УНСОКОЛОСА ХIОЖОГИ ГУРЖИЯВГИ
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Literature
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Folklore
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jun 12, 2026 02:27
POS-tagging Coverage:
95.5%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (232)
232 sentences
4
ID: 1842946
Щибниги жоги щвечӀого, гьас гуржиязул цо гьитӀинав вас викъун, жиндаго цадахъ Унсоколове вачун вуго.
7
ID: 1842949
Гьав кӀудияв гӀунагӀан гьесул жиндирго ватӀаналдехун хиялал гӀемер кколел рукӀун руго.
8
ID: 1842950
ГьитӀинаб мехалъ живго вукӀарав рукӀа-рахъин, эбел-эмен, росу-ракь: цебеса унеб букӀун гьечӀо гьасда даим.
9
ID: 1842951
КигӀан цӀакъ вокьун ХӀожоца хьихьулев вукӀаниги, ракӀ Гуржиялдехун цӀалеб букӀун буго.
11
ID: 1842953
Къойидаса къойиде вас пашманлъулев вихьараб мехалъ, ХӀожоца цо нухалъ ахӀун, гьикъун буго гьасда:
12
ID: 1842954
– Я, дир вас, мун дида гьаб заманаялъ пашманго вихьулев вуго, щиб дуда ракӀалда бугеб жо, дуе бокьараб жо щиб?
14
ID: 1842955
– Дуца, дир эмен, дун гӀизегӀан берцингоги хьихьулев вуго, дие щибниги гьаниб камураб жоги гьечӀо, кигӀан кин бугониги дун ватӀаналъ цӀалев вуго, ватӀаналъ дие рахӀат толеб гьечӀо.
15
ID: 1842956
Дур ракӀ унтилебан дудаги абизе кӀоларого, дир ракӀ унтун, дидаги хӀехьезе кӀоларого вукӀана дун.
18
ID: 1842959
ХӀожоца цӀакъ пикру гьабунила васас бицараб жоялъул, цӀакъ кӀудияб ургъел кканила гьасда.
20
ID: 1842961
– Диего гьавурав васгӀан дие гьав вокьулев, гьасие бокьараб жо гьабичӀони, ракӀалъ толарев, гьадигӀан ине бокьарав кин гьав чӀезавилев, гьасдаса ватӀалъун кин дун вукӀинев?
25
ID: 1842965
Вас ун дагъабго заманалдасан ХӀожое вас гьавунила, жеги дагьабго заманалдасан живго ХӀожоги хванила.
29
ID: 1842969
Гуржиялъе чабхъаде хьвадун-руссун, хьвадун-руссун росдал багьардурза-биги рукӀанила.
30
ID: 1842970
Рокъоб букӀа, къватӀиб годекӀаниб букӀа, жибго чабхъадул бицун, давладул бицун рукӀунел рукӀанила гӀадамал.
31
ID: 1842971
БахӀарчилъи гьабурасул цӀар гьабулеб букӀун буго, къадарлъи бихьарав суризавулев вукӀун вуго.
32
ID: 1842972
Росу рагӀалде майданалде рахъун чуязда гьунарал гьаризе ругьунлъулел, гӀужда туманкӀ речӀчӀизе, хвалчен хьвагӀизе ругьунлъулел рукӀун руго.
33
ID: 1842973
ХӀожол ХӀожоцаги хӀаракат гьабулеб букӀун буго хехгого жиндаса кӀудияз гьабулеб батараб гьабизе ругьунлъизе.
34
ID: 1842974
Рокъоб эбелалъги бицунеб букӀун буго гьасда эмен давладе хьвадулев вукӀараб куцалъул, Гуржиялъ вас вукӀиналъул.
40
ID: 1842979
– Угь, гьас бицунеб жоялъухъ балагье, мун гӀадинал гӀисинал чагӀи гьенире кин унел?
43
ID: 1842980
– Бугониги дун нужеда цадахъ вачӀине къачӀала, – янги абун, гьас рокъовеги вилъун хӀадурлъи гьабун буго.
45
ID: 1842982
гьечӀо гьасда, щайин абуни, доб заманаялъ гьеб цӀакъ билълъараб жо букӀун буго.
46
ID: 1842983
– Гьав ХӀожол ХӀожо нилъеда цадахъ вилълъани, нилъее нухда гьасул квалквал гуреб тӀокӀаб жо ккеларо, рачӀа гьав вагъа-вашаризегӀан нилъ хехго рахъун, гьаб ракь тезин, – абураб хӀукму гьабунила гӀолохъабаз.
47
ID: 1842984
Ихдалил къоялъ хъахӀлъи балелдего ансадерил гӀолохъабазул гьитӀинабго къокъаялъ росу танила.
48
ID: 1842985
Радал вахъаравго ХӀожол ХӀожо къачӀан чу-ярагъгун, эбелалъе къо-мех лъикӀ гьабун, рекӀун, кьабун чода цӀалгун къватӀиве вахъанила.
50
ID: 1842987
Гьаб жо квеш рекӀедаги унтун, ццимги бахъун, кьабизабунила гьас гьазда хадуб.
51
ID: 1842988
Бер рукӀкӀиналде гӀазул мугӀрузул ракьанда къайиги чӀван, сордо базе рещтӀараб ансадерил къукъаялде тӀаде кканила гьав.
54
ID: 1842991
– РещтӀинаро, нужеда цадахъ рещтӀине бокьун букӀарабани, нуж дунги тун инароан.
55
ID: 1842992
ХӀожол ХӀожоца ХӀожол цӀар гӀодоб толареблъи лъай нужеда, – абураб рагӀиги реххун, ХӀожо довегӀанги ун, хӀатӀихьен бан чуги биччан, живго цохӀо къайиги чӀван чӀун вуго.
56
ID: 1842993
Радал бахъун, къокъа ун буго цояб рахъалдехун балагьун, ХӀожол ХӀожо ун вуго цояб рахъалдехун балагьун.
57
ID: 1842994
Гуржиязул мугӀрузда терелевги вукӀун, ахир цо бакӀалда ХӀожол ХӀожода цо гӀулбузул илхъи бихьун буго.
58
ID: 1842995
РачӀа дица гьаб илхъи хъамун бажаруларищали бихьизин абураб жо ракӀалде ккун буго гьасда.
59
ID: 1842996
Лъабго-ункъо илхъичиги ватун, кьвагьи-гӀанхъиги ккун, ХӀожол ХӀожо лъукъ-лъукъун гӀодовккун вуго.
63
ID: 1843000
Сверун лъугьун балагьанила гьал, пайда щиб – лъукъ-лъукъун хвеялде ван вугониги, къорица ккураб бацӀ гӀадин ццидаххарав ярагьунев гьитӀинав гӀолохъанчи вугила.
64
ID: 1843001
Цояз абунила бацӀица бацӀил гӀамал теларин, рачӀайин гьав чӀван реххизин абун, цояз абунила гӀайиб гурищ гьитӀинав гӀолохъанчи, гьаб сапар гьадин ккун тун нахъа тӀокӀав вачӀинарин гьав, рачӀа гурхӀел гьабизин абун.
65
ID: 1843002
Ахир цояс абунила гьав чи дицаго хьихьизе тӀадеги восила, рокъовеги вачина абун.
66
ID: 1843003
Гьасде гӀемер данде чӀолев чиго вахъинчӀого гуржияс ХӀожол ХӀожо гьакидаги лъун жиндирго рокъове щвезавунила.
67
ID: 1843004
Гуржияс лъикӀал местӀерзаби ахӀун, ХӀожол ХӀожое дараби гьаризе тӀамунила, лъикӀаб квен кьун, хьихьанила, цӀакъ гьасул ургъел гьабунила.
69
ID: 1843006
Лъугьараб щинаб жоялъул пикру-хӀисаб гьабураб мехалъ ХӀожол ХӀожода гьадинаб жо ракӀалде кканила:
71
ID: 1843007
Мун щив абун тӀоцебе цӀехараб мехалъ дицаги бицинчӀо, тӀокӀаб гьасги цӀехечӀо, рачӀа дица гьалъул цо кӀалъай гьабизин гьасдехун, кин бугониги дир рухӀ хвасар гьабурав чи вуго гьав, гьаб жо дида кӀочон тезе бегьиларо.
73
ID: 1843009
– Дун вуго Унсоколоса ХӀожол ХӀожо, дуца дун холев бакӀалдаса вахъинавуна, дуе гьабизе лъикӀлъи лъаларого вуго дун, дуца дун цӀакъ нечезавуна, хасго гьаб лъукъел ккеялъе сабабги дун рокъове вачун хьихьизе гӀадаб букӀинчӀелъул.
76
ID: 1843012
Тирщун тӀадеги вахъун, бан къвалгун къочанила ХӀожол ХӀожода, роххалил магӀу бачӀанила чваххун; гьанже бицанила гуржияс гьаб хабар:
77
ID: 1843013
– Дур инсуца дун, гьитӀинав чи, гьанже мун гӀадин вачӀинеги вачӀун гьанивегун гьаниса хъамун ун вукӀана Унсоколове.
78
ID: 1843014
Гьенив гьес дун жиндирго васлъун хьихьана цо чанго соналъ, цинги, гӀолохъанчиги гӀезавун рокъове виччантана дир гьариялда рекъон.
79
ID: 1843015
Дун дова вугеб мехалъ дир ракӀ гьанибе, гуржиялъе цӀалаан, гьаниве щун тун хадуб дир ракӀ кидаго Унсоколиб букӀунаан.
80
ID: 1843016
Лъукъун магӀарда мун ватараб мехалъ танкан абун Ансадерил росу, гӀолохъаби, живго ХӀожо, гьесул хъизан цебе бачӀун чӀана дида, дирго вац вихьаравгӀанги воххун вукӀана дун мун вихьараб мехалъ.
84
ID: 1843020
Ине бокьараб мехалъ гуржияс гьасие лъикӀаб чу-ярагъгун ретӀел-тӀехги къачӀанила; хуржинир эбелалъе сайигъаталги лъун, цӀакъ лъикӀаб хӀалалда нухда тӀамунила.
85
ID: 1843021
ХӀожол ХӀожо рокъове щун цо-кӀиго лъагӀел бараб мехалъ эбелалде ракӀалде кканила гьасие чӀужу ячине.
87
ID: 1843023
Росолъа жидеда рекъарай гӀаданги ятун, гьасие гьейги гьелъие гьавги вокьун, къотӀи-къайги тӀубан, бертаде къачӀаданила.
88
ID: 1843024
ХӀожол ХӀожоца хъван кагъат битӀун буго Гуржиялде жиндирго гьобол берталъе ахӀун.
89
ID: 1843025
Бертаде кӀиго къо хутӀараб мехалъ кӀиго-лъабго гьалмагъзабигун цадахъ, гӀемераб сайигъатгун щванила гуржияв.
90
ID: 1843026
Росолъе лъугьун вачӀунев мехалъ лъадаре унел ясазул къокъа данде кканила гьасда.
91
ID: 1843027
Гьезда гьоркьой йикӀарай цо хъахӀаб гормендуги къарай, чӀегӀераб кьенсер-бералъул гӀадамалъул берцинлъиялъухъ балагьун виххун хутӀанила гьав.
96
ID: 1843032
РачӀа нилъеца гьадай дуда йихьарай гӀадан дуе ячинин, цинги дир бертадул тӀалабги гьабила нилъеца.
103
ID: 1843039
Гуржиясе йокьарай ясги жиндирго абурай гӀадан ятун, гьас инеги ун гьелъул эбел-инсуда ва гьелда жнндаго ккараб жо ва жинца вацасул бакӀалда вугев гьоболасул адаб-хӀурмат цӀунун гьабураб хӀукмуялъул бицанила.
107
ID: 1843043
Нахъеяб къоялъ гуржиясул гъалмагъзабазда цо Унсоколоса чияс бицун лъан буго гуржиясе ячинехъиней йигей гӀадан ХӀожол абурай яс йикӀин.
108
ID: 1843044
Гьез бицун, гуржияс цӀакъ гӀажаиблъи гьабун, жиндир ккараб гъалатӀалъулги ХӀожоца жиндие гьабизехъинеб букӀараб намусалъулги пикру гьабун тамашалъун хутӀанила.
109
ID: 1843045
Вилълъун ХӀожода кӀудияб гӀайибги гьабун, хъващтӀан бертин ХӀожоде буссинабиялъул тӀалаб гьабунила гьас.
110
ID: 1843046
Анкь Унсоколибги бан, сухӀмат-кепги тӀубазабун, гьудул-гьалмагъзабазе сайигъаталъе ансадерил тӀилал, хъалиябиги росун нахъ вуссанила гьав.
111
ID: 1843047
Рокъове щун дагьаб мех балелде гьас чӀужуги ячанила, хехгого гьазие васги гьавунила.
112
ID: 1843048
Жиндир заман щвараб мехалъ гьев васги цӀализе витӀун паракъат вукӀанила гьав.
113
ID: 1843049
ЛъикӀалан сонал анила, цо заманаялъ ХӀожоде ракӀги щун, гьас хъванила кагъат, дагьаб мех базе, хъизанги бачун, мун нижехъе вачӀа абун.
116
ID: 1843052
ХӀожол гьеб мехалъ кӀиго лъагӀарав гӀадав вас вукӀанила, гьевги кӀудияй эбелалъухь тун ун руго гьал гуржиялъе.
117
ID: 1843053
Анкь бараб гӀадинаб мехалъ гуржияв цадахъ чӀужуги ячун цо къваригӀилалъе ине ккун, ХӀожода абунила гьас, дун цо лъабго къоялдасан вуссинин, дуца гьаб рукъ-къаялъулги тӀалаб гьабе, квешав чи ва цӀогьорасдаса цӀодорлъиги гьабеян абун.
119
ID: 1843055
Щивас жинди-жиндир бакӀ, хъала цӀунулеб гӀадин, цӀунизе кколеб букӀун буго.
120
ID: 1843056
Багьадурлъи-бахӀарчилъийин абун талавурчилъи-цӀогьги цӀакъ тӀибитӀун букӀун буго.
121
ID: 1843057
Цояз бикъулеб-хъамулеб, цояз чӀвалел, цоял цӀогьабазда хадур, гьедин бада-гъудуралъул заман букӀун буго.
122
ID: 1843058
Кодоб ярагъ гьечӀого чи сапаралдеяли щай гурии, магъилъе, хӀатта рокъоса къватӀивецин лъугьунареб заман букӀун буго.
123
ID: 1843059
Гуржияв ун нахъияб сордоялъ цӀализе ун вукӀарав гьасул вас моцӀ базе рукъове виччарав чи Тулписалдеги щун, каву бухун буго.
125
ID: 1843061
ГӀемераб мехалъ бухун рагӀичӀеб мехалъ гьав вас живго ругьунаб бакӀалдаса тӀадеги вахун, кавуда тӀасан дваман рагьде кӀанцӀун вачӀун вуго.
126
ID: 1843062
Гьеб мехалъ ворчӀарав чи, ХӀожо босун туманкӀгун кӀанцӀарав къватӀиве, гьабураб гьаракь: гьав диде ахӀдолев чияр чиго щиван абун ракӀалде ккарав вас сихӀ къотӀун чӀун вуго.
127
ID: 1843063
Гьедин гъов чӀараб мехалъ ХӀожоца, гьав чи лъикӀав чи гурилан абураб жоги ракӀал де ккун, речӀчӀун туманкӀгун чӀван рехун вуго гуржиясул вас.
128
ID: 1843064
Жинца чӀварав чи щивалицин лъачӀого, ХӀожоца вехъерхъун гьав подвалалъуве реххун тун вуго.
129
ID: 1843065
Ургъел ккун гӀадинги вукӀанила гьав цин, бугониги, нахъа ракӀги гӀодобе биччан, гьедегӀан пикруго гъабичӀого гӀадин хутӀанила гьаб иш гуржияв вуссинегӀан.
133
ID: 1843068
– Валлагь, къасде цӀогьоде вачӀун вукӀарав цо чи вугинха гьагъава дица чӀван, лъаларо щивали, мунго балагьеха, – ян абунила ХӀожоца.
134
ID: 1843069
Вилълъун балагьанила гуржияв, вугила жиндирго цохӀо вукӀарав вас чӀван лъунӀ БухӀун чехьги бахъун, хӀанчӀун жиндирго кӀветӀгун, вилълъанила гьав жиндирго чӀужуялъухъе.
137
ID: 1843072
– Гьанже гьелъул пайда гьечӀин, гьаб иш нилъеца къватӀибе бахъичӀого бахчизе ккола, хасго гьоболасда лъазе биччазе бегьиларо.
139
ID: 1843074
Гьаз васги вукъанила щибниги ХӀожода ва гьесул чӀужуялда хӀал лъазе биччачӀого.
144
ID: 1843079
Дир чехь бухӀараб гӀечӀого, дургийищ гьанже бухӀизабилебан дица дуда лъазабичӀого тана.
145
ID: 1843080
КигӀан кин бугониги, бидухъ би абураб нужерго кициялда рекъон, дир васасул би гӀодоб тезе бокьун гьечӀо дие.
146
ID: 1843081
Дуца дихъе дурго вас витӀе чӀвазе, нилъер гьудуллъи тӀечӀого гӀаданлъиялда билълъинабизе ракӀалда батани.
147
ID: 1843082
Цин ХӀожол жинца чӀварасда ракӀ гурхӀанила, цинги жиндир вас чӀвазе витӀиялъул ургъел кканила гьасда.
149
ID: 1843083
ВитӀичӀого тани магӀарул яхӀ-намус, гьелдаса цӀакъаб бидухъ би бецӀизе кколеб гӀадат.
154
ID: 1843088
Цо анцӀго къоялдасан витӀарав чиги вуссанила бидул цӀураб васасул ретӀелги босун.
159
ID: 1843093
Гьанже нилъ цоцазда тӀасаги лъугьун, ракӀазулъ хъублъиялъул рагӀадгӀаги ккун батани, гьебги нахъе бацӀцӀад гьабун цӀияб гьудуллъи гьабизин.
161
ID: 1843095
Гуржияс жиндихъе кагъат босун вачӀарав чиясухъе кьун гьасие гьадинаб жаваб бачӀанила.
162
ID: 1843096
– Гъоб дуца бицунеб хъублъиялъул рагӀадали щай гурии, дир рекӀелъ гьелъул махӀцин гьечӀо.
163
ID: 1843097
Амма нужерго гӀадат билълъинабизе ккола тӀубараб куцалда, – ян хъвалеб букӀанила гьас, – дуца чӀварав дир вас вукӀана цӀалун лъугӀизе гӀагарарав гӀолохъанчи; дуца дихъе чӀвазе битӀун бачӀана лъимер.
171
ID: 1843104
Гуржиясул бакӀалда дунго вукӀаравани, дицаги гьедин гьабилаанин абураб жоялда ракӀ чӀанила гьасул.
174
ID: 1843107
КӀиявго васасдасаги махӀрумлъун, кӀудияб ургъалида инел рукӀанила ХӀожолги чӀужуялъулги сонал.
175
ID: 1843108
ГӀажаиблъун гӀадамалги рукӀанила гьазда, бералда бихьулаго чӀвазе лъималги ритӀун, гьаз гьабураб жоялъухъан абун.
179
ID: 1843112
Лъималазул хобалдеги рахине, гьел ракӀалде щвейги гьабизе, дагьаб мех жидехъги базе рачӀаян ахӀулел рукӀанила гьас гьал.
181
ID: 1843114
КӀиязулго ракӀ иналда тӀад рекъолеб букӀанила, амма гӀадамаз васвасал ккезарулел рукӀун руго.
182
ID: 1843115
– Валлагь, гьанже гьев тушманасде тӀадеги ани, анкьабго рекъезабила нужеца, – ян абулеб букӀанила гьаз.
184
ID: 1843117
Лъималазул хобалгӀаги гурищ нилъеда рихьилелан абураб пикруялъ рекӀее парахалъи бачӀунеб букӀанила гьазул.
186
ID: 1843119
Хош-баш гьабунила гьалбадерица, цинги гьазул ракӀ гьалакго букӀинги лъан, гьаз ХӀожоги чӀужуги ахикье рачанила.
190
ID: 1843123
ХӀожоги гьесул лъадиги ракӀалги пашманлъун, дагьал гӀодизеги гӀодун, гьалбадерица рокъоре рачанила.
191
ID: 1843124
Балагьанила, бугила кӀудияб стол къачӀан, столалда тӀад квана-гье-къолеб жоялъул камураб жо гьечӀила.
195
ID: 1843128
Рукъалъул бетӀерас борхун жиндирго лълъаргун, жиндир гьитӀинаб мехалдаса нахъе Унсоколоса ХӀожолгун ккараб щинаб жо бицанила, цинги абунила гьас:
197
ID: 1843130
ХатӀаялдалъун гуро ургъунго чӀван вукӀараваниги дица гьесул кӀиявго васали щай гурин, цонигиясда килищ хъвазецин ракӀалде ккелароан.
202
ID: 1843134
Дица гьел чӀван рукӀараланийищ лъикӀ букӀинебан, ялъуни дица гьабураб куцищ лъикӀ?
203
ID: 1843134
Ургьун рихье нуж, – анги абун, гьас абунила жиндирго чӀужуялда, – рачея гъол гьани-ре – ян.
204
ID: 1843135
Инеги ун, чӀужу доб рокъоса цӀубараб моцӀ гӀадав кӀиго васги цадахъ гьавун ячӀанила.
205
ID: 1843136
НуцӀцӀил кӀалтӀа рахъун чӀун гьалги тун, гьай жиндирго бакӀалда гӀодой чӀанила.
206
ID: 1843137
– Гьале нужер кӀиявго вас, – ай абунила гуржияс ХӀожодаги чӀужуялдаги, – нужер гӀадат билълъинабун букӀарабани, жакъа нужеда гьал рихьизе рукӀинчӀо.
207
ID: 1843138
Гьеб мехалъ цинги ХӀожоги чӀужуги роххуца гӀодулаго хурханила кӀиявго васасда.
208
ID: 1843139
ЛъикӀалан мехалъ жалго гьалги тун сихӀ къотӀун чӀанила гьанир рукӀарал гьалбал.
210
ID: 1843141
Цинги гьалги гӀодорчӀун паракъалъараб мехалъ гуржияс хадуб кинацаго гьураги ахӀун гьазул савлухъ гьекъанила.
212
ID: 1843143
– Дица гьаб лълъар гьекъола ХӀожол ХӀожолъги гьесда релъарал цогидал лекӀазулъги бугеб яхӀгун намус, гъорлъ бидул тушманлъи гьечӀого, наслуялъ наслуялъухъе кьолаго, азарго соназ чӀахъулаго айги абураб жоялъе гӀолон.
215
ID: 1843146
– АнцӀила щугониги соналъ дицаги дир чӀужуялъги бидул тушманлъиялъул кьогӀлъи чӀамуна.
216
ID: 1843147
АнцӀила щуябго соналъ гьав чияс нижер кӀиявго вас чӀваравилан абураб жоялъ бухӀулеб букӀана нижер ургьимес.
217
ID: 1843148
Бидул тушманлъи бидул вацлъиялде буссинабизе рекӀел хӀал гӀурав бахӀарчиясул савлухъ гьекъола дица, – абун.
220
ID: 1843151
Ункъабилеб къоялъ жалго хутӀараб мехалъ абунила гуржияс: – Ле, гьудул, ХӀожо!
224
ID: 1843154
– Дуцаго бокьараб хӀукму гьабе, гьаб ишалда жаниб дир щибниги рагӀи бицине бакӀ гьечӀо, дун дуе мукӀурав вуго.
229
ID: 1843159
– Нижги руго нужер эбел-эмен, гьалги руго. Бокьарав гьазда цадахъ а, бокьарав нижеда цадахъ чӀа.
230
ID: 1843160
Гьас гьадин абураб мехалъ кӀудиявав гуржиясдехун балагьун гьима-нила, гьитӀинавав эбелалдехун къанила.
231
ID: 1843161
ЧӀаго ратаралдаса нахъе кӀиявго гьанив таниги ургъел щибанги абун, ХӀожоги чӀужуги гьитӀинав васги вачун магӀарухъе руссанила.