Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Ал-Къайюму
-
1
Киналниги жалазул рукӀин жиндалъун бугев.
-
2
Аллагьас рижанщинал жал кӀиго батӀиял руго, жиб букӀине ккани жиндие бакӀ хӀажалъулебги, хӀажалъуларебги.
-
3
БакӀ хӀажалъулел жал ккола сифатал ва ахӀвалал.
-
4
Масала, хъахӀлъи букӀине ккани, гьелъие хӀажалъула кагъат ва цогидал жал.
-
5
Жиндие бакӀ хӀажалурареб жойин абуни, гьеб ккола жибго жиндаго чӀараб жо, жиндие черхалъул, гъалипалъул бугеб гӀуцӀиялда релълъун.
-
6
Кинниги, гьеб жо бакӀалде хӀажалъичӀониги, жиндир бати даимлъизе ккани гьелъие чара гьечӀого хӀажалъула цоги амраби.
-
7
Гьединлъидал, бакӀалде хӀажалъичӀониги цоги жалазде хӀажалъи халгьабун, гьелда кинабго рахъалъ жибго жиндаго чӀараб жойин абуларо.
-
8
Вужудалда батани жинца жиндиего гӀейги гьабулеб, жиндир батиги цоги жоялдалъун гьечӀеб, жиндир бати даимлъизе ккани цоги жо бати шартӀлъулареб мавжуд, гьеб ккола мутӀлакъго жибго жиндаго чӀараб мавжуд.
-
9
Гьелдаго цадахъ цогидал мавжудатазул ратиги гьесдалъун батани, гьев ккола «ал-Къайюм», ай киналниги жалазул бати жиндалъун бугев.
-
10
Гьединаб сифат ТӀадегӀанав Аллагьасул гурони гьечӀо.
-
11
Лагъасул гьаб сифаталъулъ гӀахьаллъи букӀуна Аллагь гуресдехун гьесул хӀажалъи букӀунгутӀиялъул къадаралда.