Skip to main content

ГӀумар-хӀажи Зиявудин Дагъистани

Explore the content and search within this document

Document Information
Source: Wikipedia
Author: Unknown
Date: Unknown
Genre: Unknown
Language: Avar
Tags: None
Added: Jul 21, 2025 12:43
POS-tagging Coverage: 92.5% (Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (61)
61 sentences
1 ID: 76109
Гьесул эмен ГӀаду вукӀана кӀудияв, Дагъистаналда, МагӀарухъ машгьурав гӀалимчи.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
2 ID: 76110
Эбелалда цӀар букӀана ПатӀимат.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
3 ID: 76112
Гьелдаса хадуб гьев цӀалана росдал мадрасаялда акъадия абураб гӀелмияб даражаялде щвезегӀан, хадуб Аваристаналъул батӀи-батӀиял росабалъ гӀалимзабазда цеве.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
4 ID: 76114
ГӀумар-хӀажи машгьурав вуго Турциялда, Мисриялда ва цогидалги бусурман улка-ракьазда.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
5 ID: 76115
Гьев гӀалимчиясул гӀумруялъги гӀелмияб хӀаракаталъги цӀакъ ритӀухъ гьарула академик Ю.И. Крачковскиясул гьал рагӀаби: «Жал къисматалъ ватӀан тун къватӀире рехарал дагъистаниял рукӀунаан тӀолабго бусурман дунялалъул вакилзабазе киналго мукурал авторитеталлъун».
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
6 ID: 76117
Амма жиндирго инсул ватӀаналда, Дагъистаналда ГӀумар-хӀажил цӀарги гӀелмуги нахъа заманалдаги цӀакъ дагьал гӀадамазда гурони лъалароан.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
7 ID: 76118
Октябралъул инкъилаб ккелелде цебе ГӀумар-хӀажил диниял хӀалтӀабиги шигӀриял асаралги рахъулаан Турциялдаго гӀадин Дагъистаналдаги, ва гьел гӀатӀидго тӀиритӀун рукӀана халкъалда гьоркьор.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
8 ID: 76119
Гьесул «КӀудияб мавлид», «МугӀжизат анбия», «МигӀраж ан-наби», «Къасидадт ал-ажир», «Къисас анбия» гӀадал диниял асарал лъаларев чи магӀарулазда гьоркьов къанагӀатги вукӀинчӀо ва гьанжеги гьечӀо.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
9 ID: 76120
Совет хӀукуматалъул заманалда ГӀумар-хӀажил гӀумруги бечедаб ирсги букӀана «тӀад ракь хъван тун» ва кинабго гьабуна гьев жиндирго халкъалда кӀочон тезавизе.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
10 ID: 76121
Квералъ хъварал мавлидазул тексталги гӀумруялъул хӀакъалъулъ цо чанго мукъсанаб хӀужжаги гурони гьесул хӀакъалъулъ тӀокӀаб щибниги лъалеб жо букӀинчӀо магӀарулазда.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
11 ID: 76122
Амма XX гӀасруялъул ахиралда ккарал хиса-басияз рес кьуна ГӀумар-хӀажил асарал басмаялда рахъизе гуребги, гьесул адабияб ирсалъул гӀелмияб цӀех-рех гьабизе байбихьизеги, гьесул цӀар кӀодо гьабизеги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
12 ID: 76124
Хадубго гьесго хӀадур гьабуна ва басмаялда бахъана гӀалимчиясул хӀакъалъулъ хъвараб цеберагӀигун ГӀумархӀажил мавлидазул тӀехьги (1996).
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
13 ID: 76125
Гьелдаса хадуб магӀарул ва гӀурус мацӀазда басмаялда рахъарал газетаздаги, журналаздаги, батӀи-батӀиял мажмугӀаздаги, тӀахьаздаги, гӀелмиял хӀалтӀабаздаги бакӀ ккуна ГӀумархӀажил гӀемержанралъулаб ирсалъе сайигъат гьарурал материалаз.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
14 ID: 76126
Гьедин, гӀалимчиясул гӀумруялъеги адабияб хӀаракаталъеги гӀелмияб къимат кьун буго А. МуртазагӀалиевасул «Турциялъул дагъистан диаспораялъул адабият» (2006), С. ХӀайбуллаевасул «XVII-XIX гӀасрабазул магӀарул адабияталъул тарих» (2007) абурал гӀелмиял хӀалтӀабазда.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
15 ID: 76129
КъватӀисел пачалихьазда ГӀумар-хӀажил адабияб ирсалъул киданиги гьабичӀо гӀелмияб анализги кьечӀо гьелъие критикияб къиматги, хасго Турциялда, гьев магӀаруласул кӀиабилеб ватӀанлъун букӀараб улкаялда.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
16 ID: 76130
Гьенир, бусурман дунялалъулго машгьурав хӀаракатчи хӀисабалда, ГӀумар-хӀажил хӀакъалъулъ баянал дандчӀвала гӀицӀго исламиял энциклопедияздаги, баянтӀахьаздаги, динияб жанралъул адабияталдаги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
17 ID: 76131
Масала, ГӀумар-хӀажил динияб хӀаракаталъул батӀи-батӀиял рахъал загьир гьарун хӀалтӀаби хъварал турказул авторазда гьоркьор рехсезе бегьула Вассап ХӀусейн, Жемил Солакогълу, Ирпан Гундуз, Сулейман Зеки Багълан, Жунейт Бинатли ва ц.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
18 ID: 76133
Рагъдаса хадув гьев вачӀана Истамбулалде ва гьенив лъугьуна накъшбанди тӀарикъаталъул халиди абураб жамагӀаталъул кӀудияв шайих Гюмюшханаялдаса АхӀмад Зиявудин-апандил муридлъун.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
19 ID: 76134
Гьев муршидас кьураб буго магӀаруласе Зиявудин абураб цӀарги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
20 ID: 76135
Истамбулалда ПатӀма СултӀан мажгиталда аскӀоб букӀараб мадрасаялда ГӀумар-хӀажица цӀалана тапсирги, хӀадисги, усул-пуругӀги ва мантӀикъ гӀелмуги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
21 ID: 76136
Гьелъул хӀасилалда гьев вахана тасавуп гӀелмуялъул тӀадегӀанаб даражаялде.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
22 ID: 76137
Гьеб хъулухъалда вукӀаго, 1904 соналда гьесул гӀелму камиллъула къудус мавлавияти абураб даражаялде щвезегӀан.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
23 ID: 76139
Гьебго шагьаралда гьес ячана ахирисей чӀужуги, Назипат абурай гӀадан, ва гьезие микьго лъимерги гьабуна.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
24 ID: 76142
Гьеб сабаблъун, цӀияб гӀолохъантурказул хӀукуматалъ, тамихӀ хӀисабалда, гьев витӀана Мадинаялде.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
25 ID: 76143
Гьениб гьес бана анкьго моцӀ. Мадинаялда ГӀумар-хӀажил лъай-хъвай ккола гьеб мехалъ гьениве вачӀарав Мисриялъул бетӀер Хидив ГӀабас ХӀилми-пашалгун.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
26 ID: 76145
ХӀилми-пашаца гӀалимчи ахӀула Мисриялде.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
27 ID: 76146
ГӀумар-хӀажица гьеб ахӀи къабул гьабула ва «Мунтазагь» абураб кӀалгӀаялда хъизангун цадахъ рештӀуна.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
28 ID: 76147
Гьениб гьес гьабула имамлъиги мударислъиги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
29 ID: 76149
Гьеб мехалъ хола накъшубанди тӀарикъаталъул шайих, халидия жамагӀаталъул цевехъан ИсмагӀил Нажати-апанди.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
30 ID: 76150
Гьесул бакӀалда Гумушханаялдасесул муридзабазда гьоркьоса тола бищунго лъикӀ тасавуп гӀелму лъалев, гьунар тӀокӀав ГӀумар-хӀажи Зиявудин.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
31 ID: 76151
Истамбулалда ГӀумар-хӀажица байбихьула муридзабазе шаригӀаталъулги тасавупалъулги дарсал кьезе.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
32 ID: 76152
Гьеб ишалда вукӀаго, гьев тӀамула «Мадраса-т-ул мутахӀасис» абураб мадраясалъул мударрислъунги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
33 ID: 76153
Гьениб гьес байбихьула кьезе хӀадис ва мазгьаб гӀелмабазул дарсал.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
34 ID: 76154
ГӀумар-хӀажи вукӀана кӀудияв гӀалимчи.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
35 ID: 76155
Гьесда лъалаан магӀарул, гӀараб, лъарагӀ, парс, турк, гӀурус мацӀалги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
36 ID: 76156
ГӀолохъанаб заманалдаго, Дагъистаналда цӀалулеб мехалъ, гьес анлъго моцӀида жаниб рекӀехъе лъазабуна хирияб Къуръан.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
37 ID: 76157
Гьелдаго цадахъ ГӀумар-хӀажица, цогияздаса тӀокӀаб даражаялда, рекӀехъе лъазабуна хӀадис гӀелмуги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
38 ID: 76158
Хасияталъулги тӀабигӀаталъулги рахъалъ ГӀумар-хӀажи вукӀана тархъанаб, лъиданиги бачӀеб пикруялъул, бахӀарчияб гӀамал-хасияталъул инсан.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
39 ID: 76160
Гьелъие шайихас кьола гьадинаб жаваб: «Тушманасул малакь бугеб ракьалда патва бахъиялъул магӀна букӀунароӀ» - ян.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
40 ID: 76163
Гьеб къиматаб ирсалъул сурат цебечӀезабизе кумек гьабула гӀалимчиясул гӀелмиялгун адабиял хӀалтӀабазул гьаб сияхӀалъ
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
41 ID: 167273
Гьезул хъизамалда букӀана микьго лъимер, ГӀумар вукӀана гьезда гьоркьоса анкьабилевлъун.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
42 ID: 167274
ГӀелмуялде нух ГӀараб гӀелмуялъул хӀакъалъулъ тӀоцересел баянал ГӀумарие щвана Дагъистаналда, жиндирго инсудаса.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
43 ID: 167276
Масала, ГӀумар-хӀажие дарасал кьурал мугӀалимзабазда гьоркьов вукӀана ЧӀикӀаса ХӀанзахӀажияв абурав машгьурав гӀалимчиги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
44 ID: 167277
Машгьурлъи Гьев ккола жинца бечедаб гӀелмиябгун адабияб ирс нахъе тарав гӀажаибав инсанлъун.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
45 ID: 167287
Гьедин араб гӀасруялъул 90-абилел соназда Сиражудин ХӀайбуллаевас дагьабго пардав борхана ГӀумар-хӀажил ирсалда тӀад.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
46 ID: 167288
«Дир рекӀел гьудулзаби» (1995) абураб монографиялда гьелъул авторас тӀоцебе кьуна ГӀумархӀажил гӀумруялъеги адабияб хӀаракаталъеги гӀелмияб къимат.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
47 ID: 167297
ГӀалимчиясул гӀумруялъулги адабияб гьунаралъулги хӀакьалъулъ цо-цо интересал баянал дандчӀвала диаспораялъул хъвадарухьабазул асаразулъги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
48 ID: 167304
Малкъараялда къадиясул хъулухъалда вугеб мехалъ, гьелъухъ кколеб харж босулеб букӀун гьечӀо ГӀумар-хӀажица.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
49 ID: 167305
«ШаргӀалда рекъон гӀадлу гьабулев чияс пачалихъалъухъа гӀарац босуларо», - янги абун, жиндие кколеб ужра гьес кьолеб букӀун буго мутагӀилзабазе.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
50 ID: 167307
Гьелдаса цее ячун йикӀарай лъабго чӀужуялдаса гьесул лъимал рукӀинчӀо.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
51 ID: 167308
1906 соналда ГӀумар-хӀажи тӀамуна Текирдагъ абураб шагьаралъул къадилъун ва гьениб гьес бана кӀиго сон.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
52 ID: 167309
Гьелдаса хадув гьев вачӀана Истамбулалде.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
53 ID: 167310
Мисриялде гочин ГӀусманиязул цӀияб конституция лъазабураб мехалъ (1908), ГӀумар-хӀажица хъвана «ХӀадис-и АрбагӀин пи ХӀукъукъис-СалатӀин» абураб падишагьасул хӀукъукъ цӀунараб тӀехь.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
54 ID: 167317
Мисриялда гӀага-шагарго ГӀумар-хӀажица бана анцӀго сон.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
55 ID: 167318
1914 соналда ГӀумар-хӀажи жиндирго хъизангун цадахъ тӀадвуссана Истамбулалде.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
56 ID: 167329
Жиндирго пикру, ахӀвал-хӀал загьир гьабизе, хӀакъаб жо бицине гьев хӀинкъулароан, хӀатта живго падишагьасдасагицин.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
57 ID: 167330
ГӀусманиязул империя биххун унел соназда, турказул ахирав султӀан МехӀмед VI вачӀуна ГӀумар-хӀажихъе мадрасалде ва гьесда гьарула империялъул шайхул-исламасул хъулухъ тӀаде босеян.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
58 ID: 167332
Бицен буго, ГӀумар-хӀажил гьеб жаваб машгьурлъанила ислам диналъул тарихалда жанибилан.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
59 ID: 167333
Хвел ГӀумар-хӀажи Зиявудин хвана 1921 соналъул 18 ноябралда рузман сордоялъ.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
60 ID: 167334
Гьев вукъана Истамбулалда Сулеймания мажгиталъул азбаралда, султӀан Сулейманил агьлуялъул хабалазда.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
61 ID: 167335
Асарал ТӀадехун абухъего, ГӀумар-хӀажица нахъе тана гӀараб ва турк мацӀазда хъвараб бечедаб гӀелмуги рахьдал мацӀалда хъварал пасихӀал, магӀна гъваридал, ислам диналде халкъалъул ракӀ буссинабулел мавлидалги туркабиги.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
Favorites

No favorites yet.