Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Ал-БагӀису

Wikipedia · 19 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
97.8%
  1. 1
    Жинца къиямасеб къоялъ халкъ чӀаго гьабулев, хабалъ ругел чагӀи рахъинарулев, ракӀазда жаниб бугеб жоги баян гьабулев.
  2. 2
    Гьаб цӀаралъул магӀна бичӀчӀи бараб буго, къиямасеб къоялъ тӀаде рахъинари абураб жо бичӀчӀиялда.
  3. 3
    Гьебги ккола бищунго балъгоял ва гъваридал жалаздаса.
  4. 4
    ГӀемерисел чагӀазда гьелъул хӀакъикъат лъаларо, жидерго цо хиялал рукӀун гурого.
  5. 5
    Гьезда гьелъул хӀакъалъулъ бищун лъалеб буго, хвел бугин гьечӀолъи ва хун хадуб тӀаде рахъине гьари, гьеб тӀоцебего гӀадин гьечӀелъуса цӀидасан ратизе гьари кколин абураб жо.
  6. 6
    Хвел - гьечӀолъи кколин абураб пикруги, хун хадур тӀаде рахъине гьари - тӀоцебесебго гӀадаб ратизари кколин абураб пикруги мекъаб пикру буго.
  7. 7
    Хвел - гьечӀолъи кколин абураб пикру батӀулаб пикру ккола, хоб яги жужахӀалъул гвендлъун букӀуна яги Алжаналъул ахлъун букӀуна.
  8. 8
    Хварав чиги яги талихӀ бугев вукӀуна , яги талихӀ къарав вукӀуна, гьелги чӀаго рукӀуна.
  9. 9
    Гьединлъидал свалат-салам лъеяв Аварагас Бадруялда чӀварал кафурзабазул бутӀруздехун хитӀабги гьабун абуна: «Дир БетӀергьанас дие къотӀи гьабун букӀараб жо дида хӀакъаб батана.
  10. 10
    Нужеда батарабищ нужер бетӀергьанас къотӀи гьабураб жо хӀакъаблъун?» абун.
  11. 11
    Цинги гъосда цӀехараб мехалъ: «Хварал чагӀаздехун кин мун кӀалъалев?» абун, гьес абуна: «Гьезда нужедасаги лъикӀ рагӀула, кинниги гьезда жаваб гьабизе кӀолеб гьечӀо», - абун.
  12. 12
    Амма цо-цо мехалъ гьесул жиндирго черхалдаса тасаруф къотӀун ккола, цинги нилъеца абула: «гьев хвана» абун.
  13. 13
    Цо-цо мехалъ гьеб тасаруф нахъ буссуна ва нилъеца абула: «гьев чӀаголъана» абун.
  14. 14
    Бищун кӀудияб хвел ккола - инсанасул жагьиллъи.
  15. 15
    Бищун хирияб чӀаголъиги ккола - инсанасул гӀелму.
  16. 16
    ТӀадегӀанав Аллагьасги Къуръаналда гӀелмуялда чӀаголъи абунги, жагьлуялда хвел абуниги цӀар лъун буго.
  17. 17
    Щив чи вугониги жинца цогидал жагьлуялдаса гӀелмуялде рачун, гьев ккола гъол гӀадамал чӀаго гьарурав ва гьел рижарав чи.
  18. 18
    Халкъалда гӀелму малъиги гьел Аллагьасде ахӀиги ккола, чӀаго гьариялъул цо тайпа.
  19. 19
    Гьеб ккола аварагзабазулги, гьезул ирс жидее щчӀварал гӀалимзабазулги даража.