AvarCorpora #107
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
AvarCorpora (HuggingFace)
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 15:41
POS-tagging Coverage:
94.6%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (25)
25 sentences
1
ID: 184918
1834 соналъ ккарал лъугьа-бахъиназдаса хадуб гӀурусаз Аваристаналъул ханлъун тола Гъазигъумухъазул хан Аслан-хан.
2
ID: 184919
Ханлъи Аслан-ханасда тӀад къалаго, пачаясул хӀукуматалъ хӀисабалде босун букӀине ккола, гӀурусазул рахъ ккурав, чӀаголъи бугев чи вукӀин гуребги, гьев Аваристаналъул ханзабазул гӀаркьелалъул чи вукӀинги.
3
ID: 184920
Аслан-хан кколаан Гъазигъумухъалъул хан Шахимирданасда россасда йикӀарай Аваристаналъул хан МухӀамад Нуцал-ханасул яс Аймесел вас.
4
ID: 184921
Аслан-хан хола 1836 соналъул апрелалда, ва Гъазигъумухъалъул ханлъун ккола гьесул вас Нуцал-агъа-хан.
7
ID: 184924
Пачаясул генерал, барон Розеница Гъазигъумухъазул ханлъун тӀамула Хунзахъ вукӀарав МухӀамадмирза.
8
ID: 184925
Кавказалда ругел пачаясул бутӀрузе бокьун букӀуна къороллъуда йигей АбусултӀан Нуцал-ханасул лъади Гьайбат-бика МухӀамадмирзаца ячине.
9
ID: 184926
Амма магӀарулазул жиндехунго бугеб рокьукълъиялъги, Авариялъул ханлъиялъе гӀоло къеркьолев Мехтулиялъул хан АхӀмад-ханасулгун лъикӀаб гьоркьоблъи цӀунизе бокьиялъги, МухӀамадмирза гьелда разилъуларо.
10
ID: 184927
ТӀадеги гьес гьарула, чорхол сахлъи гьечӀолъиги хӀисабалде босун, жив Авариялъул ханлъиялдаса эркен гьавеян.
11
ID: 184928
Гьари къабул гьабун, 1836 соналъул октябралъ Авариялъул ханлъун тӀамула АхӀмад-хан.
13
ID: 184930
Гьебго соналъ Хунзахъ тӀалъи кодобе босана имам Шамилица ва имаматалъул гӀорхъаби жеги гӀатӀид гьаруна.
14
ID: 184931
Авариялъул ханлъи цӀилъула 1859 соналъул 5 августалда, ай Имам Шамил кверде восилалде 21 къоялъ цебе.
15
ID: 184932
Кавказалда вугев бетӀерав командующий Барятинскияс жиндирго буюрухъалдалъун ханлъун тӀамула АхӀмад-ханасул вас Ибрагьим.
17
ID: 184934
Россиялъ Аваристаналъул ханлъи къокъ гьабула 1864 соналъ, ва гьеб сверизабуна Авариялъул округалде.
18
ID: 184935
Ханлъиялдаса эркен гьавулаго, ахирисев хан Ибрагьимие кьола 30000 гъурущ ва чӀезабула щибаб соналъ 40000 гъурущ пенсия.
21
ID: 184938
АбусултӀан Нуцал-хан хун хадуб, лъимер гьабизе йикӀарай гьесул лъади Гьайбат-бика ХъистӀамангун цадахъ ана Таргъуялде.
23
ID: 184940
Гьениб гьелъие гьавуна вас ва гьесда кӀудияв инсул СултӀанахӀмадил цӀар лъуна.
24
ID: 184941
ГьитӀинго хвечӀевани (17сон), Ибрагьимиде ирга щвелалде цебе, гьев, СултӀанахӀмад - Баху-бикал кӀудияв васасул вас, вукӀине кколаан Авариялъул ханлъиялде хӀакъикъияв ирсилав.