ХЪАРТГИ ЧIИЛБИКIГИ
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Literature
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Fairytale
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jun 12, 2026 02:26
POS-tagging Coverage:
92.6%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (125)
125 sentences
3
ID: 1842745
КӀиявго кӀудияв вац лъай-гӀакълу бугел, гӀадамал лъугьинесел жал рукӀанила, гьитӀинав ЧӀилбикӀ ботӀрода тӀехӀги барав, тӀингъида нацӀги барав, ватарас вухулев, ватарас тункулев вукӀанила.
5
ID: 1842747
Жидерго гьабулеб хӀалтӀиги гьабун, нахъ руссун рокъоре рачӀунаго, къосанила азда нух.
6
ID: 1842748
Сверданила ал рохьор, сверданила, тӀерхьун бакъги анила, маркӀачӀул рукӀкӀенги речӀчӀанила, кинго нух бахъизе кӀвечӀила азда.
7
ID: 1842749
Абунила вацаца ЧӀилбикӀида, гъотӀоде вахун балагьийин, кӀкӀуй баккулеб бакӀго бихьуларищали.
8
ID: 1842750
Бищунго борхатаб гъотӀодеги вахун, ункъабго рахъалде бер тӀамунила ЧӀилбикӀица, бур-бурун лахӀ чӀегӀерлъун, битӀун рохь бакьулъа баккун бачӀунеб бихьанила асда кӀкӀуй.
9
ID: 1842751
КӀкӀуйдул хӀисаб гьабун вилълъанила лъабавго вац, гӀемерал рилълъанила, дагьал рилълъанила, щванила цо рукъалде тӀаде, лъугьанила жанире, бакун кӀудияб цӀа бугила, цӀеда цее гӀодой йикӀун хъартги йигила, доре-гъоре бохдулги, риччан, хъартил лъабго ясги йигила.
10
ID: 1842752
Хъош-машги гьабун, ракъун рати-лиланги абун, квен лъунила хъартица азда цебе.
13
ID: 1842755
Кванан-гьекъон, рахъараб мехалъ босенги тӀамун, жиндирго ясалги регизарунила хъартица, цоги босада лъабавго вацги вегизавунила, гъасда, жийгоги еганила.
14
ID: 1842756
ЛъикӀ содро араб мехалъ лъабавго вас хъвезе, алмасги лъухьун, ахӀанила хъартица: кьижарав щив, ворчӀарав щив?
16
ID: 1842757
Щай мун кьижуларев ЧӀилбикӀ, дуе къваригӀараб щиб абун гьикъанила хъартица.
17
ID: 1842758
Гьаб ригьалъ абунила ЧӀилбикӀица, цӀурал хинкӀал гьарулаанила дие эбелалъ, гьел ракӀалде щун, кӀоларого бугин дида кьижизе.
19
ID: 1842760
ЛъикӀалан мех борчӀизеги тун, лъихь-лъахъан алмасги лъухьун, абунила хъартица кӀиабизеги: кьижарав щив-ворчӀарав щив?
23
ID: 1842762
Гьаб гӀужалъ бахъухъ кваназабулаанин дида эбелалъ, гьелде хьуллъун, щоларого бугин дида макьуйин абунила гъес.
25
ID: 1842764
ЛъикӀ гьоркьоб мехги биччан, гьанжени ав кьижанилан ккараб мехалъ, ахӀанила хъартица лъабабизе: – Кьижарав щив?
28
ID: 1842765
Я гъарин ЧӀилбикӀ, къадни кьижичӀониги бегъилин, къаси гӀагийищ мун кьижуларев?
29
ID: 1842765
Метер хурие ине дунги гӀедегӀун йигин, кьижун вукӀайин себанила асде хъарт.
30
ID: 1842766
Кинин дун кьижулев, гьаб ригьалъ гӀурухъа цӀалкӀица босун, лъим гьекъезабулаанин дида эбелалъ.
33
ID: 1842769
Гъой къватӀие лъугьингин, гъолъул лъабайго яс живгоги вацалги регун рукӀараб босада регизарунила ЧӀилби-кӀица, дозул босада жалгоги реганила.
34
ID: 1842770
Гьеб гьабулев ЧӀилбикӀ вукӀаго щванила хъарт гӀурухъе, ччун бахъанила алъ цӀалкӀу, чваххун анила лълъим, ччун бахъанила, чваххун анила.
41
ID: 1842777
КекебагӀар, (гьеб букӀун буго хъартил кӀудияй ясалда цӀар) абунила алъ хурие уней йигин дун, дир яс, гьал лъималазул хӀетӀ-бетӀерги белъун, къадиялде дида хадуй ячӀайин мун, нужгоги ракъун рукӀунгейин.
42
ID: 1842778
– «ЯчӀина эбел», илан абунила ЧӀилбикӀица, КекебагӀарида гьаракьги релълъинабун.
46
ID: 1842782
Ав вихьигун жиндирго ясилан ккун, ахӀданила хъарт: «Бакъ щун юхӀизе гурин, гьури чӀван чӀучӀине гурин, хехго рукъое юсса, дир яс» Хурул рагӀалда ясазул хӀетӀ-бетӀерги лъураб хьагги лъун, нахъ вуссун вилъун рикӀкӀадасан валагьун чӀанила ЧӀилбикӀ хъартил щиб лъугьунаяли бихьизе.
47
ID: 1842783
Лъилъун цӀцӀер гӀадин хургин, хӀалхьун гӀодой йикӀанила гьанже хъарт, лъималазул гьанаца гӀорцӀизе.
48
ID: 1842784
ЦӀурал хинкӀазеги бахъухъиеги дуца гьабураб гьанже дица дуеги гьабилин, ЧӀилбикӀан – абулаго, бегьанила хъартица хьагинибе квер, бахъун бачӀанила КекебагӀарил бетӀер.
49
ID: 1842785
Руруданила хъарт, гӀер-гӀеданила, етӀаранила, эхеде кӀанцӀанила, гӀодой речӀчӀанила, къиркъизе цабиги гьарулаго, лъакӀ мерхьун ЧӀилбикӀида хадуй йортанила.
50
ID: 1842786
Йортанила ай, лъутанила дов, йортанила ай, лъутанила дов, рахъдал кьо асги баханила, етӀарулаго рокъое хъартги юссанила.
53
ID: 1842789
АскӀовеги ахӀун, абунила пачахӀас асда, нусго чиясда тӀад базе бегьулеб цо цӀаха рагӀулин хъартил.
57
ID: 1842793
БакъинегӀан рокъов вахчунги вукӀун, къаси хъарт кьижизе егераб мехалъ рукъалъул тӀохги борлъун, цӀахдада егарай хъартида хеч хӀусанила ас.
58
ID: 1842794
ЦӀахаго квешезе чӀун бугин дие, ясал хваралдаса алда ругел чӀутӀузул гӀемерлъиго щиб – абунила хъартица.
59
ID: 1842795
ХӀунсанила нахъеги, къварилъаиила хъарт, бичасхӀа, бетӀергьанчи хвад, ахӀанже къватӀиб речӀчӀилин ахӀданила ай.
60
ID: 1842796
ТӀатӀалаго хӀус-хӀусулаго, азарго жоги хьамун, сур-ссуризабун, реханила хъартица цӀаха къватӀибе.
61
ID: 1842797
Ццим чучараб мехалъ, къватӀие ячӀанила хъарт, цӀаха жанибе босизе, гьечӀила цӀаха.
63
ID: 1842799
Йортанила ай, лъутанила дов, йортанила ай, лъутанила дов, рахъдал кьо асги баханила, рурудулаго нахъе хъартги юссанила.
65
ID: 1842801
Абунила пачахӀас гьаб бикъизе кӀварав дуда щибго гьабизе кӀвелин, гьейго хъартил нусго чиясе квен гьабизе гӀолеб цо хьаг рагӀулин, цӀахдада аекӀоб цӀакъ рекъелин эб, гьеб бикъун вачӀайин мун.
66
ID: 1842802
ГӀурул гьарчазул таргьаги цӀезабун, вилъанила ЧӀилбикӀ хъартил хьаг бикъизе.
67
ID: 1842803
КъасилъизегӀан вахчунги вукӀун, къаси квен-тӀехалде хъарт юссараб мехалъ тӀохдеги вахун валагьанила тӀалайдухъа гъоркье.
70
ID: 1842806
РечӀчӀанила ЧӀилбикӀица тӀаса гъоркье гьорчо, рухӀ-рухӀанила хъартил махӀаби тӀирабаз.
72
ID: 1842808
БичасхӀа хадуб квадилан абунила алъ, ахӀанже къватӀиб речӀчӀилин, хьаг-хьагго кьаллъун бугин дие ясал хваралдаса!
78
ID: 1842813
Йортанила хъарт, лъутанила ав, йортанила ай, лъутанила ав, рахъдал кьо бахун авги ворчӀанила, хачадулаго, нахъе хъартги юссанила.
80
ID: 1842815
Абунила пачахӀас асда: «Гьейго хъартил лълъарал меседилаб цо цӀе рагӀулин, сахӀ рахьдал радалиса; сахӀ бакъанида кьолеб.
82
ID: 1842817
Гьелдаса нахъе мун дица цӀакъ кӀодо гьавилинӀ» ЧӀалгӀунги букӀанила ЧӀилбикӀида, кин бугониги, гьаб нухалъги вилъанила пачахӀасул хъатир гьабун.
83
ID: 1842818
Вилълъанила, щванила ЧӀилбикӀ, къаси бокьалъул тӀохдеги вахун хӀусанила цӀеда, меэданила цӀе.
84
ID: 1842819
Сундаса боххараб, къулгьу, дир ясал хваралдаса нахъе ээди гӀемерлъун бугин дуран семанила хъарт цӀеде.
85
ID: 1842820
ХӀусанила ас нахъеги, ээданила, кӀанцӀаиила цӀе, бичасхӀа, хъурмаца чӀвад, лълъарал ккун къватӀиб речӀчӀилин, кьижизего теларищ дуца дунан ахӀданила хъарт.
91
ID: 1842826
Йортанила хъарт, лъутанила ав, йортанила дой, лъутанила ав, рахъдал кьо асги баханила, керен бухулаго, нахъе хъартги юссанила.
93
ID: 1842828
Абунила пачахӀас да: «Хъартго-хъартилан рагӀулин дида, эйго кинай жо йикӀунеяли лъазе бокьун бугин дне, чара-гӀамал гьечӀин, дида аскӀое гьей щвезайичӀого.
94
ID: 1842829
Гьеб гьунарги гьабун мун нахъвуссун хадуб, дирго ясги кьун, кинабго улкаялъул ихтиярги кьун, дидаго хьолбохъ чӀезавилин дица мун!» Инарилан, жойилан кьур-кьудизе лъугьанила ЧӀилбикӀ, рортанила асде тӀаде пачахӀасул аскӀосел.
98
ID: 1842833
Квасул мегежги бухьанила ас, эхӀединалго михъалги, щиб-щибниги бахун, жиндирго жинсги хисизабунила, басрияб багь-багьараб туртилъги жемун херав къул-къуларав гьардохъанлъун вахъун, вилълъанила, гьанже ав, щванила хъартил нуцӀихъе.
101
ID: 1842836
НуцӀил кӀалтӀе ячӀанила хъарт, хал гьабун, балагьун, дагьай щаклъарай гӀадин лъугьун, абунила алъ: ЧӀилбикӀ гӀаги гуревищ мун, ракӀалъ бицунеб бугин мун лъикӀлъиялъе вачӀарав чи гурилан.
103
ID: 1842838
ЧӀегӀераб къо чӀагийин ЧӀилбикӀидаги гьесул рижул-рижиялдагиян абунила, гьесдалъун гурищ дида гьаб къо бихьулеб бугеб, дир эменги чӀванин гьес, эбелги чӀванин, кинабго боцӀудаса ватӀаги гьавунин, дунгоги гьардухъ виччанин ва гьаб хӀалалдеги ккезавунин.
104
ID: 1842839
Жиндиего ЧӀилбикӀица гьабураб ракӀалде щун хъартги гӀоданила, зигарданила, асдехун ургъел бикьанила, асие садакъаги кьун, абунила хъартица ханжу базе гъамас къваригӀун бугин дие, гьеб гьабизе махщелго рекъоларищ дур абун.
105
ID: 1842840
Щай рекъолареб, цӀакъ рекъелин, дидаса лъикӀав устар щив вугевин абунила ас.
107
ID: 1842842
Жаниеги лъугьун, хъегӀанила хъарт, бихх-биххун рахъ-рахъалде анила гъамас.
108
ID: 1842843
ЛъикӀаб, кӀудияб гъамас гьабе дуца дие, гьадинаб гъансил пайда щибин абунила хъартица.
110
ID: 1842845
Жаниеги лъугьун хъегӀанила хъарт, хъегӀанила, багъаризецин багьаричӀила гъамас, рекъон букӀунадаяли бихьизе тӀалъел къалищ ан абунила ЧӀилбикӀица, къайин абунила хъартица, кӀулалги ралищан абунила ас, раян абунила хъартица.
113
ID: 1842847
ГӀергӀеданила хъарт, хъегӀданила, цоги-цогияб гьабунила, – биххуларила гъамас – «гӀемер етӀаруте, меседу», – ян абунила ЧӀилбикӀица.
114
ID: 1842848
дурго берцинлъи хвезе гурин, пачахӀ рекъонгутӀизе гурин дуда, довни духъ рокьи ккун холев вугин!» Гьеб хӀалалда ай махсароде кколаго, вилълъанила ЧӀилбикӀ, баччун гъамасгун.
115
ID: 1842849
Рахъдал кьоде щвараб мехалъ абунила ЧӀилбикӀица: – «Хъарт, рахъдал кьо гурищ бахунеб бугеб, рухӀго анила хъартил, дагьалъ хутӀанила хвезе.
116
ID: 1842850
Щванила ЧӀилбикӀ, пачахӀасда цебе гъамасги лъун, кӀиго таргьа ракьулги цӀезабун, борхатаб гъотӀодеги вахун, чӀанила гьанже гьав.
117
ID: 1842851
ПачахӀас буюрун, ричӀун гъамасгун, йиччан танила хъаравулзабаз хъарт, цеве ватарав пачахӀ хъунила алъ, аскӀор рукӀарал хъунила, хъаравулзаби хъунила».
118
ID: 1842852
Улкаялдаго кӀалъалеб рагӀи, щурулеб рагӀи, хӀапулеб рагӀи нахъе рухӀ чӀагояб жо течӀого кванила алъ.
121
ID: 1842855
Харун гьотӀодеги яхъун, бегьанила алъ ав гъотӀокье цӀазе квер: речӀанила ЧӀилбикӀица беркӀалалъ кӀиябго таргьа, чӀало гӀадин, гъоркьаги речӀун, кӀихӀи чехьги бихъун, хванила хъарт, гӀарада кьвагьараб гӀадаб, гьаракь бахъанила чехь бихъулаго.
122
ID: 1842856
Ма, гӀегӀедулаго хӀелкал кӀанцӀанила хъартил чохьониса, хӀапдолаго гьаби кӀанцӀанила, гаргадулаго гӀадамал лъугьанила, кинабго хъартица кван щинаб жо бачӀанила къватӀибе, пачахӀасул яс хутӀизегӀан.
125
ID: 1842859
Гьеб бакӀалда магьариги лъун, ЧӀилбикӀица гьейги ячанила, резил къали кьабунила, къохьол зурма пунила, зитӀитӀаби ахӀтӀезарунила, жибго хӀур бахъинабулел гьелги тун, дунги гьаниве щвана.