ДИР БЕТIЕР КАВКАЗАЛДЕХУН БУССИНАБЕ
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Translation
Author:
АДИН ГIУСМАН ЭРКАН (trans. АхIмад МуртазгIалиев)
Date:
Unknown
Genre:
Translated Literature
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jun 11, 2026 09:25
POS-tagging Coverage:
94.3%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (488)
488 sentences
4
ID: 1842226
Жеги басмаялде бахъилелдего, гьаб хъвараб жо цӀалараб мехалъ, дун цойги нухалъ чӀухӀана дир умумуз исламги ватӀанги цӀунизе гӀололъун гьабураб хӀаракаталдасаги тархъанлъиялъе гӀоло букӀараб жидерго даимаб хӀасрат гьез бихьизабиялдасаги.
5
ID: 1842227
1844 сон. ТӀолабго гучгун Россиялъ хӀаракат бахъулеб букӀана Бакъбаккул Кавказалда тӀад хӀакимлъи гьабизе.
6
ID: 1842228
Бакъбаккул Кавказалдаги Дагъистаналдаги унеб букӀараб эркенлъиялъул хӀаракатгун БакътӀерхьул Кавказ цолъичӀого букӀине гӀололъун, гӀурусазги европаялъулазги гьенир къавмал цоцаздаса рикь рикьиялъе квербакъулеб, эркенлъиялъул рагъдаса цо рахъалда хутӀарал къавмал зулмуялда гъоркь чӀезарун, даим гьел инжит гьарулел рукӀана.
7
ID: 1842229
Убих халкъ БакътӀерхьул Кавказалда гӀурусазе кӀвар бугеб проблемалъун букӀана. Гьеле, гьеб къавмалъул церехъабазул цоявлъун вукӀарав Шхапли Берекетуко ХӀасаница, гьанжего гьанже дунялалде вачӀарав васасда (гьеб хъвараб асаралъул багьадур) тун букӀана гӀурусазулгун рагъулъ шагьидлъарав жиндирго гьудул ГӀусман Фаридил цӀар.
8
ID: 1842230
Гьел саназда имам Шамил, Дагъистанги Чачанги жанибе бачараб ракьалда, рухӀалде, хъизан-лъималазде вачӀинчӀого, магӀишаталъухъ балагьичӀого, ватӀан цӀунизе гӀолольун хӀалтӀулев вукӀуна.
9
ID: 1842231
Гьес хӀисабцин гьабулеб букӀинчӀо башдаб миллионалде гӀагараб аскар бугеб залимаб Россиялъул империялъ Кавказ кверщаликье бачине гьабулеб букӀараб хӀаракаталъулги, гьелъул тӀасан борчӀараб къуваталъулги, рикӀкӀен гӀемераб рагъул сурсаталъулги.
10
ID: 1842232
Пайда щиб, гӀурусазде данде байбихьараб гьеб эркенлъиялъул рагъулъ БакътӀерхьул Кавказ букӀинчӀо имам Шамилида аскӀоб, гьелъул халкъаз квербакъи гьабичӀо гьесие. Гьеб рагъулъ, Европаялъул пачалихъаз (гӀурусазул политикаялде данде чӀаралин кканиги), аза-азар питнабигун, Бакъбаккул Кавкзалда унеб букӀараб рагъуе квербакьи гьабичӀого букӀине гӀололъун, кӀудияб кумек гьабулеб букӀана Россиялъе.
11
ID: 1842233
Хасго ингилисалги франгалги рукӀана рахӀатхун Кавказалда бугеб цолъиялдасаги хӀатӀаде бахъунеб бугеб исламияб пачалихъалдасаги. Гьединлъидалин гьезул мурад букӀараб БакътӀерхьул Кавказ имам Шамилидасаги гьесул тӀолабго Кавказ эркен гьабиялъул планалдасаги рикӀкӀад чӀезаби. Амма гьел киналго питнабазухъ балагьичӀого, БакътӀерхьул Кавказалда бусурбабазул къавмал жидедаго гьоркьор цолъун, жидерго ракьал цӀунизе гӀололъун, чӀечӀого гӀурусазде данде рагъулел рукӀана.
12
ID: 1842234
Россия чӀезабизе гӀураб гуч букӀаниги, европаялъулаз гьелда щибниги жого абулеб букӀинчӀо, гьелъие квербакъи гьабуни гурони.
13
ID: 1842235
Бусурбабазул лъимал, руччаби, херал чӀваялдалъун Кавказалъул халкъ дагьлъиялдаса гӀадатаб къагӀидаялда кеп босулел рукӀана гьел.
14
ID: 1842236
Гьеле гьединал кьабиязул цоялда Сочи шагьар сверун ккола гӀурус къуватаз. 1838 соналъул 25 апрелалда тушманасул гуллица захӀматго лъукъарав Мирзауко жиндирго вас, гьанжего-гьанже 13 сон барав, эменгун цадахъ вагъилев вукӀарав Шхапли Берекетуко ХӀасанил кодов хола, шагьидлъун лъугьана.
15
ID: 1842237
Жиндирго инсул лъукъ-лъукъараб къаркьала ХӀасанида, чодул мугъзада лъун, рокъобе босула.
16
ID: 1842238
КӀудияв инсул шагьидаб хвалдаса бачӀараб тӀадегӀанаб рухӀияб хӀалалъул даражаялдаги, хадуб инсуца жиндирго шагьидав гьудуласул жиндие кьураб цӀаралъул жавабчилъиялдаги ва эмен Шхапли Берекетуко ХӀасанилги кӀудияв вацасулги бахӀарчилъиялъул асаралдаги гъоркь кӀудияв гӀолев вукӀуна ГӀусман Фарид.
17
ID: 1842239
ХӀакъаб жо буго ватӀанги, динги, эркенлъиги кодоса бахъизе бокьарал гӀурусазулги хъанчилазулги цадахьаб хӀаракаталде данде гьесул рекӀелъ цо кӀудияб рокьукълъи букӀараблъи.
18
ID: 1842240
Кавказ бахъизе бокьарал гӀурус императоразул ТӀоцевесев ва КӀиабилев Александразул рагъулаб къуваталде данде имам Шамилица кӀудияб ва рахӀму гьечӀеб гъазават билълъинабулеб мехалъ (1852 с.), ГӀусман Фарид жеги микьго сон барав чи вукӀана.
19
ID: 1842241
Гьев гӀолев вукӀана Дагъистанальулги Чачаналъулги ракьазда имам Шамилица бихьизабураб тӀасан борчӀараб бахӀарчилъиялъул хӀакъалъулъ инсуцаги кӀудиязги рицарал харбазухъ кӀудияб хӀайранлъигун ва рахӀатхвейгун гӀинтӀамулаго.
20
ID: 1842242
БакътӀерхьул Кавказалда ругел цо-цо бусурман къавмал чӀечӀого гӀурусазул къуватазде данде рагъулел рукӀана. Баянаб букӀана, цӀар беричал гьал ракьазда гӀумру гьабулел халкъал жидедаго гьоркьор цолъичӀони, социалиялгун классиял рикьелал гьоркьоса тӀагӀинаричӀони, тушманасул къуватазде данде гьезда бажари бихьизабизе кӀвезе гьечӀеблъи.
21
ID: 1842243
Гьеле гьеб мехалдайин имам Шамилица БакътӀерхьул Кавказалде наиблъун витӀарав жиндирго бищун божарал, бажари бугел муридзабазда гьоркьоса МухӀамад-Амин. Шамилилги мурад букӀана гьенир ругел халкъал цолъизари, гьезда гьоркьоб христианлъи тӀибитӀизабулел гӀурусазде данде БакътӀерхьул Кавказалда цо фронт гӀуцӀи, цолъараб къуваталда хӀаракат гьаби. Бакъбаккул Кавказалде тӀаде лъугьарал гӀурус къуватал, кӀийиде рикьизарун, тӀагӀинари.
22
ID: 1842244
Гьединаб кӀудияб ва кӀвар бугеб хъулухъалде гӀицӀго жинда божилъи бугев, БакътӀерхьул Кавказалда жиндир вакиллъиялъул асаралдалъун гӀуцӀарухъанасулги дипломатасулги гьунар бихьизабурав МухӀамад-Амин гурони батӀияв чи ватичӀо тӀамизе.
23
ID: 1842245
БакътӀерхьул Кавказалда гьесда тӀасан чанги батӀи-батӀиял мацӀал гьарула, гьенив гьесда гӀемерав хиянатчи дандчӀвала, гьев чанго нухалъ чӀвазе къасд гьабула, амма гьеб киналъухъго балагьичӀого, сундасаниги хӀинкъичӀого, нахъе къачӀого, тӀаде босараб
26
ID: 1842248
Россиялъул империялъе, бугебщинаб къуват Дагъистаналдеги рехун, тӀолабго Кавказ кодобе босизе бокьун букӀана. ГӀурусазда цӀакъ лъикӀ лъалаан, Дагъистан мукӀур гьабичӀого, жидеда Кавказалда тӀад хӀакимлъи гьабизе кӀолареблъи. Гьединлъидал, Россиялъ кинабго гуч Бакъбаккул Кавказалде тӀаде рехула.
27
ID: 1842249
Мурад цӀакъ баянаб букӀана, Кавказалда хӀакимлъиги гьабун, югалде, хинал ралъадазде нух рагъизе.
28
ID: 1842250
Гьелъие гӀоло сундухъго балагьулароан гьеб: хвезабулеб гӀарцухъги гьабулеб зулмуялъухъги. Россиялъул планал лъарабго, имам Шамилица бугебщинаб къуваталъ жанисеб дагӀба-къецги таваккалго чӀинтӀизабун, гӀурусазул бащдаб миллионгӀанасеб аскаралъул гучалъухъги рагӀа-ракьан гьечӀеб квербакьиялъухъги балагьичӀого, Бакъбаккул Кавказ тушманасе жужахӀалде сверизабула.
29
ID: 1842251
ЛъугӀел гьечӀел, чӀванагӀан гӀемерлъулел тушбаби рикь-рикьизарун, загӀип гьаризе гӀололъун, ва гьеб къуваталде данде БакътӀерхьул Кавказ, цолъараб къуват хӀисабалда, хӀаракаталде лъугьине ва гучаб ва БакътӀерхьул фронт рагьизе мурадгун, гьес гьениве витӀула МухӀамад-Амин.
30
ID: 1842252
ГӀемерал тӀахьазда гӀемерал автораз бихьизабулеб гӀадин, МухӀамад-Амин БакътӀерхьудаса гуро, гьев ккола Бакъбаккул Кавказалдаса магӀарулав.
31
ID: 1842253
БакътӀерхьул Кавказ гӀуцӀун букӀана гӀасрабаз къавмазулаб гӀадат-гӀамал билълъанхъизабулел, батӀи-батӀия классазде аристократазде, гӀадатал уздензабазде, лагъзадериде рикь-рикьарал гьитӀиналги кӀудиялги жамагӀатаздаса.
32
ID: 1842254
ЦӀакъ гӀемерал къавмал ругеб гьеб тӀабигӀияб, гӀажаибаб географиялда тӀад квер лъезе гӀололъун, цебегоялдаса нахъе хъанчилаз кӀудияб хӀалтӀи гьабулеб букӀана.
33
ID: 1842255
Дунялалъул бищун берцинаб тӀабигӀияб бакӀ БакътӀерхьул Кавказалда букӀараб жидерго буголъи цӀунизе ва тӀибитӀизабизе бокьарал христиан миссионеразе кумек гьабулаан Англиялъги Франциялъги.
34
ID: 1842256
БакътӀерхьул Кавказалда рукӀарал рикьелалги, гӀадат-гӀамалги, къавмияб бичӀчӀиги тӀагӀинарун, гьезул бакӀалда исламиял, тӀолабго Кавказалда рекъонкколел къанунал чӀезаризе хӀалтӀулев вукӀана МухӀамад-Амин.
35
ID: 1842257
Гьелдаго цадахъ гьес рихизарулел рукӀана хъанчилазул хъулби ва гьезул асаралдаса цевеккезе гӀололъун, ислам тӀибитӀизабизе ва кверщел кодобе босизе къеркьолевги вукӀана.
36
ID: 1842258
Гьеб хӀаракаталъул хӀасилалда гьесухъа бажарана гӀалхулав, вахӀшияв тушманасде данде хӀажатаб ва гучаб БакътӀерхьул фронт гӀуцӀизе.
37
ID: 1842259
НекӀсиял гӀадатазда хадур рилълъарал ва гьезде ругьунал жамагӀатазе бокьулеб букӀинчӀо гьел гьересиял гӀадатаздаса инкар гьабизе.
38
ID: 1842260
Гьезда кинго бичӀчӀулеб букӀинчӀо гьел гӀадатал исламалда дандекколареллъи. Исламалъ киналго гӀадамал ращад гьарулин абураб пикруялде дандечӀун рукӀана хасго аристократалги уздензабиги.
39
ID: 1842261
Гьезие бажарарабщинаб кумек гьабулаго, христиан миссионеразги гьезда нахъа чӀарал ингилис ва франг хӀукуматазги гьел МухӀамад-Аминиде дандечӀезе квербакъи гьабулеб букӀана.
40
ID: 1842262
Гьезул цо-цоязул пикруялда рекъон, МухӀамад-Аминица БакътӀерхьул Кавказалде бачӀана питнаги рикьелги, гьелдаго цадахъ тӀагӀинабуна баракатги.
42
ID: 1842264
Гьесдаса хӀинкьи бугилан, гьев нахъе къотӀизе кколилан абун, гьез хӀалбихьичӀел нухалги ресалги хутӀичӀо.
43
ID: 1842265
Имам Шамилидайин абуни Бакъбаккулги БакътӀерхьулги Кавказ цоголъун бихьула ва гьес гьелъул цо пачалихъ хӀисабалда пикру гьабулеб букӀана.
44
ID: 1842266
Гьеб пикру гӀумруялде бахъинабизе гӀололъун, гьесие бокьун букӀана БакътӀерхьудаса Бакъбаккуде щвезегӀан исламияб пачалихъ гӀуцӀизе ва гьелъул къануназда цере киналго ращадал рукӀин бичӀчӀизабизеги гӀумруялда билълъинабизеги.
45
ID: 1842267
Гьесул пикруялда рекъон, гьединаб ращалъи чӀезабизе кӀвакани гурони бажаризе букӀинчӀо Кавказалда империалистияб Россиялъул къуватазда данде чӀезеги, тархъанлъиялде щвезеги ва гьеб цӀунизеги.
46
ID: 1842268
БакътӀерхьул Кавказалда МухӀамад-Аминида бихьичӀеб, гьес хӀехьечӀеб къо хутӀичӀо.
47
ID: 1842269
Амма гьелъухъ балагьичӀого, гьев я хӀинкъичӀо, я нахъе къачӀо, Христианлъи тӀибитӀизе квалквал гьабиядда цадахь, ислам тӀибитӀизабизе квалквал гьабулел квекӀенал тӀагӀинарулаго, гьесда батана жиндирго нух ислам тӀибитӀизабиялъе.
48
ID: 1842270
Хъанчилазухъги гьезул рахъккурал бакӀалъулазухъги балагьичӀого, гьесухъа бажарана БакътӀерхьул Кавказалъул иман бугел къавмал цо рахъалде рачине ва гӀурусазде данде кӀвар бугел рагъал гьаризе.
50
ID: 1842272
БакътӀерхьул Кавказ гӀурусазде данде цо кӀудияб ва гучаб фронт хӀисабалда хӀаракаталде льугьинабизе гьесул я заман букӀинчӀо, я рес щвечӀо.
51
ID: 1842273
Сундухъго балагьичӀого, БакътӀерхьул Кавказалъе гӀоло гьес гьабураб кӀудияб хӀалтӀи цӀакъ пайдаяблъун букӀана.
52
ID: 1842274
Гьев живгоги, заманалдасан бакӀалъул чи кинигин къабул гьавуна гьениб букӀараб халкъалъ.
54
ID: 1842276
ГӀусман Фарид вукӀана МухӀамад-Аминица гьабулеб хӀалтӀул ва хӀаракаталъул чӀагояв нугӀлъун.
55
ID: 1842277
Гьес гьабурабщинаб кинабго хӀалтӀухъ балагьичӀого, Бакъбаккул Кавказалъул дандечӀей загӀиплъанагӀан, тушман БакътӀерхьул Кавказалдаги къуватлъулев вукӀинги бихьулеб букӀана гьесда.
56
ID: 1842278
БакътӀерхьул Кавказалъул гӀадатазда рекъон, жеги балугълъиялде рахинчӀел бихьин лъимал, «аталик» абураб гӀадаталда рекъон, чияр хъизамалде кьолаан тарбия-лъай босизе.
57
ID: 1842279
Гьениб гӀадлунизамалда, батӀи-батӀиял гӀадамаздаги ахӀвал-хӀалалдаги гьоркьоб бажари бугел гӀадамаллъун лъугьунаан гьел.
58
ID: 1842280
Гьеб гӀадаталда рекъон, жеги анлъго сон бачӀев ГӀусман Фаридги кьола цо «аталик» хъизамалде.
61
ID: 1842283
ГӀусман Фарид ккола цӀакъ захӀматаб хӀалалде ва кӀиго соналъ цадахъ гӀумру гьабураб гьеб хъизамалдасаги ватӀалъун, рокъове вуссуна.
62
ID: 1842284
ГӀусман Фаридица байбихьула росдал имамасухъа Кьуръаналъулги исламалъулги дарсал росизе.
63
ID: 1842285
Гьелдаго цадахъ цӀакъ вокьулев, жиндие мисаллъун вукӀарав кӀудияв вац Жамбулатица гьев ругьун гьавула чода рекӀинеги ярагъ хӀалтӀизабизеги.
64
ID: 1842286
Жамбулатица гьесда абула: «Гьанже мун балагье, кин адигав чода рекӀине кколевали.
67
ID: 1842289
Доба тӀад бугеб цӀулакьодул гъотӀохь валагье, гьеб буго нилъедаса лъутулев тушман».
68
ID: 1842290
Жамбулатил нус, лъеберго галул манзиладдаса, гьаваялда пири кинигин гвангъун, цӀулакьодул гъотӀол рохтиялда къала.
69
ID: 1842291
КӀудияв вацас гьитӀинасда бихьизеги бичӀчӀизеги гьабула чода рекӀиналъулги, ярагъ хӀалтӀизабиялъулги ва тушбабазул киналго хаслъабиги рахъалги.
70
ID: 1842292
Цо къоялъ гьес ГӀусман Фаридида абуна: «ГӀурусазул цересел кьеразда рукӀунел хъазахъал руго нилъер бищунго кӀудиял тушбаби.
72
ID: 1842294
Гьез хӀаракат бахъула нилъеда релълъине, нилъер хӀиллабиги ярагъги лъазабун хӀалтӀизабула, нилъер низам-гӀуцӀиялдаса пайда босула.
75
ID: 1842297
Жамбулатица ГӀусман Фаридида щибаб нухалъ бичӀчӀизабулаан хонжродаса камилаб ярагъ букӀине рес гьечӀилан ва ханжар борчинчӀев магӀарулав, квер гьечӀев чиясда релълъунилан.
77
ID: 1842299
ТуманкӀ алхине бегьила, таманча чвархъизе бегьила, амма хожрода кидаго ракӀчӀей букӀуна ва кьаби щвезабизе хӀадур букӀуна, щайин абуни, гьеб тушманасул чорхолъе арабльи лъала.
78
ID: 1842300
РухӀ камиллъулеб, лага бачӀунеб букӀана ГӀусман Фаридил, ва Кавказалъул рагъухъан кинигин гӀолев вукӀана гьев.
79
ID: 1842301
1854 соналъул 10 апрелалда рагъдаса вачӀарав Жамбулатица кӀудияб рохел хӀисабалда бицуна ингилисазги турказги гӀурусазулгун рагъ байбихьанилан абун.
80
ID: 1842302
Гьелдаса пайдаги босун, ингилисал Чергес ракьалде рачӀана, амма, щаялиго, гӀурусалгун унго-унгояб кьалде лъугьинчӀо ва Кавказалъе гьелдаса кинаб букӀаниги пайда букӀинчӀо.
81
ID: 1842303
Гьебго къагӀидаялда Гуржистаналде имам Шамилица гьабураб гьужумги, ГӀусманиязул аскаралъ кӀвар кьечӀого тола, ва гьеб кӀвар бугеб хӀаракатги, ГӀусманиязул хӀукуматалъул бажари гьечӀолъиялъ, хӀасил ккечӀого хутӀула.
82
ID: 1842304
Франгалги ингилисалги, Кавказалъул суалалда тӀасан, хасго ГӀусманиязул империялде данде цолъараб оппозиция гьабулаго, Кавказалда хурхарал жидерго мурадал гӀумруялде рахьинаризе гӀололъун хӀалтӀулел рукӀуна. Пардавалда нахъа хъанчилазул цолъи гӀумруялде бахъараблъи бихьарав Жамбулатил рокьи пашманлъиялдалъун лъугӀула.
83
ID: 1842305
Гьеб заманадда анцӀила лъабго соналде вахарав ГӀусман Фаридие ихтияр щвезе кколаан гӀолохъанал рагъухъабазул кьеразде лъугьине ва хвалченгун ханжарги борчине, Жамбулатил тӀаса бищараб рекӀаразул цолъиялде лъугьине ва рагъул майданалда бахӀарчилъиги гьунарги бихьизабизе.
84
ID: 1842306
Гьедин, гьес цо рагъулъ вацасда туманкӀ речӀчӀулев вукӀарав цо гӀурусасул къотӀун бетӀер бортизабула ва Жамбулатги ракӀчӀараб хвалдаса ворчӀизавула.
85
ID: 1842307
Гьанжего гьанже анцӀила лъабго сон барав ГӀусман Фаридил гьунаралъ гьесдехун кӀвар буссинабула кӀудиял гьалмагъзабазулги.
87
ID: 1842309
БакътӀерхьул Кавказалда унго-унгояб кумек букӀинчӀо имам Шамилие эркенлъиялъул рагъулъ.
88
ID: 1842310
Чачаназул рагъухъабаз, нахъе къан, рехун тола гьев, хъат цӀун бикьулеб гӀурусазул гӀарцуца ричун росула гӀемерисел халкъалда жаниб рагӀи билълъарал гӀадамал.
89
ID: 1842311
Гьелъул хӀасилалда имам Шамилил рагъухъабазул къадар цӀакъго цӀакъ дагьлъулеб букӀуна.
92
ID: 1842314
Лъукъаразе, херазе, руччабазе ва лъималазе хъулухъ гьабизе, гьезухъ балагьизе кӀванагӀан захӀмалъизабулеб букӀана.
93
ID: 1842315
Бищун къваригӀарал хӀажалъаби тӀуразе кколел рукӀарал Европаялъул улкабаз щибниги кумек гьабичӀо.
95
ID: 1842317
Жанирги кьватӀирги рукӀарал киналго гьел гӀунгутӀабазухъ балагьичӀого, ватӀаналье ва диналъе гӀоло гьеб рагъулъ тушманасда цеве чучичев имам Шамилица, ахирисеб рагъ гьабизе бугеб Гъуниб магӀарда щулалъи ккола.
96
ID: 1842318
Лъабго моцӀица гьеб щулалъи бахъизе кӀвечӀел гӀурус генералзаби ракьулъ рахчун рукӀуна.
97
ID: 1842319
Гьеб гӀасияб рагъ ахиралде щвезегӀан бачине хӀукмуялда вукӀарав имам Шамилица, къадру бугел диниял гӀалимзабаз бахъараб шаргӀияб фатваялда рекъон, къабул гьабула гӀицӀго гӀурусаз тӀадчӀун тӀалаб гьабураб дандчӀвай.
98
ID: 1842320
1859 соналъул август моцӀалда букӀараб дандчӀваялда гӀурусаз, пачаясул цӀаралдалъун къабул гьарула гьал шартӀал: имам Турциялде виччазе, Кавказалъе зулму гьабичӀого тезе ва гь.ц.
99
ID: 1842321
Амма имам Турциядце инейилан нухде вахъараб мехалъ, гьабураб къотӀи-къайги хвезабун, гӀурус генералаз гьесие нух къотӀула ва асир гьавула.
100
ID: 1842322
Гьеб хабар хехго тӀибитӀула тӀолабго Кавказалда ва гӀурусазде данде рагъулел рукӀарал къавмазда жаниб гьелъ кӀудияб пашманлъи бижизабула.
101
ID: 1842323
Щайгурелъул, гьезда лъалаан, сангар кинигин, гӀурус къуватал ккун букӀараб Дагъистан биххидал тӀоцебе жидее гьелдаса зарал букӀунеблъи.
103
ID: 1842325
Ракьдадасанги ралъдадасанги кӀинусазаргоялде бахараб гӀурус аскаралъ блокадаялде босараб БакътӀерхьул Кавказалда рукӀарал МухӀамад-Аминил кьуватаз кӀудияб дандечӀей бихьизабуниги, гӀурусазул къадарги яргъил къуватги цӀикӀкӀараб букӀиналъ, БакьтӀерхьул Кавказалъул росаби цо-цоккун тушманас рахъулел рукӀуна.
106
ID: 1842328
Сверун ккураб кӀиабилеб къоялъ эмен ХӀасаница гьев жиндаго аскӀове ахӀула ва абула: – Балагьея, дир вас, дица дуде амру гьабулеб буго эбелги, вацалги ва киналго руччабиги ва харабиги мугӀрузде, мун гьавураб некӀсияб бахчараб бакӀалде щвезареян абун.
113
ID: 1842335
Щайин абуни, сверухъ рукӀарал росабаздаса кӀкӀуй борхулеб букӀана, гьел цо-цоккун гӀурусаз кверде росулел ва рухӀулел рукӀана.
114
ID: 1842336
Бищунго ахиралда гьезул росулъа ворчӀизе кӀварав чияс ГӀусман Фаридида бицаралда рекъон, гьезул росу тушманас бахъун букӀуна ва эменги шагьидлъаразда гьоркьов вугилан абула.
115
ID: 1842337
Эмен хваниги, росу бихханиги, ва сверухъ ругелщинал росаби рухӀаниги, жанисел ракьазде щвезегӀан тушман вачӀаниги, вацаз рагъизе нигат гьабула.
116
ID: 1842338
Эмен шагьидлъаралдаса хадув рукъалъул кӀудиявлъун хутӀарав Жамбулатица жиндасаго гьитӀинав, гьанжего гьанже 17 сон барав бахӀарчияв вац ГӀусман Фаридихъе кьола цӀунизе гӀололъун тухумалъул мугьру.
117
ID: 1842339
1861 соналда чергесазул къуватаз, цӀидасан гӀуцӀун, гӀурусазда данде фронт рагъизехъин бугилан абураб хабар рагӀиго, Жамбулатги, ГӀусман Фаридги ва анцӀила щуго сон барав АхӀмадги рагъде ине хӀадурлъула.
118
ID: 1842340
Рукъалъул агьлу: эбел, яс Зисси ва ичӀго сон барав ИсмагӀил гьез тӀадкъала анцӀила кӀиго сон барав МухӀамадида.
119
ID: 1842341
Лъабавго вац Жамбулат, ГӀусман ва АхӀмад чергесазул цӀияв цевехъан, гьезул инсул гьудул ХӀажида аскӀоре рачӀараб мехалъ, гьес гьезда лъикӀаб дандчӀвай гьабула.
120
ID: 1842342
Цо лъагӀалидаса цӀикӀкӀун гьеб цолъиялда хъулухъ гьабурал вацазул лъай-хъвай ккола турк базаргабазулгун ва гьездаса турк мацӀ лъазе хӀаракатги гьабула.
121
ID: 1842343
Жидерго мурадал ричӀчӀизе бажарулеб гӀанасеб даражаялда турк мацӀ льала ГӀусманидаги АхӀмадидаги.
122
ID: 1842344
Гьезул инсуда цебегоялдаса нахъе бичӀчӀун букӀана турк мацӀалъул кӀвар, Турциялдаги Кавказалдаги гьоркьоблъи цӀакъ цебетӀезе букӀин.
123
ID: 1842345
Гьединлъидал чара гьечӀого турк мацӀ лъазабизе кколеблъи гьес сонаца цебе бицун букӀана жиндирго лъималазда.
125
ID: 1842347
ГӀусманица анцӀила лъабго сон барав вац МухӀамад, цо турк базарганасулгун къотӀиги гьабун, нухлул гӀарцул бакӀалда гьесие яцалъул кӀиликӀ-меседги кьун, Истамбулалде витӀула Султанил рагъул мактабалда цӀализе.
126
ID: 1842348
Цо лъагӀалидасан хола гьезул, гьанжего гьанже лъебералда щуго сон барай эбел.
128
ID: 1842350
ГӀусманица жинда турк мацӀ малъарав турк базарган ХӀусен Мемешида, гьев 1863 соналда Истамбулалде унаго, гьарула яц Зиссиги бищун гьитӀинав вац Ибрагьимги цадахъ рачун, Истамбулалда падишагьасул цӀобалда бугеб чергесазул жамагӀаталде щвезареян.
129
ID: 1842351
Базарган кӀкӀвен-кӀкӀведизе лъугьуна, лъимал цадахъ рачине бокьун гьечӀеб гӀадин.
131
ID: 1842353
Гьеб мехалъ базарганасул куц-мухь хисула ва яцги вацги Истамбулалде рачине разилъула.
132
ID: 1842354
Дагьав цевегӀан Истамбулалде витӀарав МухӀамадица кӀудияв вац ГӀусманихъе битӀараб кагътида хъвалеб букӀуна, жив Султанил рагъул мактабалде цӀализе льугьанилан, вацги яцги рачӀани, гьел жинда цадахь цо рокъор чӀезе бегьилилан.
133
ID: 1842355
Гьедин, жидерго лъабго вакил Истамбулалде сах-саламатго ритӀизе кӀвеялдаса Жамбулатги, ГӀусманги, АхӀмадги цӀакъ рохула ва рахӀаталда рагъизе щвеялдаса разиги рукӀуна.
134
ID: 1842356
1864 соналда гӀурусаз, Берзек ХӀажил штабги кверде босун, киналго данде чӀарал бакӀал чӀинтӀизаризе гӀололъун, киса-кибего низамияб аскар битӀула.
137
ID: 1842359
Хъазахъазулгун ккараб цо рагъулъ гьесул хӀатӀида гулла щола, чодаса гӀодовеги вортун, захӀматго лъукъула.
139
ID: 1842361
ГӀурусаз, кӀудияб аскарги бакӀарун, гӀадада гӀадамалги гъуричӀого рукӀине гӀололъун, чергесазде ярагъ гӀодоб льейилан ахӀи бала.
142
ID: 1842364
Гьеб рагъулъ къолеллъи бичӀчӀарав, кодоб миллияб байрахъ ккун вукӀарав Жамбулат, гьеб тушманасухъе щвечӀого букӀине гӀололъун, гордида гъоркь гьебги бахчун вагъилев вукӀарав чи, рагъул майданалда шагьидлъула.
144
ID: 1842366
Гьениб баян гьабун букӀуна Бакъбаккул Кавказ тезе бокьичӀел чергесал Россиялъул жанисел ракьазде гочинаризе, ялъуни Турциялде ритӀизе ругилан.
145
ID: 1842367
Гьеб кӀиябго шартӀалъул цоябниги къабул гьабичӀел абуни, рагъул такъсирчагӀи хӀисабалда къабул гьаризе ругилан.
146
ID: 1842368
ГӀусман Фаридил рекӀелъ кӀудияб ругъун лъола БакътӀерхьул Кавказалда тӀубан ва цӀакъ балагьаб хӀасилалда рагъ лъугӀиялъ, ватӀан тун чияр ракьазде гочине ккеялъ, кӀудияв эмен, эмен ва кӀудияв вац дунялалдаса иналъ.
147
ID: 1842369
Гьел къояз гьев, кодоб гӀансагун, ралъдал рагӀалда щуазарго чиясдаса цӀикӀкӀараб гӀаламалда жанив гьитӀинав вац АхӀмадгун цадахъ жал Истамбулалде рачине кколеб гама балагьулевилан вукӀуна.
148
ID: 1842370
Гьесда щиб гьабизе кӀолеб букӀараб, аза-азар чиясда цебе гӀумруялъулги хвалилги суал чӀун букӀараб мехалда.
149
ID: 1842371
Дунялальул гучал пачалихъал, хасго Францияги Англияги, жидер беразда цебе лъугьунеб букӀараб гьеб балагьаб, ракӀ бихъизабулеб драмаялъухъ, абизе бегьила, ракӀбохун ралагьун рукӀанилан.
150
ID: 1842372
ГӀусманиязул хӀукуматалдайин абуни, рескъотӀиялъ, къобухӀиялъ, гӀицӀго жидер ракьалде риччазе кӀвана тӀаде рачӀарал диналъул вацал.
151
ID: 1842373
ГӀурусаз гьабураб гьеб вахӀшилъиялде данде я ингилисаз, я гӀусманияз кинаб букӀаниги реакция бихьизабичӀо, гьел гӀенеккун чӀола.
153
ID: 1842375
ГӀусмангун АхӀмадица, аза-азар вацазда цадахъ ватӀан рехун толаго, цо турказул юк баччулеб гамил батӀергьананасугун къотӀиги гьабун, ЧӀегӀер ралъдадасан битӀахъе Истамбулалде нух босула.
154
ID: 1842376
Жал гьарураб, гӀураб умумузул ракьалдаса, гӀагараб ватӀаналдаса рикӀкӀалъулаго, кӀудияв эменги, эменги, кӀудияв вацги ва жеги аза-азар шагьидги нахъа толаго, пашманал магӀил цӀурал бералгун ралагьун рукӀуна гьел нахъа толеб Кавказалъухъ.
155
ID: 1842377
Бидулал рагъазулъ гӀахьаллъарав, анцӀ-анцӀ тушман чӀварав, цо нухалъ захӀматго лъукъарав, рагъулгун гӀумруялъул захӀматаб хӀалбихьи щварав ГӀусман-Фарид турказул ракьалде, халифаталъул тахшагьар Истамбулалде вачӀуна.
156
ID: 1842378
Кодоб букӀараб адресалда рекъон, вацалгун яц чӀарал чергес хъизамалъул рукъ балагьун, чӀалгӀеналъулгун рокьул магӀугун гьезда къочула.
157
ID: 1842379
Хъизан кӀодолъидал, ГӀусман Фаридица, рукъалъул кӀудияв хӀисабалда, Фатихалда (Истамбулалъул район А.М.) аскӀоб букӀараб цо гьитӀинаб рукъ ккола, ва киналго гьенире рахъуна.
158
ID: 1842380
Гьеб соналъ МухӀамад вукӀуна мактабалъул ахирисеб классалъул цӀалдохъанлъун.
159
ID: 1842381
ГӀусман Фарид Истамбулалде вачӀараб мехалъ, пачалихъалъул бетӀералда вукӀана Султан ГӀабдул-Мажид.
160
ID: 1842382
Амма падишагьасулги хӀукуматалъулги гьоркьоблъи лъикӀаб гьечӀеблъи киназего баянаб букӀана.
161
ID: 1842383
Падишагьас жиндирго пачалихъалъул мурадал цӀунараб политика билълъинабулеб мехалъ, хӀукумат, бакътӀерхьул хъанчилал къуваталгун цолъун, цо бичӀчӀулареб хӀалалда букӀуна.
162
ID: 1842384
БакътӀерхьулазул политикаялда дандекколел «Гюлхане-Хатти шериф» (1839с.) ва «Хатти-Хюма юн» (1856) абурал хӀукуматалъ къабул гьарурал къануназда рекъон либералиял реформаби хӀалтӀизаризе байбихьарабго, турказул улка жанисан Европаяльул пачалихъаз ишкил (кодобе босулеб) гьабулеб гӀадин букӀуна.
163
ID: 1842385
Христианалги цогидал батӀиял диналъул гӀадамалги, пачалихъалъул бетӀергьаби гӀадин, бусурбабаздаса жеги лъикӀаб ва цӀунараб хӀалалда рукӀуна.
164
ID: 1842386
Бихьулеб бакӀалдаса, ва султанил разилъиялдалъун гьеб бетӀералде бахъинабулеб букӀуна.
166
ID: 1842388
Султан ГӀабдул-Мажидидаса хадув тахиде вахарав султан ГӀабдул-ГӀазизица халкколеб букӀана заманалъул техникиял цӀилъабазда хадуб, телеграф ва маххул нухал гӀуцӀизе кӀудияб кӀвар кьеялда цадахъ гьесул мурад букӀана аскаралъул хӀисаб гьабулаго, гучаб флот гӀуцӀизеги.
167
ID: 1842389
Султанил жиндирго ракӀгъезабиязул цояблъун букӀуна лъагӀалида жаниб цо нухалъ хасаб мурадгун тӀоритӀулел рукӀарал аскариял къецал.
168
ID: 1842390
Гьезда бажари бихьизабуразда гьоркьоса бищун лъикӀав анцӀго чи тӀасавищун, гьес жиндирго хъаравуллъиялъул цолъиялде росулаан.
169
ID: 1842391
Щивасда лъалаан хъаравулзаби бищун лъикӀал Кавказ рагъухъабазда гьоркьоса рищулеллъи ва гьел гьунар бугел, божарал ва бищун лъикӀ хӀадурарал хъаравулзаби рукӀин.
171
ID: 1842393
Падишагьасул цӀаралда тӀоритӀулел гьел къецазда гӀахьаллъизе гӀололъун рагъулаб мактабалъул ахирисеб классалда цӀалулев вукӀарав МухӀамадица мукӀур гьавула гьанжего гьанже Истамбулалде вачӀарав жиндирго вац ГӀусман Фаридги.
172
ID: 1842394
Къецалда гӀахьаллъизе вугев кӀинусго чиясда гьоркьове лъугьарав ГӀусман Фаридие рес щола падишагь ГӀабдул ГӀазизгун дандчӀвазе ва къокъаб каламалдаса хадуб падишагьас гьесда ричӀчӀизарула къецазул кьагӀдаби.
174
ID: 1842396
Финалалде ворчӀарав къого чиясда гьоркьоса вищизе вукӀана бищунго лъикӀав анцӀго чи.
175
ID: 1842397
Гьел къецазде вацасда хадуб халкквезе рачӀуна ГӀусман Фаридил киналго вацалги.
176
ID: 1842398
Къецазул киналго тайпабазда гӀахьаллъизе гӀололъун хӀажалъулаан чода рекӀун, ишаналда туманкӀ речӀчӀун гӀадинал категориязда бергьенлъи босизе.
178
ID: 1842400
Гьесда бергьенлъи баркаразул тӀоцересел рукӀана вацал АхӀмад, МухӀамад, ИсмагӀил.
179
ID: 1842401
КӀиабилеб этапалда 20 чиясда гьоркьоса финалалде ворчӀизе вукӀана 10 чи ва гьезда гьоркьоса лъабго бищун лъикӀав тӀаса вищизе вукӀана.
180
ID: 1842402
Векерун, чода тӀад рекӀун, батӀи-батӀиял гьунарал рихьизарун тӀоритӀулел захӀматал къецазулъ бергьарав ГӀусман Фарид вукӀана бищун лъикӀав льабгоясда гьоркьов.
182
ID: 1842404
Гьел соназда гьанжего гьанже турк мацӀ бицине байбихьарав ГӀусман Фаридие, гьеб мацӀ битӀун ва камилго бицинегӀан, падишагьасул амруялдалъун кьола сержантасул цӀар.
183
ID: 1842405
ГӀусман Фаридица анцӀила ичӀго моцӀалъ хъаравуллъиялъул бутӀаялда сержантасул чиналда хъулухъ гьабула.
185
ID: 1842407
Лейтенантасул харжалъ магӀишаталъул иш дагьабго нухде бачарабго, вацалгун цадахъ гьев падишагьасул гьундузда гӀагарлъухъ бугеб Кабаташ районалда ижараялъе ккураб цо рокъове вахъуна.
186
ID: 1842408
Гьеб заманалда гьоркьоб, лейтенантасул чингун рагъулаб мактаб лъугӀизабурав МухӀамад тӀамула хъулухъ гьабизе султанил хасаб рекӀаразул полкалде.
187
ID: 1842409
ГьитӀинав вац ИсмагӀил абуни лъугьуна цӀализе кӀудияв вацас лъугӀизабураб рагъулаб мактабалде.
190
ID: 1842412
Чан гьабулеб заманалда цо хӀурматияв гьобол франгав хвасар гьавула гӀолохъанчияс тӀаде кӀанцӀизе хӀадурлъараб лъукъараб цидаса.
191
ID: 1842413
Гьеб лъугьа-бахъиналъул хӀакъалъулъ гьоболас разилъиялда бицуна хункарасда.
192
ID: 1842414
ГӀолохъанав лейтенант ГӀусман Фаридил хӀакъалъулъ ка- лам гьабидал, падишагьас гьев жиндаго цеве ахӀула, нусго меседил гӀарацги кьун, жиндирго адъютант хӀисабалда, хасал хъаравулзабазде гьоркьове вачуна.
193
ID: 1842415
1867 соналда капитанасул цӀарги кьун, ГӀусман Фарид ГӀабдул- ГӀазизил адъютантлъун тӀамула.
194
ID: 1842416
Гьебго соналъ падишагьас БакътӀерхьул улкабазде бухьараб сапаралда цадахъ рачаразда гьоркьов ГӀусман Фаридги вукӀуна.
195
ID: 1842417
Гьеб сапаралда (21 июнь 7 август) падишагь щола Бельгиялде, Австриялде, Италиялде, Франциялде ва Англиялде.
197
ID: 1842419
Гьеб сапаралдаса хадуб ГӀусман Фаридил лъикӀго къимат борхула гьалмагъзабазда гьоркьоб.
198
ID: 1842420
Сапаралдаса хадуб ГӀусман Фарид 1867 соналъул 15 декабралда, жалго гӀадин, Турциялде гочарав цо бечедав абхазав базарганасул яс ГӀайшат-ханумгун ригьнаде лъугьуна.
199
ID: 1842421
Ригьин гьабилелде цебе ГӀусман Фаридица жиндирго абуралда бичӀчӀизабун букӀуна вакьадасул гӀадаб бечелъи гьечӀеблъи ва жиндир аскар харжалда гӀумру гьабизе ккезе букӀин.
203
ID: 1842425
Гьеб мехалъ, падишагьасул амруялда рекъон, гьес гӀахьаллъи гьабизе кколаан султанил чан гьабиялъулъги къадикванилъги.
204
ID: 1842426
Гьеб сон лъугьана ГӀусман Фаридил кӀочон толареб сонлъун: гӀурусазул пачаясул изнуялда рекъон, хӀежалде ине гӀололъун, кӀиявго васги Россиялда гьоркьлъалие тун, хъизангун цадахъ Истамбулалде вачӀуна имам Шамил.
205
ID: 1842427
Кавказалъул багьадурасе лъикӀаб дандчӀвай гьабизеги гьев ва гьесул хъизан бихьизабураб рокъор рещтӀинаризеги султан ГӀабдул-ГӀазизица тӀадкъала ГӀусман Фаридица.
206
ID: 1842428
21 гӀарададул кьвагьигун салам кьун дандчӀвай гьабурав имам Шамилидехун жеги лъимерлъиялдасаго кӀудияб хӀурмат-адабгун гӀурав ГӀусман Фарид гьеб тӀадкъаялдаса цӀакъ вохула.
209
ID: 1842431
Истамбулалда имамас бараб заманалда жаниб хункарас гьесие сайгъат гьабула Аскара районалда рукӀарал кӀудиял рукъзабазул цояб Коска-рукъ.
210
ID: 1842432
Гьениве щвезегӀан имам Шамилида цадахъ вукӀарав ГӀусман Фаридица, жанахӀалъуве лъугьаравго, имамасул кверда убач гьабула.
211
ID: 1842433
Гьесул адаб бихьарав Шамилил рекӀелъ цо батӀияб хинлъи бижула гӀолохъанчиясдехун ва гьес гьев ахӀула жиндаго цадахъ чай гьекъезе.
212
ID: 1842434
Гьей чай гьекъолеб мехалъ, имам Шамилица гьесие суал кьола ГӀусманиязул империялда ругел кавказалъул мугьажирзабазул хӀакъалъулъ.
213
ID: 1842435
ГӀолохъанчиясул бажариги баркулаго, имамас гьесие гӀакълу кьола халифаясдехун ритӀухълъи цӀунун, гьесие ракӀбацӀцӀадго хъулухъ гьабеян.
214
ID: 1842436
Гьелдаго цадахъ Шамилица гьесда абула, цо къоялъ Шимали Кавказ, тархъанлъи тӀалаб гьабун, хӀатӀазде бахъине бегьулилан ва эркенльиги чӀухӀиги цӀидасан щвезе гӀололъун, мун гӀадинал бахӀарчиял аскариял хӀажат рукӀине ругилан.
215
ID: 1842437
Имам Шамилихъа изнуги босун, гьеб рокъоса ватӀалъулаго, жиндир хивалазулъ вукӀарав багьадурасулгун ккараб льай-хъваялдаса цӀакъ разиго хутӀула ГӀусман Фарид, гьелъул асаралда гъоркь вукӀуна гьев гӀемераб мехалъ.
216
ID: 1842438
Гьес жиндиего рагӀи кьола, кӀудияв имамасул насихӀатал гӀумру лъугӀизегӀан рекӀелъги ботӀролъги цӀунизе.
217
ID: 1842439
1874 соналъул 22 августалда лъеберго сон барав ГӀусман Фари- дие кьола майорасул цӀар.
219
ID: 1842441
Гьенив вугеб мехалъ гьесдаги гьесул лъадудаги гьоркьоб байбихьула цо-цо рагӀи дандеккунгутӀи баккизе.
220
ID: 1842442
Бечедаб хъизамалда гӀурай ГӀайшатханумица байбихьула гӀарац гӀунгутӀиялдаса разилъи гьечӀолъи загьир гьабизе.
221
ID: 1842443
ГӀусман Фаридил вацал гьезухъе гьоболлъухъ рачӀин гьелъие рекӀее гӀолеб гьечӀолъи бихьулеб букӀана гьесда.
222
ID: 1842444
Гьеб хӀалалъ рахӀатхварав ГӀусман Фаридица байбихьана живго гьезухъе хьвадизе.
223
ID: 1842445
ЦӀияб хъулухъалда анлъго моцӀ бан хадуб адъютантлъун тӀамизеян амру бачӀингун, ГӀусман Фарид Истамбулалде тӀадвуссуна.
224
ID: 1842446
Жинда данде гъоркьан хӀалтӀи гьабулеб бугилан рагӀун, хӀинкъарав султан ГӀабдул-ГӀазизица аскӀоре рачунел рукӀана бищунго божилъи бугел офицерзаби.
225
ID: 1842447
Генералияб штабалъул кӀудиял офицерзаби султан ГӀабдул- ГӀазизида данде цо хӀаракаталда лъугьун, гьев тахидаса рехизе планал рахъулел рукӀуна.
226
ID: 1842448
Генералияб штабалъул бетӀер генерал ХӀусейн Авница, сихӀираб къагӀидаялда, Турциялъул либералиял къуватазе кумек гьабулеб букӀуна, демократияб ва парламенталъулаб режималъул лидер хӀисабалда.
227
ID: 1842449
ХӀусейн Авниги, бетӀерав вазир МухӀамад Рюшдюги, Шайхулислам ХӀасан Хайруллагьги рекъон, хӀукму гьабула 1876 соналъул 31 маялда кьватӀире рахъине ва султан тахидаса рехизе.
228
ID: 1842450
Амма султание мукӀурал, гьесул божарал цо-цо офицерзабаздаса хӀинкъун, къватӀире рахъунеб къо цо къоялъ хехго, ай 30 маялде босула.
229
ID: 1842451
КӀиабилеб рагъулаб гамица, сордо бащалъигун, Долмабахче гьундузда (турказул падишагьазул гьундул А.М.) цебеги бачӀун, жиндирго гӀарадаби гьундузул рахъалдехун ритӀизарула.
230
ID: 1842452
Гьелдаго цадахъ гьундузухъе ралагьарал бакътӀерхьул гохӀазда гӀарадабиги лъола гьез.
231
ID: 1842453
Гьеб мехалъ рагъулаб мактабалъул командир, полковник Сулейман-пашаца хъаравуллъиялъул офицерзабазе амру гьабула цо казармаялде ракӀареян.
232
ID: 1842454
«Нуж гьанире ракӀарун руго цо цӀализе бугеб кӀвар бугеб амруялъухъ гӀинтӀамизе.
233
ID: 1842455
Гьарула, дун тӀадвуссинегӀан, гьанир гӀодориччан рукӀайилан», ян абула гьес гьенире ракӀараразда.
234
ID: 1842456
Полковник гӀедегӀула казармаялдаса къватӀиве ине ва, жиндаго хадур нуцӀаги рахан, нахъа маххул хӀосги къазабун, гьундузухъе уна гьев.
235
ID: 1842457
Сунданиги щакльичӀел, казармаялда рукӀарал султанил кӀудияб даражаялъул хъаравулзаби-офицерзаби, полковник тӀадвуссиналъухъ ралагьун рукӀуна.
236
ID: 1842458
Майор ГӀусман Фаридги офицерзабазда гьоркьов вукӀуна ва гьеб балагьун чӀеялъул заман халалъидал, гьев щаклъизе вачӀуна полковник кватӀиялда.
237
ID: 1842459
Гьес гьалмагъзабазда абула полковник валагьизе цо лейтенант витӀун лъикӀилан.
238
ID: 1842460
СанагӀатав гӀадав лейтенантги вищун, къватӀире лъугьине бокьарабго, гьесда бичӀчӀула нуцӀа рахан, гьелда нахъа маххул хӀос къазабун букӀин.
239
ID: 1842461
Гьеб мехалъ гьес абула казармаялда рукӀаразда: – КъватӀисан рахан буго нуцӀа, дида гьеб рагьизе кӀолеб гьечӀо.
240
ID: 1842462
Казармаялда рукӀаразда бичӀчӀула жал цо кӀудияб макруяб ишалда гъорлъе цӀараллъи.
241
ID: 1842463
Султан ГӀабдул-ГӀазиз я чӀван ватула, ялъуни тахидаса рехун вукӀине бегьула.
243
ID: 1842465
Падишагьасул бищун ракӀчӀарал офицерзаби питначагӀаз гъураб къоринире ккун, щибниги жо гьабизе кӀолареб хӀалалда рукӀуна.
244
ID: 1842466
АнцӀила щуго соналъ пачалихъалъул бетӀерлъуда вукӀарав султан ГӀабдул-ГӀазиз хунтаялъ тӀаса рехула.
246
ID: 1842468
ХӀукуматалъ бахъула лъазаби, султан ГӀабдул-ГӀазизица, жиндирго кверзул бидурихь къунцӀмахалъ къотӀун, живго жинцаго чӀванилан.
247
ID: 1842469
Амма халкъалда гьоркьоб тӀибитӀараб харбида рекъон, гьев чӀван вукӀуна гьалмагъиралъул аслияв гӀахьалчи, Генералияб штабалъул бетӀер генерал ХӀусейн Авница.
248
ID: 1842470
ТӀубан кодобе идараги босун, хунтаялъ байбихьула султан ГӀабдул-ГӀазизида аскӀор рукӀарал ва гьесие мукӀурлъи бихьизабурал киналго офицерзаби тахшагьаралдаса рикӀкӀадегӀан ритӀизе.
249
ID: 1842471
ГӀусман Фаридил бищун божарав гьудул, султан ГӀабдул-ГӀазизил вакьадас, чергес майор ХӀасан, кутакалда бажари бугев чи вукӀин лъан, Багьдадалде витӀула.
250
ID: 1842472
Жиндирго рекӀел ургъел бахчизелъун майор ХӀасан 1876 соналъул 15 июналда ГӀусман Фаридихъе вачӀуна ва гьесие жиндирго ракӀ чучула.
251
ID: 1842473
Гьев кӀиявго офицер жидеда султан цӀунизе кӀвечӀолъиялдаса цӀакъ пашманго рукӀуна ва жалго жидедасаго тӀаса лъугьунаро.
252
ID: 1842474
Падишагьас жидер хӀакъалъулъ хиянатчагӀиян пикру гьабун батилин рекӀекълъула гьел.
254
ID: 1842476
«ХӀусейн Авниги чӀван, султан ГӀабдул-ГӀазизил къисас босизе хӀукму гьабуна дица.
255
ID: 1842477
Гьелдаса хадуб бегьула нилъеца нилъерго къадру гьабизе», ян абула ГӀусман Фаридица жиндирго гьалмагъасда.
256
ID: 1842478
Гьесул гьел рагӀабаз майор ХӀасанил гьудуласдехун букӀараб божилъиги ракӀчӀейги жеги цӀикӀкӀуна ва гьеб иш жинца тӀаде босизе кколилан, лъугьуна гьев.
257
ID: 1842479
Ахиралдаги кӀиясго, гьеб иш тӀубазелъун, можороги тӀамун, хӀукму гьабула къокъаб гӀучӀ бахъарав гьеб ишалдаса нахъе къазе.
258
ID: 1842480
ГӀучӀал рахъулаго, къокъаб гӀучӀ майор ХӀасанихъе ккола ва ГӀусман Фаридица абула «гьеб иш лъугӀана», – ян.
259
ID: 1842481
Жиндихъа ГӀусман Фарид мукӀур гьавизе бажарулареблъи бичӀчӀарав майор ХӀасаница, гьеб иш тӀубазелъун, батӀияб нух балагьизе хӀукму гьабулаго: «Мун витӀарав вуго, дуца тӀубай гьеб иш», илан абунила.
260
ID: 1842482
Амма, дир рокъоб ахирисеб нухалъ цадахъ квен кваналиланги абун, ГӀусман Фарид мукӀур гьавула гьес жиндихъего вачӀине.
261
ID: 1842483
Щайгурелъул, Генералияб штабалъул бетӀер ХӀусейн Авни чӀвай кколаан жинцаго живго чӀвазе амру гьабураб гӀадинаб жо.
262
ID: 1842484
Гьединлъидал, ГӀусман Фаридица щайха къабул гьабилареб букӀараб рекӀелав гьудуласул кванде ахӀи?
263
ID: 1842484
Гьудуласул гьариялда разилъарав ГӀусман Фаридица, кваналеб мехалъ, ХӀасаница кьураб жо гьекъола.
265
ID: 1842486
Гьелъухъ валагьун вукӀарав ХӀасаница ГӀусман Фарид, бусадаги вегизавун, лъикӀаб хӀалалда вухьуна.
268
ID: 1842489
Ралъдал рагӀалда букӀараб ХӀусейн Авни-пашал рокъове аравго, гьесие баянлъула гьенив гьев гьечӀевлъи, Митхат-пашал рокъове министразул кабинеталъул данделъиялде аравлъи.
272
ID: 1842493
Гьев лъалел хъаравулзабаз, мун киве иневилан цӀехедал, ХӀасаница абула, метер Багъдадалде ине вугила, гьединлъидал, БетӀерав командующийгун къо-мех лъикӀ гьабизе бокьун бугила жиндие.
274
ID: 1842495
ЦӀунулел чагӀи жидерго рокъоре жанире инегӀан залалда чӀарав гӀадин вукӀуна гьев.
275
ID: 1842496
Гьел жидерго бакӀалде аралго, цо лахӀзаталда жанив лъабабилеб тӀалаялде вахуна.
277
ID: 1842498
ХӀасан генерал ХӀусейн Авни-пашахъ валагьун вугилан абун, цо чанго минуталъ кӀалтӀа чӀарав чиясул пикру цогидаб жоялдехун буссинабула.
281
ID: 1842502
Гьев ун вахъиналде, капитан ХӀасан хунта бакӀарараб рокъове жаниве лъугьуна, цояб хъатикь таманча, цогидаб хъатикь ханжарги ккун.
283
ID: 1842504
Султан ГӀабдул-ГӀазизил къисас бугиланги абун, гьесул каранзулъ кӀиго нухалъ таманчаги речӀчӀун, ХӀасаница гьев гӀодов ккезавула.
284
ID: 1842505
Гьеб мехалъ Ралъдал къуватазул командующий, адмирал АхӀмад вортула ХӀасан кквезейилан, амма хонжроца гьев лъукъула.
285
ID: 1842506
ХӀасаница, Генералияб штабалъул бетӀер ХӀусейн Авни хвечӀого вукӀин вихьидал, тӀадеги ун, чанго нухалъ ханжар къазабула гьесда.
286
ID: 1842507
Хадуб къватӀисел улкабазул гунисел ишазул министр Рашидпашадехунги вуссун, ХӀасанйца речӀчӀун таманчагун гьевги чӀвала.
287
ID: 1842508
Гьеб гъалмагъир рагӀун рокъове жаниве лъугьарав хъаравулас ХӀасан хеч къазабун лъукъула.
289
ID: 1842510
Жанире рортун рачӀарал аскариязда, дир нужергун тушманлъи гьечӀиланги абун, ХӀасаница ярагъ гӀодоб лъола ва гьев кверде уна.
290
ID: 1842511
Чергес ХӀасан болъабаздаса гӀодов вачӀунаго, хварав Ралъдал къуватазул командующиясул адъютантас, кутакаб ццингун гьесда бадибе тула.
291
ID: 1842512
Гьелда данде ХӀасаница чакмаялъуб бахчун букӀараб таманча бахъула ва лейтенантасул рекӀелъ речӀчӀула.
292
ID: 1842513
Гьеб лъугьабахъиналдаса хадуб XIасанил кверал дугъдан рухьуна ва гьесда тӀаса берги босуларо. КватӀун вахъарав ГӀусман Фаридида цӀакъ захӀматго кӀола живго вухьун вукӀараб бусадаса ворчӀизе.
295
ID: 1842516
Нахъисеб къоялъ гӀедегӀел гьабун данделъула Рагъулаб Диван ва ХӀасанил цӀех-рех гьабула.
296
ID: 1842517
ГӀолохъанав чергесасул баяназда рекъон, гьесул сунданиги ракӀ бухӀи букӀинаро ва гьесда цадахъ щивниги вукӀинчӀо.
297
ID: 1842518
1876 соналъул 18 июналда гьанжего гьанже 26 сон барав ХӀасан, Рагъулаб Диваналъул хӀукмуялда рекъон, Истамбулалъул Баязет майданалда, кваридаги ван, гъанкьула.
298
ID: 1842519
Гьеб кьогӀлъи къулчӀарав майор ГӀусман Фарид, гӀенеккун чӀезе кколев вукӀуна.
299
ID: 1842520
Амма цо къоялъ, гьудулзаби офицерзаби ругеб бакӀалда, гъанкъарав чергес ХӀасание рецц гьабураб рагӀи гьес абунилан, лъицаялиго бицуна хунтаялъул чагӀазда.
300
ID: 1842521
Гьелъул хӀасилалда гьев ккола ва туснахъалде рехула. Султан ГӀабдул ГӀазизил хъаравулзабазул полкалда рукӀарал чергес офицерзабазда божилъи хвараб хунтаялъ, гьел цо-цоккун централдаса рикӀкӀаде ритӀизе байбихьула.
301
ID: 1842522
Гьеб къагӀидаялда ГӀусман Фаридги Ливиялъул жаниблъиялда букӀараб салул авлахъалде витӀула хъулухъ гьабизеян.
302
ID: 1842523
Гьеб захӀматаб, чӀамучӀаб хъулухъалда вукӀарав майор ГӀусман Фаридида Истамбулалдаса рачӀарал харбазда гьоркьоб рагӀула 1876 соналъул сентябрь моцӀалда султан V Мурадица, сахлъи сабаблъун, тах султан II ГӀабдул-ХӀамидихъе кьунилан.
303
ID: 1842524
1877 соналъул 11 маялда ГӀусман Фарид рагъулаб министерствоялъ, дивизиялъул штабалъул офицер хӀисабалда, Истамбулалде нахъе ахӀула.
304
ID: 1842525
Султан ГӀабдул- ХӀамидие цӀакъ вокьулаан жиндирго имгӀал султан ГӀабдул-ГӀазиз.
305
ID: 1842526
ХӀукуматалъ бахъараб тӀоцебесеб амруялда рекъон, тахшагьаралде тӀадруссуна султан ГӀабдул-ГӀазизил сверухълъиялда рукӀарал, къватӀире ритӀарал офицерзаби.
306
ID: 1842527
1877 соналъул 24 апрелалда гӀурус аскаралъ Европаялда Прут гӀор бахиналда бан, 25 апрелалда бакӀарула гӀусманиязул хӀукумат ва лъазабула Россиялъулгун рагъ.
307
ID: 1842528
ГӀусман Фаридие Россиягун вагъизе гӀололъун хасго бокьун букӀуна Бакъбаккул фронталде ине.
309
ID: 1842530
Кавказаддаса ватӀалъун 13 соналдасан къадараль гьев БакътӀерхьул фронталда азалияв тушмангун дандчӀвазавула.
310
ID: 1842531
1877 соналъул 21 августалда Сулейман-пашал нухмалъиялда гъоркь жиндирго цолъиялъул бетӀерлъуда ГӀусман Фаридица бидулал рагъазулъ бахӀарчилъи бихьизабула.
312
ID: 1842533
Шипка габурлъи гӀурусазул кодоса эркен гьабизе гӀололъун, 13 азарго шагьид кьураб ва 6 азарго гӀурус аскарияв чӀвараб гьеб цӀакъ бидулаб рагъуль ГӀусман Фарид каранда щварал гуллбуца захӀматго лъукъула.
313
ID: 1842534
Эдерне шагьаралде щвезавун, гьениб цо гулла бахъула, цогияб, рекӀеда аскӀоб букӀун, бахъичӀого тола.
316
ID: 1842537
1877 соналъул 20 декабралда ГӀусман Фаридие рагъулъ бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ рагъулаб шапакъат кьола, полковниклъиялде вахинавула ва Истамбулалъул 8-абилеб ЦӀуниялъул полкалъул командирлъун тӀамула.
317
ID: 1842538
1878 соналъул 18 августалда 34 сон барав полковник ГӀусман Фаридие ГӀусмани империялъул генераласул цӀар кьола.
318
ID: 1842539
«Йилдиз» гьундузде ГӀабдул-ХӀамид вахъараб мехалъ, гьениб аскӀобго ГӀусман Фарид-пашацаги рукъ ккола.
319
ID: 1842540
Гьеб заманалда гьесул лъай-хъвай ккарав султанил Кавказ цӀуниялъул аскаралъул кӀиабилев командир МухӀамад-Фазил Дагъистаница ГӀусман Фарид ахӀула Шамилил вас ГъазимухӀамадихъ йигей жиндирго яцалъул Аксараялда букӀараб рокъове чай гьекъезе.
320
ID: 1842541
АнцӀго соналъ цебе имам Шамилгун дандчӀван, гьеб рокъове гьев гочине жинца гӀахьаллъи гьабиги, имамгун гара-чӀвариги ракӀалдещварав ГӀусман Фаридица, гьаб нухалъ имамасул вокьулев вас, багьадур ГъазимухӀамадилгун лъай-хъвай гьабизе рес кьезе бугеб гьеб гьари разиго къабул гьабула.
321
ID: 1842542
ГъазимухӀамадил рокъоб, гьесулгун лъай-хъвай гьабураб мехалъ, кӀудияв имамасдаги жиндаги гьоркьоб ккараб гара-чӀвариялъулги гьесдехун жиндир лъугьараб хӀурматалъулги хӀайранго бицуна ГӀусман Фаридица.
322
ID: 1842543
Гьелде данде ГъазимухӀамадица абула: «ГӀазизав паша, Кавказалъул киналго гӀадамал, мун гӀадин, дир инсуе ритӀухъаллъун рукӀаралани, нилъер улка тархъан гьабизе гӀураб гуч букӀинаан нилъер, амма, пайда щиб, цӀакъ гӀемерав хиянатчи вуго. ГӀурусазул меседалъул тӀагӀам гӀарададул гуллидаса жеги квешаб буго».
323
ID: 1842544
МухӀамад-Фазил Дагъистаницаги ГӀусман Фаридицаги гӀемер гьабулаан зиярат ГъазимухӀамадихъе ва гьесулгун букӀараб гарачӀвариялдаса жидеего кӀудияб пайдаги босулаан.
324
ID: 1842545
Султан ГӀабдул-ХӀамид «Йилдиз» гьундузухъе вахъун хадув, цо къоялъ «Йилдизалъул» зоопаркалде уна.
325
ID: 1842546
ХӀайваназухъ валагьизе тарав чиясда, кии ккарабали, гъалбацӀил клеткадул нуцӀа рахазе кӀочон тун батула.
326
ID: 1842547
Рагьун хутӀараб нуцӀихъа къватӀибе бачӀараб гъалбацӀ гьеб мехалда ахикь букӀараб гьитӀинаб гьведа хадуб лъугьуна.
328
ID: 1842549
Гьенив вукӀарав падишагь, кивениги инчӀого, вугеб бакӀалда чӀчӀун хутӀула.
329
ID: 1842550
ГъалбацӀ падишагьасде тӀаде унеб бихьарав МухӀамад-Фазилица, хункарасда цеве лъугьун, хӀаваналъе нух къала.
330
ID: 1842551
БахӀарчияб куцалда гӀалхул хӀайвангун къеркьон, гьеб жиндаго гъоркье ккезабула гьес.
331
ID: 1842552
Цинги гъалбацӀил мугъзадаги рекӀун, гьеб клеткаялъубе жанибе гъола ва тӀаде кӀулалги рала.
332
ID: 1842553
МухӀамад-Фазилица бихьизабураб бахӀарчилъиялъе живго нугӀлъун вукӀарав ГӀабдул-ХӀамидица гьесие полковникасул цӀарги кьола, каранда бахӀарчилъиялъул медальги бала.
333
ID: 1842554
Гьелдаса дагьаб заман ун хадуб генерал Дели Фуатица къасд гьабула султанида данде гъоркьан хӀалтӀи гьабизе ва гьелде гъорлъе имам Шамилил вас ГъазимухӀамадги гьесда аскӀоре гӀемер щолел МухӀамад-Фазилги ГӀусман Фаридги цӀазе.
334
ID: 1842555
Цо къоялъ ГъазимухӀамадида аскӀове вачӀарав Дели Фуат-пашаца гьесда гьарула, падишагь тӀаса рехизе Дагъистаналъул рекӀаразул полкалъ квербакьи гьабейилан.
335
ID: 1842556
Гьелда данде ГъазимухӀамадица Фуат-пашада льазабула жив исламалъул халифасеги ГӀусманиязул империялъеги ритӀухъавлъун вукӀин ва генараласе кутакаб бадибчӀвай гьабула гьес гьабулеб ишалъе гӀоло.
336
ID: 1842557
РакӀалдаго букӀинчӀеб ГъазимухӀамадил дандечӀеялъ хӀинкъизавурав генерал Дели Фуатица, султанида аскӀовеги ун, мацӀ гьабула, ГъазимухӀамадги полковник МухӀамад-Фазил Дагъистаниги цо гъоркьан рекъон гьабулеб ишалда гъорлъ ругилан.
337
ID: 1842558
Гьев кӀиявго жиндие гӀагарав чияс гьединаб жо гьабулареблъи лъаниги, жинда данде дагьа-макъабниги жо гьабиялдаса кидаго хӀинкъун вукӀарав ГӀабдул-ХӀамидица, кинаб букӀаниги щаклъи тӀагӀинабизе гӀололъун, ГъазимухӀамадги МухӀамад-Фазилги кӀиго къоялдаса «Йылдиз» гьундузухъе ахӀун, гьелгун дандчӀвала.
338
ID: 1842559
Фуат-пашаца абураб жо жинда щай нужеца бицинчӀебилан хункарас кьураб суалалъе ГъазимухӀамадица кьола гьадинаб жаваб: «Дир султан, дун жасус гуро, дун вуго аскарияв. Дица генераласда бадибчӀвай гьабуна. Хадубги дица пикру гьабуна дуца амру гьабун букӀун батилин гьесда дида гьедин абизе».
339
ID: 1842560
Султан кӀваркьун гӀинтӀамун вукӀуна гьес абулеб жоялъухъ. Хадуб абула: «Дун чӀвазе, ялъуни тахидса рехизе бокьарал тушманзабазул цӀун буго сверухълъи», ян.
340
ID: 1842561
Гьелда данде ГъазимухӀамадица абула: «Дир султан, ГӀусманиязул аскаралде лъугьинелде цере ниж мугӀрузул рагъухъабилъун рукӀана. Дуе, халиф ва султан хӀисабалда, гьа бана нижеца, нижер рагӀи щулияб букӀуна. Дир инсуца васигат гьабуна халифасе бихьизабулеб ритӀухълъиялъулги гьабулеб хъулухъалъулги къимат гьабеян. Дуе хъулухъ гьабулаго жеги нижее бугеб аслияб шартӀлъун буго гьеб».
341
ID: 1842562
КигӀан кӀваркьун ГъазимухӀамадихъ гӀннтӀамуниги, султанас гьесда щибниги абичӀо.
342
ID: 1842563
Амма, дагьабниги рахӀатхвей, тадбир гьечӀолъи баккичӀого букӀине гӀололъун, гьес нахъе биччала Дагъистаниязул рекӀараб полк.
343
ID: 1842564
Гьелдаса хадуб гьес, маршаласул цӀарги кьун, ГъазимухӀамадги витӀула. Мадинаялде. Полковник МухӀамад-Фазил Дагъистанийин абуни, генерал-майорасул цӀарги кьун, ГӀиракъалде витӀула Багъдадальул гарнизоналъул командирлъун.
344
ID: 1842565
Гьев кӀиявго рекӀелав гьудул къватӀире ритӀи цӀакъ захӀмалъула ГӀусман Фаридие.
345
ID: 1842566
Гьев кӀвар бугеб рагъулаб цолъияльул командир вугилан абун жасусал гӀенеккун чӀоларо.
346
ID: 1842567
ГъазимухӀамадгун ва МухӀамад Фазилгун гӀемер дандчӀвалев вукӀанилан абун гӀиллаги батун, гьесул рахъалъги мацӀ гьабула гьез султанасде.
347
ID: 1842568
Гьелъул хӀасилалда, Ташкиишла абураб гарнизоналъул командирлъиялдаса нахъеги вачун, ГӀусман Фарид 1887 соналъул 7 маялда, генерал-майорасул цӀарги кьун, султанасул хӀурматияв адъютант хӀисаббалда, ГӀарабустаналде Мадинаялъул гарнизоналъул командирлъун тӀамула.
348
ID: 1842569
Генерал-майорасул цӀарги кьун, жив Мадинаялде витӀулев вугилан ГӀусман Фаридица лъади ГӀайшат Ханумида абураб мехалъ, гьелъ гьадинаб жаваб кьола гьесие: «ТӀасалъугьа, амма дун гьение йилълъунаро, гурони дун хвезе йиго», – ян.
349
ID: 1842570
Гьединаб жаваб чӀужуялъ кьурабго, ГӀусман Фаридица цо чанго бищун хӀажатаб жоги цадахъ босула ва хъулухъ гьабизе тӀамураб бакӀалде ине нухде вахъуна.
350
ID: 1842571
1887 соналъул 15 маялда: цо франг гамидаги рекӀун, цин Измиралде, Искендеруналде, хадув Бейруталде вачӀуна.
351
ID: 1842572
Гьениб чанго кьоялъ хӀухьбахъиги гьабун, гьев цо гьитӀинаб варани къапилагун цадахъ Шамалдехун нухде вахъуна.
355
ID: 1842576
Акабеялда гьесда лъазабула Мадинаялъул нухда гьаваялъул багӀариялда цадахъ шаммар ва вагьабиял абурал бадавиязул къавмаз къапилаби талавур гьарулилан, гьединлъидал, цӀодорго рукӀине кколилан.
356
ID: 1842577
Лъабго къоялъ нухда букӀараб къапила, лъабабилеб къоялъ бадавияз инжит гьабизе байбихьула.
357
ID: 1842578
ХӀухьбахъизе чӀараб бакӀалде аскӀорегӀанги рачӀун, бадавияз гьезде ахӀдезе, хӀинкъаби кьезе байбихьула.
358
ID: 1842579
Гьеб хӀал чӀалгӀарав ГӀусман Фарид-пашаца къокъаялда жанив бадавиязул мацӀ бичӀчӀулев цояв жиндаго аскӀове ахӀула ва дол щибилан ахӀдолел ругелан, гьикъула.
359
ID: 1842580
Гьес жаваб кьола, гьез абулеб бугила жидер къавм тӀоцересел гочарухъабазул къавм бугилан ва дур рахъалъ махсароги гьабулеб бугила гьез, Истамбулалъул санагӀатал шартӀазда гӀурав пашада, гьаб салул авлахъ, хинаб рукъгӀан, рахӀатаб батизе гьечӀилан.
360
ID: 1842581
Жалгоги щибаб жо кӀкӀунеб ва хадуб кинаб букӀаниги лъалкӀ толареб авлахъалъул салуда релълъараб къавм бугилан абулеб бугила гьез.
364
ID: 1842585
Радалиса ГӀусман Фарид, авлахъалъул ратӀлил бакӀалда ГӀусманиязул аскаралъул генерал-майорасул униформаги ретӀун, хвалченги борчун, таманчаги бан, ботӀрода фес тӀагъурги лъун, чодрониса къватӀиве вахъуна.
365
ID: 1842586
Гьев вихьарал ва гьесул мурад бичӀчӀарал гӀолохъанав офицерги цогидалги гӀажаиблъун хутӀула.
366
ID: 1842587
Гьез пашада абула: «Мун тӀад ретӀараб ратӀлие гӀолоцин чӀвазе бегьула гьез», – илан.
367
ID: 1842588
Гьелда данде генералас кьола гьадинаб жаваб: «ХӀажат гьечӀого гӀодобе би тӀезе бокьун гьечӀо дие. Гьезухъе ун, дунго кӀалъазе бокьун буго дие. БахӀарчилъиги къадруги бихьизабиялъ гьел, талихӀкъарал щайтӀаби чӀезаризе кӀола», – ян.
368
ID: 1842589
ГӀолохъанав офицер гьес хъулухъалдасаги ватӀа гьавун, Мадинаялде витӀула, цощинаб жиндие щибниги жо ккани, губернаторасда бицине гӀололъун.
370
ID: 1842591
Чодаги рекӀун, ГӀусман Фарид живго уна къапилаялда хадуб халккурал вахӀшиял бадавиязде тӀаде.
371
ID: 1842592
Гьенивеги вачӀун, гьес чу чӀезабула гьеб къавмалъул кӀудиязул цоясда цебе.
374
ID: 1842595
КвегӀаб квералъ эхеде гьебги борхун, кьварараб гьаркьица гӀараб мацӀалда «Аллагьу Акбар, ассаламу гӀалайкум» иланги абун хадуб, турк мацӀалда гьабула гьадинаб кӀальай: – Гьаб ккола, Аллагьасул салам лъеяв нилъер вокьулев Аварагасул цӀаралда хӀаракат гьабулеб, цӀакъ гучав ва реццав нилъер султан II ГӀабдул-ХӀамид-ханасул, Аллагьас Гьев цӀунаги, пурман. БетӀерчӀахъаясул рахъалдасан гьаб пурмангун, дие кьураб ихтияргун, нилъее киназего, бусурманал вацазе, гӀадлу, рекъел чӀезабизе гӀололъун, гьесул аскаралъул вакил хӀисабалда витӀун вуго дун. Гьаб хирияб пурман дихъ бугебгӀан заманаялъ, дида щивниги хъвазе гьечӀо ялъуни дие зарал гьабизе гьечӀо. МутӀигӀлъичӀев чиясе гьаб хвалчаца тамихӀ гьабизе буго, янги абун, лъалиниса хвалчен кьватӀибе бахъарав пашаца, бадавиязул цевехъанасде ишара гьабула, жиндир кӀалъаялъул таржама гьабейилан тӀалаб гьабун.
375
ID: 1842596
Бадавияс гьесул каламалъул таржама гьабурабго, гӀадамазда гьоркьоб цо гъулгъули багъарула.
376
ID: 1842597
Гьезда гьоркьоса цояс, циндаго туманкӀги битӀизабун, ГӀусман Фарид-пашада речӀчӀула.
377
ID: 1842598
Гулла, генераласул кӀигъажалда букӀараб кваранаб эполетги борлъун, добехун уна.
378
ID: 1842599
Гьелда данде цо лахӀзаталь жиндирго чу нахъисел хӀатӀазде бахъинеги гьабун, туманкӀ кьвагьарав гӀолохъанчиясде тӀадеги бачун, хвалчадул тӀогьив тӀутӀ кинигин къазе гьавула.
379
ID: 1842600
Угьдизе байбихьарав гӀолохъанчи гӀодовеги рехун, гьес, цойги нухалъ падишагьасул пурман гьаваялдеги борхун, абула: – Гьав гӀолохьанчи дица чӀаго тезе ккола. Дица льазабулеб буго Аллагьасул хӀукмуялъе мукӀурлъуларел гьаб хвалчадаса хвезе рукӀин. Дун витӀун вуго нужее гӀадлу, рекъел, низам босун. Падишагьасул кӀудияб ва рахӀмуяб гуч бихьизабизе гӀололъун, дица гьав гӀолохъанчиясе гӀумру сайгъат гьабулеб буго.
380
ID: 1842601
Бадавиязул къавмалъул кӀудияв ГӀусман Фарид-пашада цеве накабазда чӀола (щайилан абуни, туманкӀ речӀчӀарав гьесул вас вукӀиндал).
381
ID: 1842602
Гьесда хадуб киназго жидерго мукӀурлъиги бихьизабулаго, цо кӀалалъ гӀадин, борхатаб гьаркьидалъун абула: «АлхӀамдуллиллагь!
384
ID: 1842603
ГӀусман Фаридица чода тӀадго вукӀаго жанисеб чвантиниса бахъун, бадавияее меседил цӀураб таргьа рехула ва сах-саламатго жиндирго къапилаялде тӀадвуссуна.
386
ID: 1842605
Истамбулалдаса нухде вахъаралдаса кӀикъого къояллдаса цӀикӀкӀун заман ун букӀуна.
388
ID: 1842607
Чанго къоялдасан ГӀусман Фаридица 2500 аскарияв вугеб цолъиялъе бетӀерлъи гьабизе байбихьула.
390
ID: 1842608
Бадавиязда данде дуца гьабураб бахӀарчияб хӀаракаталъул хабар рагӀарабго, дун цӀакъ вохана ва сах-саламтго мун Мадинаялде щвеялдаса дица дугӀаги гьабуна. Дун дур зияраталъухъ валагьун вуго, мун дир гьоболлъун вукӀине ккола. Коскаялда нилъеца тӀоритӀарал гьайбатал сардал гӀемер ракӀалде щола дида. Дир хъизаналъги дицаги ракӀ-ракӀалъ Мадинаялдеги нижер рокъовеги лъикӀ щваравилан абулеб буго дуда. БетӀергьанас мун цӀунаги».
391
ID: 1842609
ГъазимухӀамадил рокъове вачӀун, гьениб чай гьекъолеб мехалъ, ГӀусман Фарид-пашада гӀемер ракӀалде щолаан доб мехалъ Багъдадалда командирлъун вукӀарав ГъазимухӀамадил вакьад вас МухӀамад Фазил-паша.
392
ID: 1842610
Генерал ГӀусман Фарид-Шхапли Мадинаялде вачӀун, цо лъагӀел инелдего, гьес лъикӀаб гӀадлу чӀезабула, гӀемерал гӀунгутӀаби тӀагӀинарула, бералда бихьулеб чӀаголъи бачӀинабула жинца бетӀерлъи гьабулеб рагъулаб цолъиялда.
394
ID: 1842612
ТӀоцебесеб нухалъ Истамбулалда гьесда йихьарай ГъазимухӀамадилги ХӀабибатилги яс Написат доб мехалъ жеги гьитӀинаб лъимер букӀана.
396
ID: 1842614
Гьанжейин абуни Написат йикӀана анцӀила анлъго сон барай гӀолохъанай ва цӀакъ берцинай яс.
397
ID: 1842615
ГӀусман Фарид-пашаца тӀоцебе МухӀамад Фазилил яц ГъазимухӀамадил чӀужу ХӀабибатида гьарула жиндие Написат кьейилан.
400
ID: 1842617
Гьаб хабар дие бокьана. Нужее кӀиязего хайир бугеб дугӀа гьабула дица. Написат ккола дир цохӀо бугеб ва бокьулеб лъимер. Дудаса батӀияв чи гьечӀо дир дурцлъун вихьизевокьарав. Сахав, чергесав, дир хирияв инсул нухдасан унев, ритӀухъав инсан ва гӀусманиязул аскаралъул рагъухъан».
401
ID: 1842618
ГӀусман Фаридилги Написат Шамилилги ригьин гьабула 1888 соналъул 12 ноябралда.
402
ID: 1842619
Хъулухъалда вугевгӀан мехалъ ГӀусман Фаридица Мадинаялдаги сверухълъиялдаги гьабула гӀемераб пайдаяб хӀалтӀи: Шамалдаса гьенибе лъола маххул нух, бачуна ток, чӀезабула лъикӀаб почалъулаб бухьен, хӀинкъи гьечӀеб сапар бигьа гьабула гӀадамазе.
403
ID: 1842620
ГӀусман Фарид-пашадаса Написатица 1891 соналда гьавула кӀудияв имамасул цӀар кьурав Шамил абурав вас.
404
ID: 1842621
Хадусеб щуго соналда жаниб Написатица жеги лъабго вас гьавула: Баракат, ГӀарип, ГъазимухӀамад.
405
ID: 1842622
1897 соналъул 27 сентябралда Айдин ГӀусман Эркенил эмен ХӀамзат дунялалде вачӀуна.
406
ID: 1842623
1899 соналда Мадинаялда ГӀусман Фарид-пашаца туснахъ гьавула шайих Сайид ГӀабдулкъадир, гьес ГӀусманиязул пачалихъалъе хиянатлъи гьабураблъи чӀезабурал документазул хӀасилалда.
407
ID: 1842624
Султан ГӀабдул-ХӀамидида бичӀчӀун букӀана халк]алда жаниб асарги рагӀиги бугев шайих Мадинаялда жанив тӀами кӀудияб хӀинкъи букӀин.
408
ID: 1842625
Гьеб рекӀее гӀечӀев падишагьас, ГӀусман Фарид-паша ахӀула Истамбулалде суал мухӀкан гьабизе гӀололъун.
409
ID: 1842626
13 соналдасан Истамбулги гьудулзабиги рихьизе рес щвеялъ генераласулъ бижизабула цо лъикӀаб асир.
410
ID: 1842627
Написат, Истамбулалдаса ятӀалъулеб мехалъ, анцӀго сон бараб лъимер букӀуна.
413
ID: 1842630
Сапар Къудус (Иерусалим) нухӀасан гьабизе хӀукму гьабула ГӀусман Фаридица.
414
ID: 1842631
Гьеб мехалъ гьесие тӀоцеесей чӀужу ГӀайшатица гьавурав вас Казим, гӀусманиязул хӀукуматалъул къватӀисел ишазул министерствоялъул кӀудияв офицер вукӀуна Къудусалъул губернаторасул кумекчилъун.
416
ID: 1842633
Къудусадца Казимихъ гьоболлъухъ ункъо къоги бан, гьез Шамалдехун нух босула.
418
ID: 1842635
Истамбулалде щун вахъиналде, ГӀусман Фарид дандчӀвала султан ГӀабдул-ХӀамидгун ва ГӀарабустаналда бугеб ахӀвал-хӀалалдасан гара-чӀвари гьабула.
420
ID: 1842637
Истамбулалда хутӀарал къояз ГӀусман фаридги Написатги лъале-хъвалезухъе ва гьудулзабазухъе зияратал гьарулел рукӀуна.
421
ID: 1842638
Мадинаялде тӀадруссине къоял гӀагарлъараб мехалъ, эбел-инсуца хӀукму гьабула цадахь вачарав Шамил, цӀияб хъулухъалде тӀамизе Истамбулалде ахӀарав Казимил цӀобалда гъоркь цӀали-лъай босизе гӀололъун, Истамбулалда тезе.
422
ID: 1842639
ЛъагӀел гӀанасеб заман Истамбулалдаги бан, ГӀусман Фарид-паша, султанил изнуялдалъун, 1901 соналъул 11 ноябралда Мадинаялде тӀадвуссуна.
423
ID: 1842640
1902 соналъул 7 апрелалда падишагьас ГӀусман Фарид-пашае кьола империялда бищун тӀадегӀанал, бищун къиматал цӀаразул цояблъун кколеб «шайхул-хӀарам» абураб цӀар, ай нилъер Аварагасул Мадинаялда бугеб «ХӀарам-Шариф» хобалъул хъаравуллъи.
425
ID: 1842642
1902 сон лъугьуна ГӀусман Фаридиеги гьесул хъизамалъеги пашманаб сонлъун: хола ГъазимухӀамад, лъабго моцӀ ун хадуб ХӀабибатги.
427
ID: 1842644
1904–1905 соназда къватӀисел къуватаз хӀаракат бахъула гӀараб къавмал турказде данде гьусизе.
429
ID: 1842646
ГӀусман Фаридица жигар бахьулеб букӀана исламалъул тушбаби, къватӀисел къуватазул агенталги гьезул гӀуцӀабиги тӀагӀинаризе.
430
ID: 1842647
Гьелдаго цадахъ гьев, жиндаго барахщичӀого, хӀалтӀулев вукӀана Шамалдаса Мадинаялде маххул нух лъезе гӀололъунги.
431
ID: 1842648
БетӀералда ингилисалги гьарун, тӀолалго хъанчилаз ГӀарабис- таналда кӀудияб зарал гьабулеб букӀаниги, ГӀусман Фарид-пашада кӀвечӀо тӀубан гьелъие квалквал квал гьабизе.
432
ID: 1842649
Щайилан абуни, бакӀалъул хиянатчагӀаз гӀарцухъ жанисан гьезие кумек гьабулеб букӀана.
433
ID: 1842650
ГӀарабустан дагь-дагьккун нахъе кколеб хӀалалде лъугьунаго, падишагьасул хӀукуматалъ хӀаракат бахъула исламалъул улкабазулгун цӀидасан гара-чӀвари гӀуцӀизе.
434
ID: 1842651
Гьеб нухда лъугьунеб букӀараб цолъиялде (иттификъалде) дандечӀола «ИттихӀад ва таракъи» абураб гӀолохъанал турказул комитет.
435
ID: 1842652
Гьеб гӀуцӀарал офицерзабаз 1909 соналъул 27 апрелалда тахидаса рехула 33 соналъ биххун иналдаса улка цӀунун бажарарав султан ГӀабдул-ХӀамид.
438
ID: 1842655
Гьеб хӀабургъараб заманалда империялъул суалал тӀуразе бажарулеб хӀалалда вукӀинчӀо гьев.
439
ID: 1842656
Идараялда вугевгӀан мехалъ гьес, бокьаниги бокьичӀониги, тӀуразе кколаан «ИттихӀад ва таракъи» комитеталъул лъазабиялги тӀалабалги.
440
ID: 1842657
45 соналъ рагъулаб хъулухъги гьабун, ГӀусман Фарид-паша 1909 соналъул маялда пенсиялде уна.
441
ID: 1842658
22 сон ГӀарабустаналдаги бан, кӀудияб хъизамалъул эмен (гьесулги Написатилги букӀана 10 лъимер), гьес байбихьула Истамбулалде тӀадруссине.
443
ID: 1842660
Халатаб ва захӀматаб нухдаса хадув Истамбулалде вачӀарав ГӀусманн-Фарид-паша хъизангун цадахъ рещтӀуна Ускударалда (Истамбулалъул район. - А.М.) букӀараб «Шинаси-паша» абураб авалалда цо рокъов.
444
ID: 1842661
Гьеб заманаялда хӀукумат гӀуцӀараб «ИттихӀат ва таракъи» комитет, партиялдеги сверун, байбихьула киналго пачалихъиял хъулухъчагӀаздаги аскарияздаги жидее ритӀухълъиялъул гьа базабизе.
445
ID: 1842662
Гьалмагъзабазул данделъияльул цоялда ГӀусман Фарид-пашаца абула жинца хваниги «ИттихӀат ва таракъи» партиялъул рахъги кколарила ва гьелъие гьаги базе гьечӀила.
446
ID: 1842663
Гьелдаго цадахъ гьес абула жив султанасе кьураб гьаялъе ритӀухъавлъун вукӀине вугилан.
447
ID: 1842664
1909 соналъул август моцӀалда ГӀусман-пашада гьел офицераз бицуна жал «ИтгихӀат ва таракъи» партиялъул контрразведкаялъул хӀалтӀухъаби ругилан ва жидеца гьев штабалде сурав босизе вачинеги кколилан.
449
ID: 1842666
Гьелдаса хадуб гьев вукӀараб рокъоре жанире лъугьун рачӀуна анкьго офицер ва суравалде байбихьула.
450
ID: 1842667
Жиндирго хӀакъалъулъ баян кьейилан генерал ГӀусман Фаридидаса комитеталъул офицерзабаз тӀалаб гьабидал, гьес кьола гьадинаб жаваб: «Мадинаяльулги ХӀижазалъулги цеве вукӀарав губернатор, генерал-лейтенант, ГӀусмани империялъул шайхулхӀарам ГӀусман Фарид. ГьабсагӀат дун пенсиялда вуго», - ян.
451
ID: 1842668
Сурав босулев вукӀарав цо полковникас гьесде гӀайиб гӀунтӀизабула, Мадинаялда хъулухъалда вукӀарав мехалъ, гьес щибниги мунагь жинда букӀинчӀев шайих ГӀабдулкъадир туснахъ гьавун вукӀанилан абун.
452
ID: 1842669
Гьелде данде ГӀусман Фаридица абула, гьеб ишалъул баяналги далилалги жинца ГӀабдул-ХӀамидихъе кьунилан.
456
ID: 1842673
ГӀусман Фаридица рачарал далилалги хӀужабиги шайих ГӀабдулкъадир туснахъ гьавизе гӀурал гӀанасел рукӀинчӀиланги абун, комитеталъул офицерзабаз гьев гӀайибиявлъун гьавула.
457
ID: 1842674
Гьелда тӀадеги цеве вукӀарав султан ГӀабдул-ХӀамидие гьев цӀакъ вокьулев вукӀанилан, ва гьеб батизе кколила «ИттихӀат ва таракъи» партиялъе гьабизе толареб гӀиллайилан бадибчӀвайги гьабула гьесие.
458
ID: 1842675
Гьеб рекъечӀеб каламалда данде генералас абула: «Дун вуго Кавказалъул мугӀрузул цо росульа инсан, рагъухъанасул хъизамалда гьавурав, гьединлъидал дица падишагьасул гьундузулъ, ялъуни Баби-ГӀалида (ГӀусманиязул хӀукуматалъул мина А.М.) рукӀарал балъгоял ишал, питнаби киданиги ричӀчӀичӀо. Рагъулаб хъулухъалда вугебгӀанасеб мехалъ, кинаб букӀаниги питнаялда гъорлъе лъугьине, ялъуни къваригӀел гьечӀел ишал тӀаде росизе дица къасд гьабичӀо. Цо аскарияв хӀисабалда, пачалихъалъул бетӀер падишагьасе ракӀбацӀцӀадго хъулухъ гьабизе кколилан абураб пикруялда хадув вукӀана кидаго дун. Гьанже нужеца гьабулеб жоялде гъорлъе лъугьине, нужее бокьараб, нужер политика бичӀчӀизе дун цӀакъ кӀодолъун вуго ва гьелъие кинаб букӀаниги гъираги гьечӀо дир. Дун вугеб бакӀ нужеда лъала. Дун рокъов вукӀине вуго», янги абун, гьев штабалдаса нахъе уна.
460
ID: 1842677
Гьанжесала гьесде гӀунтӀизабулеб гӀайиб букӀуна султан ГӀабдул-ХӀамидиде гӀагарав ва гьесие мутӀигӀав вукӀанин, гьединлъидал, «ИттихӀат ва таракъи» партиялъе гьесул рахъалдасан хӀинкъи бугилан абун.
465
ID: 1842682
1909 соналъул 30 августалда хъизангун цадахъ ГӀусман Фаридпаша вачӀуна Мидиллиялде.
466
ID: 1842683
1462 соналдаса нахъе гьеб чӀинкӀиллъи гӀусманиязул идараялда гъоркь букӀуна.
469
ID: 1842686
Цо сонгин анцӀго моцӀ ун хадуб султан Мехмед Решидил мугьру лъураб, «ИттихӀат ва таракъи» комитеталъ гъолбас гьабураб хасаб амруялдалъун, хӀукумат ГӀусман Фарид-пашадаса тӀаса лъугьуна ва гьев ритӀухъ гьавула.
470
ID: 1842687
ГӀумруялда жаниб чанги нухалъ захӀматаб хӀалалде кканиги, ГӀусман Фарид-паша лъиданиги хӀинкъизавизе кӀварав чи вукӀинчӀо.
471
ID: 1842688
1908 соналъул август моцӀалда Истамбулалда гӀуцӀула «Чергес кумекалъулаб ЖамагӀат» ва ГӀусман Фарид-пашаги вукӀуна гьеб гӀуцӀаразда гьоркьов.
472
ID: 1842689
Гьениб гьес жигараб гӀахьаллъи гьабула жинда тӀадкъарал батӀи-батӀиял хъулухъал тӀуразе.
473
ID: 1842690
Гьединго гьес кӀудияб хӀаракат бахъула чергес мацӀалда тӀоцебесеб «Гвазейи» абураб газет къватӀибе биччазеги.
474
ID: 1842691
Цебего гьесул каранзулъ щун букӀараб гуллил цояб бахъун, цогидаб ракӀалда аскӀобегӀан бугилан тун букӀана.
477
ID: 1842694
Пенсиялда вугел соназ ГӀусман Фаридица басмаялде рахъулел рукӀана жиндирго ракӀалдещвеялги шигӀрабиги.
478
ID: 1842695
Хвалда цебесеб къоялъ кӀудияв вас Шамил, инсул кверги ккун, гьесда аскӀов вукӀана.
480
ID: 1842697
Написат рокьъое жание лъугьарайго, гьес ишара гьабула, аскӀоегӀан ячӀайилан.
481
ID: 1842698
ТӀаде къуларай чӀужуялда: – Баркала дуе, Аллагьас мунги лъималги цӀунаги, – йилан абун, гьелъул квер ккун букӀараб хӀалалда дугӀа гьабула гьес.
482
ID: 1842699
Цинги, гӀумруялъул ахирисел лахӀзатаз асар гьабулеб гӀадин, Шамилида абула: – Дир вас, дир бетӀер Кавказалдехун буссинабе, – ян.
483
ID: 1842700
1912 соналъул 19 июналда, ахираталъул рокъове гочуна 68 сон барав ГӀусман Фарид-паша.
484
ID: 1842701
Гьев вукъун вуго Истамбулалда «Аюб Султан» абурал хабалазда, ралъдадехун балагьараб гохӀда.
485
ID: 1842702
БетӀергьанчи хун хадуб Написат, росасеги инчӀого, лъималгун цадахъ Истамбулалъул Бешикташ-Серенжеб районалда букӀараб минаялъуй гӀумру гьабулей йикӀуна.