Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Абу Айюб аль-Ансари

Wikipedia · 10 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
97.3%
  1. 1
    Гьав асхӀабасда цӀар буго Халид ибн Зайд ибн Кулайб, ва гьав ккола Бану Наджар абураб къабилаялдаса.
  2. 2
    Гьесул тӀокӀцӀар буго Абу Аюб.
  3. 3
    ТӀадегӀанав Аллагьас Магърибгун, Машрикъалда гьесул цӀар тӀобитӀизабуна ва халкъалда гьоркьоб гьесул къадру-къимат тӀадегӀан гьабуна.
  4. 4
    Гьеб гуребги, Аллагьас гьесул рукъ тӀаса бищана, гьижра гьабун вачӀунев Бичасул авараг рещтӀунеб бакӀлъунги.
  5. 5
    Бичасул авараг Абу Аюбил рокъов рещтӀиналъул бицунеб къиссаялъул, кигӀан гьеб такрарлъаниги, берцинлъи ва гӀащикълъи гурони букӀунаро.
  6. 6
    Бичасул авараг Мадинаялде щвараб мехалъ, кинавниги сафаралдаса вачӀунев чи кӀодо гьавуларев гӀадин, лъикӀаб куцалда дандчӀвай гьабун, кӀодо гьавуна гьев Мадинаялъул агьлуялъ.
  7. 7
    Гьесул ахирисеб гъазават букӀана, МугӀавиятил заманаялъ, гьесул вас Язидил бетӀерлъиялда гъоркь, КъустӀантӀиния рагьизе гьабураб гъазават.
  8. 8
    Гьеб мехалъ Абу Аюб вукӀана ункъогоялде гӀумру бахарав херав чи.
  9. 9
    Кин бугониги херлъиялъ гьев, Язидил байрахъалда гъоркь аскаралде лъугьиналдаса ва гумузда рекӀун унел боялгун цадахъ, гъазаваталде вахъиналдаса нахъе чӀвачӀо.
  10. 10
    Бусcурбабаца Абу Аюбил васият тӀубан, тущманасда дандеги рагъун, КъустӀантӀиниялде щвезегӀанги ваччун, гьес абухъе вукъана Абу Аюб.