Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Дагъистан (маданиябгун-лъай кьеялъул центр)
-
1
Хадубккун, дингун-лъай кьеялда гӀадамал данде гьаризе, Санкт-Петербугалъул бусурбабазе цо бакӀалда, цадахъ рухӀияб лъай щвезе ва авар мацӀги маданиятги цӀунизе кканани цо бакӀ чара гьечӀого къваригӀунеблъун букӀиндал, центр рагьизе ккана.
-
2
ТӀоцебесеб этажалда буго как балеб рукъ.
-
3
Гьениб щибаб къойил рала фаризаял какал, Рузман, ТаравихӀ, гьединго РабигӀул-Аввал моцӀалъ гьарула мавлидал.
-
4
Рузман къо ва Байрам къо - бихьинаца как базе буго.
-
5
Гьединго гьениб малъула республикаялъул тарихги, маданиятги, лъималада малъула кулинарияб маххщел, рукъалъул магӀишат бачине, ва диналъул гӀадаталги.
-
6
Как балеб рокъое нух азбаралъуса буго.
-
7
Как балеб рокъоб рала киналго фаризаял ва суннатал какал.
-
8
Щибаб лъагӀелалъ, РабигӀул-Аввал моцалъ гьарула мавлидал.
-
9
Рамазан моцалъ рогьалил как ахӀилалде кванала , ва маркӀачӀул как ахӀун хадуб кӀал бичӀчӀала , гьединго ТаравихӀ какалги рала.
-
10
Централъул руччабазул данделъиялъ гьарула гӀемерал дандчӀваял, мавлидал, лъайгун хис-бас гьабула.
-
11
Как балеб рукъалъул имамас лъола магьари, ва гьарула цойги-цойги гӀадаталги.
-
12
Билълъинабула адабияб хъулухъчилъи, гӀадамазда захӀматал суалал ричӀчӀизарула.
-
13
Гьелъул хӀасилалда рагьана Дагъистан абун цӀар бугеб Маданиябгун-Лъай кьеялъул Центр, гьел цере рехсарал пикраби тӀоразаризелъун.
-
14
Мина ЛъикӀаб берцинаб лъабтӀалаяб мина бан буго.
-
15
Гьениб 500 чиясе бакӀ буго.
-
16
2-абилеб этаж буго руччабазе .
-
17
Гьединго гьениб буго лъималазул рукъ, 20 чиясе кинотеатр.
-
18
3-абилеб этажалда малъула мацӀал: ГӀурус мацӀ, Ингилис мацӀ, ГӀараб мацӀ, ва Дагъистаналъул халкъиял мацӀал.
-
19
Санкт-Петербургалда «Ассалам» газета тӀобитӀула централъул кумекалдалъун.
-
20
Имам ХӀамзатов Зайнуллагь Шариповасул - гьавуна 1972 соналъ Хьаргаби мухъалъул Хьаргаби росулъ.