Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Исламалъул аварагзаби
-
1
Исламалъул аварагзаби Аллагьасул русулазда кин ракӀ чӀезабилеб.
-
2
ЦӀарцӀар ккун ракӀ чӀезабизе кколел аварагзаби руго гьал Къуръаналда цӀарал рехсарал аварагзаби::1.
-
3
Адам:2.
-
4
Идрис:3.
-
5
НухӀ:4.
-
6
Гьуд:5.
-
7
СалихӀ:6.
-
8
Ибрагьим:7.
-
9
ЛутӀ:8.
-
10
ИсмагӀил:9.
-
11
ИсхӀакъ:10.
-
12
ЯгӀкъуб :11.
-
13
Йусуф :12.
-
14
ШугӀайб:14.
-
15
Зулькифли:15.
-
16
Муса:16.
-
17
Гьарун:17.
-
18
Давуд:18.
-
19
Сулайман:19.
-
20
Иляс :20.
-
21
ЯсагӀ :21.
-
22
Юнус:22.
-
23
Закария:23.
-
24
ЯхӀя:24.
-
25
ГӀиса
-
26
МухӀаммад Аллагьас халкъалдаса тӀасаги рищарал, жидехъе вахӀюги рещтӀарал, халкъалъухъе гьеб щвезабизе тӀадги къарал Гьесул хассал лагъзадерида илчизабиян абула.
-
27
Цоцояз 124 азарго авараг вукӀанинги абула, ва гьезул 313 илчизаби рукӀанинги абула.
-
28
Гьел русулалги аварагзабиги хӀакъал рукӀин сундалъун чӀезабулеб?
-
29
Гьеб чӀезабула Аллагьас гьезие кьурал мугӀжизатаздалъун.
-
30
Гьезие рукӀине тӀадал сифатал: божарал, аманат бугел рукӀин; кидаго битӀараб бицунеллъун рукӀин; тӀубанго мунагьаздаса цӀунараллъун рукӀин; тӀад къараб кинабго жо халкъалъухъе щвезабулел рукӀин; гӀакълу камилал, пикру цӀодорал рукӀин; бихьинал ва узденал рукӀин.
-
31
Гьезие рукӀине ресго гьечӀел сифатал: хиянат гьаби; гьереси бицин; тӀад къараб щибниги жо халкъалдаса бахчи; кинабгӀаги мунагь жидехъа лъугьин; гьагал, пикру хӀинцал рукӀин; руччабаздаса яги лагъзадеридаса рукӀин.
-
32
Гьал сифатаздаса киналго аварагзаби рацӀцӀадал руго.
-
33
Аллагьасул халкъалъул бищун хириял аврагзаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял илчизаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял «улулг-Iазми» ккола ай, НухӀ, Ибрагьим, Муса, ГӀиса, МухӀаммад.
-
34
Гьезулги бищун хирияв тӀолго халкъалдаса тӀаса вищарав тӀолго гӀаламалъе рахӀматлъун витӀарав МухӀаммад Авараг ккола.
-
35
Гьезие дурусал, ай рукӀине бегьулел сифат ал: ГӀадамазе рукӀунел гӀадатиял сифатал гьезиеги рукӀине бегьула: кванай, гьекъей, кьижи, руччаби рачин, ццин бахъин, унти, хвейи, рохи, пашманлъи, свакай, рахӀат, ва гь.