Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Систан ва Балучистан
-
1
Гьеб буго пачалихъалъул жунубгун-букъбаккуда, Афгъанистаналъул ва Пакистаналъулгун гӀорхъода.
-
2
Халкъалъул цӀцӀикӀкӀарсал балучал ккола.
-
3
Хурасан бикьаралдаса хадуб Ираналъул бищун кӀудияб остан буго.
-
4
Забол шагьаралда аскор руго некӀсияб Шагьре-Сухте абураб гӀадамал чӀараб бакӀалъул хутӀелал, Хамун хӀоразул къокъа ва Хважа абураб Хважа ГӀали Магьди вукъараб мукъадасаблъун рикӀкӀунеб мегӀер, Гага-Шагьр хъалаялъул хутӀелал ва Аршакидазул ва Сасаниязул заманалъул зартуштиязул как балеб бакӀ.
-
5
Административияб марказ - Загьедан шагьар, цогидал чӀахӀиял шагьарал - Забол (130 аз.), Ираншагьр (100 аз.), Чагьбагьар (72 аз.), Сараван (60 аз.), Хаш (57 аз.), Конарак (30 аз.), Загьакъ (11 аз.), Пишин (11 аз.), Бемпур (10 аз.).
-
6
Останалда буго кӀиго вулкан: Безман ва Тефтан.