Библия
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:45
POS-tagging Coverage:
90.4%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (47)
47 sentences
1
ID: 1839584
Библия - ягьудиялдаги христиан диналдаги мукъадасаблъун рикӀкӀунеб хъвай-хъвагӀазул данд-бакӀари.
2
ID: 1839585
Православиял ва католикиял Инжилалъул текстал протестанияб Инжилалъдаса гьабцоялъда НекӀсияб Заветалда цогиги тӀахьал рукӀиналъ цоцалаздаса батӀиял руго.
3
ID: 1839586
Цояб Инжилалда абула «каноническияб гуребилян» ва цогидалъда «девтероканоническияб»-илан .
5
ID: 1839588
ЖугьутӀ Библиялда буго 24 тӀехьалъул 3 бутӀа: 5 тӀехь Тавраталъул , Невиим ва Ктувим .
6
ID: 1839589
Танахалда «Аварагзаби» хъваялдасан цебе буго ва гьелда жанир руго «цересел аварагзабазул» тӀахьал: Иисус Навинил тӀахьал, ДиванчагӀазул, 1 ва 2 Самуилил (1 ва 2 Ханлъиязул) ва гьединго 1 ва 2 Ханзабазул (3 ва 4 Ханлъиязул).
7
ID: 1839590
Гьел киналго тӀахьал Паралипоменонил тӀахьал гӀадин тарихияллъун рикӀкӀула тарихчагӀаз.
10
ID: 1839593
Масала, протестантазул къануналда 66 тӀехь буго, ХӀабаши православнияб килисаялъул - 81 тӀехь.
11
ID: 1839594
Насраниязул инжилалъул тӀоцебесеб бутӀа ккола - НекӀсияб Завет - гьебги буго цодагьаб хиса-баси гьабураб 39 тӀехьалда бикьараб дандбакӀари.
12
ID: 1839595
Рev-католик килисаялъ ва Машрикъияб насраниялъ гьединго некӀсияб заветалда жубала второканоническиял тӀахьал.
13
ID: 1839596
КӀиабилеб бутӀа буго - ЦӀияб Завет - 27 тӀехьалъул: 4 къануниял Инжил ва ХӀавариюназул хӀалтӀаби, 21 хӀавариюназул кагъталб, гьединго Иоанн Богословасул вахӀью.
14
ID: 1839597
ГӀемерисел хрисианаз Инжилалъул къанунияб тӀехьалъул кинабго хъвай-хъвагӀаял рикӀкӀула Аллагьасул вахӀью хӀисабалда.
16
ID: 1839599
Танахалъул цӀунун хутӀарал ивриталда ва арамей мацӀалда хъварал хъвая-хъвагӀаял руго н.э. X гӀасруялъул.
18
ID: 1839601
Инжилалдасан цо жоги босун хъвалеб яги абулеб мехалъ, гӀаммаб къагӀидаялъ абизе ккола тӀехь, бетӀер ва кечӀ кинал ругеяли.
19
ID: 1839602
НекӀсияб Завет хъван буго некӀсижугьутӀ мацӀалда , цо-цо арамей мацӀалда хъварал бутӀаби хутӀизегӀан.
21
ID: 1839604
Инжил буго ва бищунго гӀемер бичун босулеб тӀехь,, гӀага-шагарго 100 миллион тӀехь цо соналда жаниб босула гӀадамаз.
23
ID: 1839606
ТӀоцебе гьеб хӀалтӀизабуна машрикъалда IV гӀасруялда Иоанном Златоустицаги Епифанием Кипрскиясги.
24
ID: 1839607
ЖугьутӀаз жудорго тӀахьазе «Завет»-илан, «Мукъадасал хъваял»-илан, «Заветалъул тӀахьал»-илан «Къанун ва аварагзаби»-илан цӀарал кьолел рукӀун руго.
25
ID: 1839608
Христианаз цинги ЦӀияб Заветалъул тӀахьазде абула «Евангелие»-илан ва «Апостол»-илан.
26
ID: 1839609
ТӀоцебе букӀараб тӀехь насраранияз ягьудиязухъан босараб ва жиндир аслияб цӀар Танах-илан бугеб; христианствоялда гьелъие кьуна «НекӀсияб Завет»-илан цӀар, «ЦӀияб Завета»-лда данде кколеб къагӀидаялъ.
27
ID: 1839610
Гьеб Мукъадасаб хъвайлъун ккола киналго Ибрагьим авараг рикӀкӀулел щинал диназе - ягьудазе, христианазе ва бусурбабазе.
28
ID: 1839611
НекӀсияб Заветалда жаниб уна 39 тӀехь, жугьутӀазда рекъон - 22, гьезулго алфавиталъул хӀарпазул къадаралда рекъон (яги 24 тӀехь, грек алфавиталъул хӀарпал рикӀкӀун).
29
ID: 1839612
Ягьудиялда кинабго НекӀсияб Заветалъул 39 тӀехь бикьула 3 бутӀаялда: Таврат , Невиим , Ктувим .
30
ID: 1839613
Руфь тӀехь ДиванчагӀазулгун цо гьабуни, гьединго Иеремиил гӀоди Иеремиил тӀехьгун, 24 тӀехьалъул бакӀалда 22 тӀехь лъугьуна.
31
ID: 1839614
Иосиф Флавийица абулелда рекъон некӀсиял жугьутӀаца 22 тӀехь рикӀкӀунеб букӀун буго.
32
ID: 1839615
Танахалда гьел тӀахьал цоялда хадуб цояб бачӀунеб къагӀида хвезабун буго дагьабго, ай гьенир гьел батӀияб иргаялда рачӀуна.
34
ID: 1839617
Христианазул Библиялъул кӀиабилеб бутӀа - ЦӀияб Завет буго, 27 тӀехьалъул дандбакӀари: ункъо Евангелие, Мукъадасал хӀаварийиназул хӀалтӀаби, 21 хӀаварийиназул кагътал ва Иоанн Богословил вахӀью .
36
ID: 1839619
ЦӀияб Завет буго насранияз жудор аслияб тӀехьлъун рикӀкӀунеб, амма жугьутӀаз гьеб кинниги рикӀкӀунаро.
37
ID: 1839620
ЦӀияб Завет буго микьго чиясул: Матфейил, Маркил, Лукал, Иоаннил, Петрил, Павлил, Иаковилги Иудалги - хъвай-хъваялдалъун гӀуцӀцӀараб.
38
ID: 1839621
Гьединаб ирга букӀунаро киналго Инжилазда, щайгурелъул Инжилалги батӀи-батӀиял ругелъул-ха.
39
ID: 1839622
Къануниял тӀахьал гурони руго гьединго Мукъадасаб Хъваялда релъон хъван ругел хъвай-хъвагӀал, амма гьел килисаялъ берцинаб гӀамал-пишаялдасан, хасияталдасан нахъруссине гьарулеллъун рикӀкӀана, ва гьел апостольскияб божиялда рекъон гьечӀилан абуна.
40
ID: 1839623
Гьел хъвай-хъвагӀал хъвалел чагӀи гӀемерисел гностицизмалда божарал чагӀи рукӀана.
41
ID: 1839624
ЖугьутӀазе кӀвана гӀемераб заманаялъ Инжил гьедигӀано гӀемер хисв-баси гьабичӀого цӀунизе.
43
ID: 1839626
Гьединлъидал Инжил бичӀунгутӀизе рекӀана, жугьутӀалги арамей мацӀалда кӀалъазе байбихьараб мехалъ.
45
ID: 1839628
Н.э.г. XIII гӀасруялдасан бахъараб н.э.г. IV гӀасруялда щвезегӀан НекӀсияб Завет хъвала, хисизабула букӀана.
47
ID: 1839630
Амма цо тӀехь Иоанн Богословил вахӀью машрикъалда цӀакъго мистикиябиланги рикӀкӀун цо-цояца цӀализе цин цӀалуларо, гьем мекъаб бугиланги абун.