AvarCorpora #1027
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
AvarCorpora (HuggingFace)
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 15:41
POS-tagging Coverage:
91.6%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (10)
10 sentences
2
ID: 191118
МагӀарул казияталъул редакциялда культураялъулги литератураялъулги хӀалтӀи гьабулев вукӀиндалги батила, араб къарнуялъул ункъоялда анцӀабилел соназул авалалдасан байбихьун, дунги гӀемер кколаан гьел махщелчагӀазе къимат кьолеб жюриялде гьоркьове.
3
ID: 191119
Гьединго гьенир рукӀунаан магӀарулазда жидер цӀарал лъикӀ лъалел, профессионалиялин абулел кочӀохъабиги композиторалги, цогидалги культураялъул батӀи-батӀиял идарабазда хӀалтӀул хӀалбихьи бугел гӀадамалги.
4
ID: 191120
МахщелчагӀазе къиматги кьолаан, жюриялъул щивав гӀахьалчияс гьезул махщалил киналго рахъалги хӀисабалде росун.
5
ID: 191121
ХӀасилалги гӀемерисеб мехалъ хабар-калам гӀемерал, жюриялдаса конкурсалда гӀахьаллъарал кочӀохъаби рази гьечӀел кколаан.
6
ID: 191122
Гьеб гуребги, конкурс гӀуцӀаразги жюриялъул председателасги, гьединго гьезул божилъи бугел жюриялъул цо-цо гӀахьалчагӀазги цебеккунго цӀар чӀвалеб букӀун буго бакӀал кьезе ругел кочӀохъабазда.
8
ID: 191124
Бачинин цо мисал: МахӀачхъалаялда ункъоялда анцӀабилел соназда букӀараб цо гьединаб къецалда доб заманалда магӀарулаз бищунго гьунар бугев кочӀохъанлъун рикӀкӀунев вукӀарав мунагьал чураяв МухӀамад ГӀумаровасе лъабабилеб бакӀцин щвечӀо.
9
ID: 191125
Гьелда гӀажаиблъарав дица, дирго хъвай-хъвагӀаял рихьидал, ГӀумаровас: "Гьениб дуда бараб жо дагьаб букӀана", - ян хабар къокъ гьабуна.
10
ID: 191126
Ккана хӀужаби, чанго конкурсалда, гьоркьор сонал индалги, цого кучӀдул ахӀун, цого кочӀохъанасе бакӀал щваралги.