БУКIУЧIИХАН
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Literature
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Fairytale
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jun 12, 2026 02:27
POS-tagging Coverage:
95.6%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (90)
90 sentences
4
ID: 1842863
Гьадин бегьиларин, цӀогьор тӀадго кквезе вугин дица абун, хал ккун вукӀанила ав цо къоялъ нуцӀида нахъаги чӀун.
5
ID: 1842864
Дагьаб мехалдасан дурчӀан борчӀанила жанибе чахьикьаги хӀулараб, мугъзакьаги хъарсараб цо цер.
6
ID: 1842865
Гьай, хӀул-хӀул, мунищ букӀараб абун, кодобе босун хӀосгун, вортанила алде тӀаде НацӀил ХӀажи.
7
ID: 1842866
ЧӀайин-чӀайин гьабигьан, гӀедегӀараб лъим ралъдахъе щоларебин абунила цараца, дур кулънал гурищ дица кварал, лъикӀ бугин, гьезие гӀоло дица мун гӀорцӀуца цӀезавилин, ханасул яс ячинин дуе, кӀудвяв чи вахъинавилин мун, амма хвезегӀан дун мохмохида хьихьизеги хьихьун, хун нахъа кӀиссун мохмохида жаниб лъун тезе дуцаги тӀаде босейин.
10
ID: 1842869
Бекеранила гьениса аб гӀор бахун довехун вугев ханасул кавудухъе, Ханасда цебеги билълъун, абунила алъ: КигӀан дудаса нечаниги, дир кӀудияв БукӀучӀиханасул гӀарац борцине къали гьаризе бачӀанин, дун кибе аниги, цоги бакӀалда щвечӀин.
13
ID: 1842871
– Вугевин эв, дудаги лъачӀого хутӀиларевин гьев, дунги эсул вазир вугилан абунила цараца.
15
ID: 1842873
Бакъанида, кьватӀалида гӀабасиги къазабун, босун нахъе кьунила цараца къали.
16
ID: 1842874
УябгӀаги бугодай гьаб нацӀил рагӀи абун кӀутӀанила ханас къали жвангъан бортанила гӀабаси.
17
ID: 1842875
Валагь уяб букӀун бугин, авго щив БукӀучӀихан гьадигӀанго гӀарац гӀемерав абунила ханас жинцаго жиндаго.
18
ID: 1842876
Метерисаги билълъанила цер ханасухъе, БукӀучӀиханасул месед борцине къали гьарун.
20
ID: 1842878
Хъерщадянила цер, батанила цо месед, кьватӀалида гьебги къазабун, бакъанитӀа нахъе кьунила алъ къали, хӀалалъ борцун лъугӀанилан абун.
21
ID: 1842879
Аб нахъе ингун, кӀутӀанила ханас къали, бортун бачӀанила месед; хаган хутӀанила хан.
22
ID: 1842880
Дагьаб мех гьоркьоб базеги тун, билълъанила цер лъабабизеги ханасухъе, асул яс БукӀучӀие гьарун, вохуца хванила хан.
24
ID: 1842882
Метерисеб къоялъ магӀардаса бищун кьер-кьераб тӀогьол ретӀел гьабунила алъ БукӀучӀие, гьадил туманкӀ банила, мушил рухьби ранила, гьелда релълъа-релълъараб гьабунила, жибго нурлъун вихьулаанила БукӀучӀи рикӀкӀадасан.
25
ID: 1842883
Абунила цараца асда: «ГӀор бахун доб рахъалде жиндирго рекӀаралгун, хан вачӀун вугевин дуда данде, дорехун рахъунаго, гӀор бакьулъе щвараб мехалъ «дун унев вуго, дун унев вуго!» – ян гьаракьги гьабун, вукъун гӀорулъе айин мун, жанире кӀанцӀун ханасул рекӀараз вахъилевин мун рагӀалде; нилъехъан букӀинебин цинги рагӀи».
26
ID: 1842884
Цараца малълъухъе, гӀор бакьулъе щвараб мехалъ – «дун унев вуго» ян ахӀданила БукӀучӀи, вукъун анила гӀурулъе.
28
ID: 1842886
Рортанила гӀорулъе ханасул рекӀарал, цояс гъеж ккунила, цояс бохх ккунила, вачӀанила вехъерхъун рагӀалде.
30
ID: 1842888
Киналго тӀаде руссун, цояс чухъа кьунила асие, цояс гужгат кьунила, цогидаз ярагъ банила, унго-унгояв бахӀарчи вахъинавунила.
31
ID: 1842889
Кидаго нацӀил цӀураб тӀимугъ гурони, тӀад ретӀине щвечӀев БукӀучӀи, цӀияб, лъикӀаб ретӀел щведал, алъухъ балагьизе, аб цӀацӀазе, алъул хал гьабизе лъугьанила.
34
ID: 1842891
«Гьедин гуребин эб, жиндирго лъикӀаб ретӀел гӀуруца индал, нужеца кьуралда рекъоларогойин ав вугев» абунила цараца.
37
ID: 1842893
Багьа гьабизе кӀолареб, бацӀцӀадаб алмас-якъуталъ къачӀараб ретӀел букӀанилан» абунила алъ, «эбго кӀваричӀоанин, гьединаб ретӀел дагьабищ гьесул бугебан бицанила цараца» умумузулго батараб истампул хъирим букӀанила гъажалда; гьелда гурони, рекӀел бухӀи гьабуларебин дица; гьанжесеб заманалда батулареб ярагъ букӀанин эб».
38
ID: 1842894
– «Бихьанин, бихьанин нижедаги, цӀо хъахӀлъун бихьулаанин, тӀад тӀолго гӀарац тӀураб куц бугоанин» абунила аз.
40
ID: 1842896
Эхеде-эхеве, цеве-нахъе валагьизе лъугьанила БукӀучӀи кидаго цебе гьадинаб бакӀ бихьичӀого.
43
ID: 1842898
«Гьедин гуребин, дур гьундузда-ракӀ рекъоларогойин ав вугев, жиндиргоял лъикӀал ругелъул» абунила алъ.
45
ID: 1842900
Анкьица бертада-туялда риххун рукӀун, къачӀанила гьанже аи эбел-инсуца росасул рокъое йитӀизе, гӀемераб партал-къайиги кьун, алда цадахъ рекӀаралила, лъелалила, гӀолохъабийила, ясалила, зурмихъабийила, къолохъабийила, кочӀохъабийила, дунял-гӀаланила.
46
ID: 1842901
«Рукъ-бакӀ къачӀазе дун цебе-цебе инин, дида хадур рачӀаян» абун, цебе-цебе бекерун анила цер.
51
ID: 1842905
Аздагьодул тӀокӀаб цӀар бахъугейин, хӀалтӀи хун бугин элъулилан» абунила цараца.
52
ID: 1842906
«Топгун, топханагун, гӀарадагун, гумпарагун анцӀго пачахӀасул бо бачӀунеб бугебин элда тӀаде бахъун.
53
ID: 1842907
БоцӀи элъулин абуни, нужгоги чӀвалин, бетӀер течӀого босун боцӀиги инин, пачахӀзабиги хӀинкъизарулев БукӀучӀихан абурав цо хан вугевин, лъица гьикъаниги, боцӀи гьесулин абе нужеца, цинги гӀаданцин кӀалъаларевин нужеда» ян малълъанила цараца.
55
ID: 1842909
Илхъиялда нахъа гӀиял рехъаби ратанила, рехъаби тун дорехун, лъилъа-рухъаби ратанила, эздаги нахъа рецарухъаби ратанила.
58
ID: 1842912
«Азда-гьо» – ян ахӀанила алъ, «аздагьо, дур квараб чед-хинкӀ кӀоченчӀебин дида, анлъго пачахӀасул бо бачӀунеб бугебин дуде тӀаде топгун, топханагун, гӀарадагун, гумпарагун, дуда гьеб лъазабизе билълъанин дун гьанибе, щиб гӀамал гьабулеб дуца гьанже?»
60
ID: 1842913
Гьебгонияб боялде данде багъизе кӀвеларин дида, балагьийин цер, гьечӀебищ дун бахчизе гӀадаб бакӀго?» ан абунила аздагьоялъ.
61
ID: 1842914
БитӀун азбар бакьулъ мегӀер гӀанасеб харил гӀарахъ бугоанила.» Гьелда жанибе лъугьа, хеккойин, боял тӀаде щолел ругин» ахӀданила цер.
63
ID: 1842916
Ункъабго рахъалдасан гъун биччанила цараца цӀа, бакь киниги, бежанила аздагьо.
64
ID: 1842917
РачӀунел ругила гьанже бахӀаравги, бахӀарайги, зурмагун, къалигун, цере рекӀаралгун, хадур лъелалгун, кьвагьиялда, гӀанхъиялда.
78
ID: 1842931
Данде лъугьун, кинабго гьалмагълъиги нахъ буссинабунила цараца тӀаса рукъзабахъе бахӀаралги рахинарунила, гъоркьа рукъзабахъ жибгоги чӀанила.
81
ID: 1842934
Асул хӀал бихьизе, хвараб ххвелги гьабун, диргъизе цабиги гьарун, азбар бакьулъ тӀибитӀанила цер.
82
ID: 1842935
«Балагьейин, БукӀучӀихан, нилъер цер хвараб гӀадин бихьулин!» абунила чӀужуялъ «ТалихӀ бугони, анцӀул тӀатӀала хвезе бугоанин, чӀалгӀун букӀанин дида гьеб нажас» абунила БукӀучӀиханас.
89
ID: 1842941
Гьанжеги алъул ххвел ба-тилебилан хӀинкъун, кӀиссун мохмохгун, жаниб лъун танила БукӀучӀица аб.