Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Аллагь
-
1
Аллагьасда ракӀ чӀезабула Гьесие къого тӀадаб, къого букӀине рес гьечӀел, цо дурусаб сифат бугилан абун.
-
2
Аллагьасе рукӀине тӀадал къоялго сифатал: Ватизе тӀалъи, авал гьечӀолъи, ахир гьечӀолъи, сундего хӀажалъуларев вукӀин, сундаго релъунгутӀи, жив цо вукӀин, сундуего хӀалкӀолъи, кинабго бокьи, кинабго лъай, даимаб чӀаголъи, кӀалъай, кинабго рагӀи, кинабго бихьи, сундаго хӀал кӀолевлъун вукӀин, кинабго бокьулевлъун вукӀин, кинабго лъалевлъун вукӀин, даим чӀагоявлъун вукӀин, кӀалъалевлъун вукӀин, кинабго рагӀулевлъун вукӀин, кинабго бихьулевлъун вукӀин.
-
3
Гьал къоялго сифатал ккола гӀакълуялъги хӀакъаб диналъги Аллагьасе рукӀин тӀад гьарулел Аллагьасул аслиял сифатал.
-
4
Гьал гурелги Аллагьасул 99 берцинал цӀаралги руго, Гьесда гурого хӀакъикъат лъаларел рикӀкӀун хӀал кӀоларел гӀемерал камилал сифаталги руго Гьесул, тӀадегӀанал цӀаралги руго.
-
5
Аллагьасе рукӀине ресго гьечӀел сифатал: ВатунгутӀи, авал букӀин, ахир букӀин, сундехун бугониги релъенлъи гьаби, сунде бугониги хӀажалъи, жив цо гьечӀолъи, гӀажизлъи, бокьунгутӀи, лъай гьечӀольи, хвей, кӀалъангутӀи, рагӀунгутӀи, бихьунгутӀи, сунданиги хӀал кӀоларев гӀажизавлъун вукӀин, щибниги бокьуларевлъун вукӀин, щибниги жо лъаларевлъун вукӀин, чӀагояв гьечӀолъи, кӀалъаларевлъун вукӀин, щибниги жо рагӀуларевлъун вукӀин, щибниги жо бихьуларевлъун вукӀин.
-
6
Гьал киналго сифатаздаса Аллагь вацӀцӀадав вуго.
-
7
Гьал гӀунгутӀабаздаса Аллагь вацӀцӀадав вукӀин гӀакълиял хӀужабазги чӀезабула, хӀакъаб диналъги бицуна.
-
8
Гьал гурелги ТӀадегӀанав Аллагьасул камиллъиялда, кӀодолъиялда, тӀадегӀанлъиялда данде кколареб щинаб жоялдаса Аллагь вацӀцӀадав вуго.
-
9
Аллагь хисуларо, Гьесие заманабиги хисуларо, Гьес заманаби хисизарула, Гьесие бакӀ, заман, рахъ гьечӀо, вагъари, чӀей, ватӀалъи, хурхи, лугбал рукӀин, бутӀабаздаса гӀуцӀи, бутӀабазде викьи гӀадал ва гьел гурелги рижарал жалазул киналго гӀаламатаздаса вацӀцӀадав вуго Аллагь.
-
10
Аллагьасул хӀакъалъулъ кинаб сипат сурат ракӀалде бачӀаниги гьелдаги релъарав гьечӀо ТӀадегӀанав Аллагь.
-
11
Гьев цо вуго заталъулъги, сифатазулъги, ишазулъги.
-
12
Гьесул бугеб хӀакъикъат, кӀодолъи, камиллъиялда Жив гурого щивниги нахъ гӀунтӀуларо.
-
13
Аллагь дунялалда вихьуларо, ахираталда муъминзабазда вихьула.
-
14
Гьесул бихьи, рагӀи, лъай, хӀалкӀолъи, чӀаголъи, кӀалъай ва цогидал киналго сифаталги церегосел авал гьечӀел нилъер сифатазда кинабгӀаги рахъалъ релъенлъи гьабуларел руго.
-
15
Аллагьасе цо дурусаб сифатги буго, гьеб ккола Жиндие гьабизе бокьараб жо гьабиги, гьабизе бокьичӀеб жо гьабичӀого тейги.
-
16
Аллагь вукӀин сундалъун чӀезабулебин абуни, гьаб нилъеда сверун гӀажаибаб, хӀикматаб ва камилаб куцалъ бижун бугеб тӀолабго гӀаламалъ чӀезабула.
-
17
СагӀаталъ бицуна гьеб гьабураб устар вукӀин, машинасамолеталъ бицуна гьеб ургъарав инженер вукӀин.
-
18
Зоб, ракь, бакъ, моцӀ, цӀваби, мугӀрул, гӀорал, ралъадал, гӀадамал, хӀайванал, хурдул, атомалдаса бахъараб галактикабазде гӀунтӀун кинабго жоялъ бицуна гьеб бижарав, гьелъул низам гӀуцӀцӀарав, гьеб хьвадизабулев, гьеб цӀунулев Аллагь вукӀин.
-
19
Аллагь - Жиндие вати, вукӀин тӀадав, киналниги рецц-бакъазе Жив мустахӀикъав, кинабниги махлукъат Жинца бижарав, Жив гурого тӀокӀав лагълъи гьабизе кколев чт гьечӀев ТӀадегӀанав халкъалъул магӀбуд, БетӀергьан.
-
20
Аллагьасда ракӀ чӀезаби Аллагьасда кинха ракӀ чӀезабилеб.