Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Имам Шамил
-
1
Амма киназдаго лъалеб гуро гьесул умумул шал ва киса рукӀаралали, хъванги гьечӀо.
-
2
ГьоцӀдерица бицуна Гьидалъа биде вахъун жодохъе вачӀанила Денгав абурав чи, гьев вукъунги гьенивго вуго, Денгал нохъойилан абулеб бакӀги буго.
-
3
Денгал вас МухӀамад гьенив гьавурав, гӀурав, ГьоцӀалъа ккана ГӀашилтӀа росулъе.
-
4
Гьениб гьес гьабула хъизан.
-
5
Лъадилъун йачула гьебго росулъа Бахту-меседу абурай лъикӀаб тухумалъул яс.
-
6
ГӀашилтӀаса гьел уна Генуре.
-
7
Генуб гьавула гьезие вас ГӀали.
-
8
Гьев ГӀали унтарав загӀипав вас вукӀун вуго, гьесда цӀар хисула Шамил абун.
-
9
Гьеб мехалъ гьев вас Шамил гӀунила сахав, зурбаяв гӀолохъанчи.
-
10
Гьев вуго вукӀинесев Дагъистаналъулги, Кавказалъулго, дунялалдаго, хасго бусурбан хӀукумтазда ва Россиялда цӀар рагӀарав пачаликъалъул бетӀер, дунялалда цӀар рагӀарав бодул бетӀер.
-
11
А. Амма киназдаго лъалеб гуро гьесул умумул шал ва киса рукӀаралали, хъванги гьечӀо.