Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Ал-Мужибу
-
1
Жинца жаваб гьабулев.
-
2
Гьев ккола гьарулел чагӀазул гьари жинца къабул гьабулев, дугӀа гьабулезул дугӀаялъе жинца жаваб гьабулев, чара-рес къотӀаразул хӀажат жинца тӀубалев, хӀатта гьаризегӀанго жинца нигӀматал кьолев чи.
-
3
Гьеб кинабго жо ТӀадегӀанав Аллагьасул гурони букӀунаро, щайгурелъул Гьесда лъала гьел гьаризегӀанго хӀажатал чагӀазул хӀажат.
-
4
Гьесда гьеб авалалдаго лъазеги лъан, гьелъие сабабал рекъезарула квен-тӀех бижун, гьелъие къваригӀунел алатал ва цогидабщинаб къваригӀунел жал рижун.
-
5
Лагъги вукӀине рекъола мужиблъун.
-
6
ТӀоцебесеб иргаялда жиндирго БетӀергьанасе, Гьес гьабураб амрунагью тӀубазабун, Гьесул ахӀиялъе жаваб гьабун.
-
7
Хадуб Гьесул лагъзадерие, Алагьас гьесие кьурал нигӀматаздаса гьезиеги кьеялдалъун, кумек гьараравщинав чиясе, бажарулеб бугони, кумек гьабиялдалъун, бажарулеб батичӀони, берцинаб жаваб гьесие кьеялдалъун.
-
8
Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «Цониги чияс гӀиялъа жоялъул бох кваназе ахӀаницин, жинца гьесие жаваб гьабилаан.
-
9
Цониги чияс гӀиялъажоялъул ратӀа жиндие сайгъат гьабуни, гьебги жинца къабул гьабилаан», - абун .
-
10
Авараг ахӀараб бакӀалде вачӀинги, лъица ахӀун ватаниги, гьес кьураб сайгъат къабул гьабиги ккола, цогидал кӀодо гьариги гьезие жаваб гьабиги.
-
11
Чан вугев чӀухӀарав чи жиндир къадараб гӀамал бугев, бокьабокьараб сайгъатги жинца къабул гьабизеги, ахӀаравщинав бакӀалде инеги жив чӀухӀулев ва ахӀарав чиясда квеш букӀиналъул жинца ургъелги гьабуларев.