Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Хурма

Wikipedia · 29 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
96.3%
  1. 1
    Гьеб гуребги гӀемераб даругин пайдаги буго гьелъул инсанасе.
  2. 2
    ГӀемерал берцинал цӀарал лъун руго гьелда гӀадамаз - «тӀогьилаб бакъ», «Китаялъул микьир»…
  3. 3
    Кин абуниги, гьелъул ватӀан ккола, аслияб къагӀидаялъ, Китайгун Япония.
  4. 4
    Нилъер гӀасруялде щвезегӀан цебеккунго гьеб Китаялдасагун Япониялдасан бачӀараб пихъ бугин рикӀкӀунаан.
  5. 5
    Европаялде гьеб бачӀун буго 1760 соналда - тӀоцебе югалъулаб Франциялде.
  6. 6
    Хадубккун гьеб бекьун буго Италиялда, Алжиралда, Египеталда, СШАялда.
  7. 7
    Жакъа къоялда хурма бижула Узбекистаналдаги, Гуржиялъги, Крымалдаги, Азербайжаналдаги, Краснодаралъул ракьалдаги.
  8. 8
    Абула 500-ялде гӀагарун тайпа бугин гьелъулин.
  9. 9
    Барщараб хурма букӀине ккола лъикӀаланго тамахлъараб.
  10. 10
    Кьерги канчӀтӀогьилаб, багӀарсияб букӀине ккола, тӀанхалги - тӀулакьерал сурмиял.
  11. 11
    Гьелда тӀад чӀегӀерал тӀанкӀал лъун ругони, пихъ хвезе байбихьиялъул магӀна ккола.
  12. 12
    Кинаб пайдаха гьелъул бугеб?
  13. 13
    Хурмаялда гъорлъ рукӀуна гӀемерал черхалъе хӀажатал, пайдаял элементал, витаминал - глюкоза, сахароза, «А», «С», «Р» витаминал, махх, калий, кальций, медь, магний, марганец, йод.
  14. 14
    КӀалдиб бохьун чӀолеб тайпаялъулги буго жинда жаниб пектин букӀиналдалъун черхалъе пайда.
  15. 15
    Гьелъ кванирукъалъул, бакь-чехьалъул хӀалтӀи лъикӀлъизабула.
  16. 16
    Гьединго жиндилъ магний букӀиналда бан чорхолъ ганчӀал ккезе толаро.
  17. 17
    КъваригӀел гьечӀел цӀамал чорхолъа къватӀире рехула, черх бацӀцӀад гьабула, лъим къватӀибе кьабулеб гӀадат буго.
  18. 18
    Би дагьал чагӀазе кваназе лъикӀаб буго жинда жаниб гӀемераб махх букӀиналда бан.
  19. 19
    Йод гъорлъ букӀиндал хурма кваназе пайдаяб буго мукъулукъалъул цӀуцӀдузул унти бугел чагӀазе.
  20. 20
    Пектин гъорлъ бугелъул, кванирукъалъул хӀалтӀи лъикӀлъизабиялъеги кваназе лъикӀаб буго хурма.
  21. 21
    Гьороялъул унтиялда данде чӀеялъе лъикӀаб буго витамин «А» гъорлъ букӀиндал.
  22. 22
    РекӀелги, рихьазулги хӀалтӀи лъикӀлъизабиялъеги пайдаяб буго хурма.
  23. 23
    Гьединго хӀалтӀизабизе лъикӀаб буго рихьал къварилъиялъ ракӀалда жо чӀоларел чагӀи сахлъиялъеги - склерозалъул унти бугез.
  24. 24
    Гьединго нерваби гӀодор къазеги, хӀалхьи кьеялъеги кваназе лъикӀаб буго.
  25. 25
    Абула кванде гъира базабулин хурмаялъин, нервабазе хӀалхьи кьолин, хӀалтӀуде гъира ккезабулин, свак лъазе толарин.
  26. 26
    Хасго лъикӀаб буго гьеб пихъ кидаго захӀматаб, хӀалуцараб, гӀемер нерваби холеб хӀалтӀуда рукӀунел чагӀазе.
  27. 27
    Хурма хӀалтӀизабула гьединго гьурмал куц берцинлъизабиялъеги - батӀи-батӀиял маскаби гьарун, гьурмал куц цӀвакизабизе, гвангъизабизе.
  28. 28
    Гьел ккола «сахарный диабет» унти бугел гӀадамал, кьаралъиялъул, гьороялъул унти бугел гӀадамал.
  29. 29
    Гьел цоцаздаса ратӀа рахъула жидер кьералъухъ, тӀагӀамалъухъ, чӀахӀалъи-гӀисинлъиялъухъ балагьун.
  30. 30
    Гьезие гьукъараб буго хурма кваназе.