AvarCorpora #102
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
AvarCorpora (HuggingFace)
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 15:41
POS-tagging Coverage:
97.3%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (28)
28 sentences
1
ID: 184840
Имам ХӀамзатил чадиралъур кӀалъа-бацалел рукӀаго, ханзабазул чагӀаздаги имамасул муридзабаздаги гьоркьоб циндаго рагъ багъарун буго.
2
ID: 184841
Бицен буго гьелъие гӀилалъун кканин АбусултӀан-Нуцал-ханасда цадахъ рачӀарал нукарзабазда гъорлъ вукӀарав ЦӀадахӀариса Бугъа абулев, ХӀамзатил вацгӀал ГӀамиргӀали чӀварав чи.
3
ID: 184842
Бидулав жидехъе кьейин ХӀамзатбегил чагӀаз абидал, гьев кьезе хундерица инкар гьабиялдалъун кканин чӀвай-хъвей.
4
ID: 184843
Тобтида ккараб рагъулъ чӀвала Баху-бикал васал АбусултӀан-Нуцал-хан (21сон), ГӀумма-хан (18 сон), гӀалимчи, ХӀамзатил вукӀарав мугӀалим - НурмухӀаммад-къади, ХӀамзатбегил вац Мурадбег, вацгӀал Чупан ва цогидалги.
5
ID: 184844
Гьеб иш ккана 1834 соналъул 13 августалда Хунзахъа ГӀаранире рачӀунеб нухлул квегӀаб рахъалда, гӀадамаз чадир чӀвараб бакӀан жинда абулеб, гьабсагӀат Тобтил лъим кьабизе станция бараб бакӀалда бугеб майданлъиялда.
6
ID: 184845
Нахъисеб къоялъ ХӀамзатбег богун вачӀана Хунзахъе ва рещтӀана ханзабазул гьундухъ.
7
ID: 184846
Асилдер абулев чияс чӀвала Баху-бикаги, гӀемер заман гьоркьоб иналде чӀвала КӀудияв ГӀумма-ханил вац Гебек-ханил вас Сурхай-ханги.
9
ID: 184848
Жеги ГъазимухӀамадил муридлъун вукӀаго, ХӀамзатица бетӀерлъи гьабуна Закаталаялде гьабураб цо чабхъадуе.
10
ID: 184849
Хасел тӀаде щун, мугӀруздасан нух къан, нахъ вуссине рес рекъечӀев ХӀамзат ккола асирлъуде.
14
ID: 184853
Амма Бахуца, гьесие кьураб рагӀиги кквечӀого, Султанат кьола Таргъуялъул шамхаласул вас Абумуслимие.
15
ID: 184854
Бицен буго, гьелъ Бахуда ццин бахъарав Аслан-ханас, имамлъун ккейдал, ХӀамзатие сайгъат гьабурабила Къуръанги хвалченги, гьаб хвалчаца къотӀе доб борхьил бетӀеранги абун.
16
ID: 184855
"Шамил Кавказалда ва Россиялда" абураб тӀехьалда М. Чичаговалъ хъвалеб буго, Шамилил рагӀабаздасан босун, гьадин: "Васал ХӀамзатихъе ун хадуса, Бахуца Шамилихъе витӀун вачӀанила чи, нусго тумен гӀарац бокьун батани, ХӀамзатги тун, боги бачун, нахъе аян, ХӀамзатил иш нижеца тӀубалин. Гьеб Шамилица ХӀамзатидаги бицун бугин".
17
ID: 184858
Ханзаби чӀвай захӀмалъарал ГьитӀинав МухӀамадил васаз - ханзабазул рахьдал вацал ГӀусманицаги ХӀажимурадицаги къотӀи гьабула имам ХӀамзатбег чӀвазе.
18
ID: 184861
Живго чӀвазе хӀадурлъи букӀин лъаниги, ХӀамзат 12 муридгун цадахъ вачӀуна рузманалде мажгиталъуве.
19
ID: 184862
Жаниве гьев лъугьаравго, имам вачӀингун щайзе тӀаде рахъунареланги абун, ГӀусманица чӀвала ХӀамзатбег.
24
ID: 184867
Имам ХӀамзатбег чӀваялъул хабар рагӀидал, гьес ГьоцӀалъе витӀун вукӀарав Баху-бикал гьитӀинав вас Булач-хан жиндихъего Балахьуниве тӀалаб гьавула Шамилица.
25
ID: 184868
Амма Булач-ханги вачун Шамилихъе рачӀине рукӀаразда хадур гъола, гьезухъа вас эркен гьавизе рачӀунел, ккола рагъ.
26
ID: 184869
Гьезухъе щвечӀого вукӀине, Авар гӀорги ГӀанди гӀорги цолъун, Сулахъ лъугьунеб бакӀалда гӀурулъе рехула муридзабаз 14 сон барав Булач-хан.
27
ID: 1840023
Гьеб хабар бицине вачӀарасда, щибго хӀал хисичӀого имамас абула: "Дуда кӀолищ гьукъизе дир рухӀ бахъизе вачӀунев малаик?