АХIМАД СУГЪУРИ
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Translation
Author:
Unknown (trans. АхIмад МуртазгIалиев)
Date:
Unknown
Genre:
Translated Literature
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jun 11, 2026 10:12
POS-tagging Coverage:
94.3%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (43)
43 sentences
1
ID: 1842706
Гьаб макъала дида батана 1977 соналда Истамбулалда турк мацӀалда биччараб "МухӀамад аварагасул варисзаби" абураб тӀехьалда.
3
ID: 1842708
Гьев кӀудияв инсанасулги гьесул васазулги цӀаралги, гӀелмуги жамгӀиябгун динияб хӀаракатчилъиги машгьураб букӀана ватӀаналда гуребги, гьелъул гӀорхъаби рахун къватӀибехунги.
5
ID: 1842710
Абу АхӀмад ГӀабдурахӀман Сугъури бин АхӀмад Дагъистани гьавуна гьижриялъул 1207 соналъул Ражабалъул арбагӀ къоялъ Дагьистаналъул Сугъралъ росулъ.
7
ID: 1842712
Хвана гьев Дагъистаналъул Гъазданущиб росулъ гьижриялъул 1299 соналъул 17 рабигӀул авалалъул хамиз къоялъ 92 сон бараб мехалда.
8
ID: 1842713
Гьев вукӀана хъахӀаб кьералъул чӀегӀерабгун хъахӀиллъи жубарал беразул борхатаб ва гъваридаб гьаракьалъул чи.
9
ID: 1842714
Шамил имамго гӀадав, цӀакъго бахӀарчияв ва машгьурав инсан вукӀиналъ, гӀурусаз гьевги, тамихӀ гьабун, гочинавуна ватӀаналдаса.
10
ID: 1842715
Жиндирго бакӀалдасаги вачун, гӀурусаз гьев ккун унеб мехаль ккола гьадинаб лъугьа-бахъин: АхӀмад Сугъури тӀад рекӀараб гьоко шагьаралдаса къватӀибе унаго, халкъалъ сверун ккола.
11
ID: 1842716
ГӀадамазда гьоркьов вукӀуна гIypyc офицерасул ретӀел ретӀарав цо пуланав гӀолохъанчиги.
12
ID: 1842717
Дагьаб эаманалдасан гьоко чӀола, ва АхӀмад Сугъурияс бер щвезабула жив нухда регӀизе рачӀарал чагӀазде.
13
ID: 1842718
Гьеб мехалъ гIypyc гьокочиясе бокьула нухда рагъаризе, амма гьоко, гьес щиб гьабуниги, багъаруларо.
15
ID: 1842720
Гьесдехун вуссун, АхӀмад Сугъурияс абула: – Мун цо дихъ балагьея, гьел чуял дица чӀезаруна. Дуца гьел рухуге, дун гьанив цоявгун кӀалъазе ккола.
16
ID: 1842721
Чуял рилълъунгутӀиялда гӀурусазги ва гьенир ракӀарун рукӀаразги кӀудияб гӀажаиблъи гьабула.
17
ID: 1842722
Гьеб мехалъ, квералъ ишараги гьабун, АхӀмаӀ Сугъурияс жиндаго аскӀове ахӀула халкъалда гьоркьов вукӀарав гIypyc офицерасул ретӀел ретӀарав гӀолохъанчи.
22
ID: 1842725
Дир лъикӀав гьудуласул квешав вас. Мун бусурбанчи кколагури. Аллагьасул нухда, бусурбабазда гьоркьоб чед батичӀогойищ дуца хъулухъ гьабулеб бугеб, чадил рекелалъе гӀоло, гьересиял ва дин гьечӀел гIypycaзе?
23
ID: 1842726
– Дие гьаб офицерасул ретӀел рекӀее гӀун букӀана, – ян жаваб гьабула гӀолохъанчияс.
27
ID: 1842729
– Гьайгьайги, гӀинтӀамилеб дуца. ГӀалхул жанаваразцин къабул гьабула дир рагӀи ва тӀурала дир амраби. Дир изну гьечӀого гьезги гьабуларо щибнигн жо. Дир вас!
28
ID: 1842729
Загьирлъун, къватӀисанги халкъалдаса ватӀалъуге мун, жанисанги халкъалдаса ватӀалъуге мун. Гьал хабал рихьулищ дуда?
29
ID: 1842729
Цо къоялъ мунги гьагъава вегулеблъи кӀочон тоге дуда, – ян, гӀолохъанчиясе насихӀатги гьабун, шайихас изну кьола чуязс рагъаризе, ва гьел церехун уна.
30
ID: 1842730
ГӀемерал соназ вукӀана АхӀмад Сугьури къваридаб гӀумруялда живго жиндаго чӀун.
31
ID: 1842731
ГӀумруялъул халатаб заманаялъ гьедин чӀаниги, ахирал соназда гьесул рокъоб, хӀанчӀил рахь тун, хутӀарабщинаб букӀун буго.
32
ID: 1842732
Цебе букӀараб хӀалалдаса гьесулъ кинаб букӀаниги асар хутӀун букӀунаро. Гьудулгьалмагъзабаз, свсрухълъиялъ гьесда гьеб хисабасиялъул xIикматалъул хӀакъалъулъ цӀехола. Устарас гьезие гьадинаб жаваб кьола: – Балагьея цо, щиб гьабулеб нужеца базаралдаса бичун босараб оц мукӀур ва ругьун гьабизе гӀололъун?
33
ID: 1842732
Нужеца гьеб бакъизе, къечезе гьабула. МукӀурлъулареб мехалъ, лъикӀ хӀалтӀизеги бегаризеги гӀололъун нужеца гьелъие лъикӀалдаса лъикӀаб хъулухъ гьабула, гурищ гьедин.
34
ID: 1842733
ЖамагӀат жиндир гьел рагӀабазда разилъун букӀин бихьараб мехалъ, устарас абула: – Гьеле, гьанже дир оцги мукӀурлъунги ругьунлъунги буго. Гьанжеялдаса хадуб гьелъие щиб кьуниги пайда гуреб, зарал букӀунаро, – ян.
35
ID: 1842734
АхӀмад Сугъуриги хун, дагьаб мех ун хадуб, гьесул ясалда макьилъ инсуца буюрула: "Дир яс, дида тӀаде цо гамачӀ бегун буго, гьелъ дир рахӀатги хвезабулеб буго. Дуца гьеб дида тӀаса нахъе босе", – ян.
37
ID: 1842736
Хабалахъе щвараб мехалъ, гьелдаги цадахъ рукӀараздаги бихьула, аскӀор рахъун чӀарал заназул цояб имам Сугъуриясул хабаде бегун букӀин.
38
ID: 1842737
ГӀажаиблъарал гьез, гьеб гамачӀ хӀурматалда бахъинабула ва жиндирго бакӀалда щула гьабула.
39
ID: 1842738
МухӀамад Аварагасул силсилиялъул лъебералда щуабилеб меседил горлъун кколев гьев инсан, ай Абу АхӀмад ГӀабдурахӀман Сугьури ХӀазратияв вукӀана СагӀид Жамалудин Гъумукъи ХӀазратиясул варислъун.
41
ID: 1842740
Хадуб, гьабизе кколебщинабги гьабун, гьебго къагӀидаялда бачине гӀололъун, гьеб мукъадисаб аманат тӀадкъала жиндирго сверухълъиялда жанив гьелъие бишунго мустахӀикъавлъун вихьарав КӀикӀуниса Абу МухӀамад ал-Мадани бин ГӀусманиясда.
43
ID: 1842742
Турк мацӀалдаса буссинабуна АхӀмад МуртазагӀалиевас (ХӀакъикъат. 5 декабрь 2002 сон)