Skip to main content

Урок 43. БУКӀАНИЛА БУКӀИНЧӀИЛА

Explore the content and search within this document

Document Information
Source: САМОУЧИТЕЛЬ АВАРСКОГО ЯЗЫКА
Author: Магомедханов М.М., Бечедова Х.М., Юсупова P.M.
Date: Unknown
Genre: Fairy Tale
Language: Avar
Tags: None
Added: Sep 28, 2025 15:11
POS-tagging Coverage: 92.0% (Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (43)
43 sentences
1 ID: 1838858
ВукӀанила вукӀинчӀила цо мискинав вас.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
2 ID: 1838859
Гьесул рукӀанила херал эбея-эмен.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
3 ID: 1838860
Бекьизе ракьги гьезул букӀинчӀила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
4 ID: 1838861
Чанаве хьвадун гьабулаанила гьес гӀумру.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
5 ID: 1838862
Гьезул росулъ гӀемерал рукӀанила гьединал хъизаби.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
6 ID: 1838863
Гьев вас гӀемер ургъулаанила киндай мискинлъи лъугӀизабилаян, гӀадамазул талихӀаб гӀумру букӀиналъе кумек киндай гьабилаян.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
7 ID: 1838864
Цо нухалъ чанаве арав гьесда нохъо батанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
8 ID: 1838865
Сваканги вукӀун гьогьомараб нохъода веганила гьев.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
9 ID: 1838866
Кьижун ккун ватанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
10 ID: 1838867
ВорчӀилалде рокӀкӀун батанила дуниял.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
11 ID: 1838868
Гьанже рокъове ине нух бихьиларин жиндаян васасде ракӀалде кканила нохъодаго чӀезе.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
12 ID: 1838869
Радал ворчӀаравго свера-хъверун валагьанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
13 ID: 1838870
Къададаса къватӀибе баккараб цо кунчӀиялда берчӀванила гьесул.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
14 ID: 1838871
АскӀовеги ун хал гьабидал, гьаржаялъул бокӀон гӀада6 жо батанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
15 ID: 1838872
Бухъанила гьес къед.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
16 ID: 1838873
Батанила ракьулъ заман баялъ кьер араб ва кьагӀу чӀвараб гъамас.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
17 ID: 1838874
ХӀалица рагьанила васас гъамас.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
18 ID: 1838875
Бугилаха гъансиниб гӀемераб гӀарац-месед.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
19 ID: 1838876
Бицен 6укӀунаанила гьезул росулъ цо къарумав ханас бахчун бугин рохьоб гӀемераб хазинаян.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
20 ID: 1838877
Гьезул росдал гӀадамаз балагьулебги букӀун буго гьеб, амма лъиданиги батун букӀун гьечӀо.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
21 ID: 1838878
Воханилаха вас, хинлъанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
22 ID: 1838879
Гьанже тӀуралин жиндир анищалин кканила гьесда.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
23 ID: 1838880
Гъамас гьес нохъодаго бахчун танила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
24 ID: 1838881
ГӀемерав ургъанила вас щибдай гьабилаян.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
25 ID: 1838882
Щайгурелъул гьесда лъалаанила гӀадамазда лъани, гьез гьеб жиндихъа бахъизе бегьулеблъи.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
26 ID: 1838883
Цинги васасде ракӀалде кканила хӀилла ургъизе.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
27 ID: 1838884
Гьес хабар тӀибитӀизабунила, ракӀ лъикӀав чи аскӀове вачӀани, росдада аскӀо6 бугеб БагӀар нохъоялъ гӀарац-месед кьолеб рагӀулин хъван бугин гӀакълу бугел тӀахьаздаян.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
28 ID: 1838885
ГӀемераб халкъ хьвадизе байбихьанилаха нохъоде аскӀобе.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
29 ID: 1838886
Мискинав ва ракӀбацӀцӀадав чи аскӀове вачӀаравго васас нохъодаса къватӀибе рехун бачӀунаанила гьезие яшав гьабизе гӀурабгӀан гӀарац.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
30 ID: 1838887
Бечедав ва къарумав чи аскӀове вачӀараб мехалъ щибго кьолароанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
31 ID: 1838888
КватӀичӀого росулъ мискинав чи хутӀичӀила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
32 ID: 1838889
Мискинзабаз рекьизе ракьал росанила, боцӀи-панз босанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
33 ID: 1838890
ЛъикӀаб яшав гьабунила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
34 ID: 1838891
Васас росулъ лъимал цӀализаризе мадраса рагьанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
35 ID: 1838892
Больница банила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
36 ID: 1838893
Гьенир хӀалтӀизе лъикӀал тохтирзаби ахӀанила гӀарабалъа.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
37 ID: 1838894
Росу сверун гӀемерал гъутӀби чӀанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
38 ID: 1838895
Нухал къачӀанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
39 ID: 1838896
Росулъе кьо цӀи гьабунила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
40 ID: 1838897
Лъим чвахизабунила щибаб рокъобе.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
41 ID: 1838898
Росдал гӀадамал гьесдаса рохун, щиб адаб гьесиегьабилебали лъаларого рукӀанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
42 ID: 1838899
Гьез гьев гьайбатав вас жидерго росдал бегавуллъун вищанила.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
43 ID: 1838900
Алжаналъуб гӀадаб гӀумру букӀанила гьезул.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
Favorites

No favorites yet.