Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Кавказалъул рагъ
-
1
Шамхал Тарковскиясул ихтияралда букӀуна, Каспи ралъадалъул рагӀалдаса бакъ тӀерхьул рахъалдехун Гендерил щобилъе щвезегӀан ракь ва гьеб ракьалде цӀакъ разиго рещтӀине риччала гьес гӀурусазул аскарал.
-
2
Аваразул Султан-АхӀмад-ханасги, Мехтулиялъул ХӀасан-ханасеги ва цойгидал вилаяталъул бетӀергьабазеги жидеда тӀад кверщел гьабизе вачӀарав Ермолов къабуллъуларо.
-
3
Гьебги лъан Ермоловас хехго Чачаналда рукӀарал жиндирго аскарал рачун Гъоркьиябги ТӀассиябги Жунгуталда ва Мехтулиялъул ханлъиялъул ракьалда лъола.