AvarCorpora #10566
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
AvarCorpora (HuggingFace)
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 15:42
POS-tagging Coverage:
91.7%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (12)
12 sentences
5
ID: 225994
Ахиралда гьес, лъимер гьабуларейилан гӀиллаги батун, гьелде тӀаде ячуна росулъа цоги чӀужу.
6
ID: 225995
Миясатие росас кьола жиндирго эбел-инсул букӀараб басрияб, тӀад чӀабар гурони гьечӀеб мина.
7
ID: 225996
Гьение яхъине бокьичӀей Миясатица бичун босана нижер мадугьалихъ букӀараб гьитӀинабго рукъ.
9
ID: 225998
Дол соназ, хӀамузда тӀад шагӀил цӀа-рагӀги лъун, гьеб бичизе росулъе рачӀунаан Балхаралдаса шагӀихъаби, Гьел руччаби рещтӀунаан Миясатил доре.
10
ID: 225999
Эбелалъ дун гьелъие рукъ-бакӀ бакӀаризе, хурие кумекалъе, гьабураб кванил бутӀа босун йитӀулаан.
11
ID: 226000
Миясат йохулаан, дие сайгъатал кьолаан, дица гьел росичӀони, квеш бихьулаан.
12
ID: 226001
Янгъизай гӀадан йигониги, хӀайван камунги гьей йикӀунароан, садакъа-къулгьуги гьабулаан.