Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Туркия

Wikipedia · 124 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
95.4%
  1. 1
    Дунялалда гьелъ ккола 18-еб бакӀ халкъалъул къадаралъул рахъалъ ва лъебералда налъабилеб бакӀ ракьалъул рахъалъ.
  2. 2
    Турция ккола динамикияб куцалда цебетӀолеб экономикаялъул къайи-матахӀ гьабулеб индустриалияб пачалихъ.
  3. 3
    Улкаялъул ракьазул цӀикӀкӀунисеб бутӀа ккола Анатолиялъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ва Эрменистаналъул мугӀрузул тӀалъиялде, дагьаб - Балканалъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ЧӀегӀер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб.
  4. 4
    Турциялъ гӀурхъи цо гьарула бакъбаккудасан Гуржиялъулгун, Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулугн ва Ираналъулгун; къиблаялдехун - ГӀиракъалъулугн ва Сириялъулугун; бакътӀерхьудахун - Герекалъулгун ва Булгъаралъулгун.
  5. 5
    Улкаялъул рагӀалда буго ункъго ралъад: ЧӀегӀер, Ракьдагьоркьосеб, Эгей ва Мармар ралъадал.
  6. 6
    2000 соналъ Турциялъул Жумгьурияталъе щвана Евроцолъиялъул гӀахьалчи-пачалихълъун лъугьине кандидат-пачалихъалъул официалияб статус.
  7. 7
    Турция ккола НАТО-ялъул гӀахьалчи-пачалихъ 1952 соналдаса бахъун.
  8. 8
    Туркия буго бакъбаккул башдаб шаралда.
  9. 9
    Гьелъул гӀатӀилъи бахуна 779 452 км².
  10. 10
    Туркиялъул - 97 % - бутӀа буго Азиялда ва 3 % - Европаялда.
  11. 11
    Туркиялъул географияб хаслъилъун ккола - церегосел заманаздасан бахъун Европагун Азия хурхинарулел ва чӀегӀералъдал рагӀаллъабазда ругел халкъал ракьдагьоркьосеб ралъдал рагӀаллъабигун хурхинарулел, аслиял нухазда букӀин.
  12. 12
    Гьанэейин абуни Туркиялъул ракьаздасан лъун руго Азиялъул гӀемерал пачалихъал Европагун хурхинарулел маххул ва хъилил нухал.
  13. 13
    Туркиялъул бищун цӀикӀкӀараб халалъул манзил буго бакъбаккудаса бакътӀерхьуде - 1600 км, севералдаса къиблаялде - 600 км.
  14. 14
    Лъабго рахъалъан гьеб батӀи-батӀиял ралъадаз жанибе бачуна: севералдасан - ЧӀегӀералъдаца, бакътӀерхьудасан - Эгей ралъдаца, къиблаялдасан - Ракьдагьоркьосеб ралъдаца.
  15. 15
    Туркиялъул европияб ва азиялъул рахъал цоцадаса ратӀа гьарун руго, ЧӀегӀералъадгун Эгей ралъад хурхинабулеб мармар ралъдацаги, Босфор ва Дарданел ралъдал къварилъабаз.
  16. 16
    Босфоралъул ва Меседил лълъарал къиблаялдехун буго дунялалъул бищун берцинал шагьаразул цояб ва Туркиялъул бищун халкъ ризаб шагьар - Истамбул.
  17. 17
    Туркиялъ гӀорхъаби цо гьарула
  18. 18
    Севералдасан: Болгариялъулгун, ралъад гӀорхъи Романиялъулгун, Украиналъулгун, Россиялъугун, ралъдал ва ракълил гӀорхъаби Гуржиялъулун.
  19. 19
    Бакъбаккудасан: Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулгун , Ираналъулугн.
  20. 20
    Къиблаялдасан: ГӀиракъалъулгун, Сириялъулгун, ралъдал гӀорхъи Кипралъулгун.
  21. 21
    БакътӀерхьудасан: ралъдал ва ракълил гӀорхъаби Грециялъулгун ва Болгариялъулгун.
  22. 22
    Туркиялъул ракьалда 100 гӀанасеб тайпа пайдаял магӀданазул буго.
  23. 23
    Улкаялда буго гӀемерал тайпаби рудаялъул, химиялъул, цӀатӀаригун-энергетикаялъул гӀатӀгоял материалазул.
  24. 24
    ТӀолгодунялалъул лъамамеседалъул нахърателалдаса Туркиялъул бутӀа ккола 25 %.
  25. 25
    Туркия - цӀикӀкӀунисеб бутӀаби мугӀруздасан гӀуцӀараб пачалихъ буго, гьединлъидал гьава-бакъги батӀи-батӀияб куцалда хисардула гӀодоблъабаздаги мугӀруздаги.
  26. 26
    Централиял бутӀабазда гьава-бакъ гьоркьохъеб даражаялъул континенталъулаб букӀуна, багӀарараб ва бакъвараб рииги гӀураб куцалда цӀорораб хаселги букӀуна.
  27. 27
    Эгей ва Ракьгьоркьохъеб ралъадазул гьава-бакъ хасало цӀакъ тамахаб букӀуна.
  28. 28
    ЧӀегӀералъдал рагӀаллъиялдайин абуни гьава-бакъ танкараб, цӀадал гӀемераб ва хасало цӀорораб букӀуна.
  29. 29
    Къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гьава-бакъ тропикияб салул авлахъалъулаб букӀуна, цӀакъ багӀарараб риигун.
  30. 30
    Алп-Арсланил бетӀерлъиялда гъоркь туркал-селжуказ къвинаруна византиялъулал ва асирлъуде восана византиялъул император Роман IV Диоген.
  31. 31
    Пачалихъалъул аслияб халкълъун ккола - туркал.
  32. 32
    1927 соналъ тӀобитӀараб тӀоцебесеб халкъалъул хъвай-хъвагӀаялда рекъон, Туркия жумгьурияталда гӀумру гьабулеб букӀун буго 13 464 564 чияс, гьездаса 2 323 359 курдал, 376 000 эрмениял, черкесал, босниял ва и цогидалги.
  33. 33
    Туркиялъул ракьазда цокӀалаб гуреб куцалда рикь-рикьун руго халкъал.
  34. 34
    Бищунго гъункун халкъал руго Мармар ва ЧӀегӀер ралъадазул рагӀаллъабазда, ва гьединго Эгей ралъдал рагӀалдехун кколел мухъаздаги.
  35. 35
    Бищунго халкъ ризаб шагьарлъун ккола - Истамбул, бищун гӀадамал дагьаб мухълъун ккола - Хаккяри.
  36. 36
    Сирянал - ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун.
  37. 37
    Жакъасеб Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун, Сириялъулгун ГӀиракъалъул гӀорхъабазда, XX гӀасруялъул авалалда гӀумру гьабун рукӀана нус аза-азар сиряназ, гьесздаса 500 000 цӀикӀкӀун чи чӀвана тӀоцебесеб дунялалъул рагъул заманаялъ.
  38. 38
    ЧӀаго хутӀарал сирянал дунялалда рикь-рикьун ана.
  39. 39
    Хаккяри икълималъул тӀолго халкъалдаса сиряназул къадар букӀана 43,7 %.
  40. 40
    Гьел дунялалда рикь-рикьун аралдаса хадуб гьезул минабахъе рахъана курдал.
  41. 41
    Грекалги ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун.
  42. 42
    Жакъасеб Турциялда гӀумру гьабун руго гӀураб къадаралъул бусурманал греказ.
  43. 43
    Курдал - жинца аслияб куцалда ислам гьабулеб, иранмацӀазул халкъ.
  44. 44
    1927 соналъул халкъазул хъвай-хъвагӀаялда рекъон Туркиялда рукӀана 2 323 359 курдав.
  45. 45
    Туркяилад гӀемерал соназ, цогидал халкъал турказде сверизабиялъул политика билълъинабулеб букӀана.
  46. 46
    Гьединлъидал, гӀага-шагарго миллатазул къадар рикӀкӀинцин цӀакъ захӀматаб букӀуна.
  47. 47
    Туркиялда гӀумру гьабун буго гӀураб къадар крималъул татараз (гӀага-шагарго 500 000 - 5 миллионалде щвезегӀан), гьезул аслияб бутӀаялъ Туркиялде гьижра гьабуна Россиялъул империялда гъорлъе Крим цӀцӀаралдаса хадуб, ва гьижра гьаби гьоркьоса къотӀичӀого цебе инеб букӀана XVIII, XIX ва XX гӀасрабазда.
  48. 48
    ЦӀкӀкӀараб къадар Шималияб Кавказалъул халкъазулги буго Туркиялда - гьезде киназдего турказ гӀаммаб куцалда черкесалин абула.
  49. 49
    Гьездаса руго адигал, абазинал, абхазал, нугъаял, карачаял ва балкарал, дагъистаналъул халкъал ва хасго магӀарулал, гъалгъаял, гьириял ва чачанал.
  50. 50
    Гьезул гӀаммаб къадар бахуна 3 миллион чиясде.
  51. 51
    Туркал - ккола Туркиялъул аслияб ва бищун рикӀкӀен цӀикӀкӀараб миллатлъун.
  52. 52
    Гьел кӀалъала алтаялъул мацӀазул хъизаналдаса тюрказул гӀаркьелалда гъорлъе унеб огъуз къокъаялъул мацӀалда ва гьез гьабула ислам дин.
  53. 53
    1927 соналъ Туркиялда гӀумру гьабун букӀана 13 464 564 чияс, гьезул цӀикӀкӀунисел рукӀана туркал.
  54. 54
    Жакъасеб Туркиялда халкъалъул къажар бахуна 80 000 000 чиясде, гьесдаса 50 000 000 - 59 000 000 чияс жалго туркаллъун рикӀкӀунел руго (62 % - 74 %)
  55. 55
    Динияб рахъалъ туркал - ккола бусурбабилъун .
  56. 56
    ТӀадехун рехсарал халкъаздаса батӀаго, аслияб куцалда Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гӀумру гьабун руго миллионалде гӀезе рекӀарал гӀарабаца.
  57. 57
    Лазазги хемшиназги гӀумру гьабун буго аслияб куцалда ЧӀегӀер ралъдал бакъбаккул рагӀаллъабазда.
  58. 58
    Гьединго улкаялда гӀумру гьабун руго албанал, гуржиял, падарал, узбекал, татарал ва цогиги гӀемерал миллатазул вакилзаби
  59. 59
    Туркиялда гьоркьоса къотӀичӀого гӀумру гьабун буго чанго азарго гӀурусас.
  60. 60
    2014 соналъ Туркиялда букӀана 1 млн чиясдаса цӀикӀкӀун чияс гӀумру гьабулеб ичӀго шагьар.
  61. 61
    Халкъалъул къадаралгун шагьарал: - 10 000 000 цӀикӀкӀун чи вугел.
  62. 62
    Туркия бикьула 81 илалде .
  63. 63
    Илалъул административияб центр букӀуна централияб мухъалда .
  64. 64
    Илалъул сиясиял ишал тӀоразе тӀадтарасул хъулухъалда цӀар буго губернатор , гьевги вихьизавула хӀукуматалъ.
  65. 65
    Губернаторасул чӀолеб бакӀалде абула вилайет .
  66. 66
    Росдал магӀишаталъул суалал тӀорала муниципалитеталъул бетӀерас, гьевин абуни вищула халкъалъ.
  67. 67
    Мухъазулги руго муниципалитетал гьезда тӀадтаразул хъулухъалде абула мэр-абун.
  68. 68
    Къанунал рахъулеб къуват буго цопалатаялъул парламенталъул кодоб - ТӀадегӀанаб миллияб мажлисалъухъ, жибги гӀуцӀун бугеб 600 депутатасдасан, жалги рищулел 5 сонил болжалалда (2007 сон щвезегӀан рищулаан - 7 сонил болжалалда) халкъиял рищияздалъун.
  69. 69
    Цеве пачалихъалъул бетӀер - Республикаялъул президент, вищулаан ТӀадегӀанаб миллияб мажлисалъ 7 сонил болжалги цӀан, гьес тӀубазабулаан гӀицӀго вакиллъиялъул хӀалтӀаби.
  70. 70
    ХӀукму билълъинабиялъул къуват букӀана Министерлъиялъул Советалъухъ бетӀерав министрасул нухмалъиялда гъоркь.
  71. 71
    Гьединлъидал пачалихъалда цӀикӀкӀунисел ихтиярал рукӀана бетӀерав-министерасухъ.
  72. 72
    ХӀукму билълъинабиялъул ва къанунал рахъиялъул къуватазда тӀад халкквей гьабула Конституциялъул Диваналъ, жибги гӀуцӀун бугеб, президентас рихьизарурал, 11 даимав ва 4 хисулел членаздасан.
  73. 73
    Председателем Конституциялъул Диваналъул председателлъун (2007 соналъул октябралдасан бахъун) вуго Хашим Килич.
  74. 74
    2007 соналъул 21 октябралда Туркиялда тӀобитӀана билъанхъизабулеб бугеб конституциялда рекъезариял гьариялъул референдум.
  75. 75
    Президент вищулаан 7 сонил болжалги цӀан ва кӀиабизе вищизе ихтиярги букӀинчӀо.
  76. 76
    ЦӀиял тӀаде рачӀарал рекъезариязда рекъон, улкаялъул бетӀер вищула тӀолго халкъалъул рищияздалъун 5 сонил болжалалда ва гьесие рес буго цоги цо болжалалъ вачӀине ришиял гьаризе.
  77. 77
    Парламенталъул рищиял гьарула 4 сонида жаниб цо нухалъ.
  78. 78
    Жакъа Туркиялъул бетӀерлъиялда буго консервативияб РитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партия.
  79. 79
    2017 соналъул 16 апрелалъ Туркиялда тӀобитӀана конституциялда хиса-басиял гьариялъул референдум, гьелъул хӀасилалда президентасул ихтиярал цӀикӀкӀинаруна, парламенталда бакӀал цӀикӀкӀинаруна ва бетӀерав-министрасул хъулухъ хвезабуна.
  80. 80
    Гьел рекъезариязул рахъ ккун гьаракь кьуна 51,41 %, данде рахъана 48,59 %.
  81. 81
    Туркия лъугьана президентлъиялъул республикалъун.
  82. 82
    2000 соналъ Туркиялъул Республикаялъе щвана пачалихъ - кандидат абураб официалияб статус Евроцолъиялъе членлъун лъугьине.
  83. 83
    Туркия ккола НАТОялъул членлъун 1952 соналдасан байбихьун.
  84. 84
    Америкаялъул эксперт Фион Хиллица загьир гьабулеб буго, БакътӀерхьуда бачӀеб, икълималда кӀвар бугеб пачалихъ бугин Туркия абун, цо чанго шималиябгун-атлантикиял гӀуцӀабазда гъорлъ гьеб букӀанигицин.
  85. 85
    Жиндирго гӀорхъабазда сверухъ ругел пачалихъазда гӀемерал ишкалаби ругониги, Туркиялда бажарана кӀудияб экономикиял ресал гӀуцӀун ва гьелъ жигара бахъулеб буго цебе букӀараб гӀусманияб пачалихъалъул гӀатӀилъабазда цебехъан-пачалихълъун букӀине.
  86. 86
    Кавказалъул икълим ккола - Туркиялъул къватӀисеб сиясаталъул кӀвар бугел пунктаздаса цояблъун.
  87. 87
    Туркиялъул къватӀисел ишазу министр Мевлют Чавушоглуца кьураб баяналда рекъон, Туркиялъ жигара бахъулеб буго цоцадарарал рукӀине Кавказалъул пачалихъалгун.
  88. 88
    Гьаб заманаяляда Туркиялъ Евроцолъиялъулгун гьарулел руго кӀалъа-ралъаял, Туркияги европаялъул сиясиябгун-экономикияб гӀуцӀиялда гъорлъе лъугьине.
  89. 89
    Къануналда рекъон Туркиялда динал пачалихъалдаса батӀа гьарун руго ва улкаялъул живав чиясе бокьараб дин гьабизе ихтияралги кьун руго.
  90. 90
    Улкаялъул цӀикӀкӀунисеб халкъалъ гьабула исламияб дин ва гьел ккола хӀанапил мазгьабалъул гӀадамаллъун.
  91. 91
    Гьединго гӀорхъолъа ун машгьурал руго батӀи-батӀиял тӀарикъатал.
  92. 92
    Аслияб куцалда машгьурал тӀарикъатал руго накъшубандияб ва мевлеви тӀарикъатал.
  93. 93
    Руго Туркиялда шапигӀил мазгьабалъул гӀадамалги, гӀемерисел курдал ккола гьел.
  94. 94
    ГӀемераб къадар мажгитазулги буго улкаялда - 78 000 мажгит.
  95. 95
    Улкаялъул экономикаялдаса промышленносталъ ккола 28 %, росдал магӀишаталъ - 15 %, минаби раялъ - 6 %, халкъалъе гьарулел хъулухъаз - 51 %.
  96. 96
    2018 соналъ Туркиялъ ккуна дуниялалда 18 бакӀ экономикаялъул гучалъул рахъалъ.
  97. 97
    2020 соналъул 1 январалдасан байбихьун, Туркиялда хӀалтӀул харжалъе чӀезабураб бищун дагьаб къадар ккола 2943 туркиялъул лир (€442,17) ва 2324,70 туркиялъул лир (€349,17).
  98. 98
    Улкаялда руго чанго гьавамухъал, жанисел ва халкъаздагьоркьосел рорженал гьарулел.
  99. 99
    ЦӀикӀкӀараб къадар туристазул букӀиналъ, Туркиялда цӀакъ цебе тӀураб система буго гӀаммаб транспорталъул - автобусазул хьури ва метро (1996 соналдаса бахъун).
  100. 100
    Гьединго руго чанго порталги, маххул нухазул хьури ва нартгун газ бачиналъул хьураби.
  101. 101
    Турциялда цӀакъго цебе тӀун буго туризмаялъул хъулухъал и инфраструктура.
  102. 102
    Гьеб бараб буго ралъдал курортал рукӀиналда ва машгьурал гьайбатал бакӀал гӀемер рукӀиналда.
  103. 103
    2017 соналъ Туркиялъ ккуна 27-еб бакӀ къватӀисеб бича-хисияьлъул къадаралъул рахъалъ, къватӀисел пачалихъазе гьабураб бича-хисиялъул къимат бахана $166 миллиардалде, къватӀисан жанибе бачӀараб - $214 миллиардалде.
  104. 104
    Туркия, официалияб куцалда Туркиялъул Жумгьурият - аслияб куцалда БакътӀерхьул Азиялда, ва цо-цо бутӀа (гӀага-шагарго 3 % ракьалъул, 20 % халкъалъул) - Бакъдасебгун-Бакъбаккул Европаялда бугеб пачалихъ.
  105. 105
    ГӀуцӀана 1923 соналъ ТӀоцебесеб дунялалъул рагъда ГӀусманиязул империя къун хадуб ва гьеб бикьиялъул хӀасилалда, ва турк миллаталъул гӀадамаз гӀумру гьабун ругел ракьал хасаб турказул миллияб пачалихъалде сверизабун хадуб.
  106. 106
    2015 соналда жаниб халкъалъул къадар бахунеб буго 77 695 904 чиясде, ракь - 783 562 км².
  107. 107
    Бича-хисиялъул бажари буголъиялъул баршалъиялде данде ккун халкъалъул цо чиясе ГӀЖП-лъул къадар бахуна 19 6100 долларалде лъагӀалида жаниб (2014).
  108. 108
    2014 соналда БББ-ялъул рахъалъ Турциялъул ГӀЖП бахана 1508 млрд долларалде.
  109. 109
    ГӀусманиязул заманалда турказ жододего абулаан "гӀусманиял" абун тур.
  110. 110
    Кинго улкаялда тӀобитӀана 12 халкъалъул хъваӀ-хъвагӀай.
  111. 111
    1927 соналдаса бахъун Туркиялъул халкъалъул къадар цӀикӀкӀана 4,4 нухалъ, гӀицӀго 1950 - 1985 соназда жаниб - 2,5 нухалъ.
  112. 112
    2009 соналъ Туркиялъул халкъалъул къадар бахана 72,6 млн чиясде, халкъалъул гъунки 88 чи щибаб км², шагьаразда гӀумру гьабулезул бутӀа 75,5 %, 15 соналдаса рорчӀарал хъвазе-цӀализе лъалезул бутӀа 88,1 %.
  113. 113
    Эрменал - ккола Туркиялъул аслияб халкълъун, гьез гьабула насранияб дин ва эрменал хъвехъилалда цебе гьел гӀумру гьабун рукӀана тарихияб БакътӀерхьул Эрменистаналъул ракьазда ва Киликиялда.
  114. 114
    XX гӀасруялдаса цебе Туркиялъул ракьазда гӀумру гьабун рукӀарал эрменазул къадар бахунеб букӀана 3 000 000 цӀикӀкӀун эрменав.
  115. 115
    БатӀи-батӀиял баяназда рекъон, ТӀоцебесеб дунялалъул рагъда цебе, жакъасеб Туркиялъул ракьалда гӀумру гьабун букӀана 2,7 млн.
  116. 116
    БатӀи-батӀиял баяназда рекъон Туркиялда ругел курдазул къадар бахуна 10-ялдаса 23 % улкаялъул кинабниги халкъалъул къадаралдаса.
  117. 117
    8,13 миллион чи вуго курдазул Туркиялда (2014 соналъул баяназда рекъон), ва аслияб куцалда гьез гӀумру гьабулеб буго улкаялъул бакъбаккудахун.
  118. 118
    Турказул умумул ккола - огъузал, гьелги рачӀана жакъасеб Туркиялъул централияб бутӀаялде XI гӀасруялъул бакьулъ, жакъасеб Хъазахъистаналъул ракьазда букӀараб тарихияб Огъузазул пачалихъалдасан.
  119. 119
    1453 соналъул 29 маялъ турказ греказухъа бахъана Константинопол .
  120. 120
    Щибаб илги бикьула мухъазде , 2007 соналъ Туркиялда букӀана 923 мухъ илче.
  121. 121
    Гьел рекъезариязул хӀасилалда хисизабуна президент вищулеб къагӀида, гьесул ихтиярал ва гьесие лъураб болжал, гьединго парламенталъул ихтияразул болжалги.
  122. 122
    1982 соналъ лъураб конституциялда рекъон пачалихъалъул бетӀер - президент - вищулаан парламенталъ.
  123. 123
    Туркиялъул рагъул къуватал тур.
  124. 124
    Türk Silahlı Kuvvetleri ккола - эркенлъи, лъидагобангутӀи ва улкаялъул ракьазул кӀибикьичӀолъи цӀунизе цойиде ракӀарарал аскарал.
  125. 125
    2006 соналъ кьурал баяназда рекъон туркиялъул армиялъул рикӀкӀен бахуна 514,85 азр.