Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Бахтика, МухӀамад-нуцалил яс
-
1
Гьей ккола «Бахтикал кечӀ» абураб машгьураб магӀуялъул автор.
-
2
Бахтикал гьаюраб ва росасе араб къо-моцӀ мухӀканго лъалеб гьечӀо, гӀага-шагарго чӀезабун гурони.
-
3
Бахтикаца жиндирго кӀудияв вас гьавуна 1785 абилеб соналъ.
-
4
Гьевги гьавуна жеги Бахтикал гӀумруялъул 20 сонцин букӀинчӀеб мехалдда.
-
5
Биценазда рекъон, Баху хун йиго Бахтика гьаюлаго, яги гьей гьаюн хадуй унтун.
-
6
Гьелда рекъон Бахтика гьаюн йиго 1767 соналъ.
-
7
Гиничукьа ХӀайдарбегица хъвалеб буго: «Бахуца МухӀмаднуцалие гьаруна ункъго лъимал - цо васги, ункъго ясги.
-
8
Цо ясалда цӀар букӀана ХъистӀаман.
-
9
Хадуй гьей росасе кьуна Жунгуталдаса ХӀасанханил вас ГӀалисултӀанханасе.
-
10
ХъистӀаманица ГӀалисултӀанханасе гьавуна кӀиго вас: ХӀасанхан ва СултӀанахӀмадхан.
-
11
МухӀмаднуцалил кӀиабилей ясалда цӀар букӀана Аймесей.
-
12
Гьей кьун йикӀана Гъазигъумекиса Шахмарданил вас МухӀамадхание.
-
13
Гьесие Аймесейица Арсланхан.
-
14
КӀикъогогӀан соналъ кӀудияв вукӀун вуго гьев Бахткадаса.
-
15
Гьеб цӀех-рехалъ мекъиияблъун гьабулеб буго Б.Карапетянил «Бахтика 14 сонил ригьалда кьуна Ибрагьимханасе» абураб хъвай-хъвагӀай.
-
16
Бахтика Ибрагьим-ханасе кьеялда разилъуларого йикӀун йиго.
-
17
ГӀуммаханил вазир ГӀалискандида кьунилан гӀайиб гьабун буго.
-
18
Живго Ибрагьим-ханги гьев чӀарав бакӀ - Шушаги какун руго.
-
19
Жиндирго хварал-чӀваралги рехсон, гӀайибал чӀван жийго кьунилан.
-
20
Бутковас хъвалеб буго, 1786 соналъул апрелалъул ахиралда КӀудияв ГӀумаханас ячанин Ибрагьим-ханасул чӀужу, хадуб Дербендалъул ФатагӀали ханас шушаханасул яс ячине.ГӀумаханица Ибрагьимханасул яц ячун йикӀинчӀо, гьелъул гӀаксалда дос ячана ГӀумаханил яц Бахтика, гьеб жо къосун гъалатӀ гьабуна Бутковас.
-
21
Амма Бахтикал кӀудияв вас Ханлар 1785-абилеб соналъ гьавунин абураб хӀужа битӀараб батани гьаб пикруги мекъаблъун кколеб буго.
-
22
Гьенив автор мекъи ккеялъе гӀиллалъун ккун батизе рес буго ГӀумаханил батӀияб ригьин.
-
23
Гьебго 1785-абилеб соналъ гьес асир гьаруна гуржиязул гиназ Евгена Абашатдзел ясал, гьездаса цояй Дарижа ГӀумаханица жиндиего чӀужулъун ячана.
-
24
Гьеб ишги ккана Гъарабагъалда, гьеб ригьин къосун батизе рес буго Бутковас, Ибрагьимханасул яц ячанин.
-
25
Бертин букӀун буго маялъул ахиралда, яги июналъул тӀоцересел къояз.
-
26
Хунзахъе цӀияй бахӀарайгун ГӀумахан вуссуна 1786-абилеб соналъул 27-абилеб июналда.
-
27
1791 соналъ Ибрагьим-ханасе Агъа МухӀамадиде данде рагъ гьабизе кумакалъе гьесго ахӀун Гъарабагъалде щола КӀудияв ГӀумахан.
-
28
Гьеб заманалда хӀинкъигьечӀолъи цӀуниялъул мурадалда Бахтика ва лъимал ритӀула Авариялде.
-
29
Авариялда йигеб заманалда Бахтикаца ва лъималаца гӀумру гьабуна ЗагӀиб, гьенир ран рукӀана хасалил рукъзал, гьединго рукӀунаан Гьолокьги.
-
30
Цо-цо Хунзахъеги щолаан.
-
31
ЗагӀиб тӀаса бищиялъе гӀиллалъунги букӀана гьава-бакъ хинаб бакӀ букӀин.
-
32
Гьенир ран рукӀана Бахтикае рукъзал, гьарун рукӀана ахал, гӀезабула Гъарабагъалъул пиринчӀ, хӀалтӀулаан Бахтикада цере тарал хӀалтӀухъаби.
-
33
Гьенир ругеб заманалда жаниб Бахтикал яс Султанатида ва васал АхӀмадханида ва Ханларида лъала авар мацӀги.
-
34
Гьениб гӀумру гьабуна гьез 1791 соналдаса 1797 абилеб соналде щвезегӀан.
-
35
Гьенир ругел гӀалимзабазда цере цӀалун лъималазе щола авар ва гӀараб мацӀалъул лъайги.
-
36
Гьебго заманалда Ибрагьимханасул васасе щола гӀурусазул полковникасул чин, Гъарабагъалъул ханасул вас хӀисабалда.
-
37
Гьесдаго цадахъ чӀвала хъизаналъул чагӀиги.
-
38
Инсуда цадахъ чӀвала гьесулгун Бахтикал яс Султанатги, гьеб букӀана Бахтикаде бачӀараб кӀудияб балагь.
-
39
Гьеб заманалда эменгун вукӀарав Ханлар лъутун ворчӀула ва уна Персиялде.
-
40
Амма 1807-абилеб соналъул 16-абилеб апрелалда Гъарабагъалдеги вуссун гӀурус пачаясе ритӀухълъиялъул гьа бала.
-
41
Бахтикал ва гьелъул лъималазул кверщаликь рукӀана 20 росуги 948 хъизанги (578 рукъалъ гьезие магъало кьолаан, 370 кьолароан).
-
42
Гьездаса 869 хъизан букӀана бусурбаби, 79 - эрмениял.Гьенир ругел гӀурусазул ритӀунчагӀаз кидаго провокациял гьарулаан, ханасул бечелъиялдаса жидеего жо тӀезабизеян.
-
43
АхӀмадхан гьавуна 1793 яги 95-абилеб соналъ, гьес ячана Шамшадилазул Юсупханил яс Гюриджагьан, 1820-абилеб соналъ гьаюрай.
-
44
Гьезул йикӀана гӀицӀго цохӀо яс, Бахтика абураб цӀар бугей.
-
45
Гьей ана генерал ХӀасанбек Агъаларовасе росасе.
-
46
Гьезулги вукӀана цохӀо вас - Давудхан Агъаларов-Джеваншир.
-
47
Жийго Бахтика хвараб заман мухӀканго лъалеб гьечӀо.
-
48
Бахтикал хӀакъалъулъ магӀарулазухъе щварал хӀужаби руго халкъияблъун лъугьараб, гьелъ жинцаго гьабурабин абулеб «Бахтика» кочӀолъ ругел баянал.
-
49
Адабияталъул махщелчагӀазул къиматалдалъун гьеб асар рагӀула аваразул кӀалзул гьунаразулъ бищунго тӀадегӀанаб даражаялъул асарздаса цояблъун.
-
50
Гьелдаго цадахъ загьирлъулел руго Бахтика хӀалбихьи бугей политик йикӀиналъул рахъалги, гьелъул гӀумруялдаса цо-цо хӀужабиги.
-
51
Жийго Шушуханасе кьеялъе рази йикӀинчӀей Бахтикаца гӀайибияллъун рехсолел руго вац ГӀумахан ва гьесул вазир ГьоцӀалъа ГӀалисканди ХӀамзат имамасул эмен.
-
52
Гьединго какулеб буго Бахтикаца жийго унеб Шушаги ва жиндирго росги.
-
53
КочӀолъ Бахтикаца магӀу тӀолеб буго эменги, имгӀал МухӀамадмирзаги гьесул вас Булачги чӀаго рукӀаралани жий Шушаялде йиччалароанин.
-
54
Дое кьоелей йикӀин бачӀараб рокьукъаб хабарги, росулъ ханазабазул ссиги бихьизабулеб кочӀолъ байбихьудаго руго:«Меседил гьаркьица гъалал халаго, хабар бачӀанила Шушаялдаса» - абурал мухъал.
-
55
Авар халкъалъе халкъияблъун лъугьараб Бахтикал кочӀол буго чанго батӀияб батияб къагӀида, аслияблъун буго хадусеб кечӀ
-
56
Bikə ağa (гӀага-шагарго 1762 с., Хунзахъ, Авар нуцаллъи -?) йикӀана IV МухӀамад-нуцалил яс, жиндирго вац КӀудияв ГӀумаханица гъарабагъазул Ибрагьим-ханасе чӀужулъун кьурай.
-
57
Гьелъул вац КӀудияв ГӀумахан гьелдаса ригьалъ кӀудияв вукӀана ва гьев гьавуна 1761-абилеб соналъ.
-
58
1767-абилеб соналъ МухӀамад-нуцалил лъади, Бахтикал эбел Баху хвана.
-
59
Бахтикал Ибрагьимханасулгун букӀараб ригьнадаса гьавула кӀиго вас - Ханлар ва АхӀмадхан, яс Султанат.
-
60
1805-абилеб соналъул хъвай-хъвагӀаязулъ Ханларил букӀана 20 сон, АхӀмадханил - 10 сон.
-
61
ТӀад юссун Шушаялде Бахтикагун лъимал уна АгъамухӀамдханги чӀван гьениб парахатаб гӀумру лъугьарабго.
-
62
1797 абилеб соналъ хаслихъе аваразул аскаралъул ва чанго нусго жиндир рекӀаразул кумекалдалъун тӀад буссинабула Ибрагьимханас жиндирго Гъарабагъалда букӀараб ханлъи.
-
63
ГӀумаханида жиндирго яц Бахтика ахирисеб нухалда йихьула 1800 абилеб соналъ Иори гӀурухъ рагъ ккун хадуб.
-
64
2000 гӀан чи вугеб аскар гьес хасел тӀамизе ритӀула Шушаялде гьениб гьезие рукӀа-рахъиналъе кванил шартӀал чӀезарула Ибрагьимханас.
-
65
1801 абилеб соналъул 22 марталда ГӀумахан нуцал хун хадуб Гъарабагъалда ахӀвал-хӀал квешлъула ва лъабго соналдаса Ибрагьимханас гьеб кквезе кӀвеларин гӀурсазда гьарула жидерго къайимлъиялда гъоркье босе Гъарабагъ ва живгоян.
-
66
Амма гьесдехун ГӀумахан-нуцаласул чагӀазул ва гӀагарлъиялъул букӀана рокьукъаб бербалагьи.
-
67
1806 абилеб соналъул июналда Шушаялъул риидалил хӀухь бахъулеб рокъов мацӀал гьариялъул хӀасилалда Д.Т.Лисаневичасул егераз хучдуца чӀвала Ибрагьимхан.
-
68
Гьеб заманалда Бахтикал ахӀвал-хӀалалъ рахӀат хвезабурав аваразул нуцал СултӀанахӀмадханас бухьен гьабула Кавкзалда кӀудиявлъун гӀурусаз тарав И.В.Гудовичасгун, Бахтика ватӀаналде тӀад юссинайизе рес кьеян.
-
69
«Бокьун букӀана ункъачо ва лъимал жиндихъего рачине».
-
70
Гьединал гьужумал рукӀана Ханларидеги.
-
71
1827 абилеб соналда гьесул кверщаликьа бахъана 23 хъизан Шушаялда.
-
72
1822-абилеб соналъ Ермоловас хӀалбихьана гьев Россиялъул хиянатчилъун вихьизавизе ва магӀишат бахъизе.
-
73
Ханлар хвана цо-цо баяназда рекъон 1831-абилеб соналъ, цогидазда - 1833-абилеб соналъ.
-
74
1837 абилеб соналда Ханларида цере рукӀарал эрмениязул 14 хъизаналъ хъулухъ гьабулеб букӀана гьесул гьитӀинав вац АхӀмадхание.