Авар адйективал
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:36
POS-tagging Coverage:
93.9%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (13)
13 sentences
1
ID: 68199
Жумлаялда жаниб сифат гӀемерисеб баянлъун ккола, ва жинца баян кьолеб рагӀиялде балагьун, сифат жинсалда ва гӀемерлъул формаялда рекъон хисула: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб тӀалъи, хириял тӀахьал.
2
ID: 68200
Авар мацӀалъул сифатал рукӀуна гӀадаталги , жураралги , тӀубаралги къокъалги .
3
ID: 68201
Сифаталъул къокъаб формаялъул буго стиллистикияб релъен ва гӀемерисеб хӀалтӀизабула поэзиялда.
4
ID: 68207
ТӀубараб фарма лъугьуна къокъаб сифаталде тӀаде -а- суффикс ва классалъулаб ахир жубан: лъикӀ-а-в, лъикӀ-а-й, лъикӀ-а-б, лъикӀ-а-л.
5
ID: 68208
Сифат каламалда жаниб магӀнаялъул рахъалъги формаялъул рахъалъанги цӀаралда бухьараб буго; гьеб жинсалъулъги цолъул ва гӀемерлъул формаялъулъги предметияб цӀаргун рекъола.
6
ID: 68209
Жинсалде балагьун: тамашаяв вас, тамашаяй яс, тамашаяб тӀехь; гӀемерлъул формаялде балагьун: тамашаял васал, тамашаял тӀахьал.
7
ID: 68210
Сифатазул цо-цо тайпаби руго жинсияб ва цолъулгун гӀемерлъул формалъул гӀаламат ахиралъулъги кьибилалъулъги такрарлъулел: ворхатав вас, йорхатай яс, борхатаб гъветӀ, рорхатал мугӀрул.
8
ID: 68211
Сифаталъул данде кквеялъул даражаби рихьизарула авар мацӀалда цогидал рагӀабазул кумекалдалъун: лъикӀаб - дагьабги лъикӀаб - бищун лъикӀаб.
9
ID: 68212
Жиндир гӀаламат бихьизабулеб предметияб цӀаргун цадахъ бугеб мехалда прилагательное падежазде хисуларо, аслияб падежалда хутӀула: лебалав чи, лебалав чияс, лебалав чиясул, лебалав чиясе.
10
ID: 68213
Жиндир гӀаламат бихьизабулеб предметияб цӀаргун цадахъ гуреб, жибго батӀаго бугони, сифатал игӀрабазда рекъон хисула.
11
ID: 160443
Авар мацӀалъул сундул букӀаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал?
12
ID: 160444
абураб суалазе жаваблъун бачӀунеб каламалъул бутӀа ккола сифат: тирияв вас, берцинай яс, хехаб чу, лъикӀал гӀадамал, дираб, меседилаб.
13
ID: 489110
А. Бокаревас жиндирго монографиялда рехсон буго къокъал сифатал хӀалтӀизарулел бакӀалБокарев А.