул хӀукумат гӀуцӀула хадур рехсарал министралги тун: Дышнинский, генерал Каим-ХӀажи, МухӀамад Хамхиев, Билал Шамилов, майор Хабала Бесланов.
78
ID: 1839733
Гьеб хӀукуматалда гьоркьор ккун рукӀуна большевиказул вакилзабиги: Ханбала Бесланов ва МухӀамад Ханиевги.» Имараталъул рагъулал къуватазде гъорлъе кколаан Гикалол XI армиялъул частги гӀахьвалазул,гъодоберисезул, балъхъадерил партизаназул отрядалги 1920 аб. соаналъул 31 аб.
79
ID: 1839735
январалъ Гикалол 400 гӀанасев рагъухъан жаниве сверизавула Деникинил армиялъ Воздвиженский щулалъиялда, гьел хвасар гьаризе кколаан Дуба-Юрт росулъ чӀараб Дышнинскиясул аскаралъ.
82
ID: 1839738
Кавказалъул къавмал лъугьиналъул хӀакъалъулъ «Картлиназул пачалихъалъул гӀумру» - абураб историялъул хроникаялда гуржиязул историк Леонти Мровелица рикӀкӀухъе Кавказалъул халкъал раккиялъул байбихьи армяназул Кавкасионаздаса лъугьун букӀиналъул хӀакъалъулъ бицун буго.
83
ID: 1839740
Мровелица бихьизабулеб буго киналго Кавказалъул халкъалги цо инсудасан лъугьарал рукӀин ва гьес рикӀкӀухъе гьезул кӀудиясул цӀарги букӀун буго Таргомас.
85
ID: 1839742
Таргомасил вукӀанила микьго вас: Гаос, Картелос, Бардос, Мовакан, Лек, Эрос, Эгрос, Кавкас абун.
87
ID: 1839744
МагӀарулазде гуржияз лекӀалилан абухъего, дандчӀвалел руго гӀахьвалазул наслу-тухумалда ва мегӀер-гӀалахалда гуржиязда гьабсагӀатги ругел цӀаралги.
88
ID: 1839745
Наслабазда ва гӀадамазда цӀарал руго: Картелал, Гугачи, Гоги, БечӀаро, Чангури, Чило, Чохили Сарикан, БачӀихо, Горгия, ТӀокъоши, КъватӀаши, ЧӀахи, Жухи ва гӀемерал гьездаго релъаралги.
89
ID: 1839746
Гьединалго цӀарал руго гьез хӀалтӀизарулел рукӀарал мегӀер-гӀалахалдаги: Тахо, Туручи, ТогӀа, ЧӀчӀохали, ЧӀчӀванди, ЧӀанди ва гьел гурелги бакӀаздаги.
90
ID: 1839747
Гьел рехсарал цӀарал хасияталлъун кколел руго Армениязулгун Гуржиязул цӀаразда.
91
ID: 1839748
ТӀоцебе гӀахьвалазул наслу-тухумалъе кьучӀлъуравлъун рикӀкӀунев Тахол ва гьезул лъималазул цӀаралги гьезулалдаго релъараллъун кколел руго.
92
ID: 1839749
Ислам баккизегӀанго гӀадамазда, наслабазда, тухумазда абулел цӀарал хутӀун руго гьабсагӀатги: ХьвацӀцӀо, Чарако, БечӀаро, ЧӀахо, Куто, Яримано, Ассо ва гӀемерал цогидалги.
93
ID: 1839750
Гьел цӀаразги нугӀлъи гьабулеб буго Армениязулгун Гуржиязул наслабаздаса раккарал рукӀин мугӀрузул къавмал, гьезда гьоркьорго гӀахьвалалги.
94
ID: 1839751
Гьеб Тахол наслуялъул тухумаздаса данделъун руго жиде-жидер кули-авал, гьел росо ккун паракъалъунги руго
95
ID: 1839752
ТӀадмагъилъ росдал жамагӀаталда гьоркьор унел; ЧӀакъдари, ШагӀаге, ЧӀахололъи, ЧӀанди, Къоролалъикъе, Ассехъе, ЦӀцӀваколо, Мигъиштодо, Гьамиштадо, Щущукъаридо, Кьедокьидо, Хунзо, Квакъарадо - кулаби-авалал.
96
ID: 1839754
КӀудияб росдал жамагӀаталда гьоркьор унел: Гъаштодо, ЦӀаракъанидо, ИцӀцӀалъидо, Секьидо, Дечидо, Жулилъадо, Лъаходо - абулел кули-авалал.
97
ID: 1839756
Лологъонилъдерил жамагӀаталда гьоркьор унел: Хвадаколо, ГӀалолокъе, ГӀакӀиласукъе, Мазекьудо, Чохилъали, Хъачоли - абулел.
98
ID: 1839758
Изандерил росдал жамагӀаталде гьоркьоре уна: Решвидо, ГӀанакъариде - абулел авалал.
99
ID: 1839760
ТӀунсикьдерил жамагӀаталъул 8-го наслуялъул батӀа-батӀа тӀурал авалал рукӀана, 1944 абилеб соналъ Чачаналъе гочинегӀан гьелги кисан щиб къавмалдасан рачӀун чӀаралали лъаларел, гьезул цониги цӀараки тӀадбуссунги бачӀинчӀо, гьезул 8-абго наслу цоцалъ жубан лъугьараб росдаца, росуги Хасавюрт районалъул «Гъарасу» хъутаназда бан буго ва гьенир рештӀун руго; Куто, Ачодо, Яримано, АнцӀцӀилъарадо, Эчоли, Мукьугъадаридо, Ассо, Ахоколодолазулги тухумал.
100
ID: 1839762
«Ахвахдара» - абураб росо гӀун буго Азербайджаналъул Закатала шагьаралда аскӀоб, гӀахьвалазул 1730 аб. соназ Чулак Сурхай ханас рагъулъ рачун арал гӀолохъабазул 29-ялдасан 8-яв ракьги кьун паракъат гьавун вукӀун вуго Данача-абулеб бакӀалда, гьениб гьава-бакъ рекъечӀого Закаталаялъул мугӀрул ракьанда паракъалъун руго, гьелги батӀи-батӀиял тухумаздасан данделъарал ккола.
102
ID: 1839766
1957 абилеб соналъ Чачанал тӀадруссун хадуб Хасавюрт районалъул Къамиш хъутада гӀун бачӀана 1950 абилел соназдасанго дагь-дагь ккун гӀахьвалазул КӀудияб росдал, Изандерил ва Лологъонилъдерил росабазул тухумаздаса цолъараб «ЦӀияб гӀахьвахъ» абураб росоги.
103
ID: 1839768
Бабаюрт мухъалъул Гъази-юрт гъутаналда гӀун бачӀана ТӀадмагъилъдерил цо чанго тухумалдасан данделъараб Гъази-юрт росоги 1957 соналъ, Уцмуу-юрт хъутанги ТӀаносезе росо лъезе тун, чачанал тӀадруссун хадуб, ай 1957 аб. соналъ.
104
ID: 1839771
Югалъул гӀахьвалазул; Лъануб, ЦӀегоб, Рокьуб росабазул хӀакъикъат щибаб росдал батӀа-батӀа баян гьабун буго.
105
ID: 1839772
Росабазда, авалазда, кулабазда цӀарал лъун руго гьеб бакӀалда байбихьуда рештӀаразул яги гьеб бакӀалъул географияб тӀабигӀаталда рекъон.
106
ID: 1839773
Мисал: ТӀадмагъилъ - тӀасияб магъилъ букӀиналъ, ТӀунсикь - Харикь - абураб рагӀул магӀнаялда, гӀахьвалазул мацӀалда «тӀунсикь» - хер абураб рагӀи ккола.
107
ID: 1839774
КӀудияб росо - гӀахьвалазул росабазда гьоркьоб гьеб бищун кӀудияб букӀинилъ, жидецаго гӀахьвалаз гьеб росдада абула «Ашвадо» - тӀолалго гӀахьвалаздаго сверухълъиялъ «Ашвадо»- йиланги абула.
108
ID: 1839775
ЦӀвакил Кули, Изано, Кванкъеро, ЧӀанди, ШагӀа, ЦӀегоб, Рокьоб, Лъоноб - гьел гӀадамазул цӀаралда хутӀун руго, росо-авал гӀуцӀизе цебеккун гьеб бакӀалъул бетӀергьабилъун рукӀаразул яги хадубккун гьенир ккаразул цӀарал лъун.
109
ID: 1839776
Масала: ЦӀвакил Кули - гьесул кули букӀараб бакӀалда гьесул тухумалъул росо гӀун.
110
ID: 1839777
Кванкъеро - гьев канлъукъав чиясул кули букӀараб бакӀалда чанго тухумалъ росо лъун.
112
ID: 1839779
Лъаноб, ЦӀегоб, Ракьобги гӀадамазул цӀарал ккола, гьелъие нугӀлъун буго 1886 абилеб соналъ Дагъистаналъул администрациялъ гьабураб переписалдаги гьединал гӀадамазул цӀарал цереса-цере лъун рачӀун рукӀиналъги.
113
ID: 1839780
Цебеккун гьеб ракьалда гӀумру гьабун яги гьеб ракьалъул бетӀергьабилъун рукӀаразул, яги хадубккун гьеб кули-мархьуялъул бетӀергьаби хисун цойгидазухъе ккаразул цӀарал лъунги: Масала: ЧӀакъдар, ярагъололъи, ШагӀва-ге, Къоролалъи къе, ЧӀанди, Гъашто, ЦӀваки, Кванкъеро, ГӀали , Мази , ЧӀахи , ЦӀего , Лъена , Ракьо - гьеб цӀар щвезегӀан Ракьоб росдада абулаан «Ригьидо»-йилан - «ригьа» абураб рагӀиялъул магӀна ккола бечӀчӀулеб гӀиял рехъенилан абураб, гӀахьвалазул мацӀалъ.
115
ID: 1839783
Гьел росабазда, авалазда лъурал цӀарал ккола тӀоцеве гьеб бакӀалда рештӀарасул яги гьесул милклъун букӀараб бакӀалда абулеб цӀар.
116
ID: 1839784
Руго авалал, кулаби къватӀисан рачӀун чӀаразулги: Хунзо - Хунзахъан, Гьамишдо - ГьамиштӀасан, Ачодо - ГӀарчусан, Эчедо - Эчедисан, ГьоцӀалъан, ТокӀитӀасан, Гьемерсосан, Хъвенедо - Хъвенисан рачӀун чӀаразул Гьебго къагӀидаялъ бакӀалъул хаслъиялде, бетӀергьабазул цӀаразда, гьеб кули, мархьо, нохъо, ицц, къулгӀа, лъар, мегъалъул щибаб бакӀалда, мегӀер-гӀалахалда хасал цӀараздалъун хьухьун буго тӀолго гӀахьвалазул ракь, мекъи ккеларо цо квадратияб километраялда гьоркьохъеб хӀисабалъ 80 - 90 цӀар бугин абуни.
117
ID: 1839785
ГӀахьвалазул къавмалъул щибаб росдал хӀакъикъат-къисмат батӀи-батӀияб буго.
118
ID: 1839786
Тахо мегӀералъул Югалда гӀахьвалазул ракьул гӀорхъиялъе хъаравуллъиги, ва риидал общинаялъул чуязулгун оцазул милатги гьабизе 1640 абилел соназ цо лъаратӀисезул тухумалъе гӀахьвалазул общинаялъ изно кьола ракьалда росо базе ва жидер ракьалдаса пайдаги босизе.
119
ID: 1839787
Гьеб тухумалъул росдае цӀарги кьола «Ракь гӀахьвахъ» абун, гьеб росдада гӀахьвалаз абулаан «Лъа ашвадо» йилан, ай «тӀасиял гӀахьвалалилан».
120
ID: 1839788
«Ракь ГӀахьвалазул» жамагӀаталъулгун ригьин-цӀаялъулги хурхен букӀунаан ва гьабсагӀаталъги цоцалъ гӀагарлъи-божилъиги буго, мацӀ гӀахьвалазул гьечӀониги.
121
ID: 1839789
1460 абилел соназ гӀахьвалазул, багвалазул, чӀамалазул халкъалда Исламияб дин билъанхъизабизе вачӀарав ХӀажи-ГӀалида цадахъ вачӀун вукӀуна 6- гӀанав чи, гьел рукӀуна ГӀагараб Азиялъул вилаятаздаса гӀадамал.
122
ID: 1839790
Гьел церехун рехсарал, къавмазе Исламияб динги малъизе, малъараб босуларев гӀадлуялдеги цӀазе цадахъ рачарал рукӀуна.
123
ID: 1839791
Гьезул цо бутӀа Хундерилгунги Гьидерилгунги Хучаде ккараб рагъулъ накълунлъула, нахъе хутӀарал ХӀажи-ГӀалица жиндир бикьун щвараб ракьул бутӀаги кьун «Хьвара» абураб бакӀалда тархъен гьарула.
125
ID: 1839793
Гьез росу лъун букӀараб бакӀалда гьанжеги «Лагъело гъве» - ян цӀарги хутӀун буго, гьезул росо букӀараб бакӀалдаги чӀвендал руго.
126
ID: 1839794
Хъизамалги гӀемерлъидал, дагьаб ракьалда гӀумру гьабизеги захӀмалъидал гьезул хӀукму ккун буго жодое санагӀатаб гӀатӀиракь балагьизе.
127
ID: 1839795
Гьел гьирида уцнел рукӀун руго ГӀавхъалъ ва гьезул къотӀиги ккун буго чачаназул Зандакъи росдал жамагӀаталъулгун гьенире гочине.
128
ID: 1839796
Жидер ихтияр кодосев ХӀажи-ГӀалил васасулги васасул вас Мусадасаги Кванкъеро росдал жамагӀаталдасаги балъго цо пуланаб сордоялъ Занол къварилъи тезе ва Зандакъи рештӀине.
130
ID: 1839798
Гьелги ккола тӀоцере ГӀахьвахъе къватӀисан ХӀажи-ГӀалица рачун рачӀараздасан.
131
ID: 1839799
Гьезул цо-кӀиго цӀа-раки Мусал къавудаго хутӀула, гьездаса ккола Ашаколоца росо тезе ккедал гьес цадахъ рачарал «КъекӀоло» наслуги Гъагъалъ рештӀарал.
133
ID: 1839801
Гьел ХӀажи-ГӀалица тархъан гьарун рукӀаразул кӀудияв вукӀун вуго ХъватӀа, гьесул хобги СулейманхӀажил минаялда цебе, колода бугин бицен буго.
134
ID: 1839802
Гьелдаса хадур ГӀахьвахъ рештӀараллъун ккола ТӀунсикь авалал лъун рукӀарал жал кида ва кисан рештӀарали лъаларезул 8-го тухум.
136
ID: 1839804
ГӀахьвалазе чабхъенал гьаризе рес ккола 1730 абилел соназ Чулахъ Сурхайил бодулъ арал гӀахьвалазул гӀолохъабаздасан 8-9 чи Закаталаялда гӀагарда гӀумру гьабизе паракъалъун хадуб, ай Ахахдара росо гӀун хадуб.
137
ID: 1839806
къарнуялъул ахиралда ХӀХ аб. къарнуялъул авалалда цӀакъго гӀадатлъун билъанхъула чабхъада ун Гуржиялъан, Терекалдаса гӀадамал хъами ва гьезул боцӀи-панз гъачагълъиялъул къагӀидаялъ тала гьаби.
139
ID: 1839809
Цо рахъалъан хъамун рачӀарал Исламияб диналде руссинаризе щвей рикӀкӀуна кӀудияб кири бугеб ишлъун, цойги рахъалъан Чабхъадулазе гьел ричун щолеб хайирги.
140
ID: 1839810
Гьединан Чабхъадулазул къокъаби гӀахьвалазулги рукӀунел рукӀун руго ва гьезие цебехъанлъи гьабулеб букӀун буго Гожоца, Къурбаница, ХӀатӀулас, ГӀабдулкъагьирица, Ибрагьимицаги.
141
ID: 1839811
Хъамун рачӀарал гьез ричулел рукӀун руго, рес бугез жидеего лагъзаллъун росулелги рукӀун руго.
142
ID: 1839812
Гьединан хъамун рачӀараздасан йичун йосун йиго ТӀадмагъилав ГӀадалоца цо яс ва кӀиго чиги.
143
ID: 1839813
Йичун йосарай, жиндирго лъади хведал, ГӀадалоца лъадилъун ячуна ва гьесие цо ясги гьаюла, гьелда цӀарги Тамара абун лъун буго.
144
ID: 1839814
Гьединан цадахъ гӀумру гьабулел рукӀадго жодор яц ГӀахьвахъ росасда йикӀин лъарал гьелъул вацал, яц цӀехон ГӀахьвахъе щола.
147
ID: 1839817
Гуржияз ГӀадалое жидер ячцгун Кахетиялде вачӀани ГӀахьвахъ гьесул бугелдаса чанго нухалъ гӀемераб ракьги, лъикӀаб мина-азбарги кьезе къотӀи гьабула, кинниги ГӀадало мукӀурлъуларо.
148
ID: 1839818
Гьесул лъади Барварацаги инкар гьабула вацазда цадахъ ватӀаналде тӀадюссине.
150
ID: 1839820
Кинниги ГӀадалое захӀмалъула лъадудаса ватӀалъизеги, гьелъул ункъго вацасул адаб рехизеги.
151
ID: 1839821
ГӀадалоца Варварада абула, ункъго вац мун цӀехон дуда хадур рачӀун ругелъул, гьезул адаб рехараб жо бегьиларо, мун вацаз абурабги гьабун гьезда цадахъ ине ккела ясги дихъ тун.
152
ID: 1839822
Варвараца вацазда абула жиндир Исламияб дин дое щведалги цӀунизе ккей, росасе ине кканиги бусурманчиясе гурони кьунгутӀизе.
153
ID: 1839823
Гьеб къотӀи-къаялда Варвара вацазда цадахъ Ганжа гӀурухъан эхеде, Кахетиялъул росаби рихьулеб магӀарде тӀадеги щвезарун ГӀадало тӀадвуссуна.
154
ID: 1839824
Варварал яс Тамара росасе кьола, гьанжеги гьелъул цӀар цебесе-цебе лъун Чаракилазул наслуялда гьоркьоб хутӀун буго.
155
ID: 1839825
Гьевго ТӀадмагъилъав Ражиханил ГӀадалоцаги ричун росалу чабхъадулаз Гуржиялъан хъамун рачӀаразул кӀигояв.
156
ID: 1839826
Цоясда цӀар букӀуна Иван, гьесда цӀар хисула Иман-ГӀалийилан, гьев Исламги къабул гьабун, иманалдеги вуссун, как-диналда тӀадчӀей гьабула ва Исламияб гӀадлуги цӀалун мадрасалдеги хьвадун лъикӀав гӀалимчи лъугьиндал жамагӀаталъ цебе как базе имамлъи гьабизеги тӀамула.
157
ID: 1839827
Цо хер бецул гӀужалъ кӀиго васги рокъов тун рос-лъади харда ун рукӀуна, рагъида бакъвазе белъараб куракул гагаги лъун.
160
ID: 1839830
Цо моцӀидасан кагъат щун буго жамагӀаталде жинда хадур рарал какал рецӀейилан, кӀалалъ жив кин кӀалъаниги ракӀ жиндир иманалда букӀинчӀилан.
161
ID: 1839831
КӀиабилев лагъ Сулиги тархъан гьавун вуго «ЧӀохалилъ» абулеб колода, гьесул наслуялъул жеги нахъе чагӀи руго.
162
ID: 1839833
соналъ пачаясул администрациялъ Дагъистаналда гьабураб переписалда дандчӀвана КӀудиябросолъ лъабго лагъасул цӀар: ЯрагӀали Иван огъли - 60 сон.
164
ID: 1839835
Барбара Иван гъиз - гьей ГӀалигъалбацӀида росасда йикӀун йиго, гьесие гьавурав Сердила цӀар лъурав 13 сон барав васги вукӀун вуго.
165
ID: 1839836
Гьелъул росги цӀар хисун бугониги, вукӀине бегьула гьезда цадахъго вукӀарав чи.
166
ID: 1839837
Гьел руго дол Терекалъул Казакал Веденоре 1840 аб. соналъ Иман Шамилихъе лъутун рачӀарал, Имамас кагъатги хъван Гъоркьа Бакълъухъа дибирасухъе ритӀун рукӀарал, гьенир тархъанги гьарун, Датуналъул гьатӀаналде християн диналдаги тун.
167
ID: 1839839
Гьенир Кьуру мухъалъулаз чӀван хутӀаразул лъутун унаго ГӀахьвахъе щварал, цинги КӀудиябросолъав ГӀакъилица хвасарги гьарун жиндирго милкалда тархъан тарал.
168
ID: 1839840
Гьел хъизамазул 1950 абилел соназ ЯрагӀали Иван огълил вас Яра МухӀамадил Пайзула абулев вас ва цо ясги ЦӀоралде арал тӀокӀалъ тӀадруссинчӀо, гьезул нахъе наслу-тухумги хутӀун гьечӀо.
170
ID: 1839842
Гьединалго дагьал цӀаракаби Изано, Лъанур, ЦӀегор, Ракьурги руго, гьединаб къисматалъ ккаразул.
171
ID: 1839843
«Ракь ГӀахьвахъ» - абураб цӀар кьеялъеги гӀиллалъун кколеб букӀун буго, гьел рештӀараб бакӀ гӀахьвалазул милк букӀиналъ ва гӀахьвалаз тархъинет тарал рукӀиналъги.
173
ID: 1839845
ЦИКалъ, ай КъахӀиб район гӀуцӀарабго «Ракь ГӀахьвалазул» росдае жидерго росо Ракьуб росдал Советалдаса батӀа гьабун росдал Совет гӀуцӀула, гьелде щвезегӀан «Ракь ГӀахьвалазул» жидерго батӀаго росдал Совет букӀинчӀо, Ракьуб росдада цадахъ рукӀуна.
174
ID: 1839846
25/ХӀ-1932 абилеб соналъ Дагъистаналъул ЦИК-алъул хӀукмуялдалъун «Ракь ГӀахьвахъ» абураб цӀар хисун «Дагъбаш» абураб цӀар кьола.
175
ID: 1839847
ЦӀар хисиялъе гӀилалъун ккола Болъихъ районалдаса батӀа гьабун ГӀахьвахъ район рагьи, ГӀахьвахъ росоги ГӀахьвахъ районги батӀа гьабизе лъангутӀиялъ.
176
ID: 1839848
«Ракь ГӀахьвахъ» росдада «Дагъбаш» абураб цӀар лъеялъул предложение кьун бугог Дагъ.
177
ID: 1839849
ЦИКалъул Секретарьлъун вукӀарав, гьеб росолъеги щун вукӀарав Ш. Даветовас «МугӀрул тӀогьиб» абураб лъарагӀазул рагӀиялдаса.
178
ID: 1839851
Кванкъеро ватӀан тӀамурал «КъвечӀола», кӀудияб росолъ ватӀан тӀамурал «ГӀелола» ккола 1450 абилел соназ Ислам билъанхъизабизе вачӀарав Шамалъул ХӀасанил вас ХӀажи-ГӀалил наслуялдаса, гьесул наслуялъул тухумал ккола КӀудияб росолъ Шамил-ХӀажиясул, ХӀажи-Мусалги.
179
ID: 1839852
ХӀажи-Мусал наслуялде гъорлъе ккола КӀудияв Гъарагъазиясул лъимал, МусахӀажияв, ХӀасахан-ХӀажиявги Шамил-ХӀажиясул тухумалде ккола КӀудияв ХӀажиясул, ГӀащикъ-МухӀамадилазул, Хъехъаласулалги.
180
ID: 1839853
«ГӀело» - абураб гьеб наслуялъе цӀар щун буго гӀемерал гӀалимзаби рахъараб наслу букӀиналъ.
182
ID: 1839855
Кванкъеро авалалда «КъвечӀоло» наслуялде гъорлъе ккола ГӀали-хӀжиясул, Ишвадасул ва ХӀасанилалги .
183
ID: 1839856
Жидер къисматалъ гӀахьвалазул кӀкӀалахъ ккаразул: ДегӀенчолазул, ГӀакӀвачолазул, Царакилазул, Хунзахъа ГӀалимусал, ГьамиштӀаса-Даниялазул, ЦӀатӀанихъазул, Хъвенисезул, ГьоцӀдерил, Гуржиялъа, Гъагъалъан, Лъебелалъан, ТӀунсикьдерил микьго наслуялъулги, - гьединго Лъаноре, ЦӀегоре, Ракьуре рештӀаразулги хӀакъикъат къокъго рехсон буго.
185
ID: 1839858
Изаноса ГьитӀинамухӀамадилазулги, Кванкъероса КотӀемухӀалазулги, Лологъонилъан ГӀалоло колода рукӀаразулги наслу цӀатӀанихъазул ккола.
186
ID: 1839859
Гьелго Изаниса ГъазимухӀамал ХӀусенилал, ВаскӀилал ункъракьалъул Хъвенисан рачӀарал ккола.
187
ID: 1839860
КӀудияб росдал Дамичикьол ва Жулилъани гӀадамалги къватӀисан рачӀун БакъохӀажияс паракъат гьарурал ккола.
189
ID: 1839862
Лологъонилъ росдал анлъго наслуги гӀахьвалазул росабалъан ун гьездасан лъугьараб ккола.
190
ID: 1839863
Югалъул ГӀахьвалазул наслабазул къисмат, гьезул щибаб росдал тарихалда баян гьабун буго.
191
ID: 1839864
Тахол насибалдаса лъугьарал тухумазул мухӀканаб силсил гьабун бажаруларо, гьелдалъун умумуздасан цереса-цере щвараб бицадасан гьабураб буго гьаб таблица.
192
ID: 1839865
Таходе щвезегӀанги гьесдаса хадуб нилъеде щвезегӀанги аза-азар умумул ун рукӀуна цереса, 100 соналда жаниб 4 эмен хисула, гӀага-шагарго.
196
ID: 1839869
Инсул наслу лъугӀун ине бегьула, амма, гьеб цойгидаб наслугун жубаларо, амма тухумазде бикьула.
198
ID: 1839871
Цоцазулъ гӀагарлъиялъул цӀар тӀагӀаниги наслу-тухумалъул цӀар холаро, цо чиниги гьеб наслуялъул бихьиназул нахъа вукӀун.
199
ID: 1839872
Кинал ругониги халкъалда гьоркьор динал раккизегӀан ва жодор цо бакӀалда чӀчӀун магӀишат гьабун тархъизегӀан ГӀахьвалазул къавмалъул гӀадамазде ахӀулел цӀаразул хӀисаб гьабураб мехалъ бихьулеб буго лъимер гьабигун гьеб лъимералда хасаб цӀар лъолеб букӀинчӀолъи, гьединан харабазги бицунаан.
200
ID: 1839873
Гьеб лъимералъул хадубккун загьирлъараб гӀамал-хасияталда яги куц-мухъалда, яги хӀутӀ-хъумуралда, хӀинчӀ-гъедоялда, гъветӀ-хералда ругел цӀарал лъолел рукӀун руго.
201
ID: 1839874
Мисалалъе: Халатав, Къокъав, ГьитӀинав, ЧӀегӀерав, БагӀрав, БахӀарчи, Багьадур, Лебалав, Рекъав, Беццав, КвачӀикъ, Ццидалав, Хъарччигъан, Хъергъун, Бугъа, Гъвала, ГъалбацӀ, ДегӀен, Ракьа, Лълъар, Лъен, Чан, ГӀорто, СахӀ, Лачин, Берцинай, ЧӀухӀарай, Микки, Мокъокъ, Чагъана, Чалухъай ва гь.
202
ID: 1839876
Обществоялъулъ политикияб экономикияб хиса-баси ккеялда цадахъ гӀадамазда лъолел цӀаразулъги чӀахӀиял хиса-басиял ккун руго.
203
ID: 1839877
Масала: МагӀаруллъиялда христян дин хӀалтӀулеб заманаялъ гуржиязулгун-эрмениязул цӀарал лъезе лъугьун руго: Гоги, Гугач, Жули, Кута, Дечи, Чохили, Чило, Чангури, ЧӀанди, БечӀаро, Моссе, Марьям, ИлитӀа, Тамара, Барбара ва гь.
204
ID: 1839879
Исламияб диналъ християн дин хисигун раккула цӀиял цӀарал; МухӀамад, АхӀмад, Абубакар, ГӀусман, ГӀали, ГӀумар, Муса, ГӀабас, ГӀабдулмутӀалиб, Гьашим, Къурайш.
205
ID: 1839880
Цебегоялдаса гӀарабиязул улкаялдаги лъолел рукӀун руго моцӀ-цӀваялда, бакъалда ва цойгидалги хӀайван, хӀутӀ-хъумуралда ругел цӀаралги: Бадрудин, Нажмудин, Шамсудин, Шарапудин, Садрудин, Асвад, КагӀба, Макка, Асад ва гь.
206
ID: 1839882
Дагъистаналда Совет власть щулалъун хадуб ва Большевиказ марксистияб тарбиялда халкъ куцаялъ гӀахьвалазул обществоялъеги исламияб диналъулъ чучлъи ккола ва гӀурусазулгун христианазул цӀарал лъезе байбихьула: Пушкин, Киров, Чкалов, Сергей абун.
207
ID: 1839883
Гьанже гьел цӀарал лъеялда ракӀ бухӀарал эбел-инсуца, цо-цояз жидер лъималазда лъун рукӀарал цӀарал - Сергейида-Сиражудин, Кирода - Киса, Чкаловасда - Чанахъан абун хисула.
208
ID: 1839884
ГӀахьвалазул обществоялде гьоркьоре кколел росабазул гӀадамазде гьанжеги щибаб эпохаялда гьоркьор загьирлдъарал цӀарал гӀемер дандчӀвала цереса-цере лъун.
209
ID: 1839885
Гьединалго цӀарал дандчӀвала цебегоялдаса кули-мархьуялда гьелъул бетӀергьабазда лъурал цӀаразулъги.
211
ID: 1839887
Цо-цо бакӀазда гьеб бакӀалъул географияб хаслъиялде балагьун кьун руго цӀаралги.
212
ID: 1839888
ГӀицӀго ТӀадмагъилъ жамагӀаталъул ракьалда иццгун къулгӀаялда 37, мегӀер-гӀалахалда 98, рохьазда 26 гӀадамазул цӀарал руго.