ХӀАМАГИ БАЦӀГИ
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
AvarCorpora (HuggingFace)
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Маргьа
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 15:41
POS-tagging Coverage:
96.1%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (41)
41 sentences
1
ID: 185361
Хасало гьирал раччун, гьодги ччукӀун, хьалбаздаса расги хӀулун, цо хераб хӀама ихдал гӀурччинхарда кваналеб букӀанила.
2
ID: 185362
Байданалдаса хер кванан, лъарахъ лъим гьекъон, бакъ бухӀидал, рохьобе лъугьун, гьогьомидал, сагаялда кванан, бокьараб хӀалалда букӀанила.
3
ID: 185363
Гьанже дидаса лъикӀаб хӀалалда дунялалда щибго гьечӀилан ракӀалдаги букӀанила.
5
ID: 185365
Маргъал гӀадаб чабхидасан, тахта гӀадин, кӀургӀун чвахулеб лъарал кар-кариялъулги, сасараб гьороца гьулчулеб ралъдал гӀадин, цояб рахъалде чвахун унеб рохьил вахьиялъулги гьайбатаб бакъан букӀанила.
9
ID: 185369
Берал чӀваркьанила, гьекъолеб букӀараб лъим кӀалдиб кковухъе хутӀанила, тӀуртӀулаго, бацӀихъ балагьанила.
11
ID: 185371
- Дун гьаниб къойилго букӀуна, бетӀергьанчияс ниж кидаго гьанире гъола, - ян хӀама хӀелхӀедизе лъугьанила.
12
ID: 185372
- Кидагояли гьаниб церекъад дица чӀвараб хӀамаги букӀун буго, гьанже гурони дида гьанир хӀамул рукӀунеллъи лъачӀо, - ян бацӀ тӀаде-тӀаде къанила.
13
ID: 185373
РухӀ мукъулукъиде бахараблъи бичӀчӀун, хераб хӀамица бацӀие батӀияб наку бачанила.
14
ID: 185374
Гуккун батӀа гьабун гурони, жиндир богӀолабазукьа бацӀ хӀинкъулареблъи лъарабго, гьелъ гьадинал жал рицанила: - Гьай пакъир бацӀ, бакъун батила мун.
15
ID: 185375
ЧчохӀоца хвараб, баккизе би гуреб, чӀурхӀараб къехь гӀадаб, дир гьод хъарсунилан мун гӀорцӀиларо.
19
ID: 185379
Эзул цоялда цӀар - ГӀебса, цогиялда цӀар - Халаса, лъабабилелда - Лъараб, ункъабилелда цӀар ЛъачӀеб буго.
23
ID: 185383
БацӀида ракӀалде кканила, абухъего, рахь рекӀараб кӀертги щолаго, дие цӀацӀазе аб хераб болъонго щай къваригӀараб абун.
24
ID: 185384
ЛъикӀаб жоялде ургъанин мунилан абун, хӀамие баркалаги кьун, бацӀ цо рахъалдехун балагьун анила.
26
ID: 185386
БацӀги, кидадай къасимех щвела, сордо бачӀинаян, кӀартиде бугеб хиялалъ хьулил къвачӀа бихъулеб хӀалалда букӀанила.
29
ID: 185389
Къаси чи кьижараб, гӀадамасул чӀинхъи гьечӀеб гӀужалъ хӀамил кӀалтӀеги бачӀун, цо жо тенкезе лъугьанила.
32
ID: 185392
Аб жегиги рокъобего бачӀинчӀогодай бугоян бацӀица: "ГӀебсаӀ" - абун ахӀанила.
39
ID: 185399
ХӀамицаги: "ЛъачӀелъул гурищха рокъобеги борчӀун, хӀама паракъат бугеб", - илан жаваб кьунила.
41
ID: 185401
ХӀама гьагӀданила, чӀичӀиданила, рахъун бетӀергьабаз бацӀ гьородахъ босизабун анила...