Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Иман
-
1
Гьезул цонигиялда ракӀ чӀезабичӀони, гьев чи бусурманчи вукӀунаро, ахираталдаги гьесие абадияб гӀазабгӀакъубаги букӀуна.
-
2
Малаикзабазда ракӀ чӀезабила гӀаммаб куцалдаги, цӀарцӀар ккунги, Къуръан-хӀадисалъ абухъе, гьел рукӀин хӀакъаб бугилан абун.
-
3
Дур ракӀ чӀезе ккола Аллагьасул рахъалдасан Жабраил малаикас русулазухъе тӀахьал, тӀанчал, хъарщал рещтӀанилан.
-
4
Гьезул бищун аслиял тӀахьал ункъго руго: Таврат - Мусахъе, Забур - Давудихъе, Инжил - ГӀисахъе, Къуръан - МухӀаммадихъе рештӀарал ругилан абун.
-
5
Аллагьасул тӀухьдуз халкъалда малъула хӀакъаб дин, инсан дунялалда хьвадизе кколеб битӀараб нух.
-
6
Дуца ракӀ чӀезабизе ккола Аллагьас гӀадамазда гьоркьоса тӀасаги рищун, жидехъе вахӀюги рещтӀун, халкъ Аллагьасул диналде ахӀизе ритӀарал Аллагьасул бищунго хириял лагъзал гьел ругилан абун.
-
7
Гьезул тӀоцевесев Адам ккола, ахирисев МухӀаммад ккола.
-
8
Цересел русулал хассал бакӀазде, хассал гӀадамазде, хассаб заманалда ритӀарал рукӀана, МухӀаммад Авараг тӀолабго халкъалъухъе, киналго бакӀазде къиямасеб къо чӀезегӀан витӀарав ахирисев Аварагги расулги ккола.
-
9
ЦӀарцӀар ккун ракӀ чӀезабизе кколел аварагзаби руго гьал Къуръаналда цӀарал рехсарал аварагзаби: Адам, Идрис, НухӀ, Гьуд, СалихӀ, Ибрагьим, ЛутӀ, ИсмагӀил, ИсхӀакъ, ЯгӀкъуб, Юсуф, ШугӀайб, Аюб, Зулькифли, Муса, Гьарун, Сулайман, Давуд, Ильяс, АльясагӀ, Юнус, Закаря, ЯхӀя, ГӀиса, МухӀаммад, киназдаго Аллагьасул салат салам лъеги.
-
10
Аллагьас халкъалдаса тӀасаги рищарал, жидехъе вахӀюги рещтӀарал, халкъалъухъе гьеб щвезабизе тӀадги къарал Гьесул хассал лагъзадерида илчизабиян абула.
-
11
Гьединго тӀаса рищарал ва вахӀюги рещтӀарал, гьеб халкъалъухъе щвезабизе тӀад къачӀел Гьесул лагъзал аварагзаби ккола.
-
12
Илчизаби гьединго аварагзабилъунги ккола.
-
13
Гьезул мухӀканаб рикӀкӀен Аллагьасда лъала.
-
14
Дуца ракӀ чӀезабизе ккола гьаб гӀаламалда кколеб щинаб жо, лъикӀаб букӀа квешаб букӀа, кинабго жо Аллагьасул бокьиирадаталда рекъон, азалалдаго Жинда лъараб, Жинца къадар гьабураб куцалда кколеб бугилан абун.
-
15
Амма инсанасухъ ихтияр буго, я лъикӀаб, я квешаб тӀаса бищизе.
-
16
Аллагьас лъикӀабквешаб тӀаса бищизе инсанасе гӀакълуги кьуна, гьесде лъикӀаб гьабизе, квешаб тезе, нух малъизе аварагзабиги ритӀана, тӀухьдулги рещтӀана, лъикӀаб гьабурасе ахираталда букӀунеб киридаражаялъулги бицана, квешаб гьабуни гьесие букӀунеб гӀазабгӀакъубаялъулги бицана.
-
17
Иман гьечӀев капурчиясдаса талихӀ къараб жо дунялалъул рухӀчӀаголъабазда жаниб щибниги гьечӀо.
-
18
Гьал гурелги Аллагьасул 99 берцинал цӀаралги руго, Гьесда гурого хӀакъикъат лъаларел рикӀкӀун хӀал кӀоларел гӀемерал камилал сифаталги руго Гьесул, тӀадегӀанал цӀаралги руго.
-
19
Аллагьасул малаикзабада ракӀ чӀезаби Аллагьасул малаикзабазда кин ракӀ чӀезабилеб.
-
20
Къуръан ккола Аллагьасул ахирисеб тӀехь, цересел тӀахьазул кинабго магӀнаги жаниб лъураб, къиямасеб къо чӀезегӀан лъидаго хисизабизеги кӀолареб Аллагьасул бищунго кӀудияб мугӀжизат.
-
21
Аллагьасул илчизабазда ракӀ чӀезаби Аллагьасул русулазда кин ракӀ чӀезабилеб.
-
22
Цоцояз 124 азарго авараг вукӀанинги абула, ва гьезул 313 илчизаби рукӀанинги абула.
-
23
Къиямасеб къоялда ракӀ чӀезаби Къиямасеб къоялда кин ракӀ чӀезабилеб.
-
24
Ахираталда хвел абураб жоги букӀунаро, гьеб абадияб, тӀаса ин гьечӀеб рукъ буго.
-
25
Аллагьасул къадаралда ракӀ чӀезаби Аллагьасул къадаралда ракӀ кин чӀезабилеб.
-
26
Гьединлъидал, лъикӀаб гьабурасдаса Аллагь разилъула, квешаб гьабурасда Аллагьасул ццин бахъуна.
-
27
Иманалъул пайдаби Аллагьас инсанасе кьурал нигӀматазул бищунго кӀудияб нигӀматлъун ккола хӀакъаб иман лъей.
-
28
Цогидал рухӀчӀаголъабазул унтиги, балагьги, гӀазабги, талихӀ къейги хвараб къоялъго тӀаса уна, иман гьечӀев капурчиясул абуни, хӀакъикъияб унтиги, балагьги, гӀазабги, талихӀкъейги хвараб къоялда байбихьула ва абадиялъ тӀаса инчӀого хутӀула.