Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Билкан
-
1
Гьеб ккола Азарбижаналда гъоркь бугеб аваразул шагьарлъун.
-
2
Билкан рехсон буго XII гӀасруялдаго, гьанир рукӀарал халкъал христианлъи диналде ахӀизе къеркьолев вукӀарав гуржиязул миссионер Пимен Блаженний сабаблъун.
-
3
Шагьаралда цӀунун буго XVII-XIX гӀасрабазул гӀажаибаб мажгит халатаб михӀмаргун.
-
4
Музеялда ракӀарун руго гьаб икълималъул гӀадатиял кверзул махщалил тӀагӀелал, батӀи-батӀиял археологиялъул ракьулъ ратарал тӀагӀелалги.
-
5
Билканалда буго кӀудияб шагьаралъул парк 17,5 гектаралъул кӀодолъиялъул ва кварил нухгун.
-
6
2004 соналдаса бахъун Билканалда буго аэропорт.
-
7
Шагьаралда руго гӀемерал заводал.
-
8
Билкан ккола 1985 соналда бараб Евлах-Билкан маххул нухлул ахирияб станциялъун.
-
9
[ Белоканы] - макъала босана КӀудияб советияб энциклопедиялдаса
-
10
Виды города Белоканы
-
11
Balakən, 1991 соналде щвезегӀан Белокан) - Азарбижаналъул Билкан мухъалъул идараталъул марказ, КӀудияб Кавказ мугӀрузул хӀатӀакь Белакенчай гӀорул рагӀалда (Алазаналъул гӀаркьел, Евлах - Лагодехи нухда, Евлах маххул нухалдаса 178 км севергун-бакътӀерхьуда бугеб.