Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
ГӀарабал
-
1
ГӀарабал Дагъистаналде рачӀиналъул хӀакъалъулъ Дагъистаналъул гӀелмияб централъул хӀалтӀухъабаз щибаб соналъ тӀоритӀула батӀи-батӀиял мугӀрузулги, гӀатӀидракьалъулги районазде археографиялъул экспедицияби.
-
2
Нилъер магӀарул росабалъ щибаб соналъ аниги тӀадеялдаса тӀаде цӀикӀкӀун гурого дагьлъулел гьечӀо нилъер рухӀияб бечелъи.
-
3
Нижеца цӀех-рех гьабулел жалги руго гӀараб хӀарпаз хъвараб щиб букӀаниги.
-
4
БукӀа гьеб гӀажамалъ хъвараб ялъуни гӀараб мацӀалъ хъварабниги.
-
5
Щай гьедин цӀикӀкӀунеб абун суал баккизеги бегьула бокьарав чиясул?
-
6
Щай абуни цебе коммунмистазул заманаялда гӀадин нижеца щибго жо нахъе босуларо кьеянги гьаруларо.
-
7
Нилъер гӀадамал ругьунлъун руго рачӀарал чагӀаз кинабго жо нахъе босиялда.
-
8
Амма нижеца жакъа къоялде щвезегӀан абизе кӀола цониги тӀамач нахъе босичӀин изну гьечӀого абун.
-
9
Нагагьлъун цощинабго тарихалда хурхараб букӀа ялъуни мацӀалда, гӀадатазда хурхараб жо батани нижеца копия гьабула гьев бетӀергьанчиясул изнуялдалъун гӀицӀго.
-
10
Гьесие бокьичӀони гьабичӀогоги тола.
-
11
Дир гӀакълуялда рекъон дида кола гьедин батилин щибаб соналдаса соналде жалго гӀадамал рачӀуна жудорго бечелъиялъухъ балагьизе рачӀаян гьаризе.
-
12
Щайгурелъул киназдаго лъалеб гьечӀо гӀараб алфавиталъ хъвараб жо цӀализе.
-
13
Гьединлъидал тӀахьазул бетӀергьабазе жодоего буго кӀудияб интерес щибдай элда хъван бугоян балагьизе.
-
14
Араб 2008 абилеб соналъул июль моцӀалда ниж щвана Хунзахъ районалде.
-
15
Гьава-бакъги рекъон ккечӀого, рикӀкӀад ругел росабалъеги ине санагӀат рекъечӀого нижеца хӀукму гьабуна цониги цӀияб библиотека батилародаян аскӀоб бугеб ТӀанусире рахине.
-
16
Росулъе рачӀунаго тӀоцеве данде карав чиясда цӀехана росдал дибир.
-
17
Гьес ниж дибирасухъеги рачана.
-
18
Ниже къваригӀараб жо лъайдал, гьевго чияс ниж рачана жиндирго рокъоре.
-
19
ЦӀарги гьесда букӀана Дибиров МӀухӀамад.
-
20
Гьес нижеда бицана гьел тӀахьазул хӀакъалъулъ дагьа-макъабго тарихги.
-
21
ТӀахьазул бетӀергьанчи вукӀун вуго гьесулго эмен Дибирасул вас Насрудин (1910 - 1997гг), жиндир мунагьал чураяв.
-
22
Жиндирго заманалъ гьев Насрудин вукӀун вуго цӀаларав чи.
-
23
ТӀоцеве гьев цӀалун вуго гӀараб гӀелмуялъе жиндирго росулъ ТӀанусив.
-
24
Хадуб Хунзахъги цӀалун вуго, гьенисан ун цӀалун вуго Унсоколо районалъул ХъахӀабросулъги.
-
25
Гьенисан вусун хадув хӀалтӀун вуго ТӀанусиб росдал имамлъунги.
-
26
Лъида цеве эмен цӀалулев вукӀаравали гьай-гьай васасда лъалеб гьечӀо.
-
27
МухӀамадица бицанихъе Насрудинил букӀун буго лъикӀаланго кӀудияб библиотека.
-
28
Эмен хун хадуб, гьел тӀахьал цереса цере ун, цӀакъ къанагӀатал жал гурони хутӀунги гьечӀо.
-
29
Гьезда гьоркьоб, бер речӀарабго дида бихьана цо квералъ хъвараб даптар.
-
30
Гьеб бугоан гӀажамалъ хъвараб.
-
31
Гьелда жанир ругоан гӀемер батӀи-батӀиял вагӀзаби, туркаби, мавлидал.
-
32
Гьездаго гьоркьоса бищунго кӀудияб асар дие кьуна тарихияб хъвай-хъвагӀаялъ.
-
33
Гьеб бугоан гӀарабал Дагъистаналдеги рачӀун, гьенисан ТӀанусире рачӀиналъул хӀакъалъулъ хъвараб тарих.
-
34
Гьеб гӀемер кӀудияб макъалаги гьечӀоан 15 тӀамач гурони.
-
35
Дица МухӀамадидаса изнуги босун гьелъул диего копияги гьабуна, бусинабуна магӀарул мацӀалде цониги хӀарп хисизеги гьабичӀого, бугеб къагӀидаялъ.
-
36
Гьенир руго ва жеги ратизеги рес буго гъалатӀалги.
-
37
Дица ургъун бахъараб жо гурелъул, бокьилаан, рес бугебгӀан мехалъ, бугеб къагӀидаялъ цӀалдолезухъе щвезеги.
-
38
ЦӀарги гьелда буго: ГӀинтӀаме вацал гьанже Cуракъатил зулму баян гьабизин.
-
39
Дагъистан букӀана цӀакъ берцинаб, гӀатӀидаб, боцӀуда баракат бугеб бакӀ.
-
40
Жудор гӀадлу сабаблъиялдалъун Суракъатил хабар инеб букӀана.
-
41
Энир рукӀана гӀемерал росаби.
-
42
Эзул агьлуги букӀана кафурал, чӀухӀарал, къосарал хъанчий лагълъи гьабулел.
-
43
Гьел киналго росабазул ханзабиги рукӀана къосарал, квешлъиялдалъун амру гьабулел, лъикӀалдалъун нагью гьабулел.
-
44
Бищун шавкат кӀудияб росу букӀана ТӀанусиб абун.
-
45
Энивги вукӀана кафурав, къосарав хан, бищунго квешлъиялъул ва шавкаталъул бетӀергьан.
-
46
Эсда цӀарги букӀана Суракъат.
-
47
Дагъистаналъул бутӀрул рукӀана эсул умумулги ШартӀан, Авариз-хан, ГӀуммахан, Фирман шагь, Бакъир, Намрур, Байар, ТӀагьман, Сайид, ГӀамир, ФиргӀан, Хавашагь, Сафи, Шагь ГӀаббас, ТӀуруз, Хъадар шагь, ХӀарис хан.
-
48
Адам аварагасде щвезегӀан эсул умумул азаралда ункъоялда анцӀила ичӀго ругелила.
-
49
Эсиеги букӀана кинабго дагъистаналъул хардж - магъало.
-
50
Чергес вилаяталдаса бахъараб Шамхалалде щвезегӀан кинабниги боцӀул, тӀорщалил, гӀиял, хӀайваназул, хамил, пихъил хӀатта гӀанкӀудал ханазулцин букӀун буго.
-
51
Щибаб соналъ кинабго ракьалтӀа гӀарцул лъабго гӀабаси букӀана.
-
52
ТӀорщалил цо-цо къали, гӀиял - нусидаса цо жо, хӀайваназул - нусго рукъалдаса цо оц, хамил - базар гьабулев чиясдаса кӀиго хамил туп, пихъил ахал ругел чиясдаса цо гьегь.
-
53
Чи чӀварав чиясдаса нусго гӀи букӀана, чияда ругъун гьабурав чиясдаса цо оц букӀана.
-
54
Жо бикъарав чиясдаса цо оц букӀана.
-
55
Кинабниги росдадаса щу-щу цӀе букӀана - ункъго багӀараб цо чӀегӀераб, щу-щу гӀиялъажоги букӀана.
-
56
Щибаб росдадаса цо-цо чуги цо-цо гӀакаги.
-
57
Гьев ханасеги мутӀигӀаб букӀана кинабго Дагъистан, щибго инкар гьабичӀого кьолаан магъалоги.
-
58
Аварагасул инсул вацал ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул гӀадамал рахъун руго Мака-Мадинаялдаса гьиджра гьабун (200) кӀинусилъ тарих бугеб мехалда.
-
59
КӀиазарго чигун цадахъ гъазават гьабизе капурзабигун рагъун, Аллагьасде таваккалги тӀамун жудорго шагьаралги тун, жал рижарал ракьалдаса хьулги къотӀун капурзабазул ракьалда ислам тӀибитӀизе гьабизе къасд гьабуна.
-
60
Ал рахъиналъе сабабги букӀана жудода гъазаваталъул хиралъи лъайдал, жудода свера хъверун рагъ гьабизе капурзабиги ратичӀого, эл жудор ватӀан тун рахъана.
-
61
Эзулги букӀана щуго къокъа.
-
62
Лъабго къокъа ХӀамзатил лъималазул рукӀана - КъускъантӀиялде щвезегӀан.
-
63
Энир чӀун бана цо дагьал сонал.
-
64
Цинги энисанги къокъана щуазарго чигун цадахъ Гьундустаналде щвезегӀан.
-
65
Энирги чӀана цо дагьаб заманаялъ.
-
66
Цинги гьенисанги рилълъана чӀечӀого Ширваналде щвезегӀан.
-
67
Цинги энир чӀана рагъул алат къачӀалел - гӀарадаби, газаргъаби эл гурелги матахӀалги данде гьарулел.
-
68
Дагъистаналъул капурзабазде ине къасд гьабуна эз.
-
69
Эзул гӀадат букӀана жудор бищун кӀудияв ханлъун вугев чиясда хадур, киналго рекъон, дагӀба-рагӀи гьечӀого ине.
-
70
Бахъарабщинаб бакӀалда бетӀерги толаан жудоцаго абураб жоялда тӀад калам гьечӀого тӀубузабулев чиги.
-
71
Къамилухъ ХӀамзатил наслуялъул чи тана.
-
72
Эсда цӀарги Гьишам хан букӀана - Амир ХӀамзатил вас.
-
73
Гьелдаса нахъе жудор гӀадат мадат бекьана.
-
74
Ханлъун тарав щинав чиясда Шамхал абураб цӀар кьуна.
-
75
Цинги эл рагъана чӀахӀиял тӀелалгун, лебалал чуялгун.
-
76
Рагъизе Дагъистаналде эл рачӀун ругилан лъараб мехалъ эл киналго капурзабазул боял данделъана.
-
77
Къосарал аскаралги цолъана Дербент абулеб шагьаралда аскӀоб, гьел исламалъул боял нахъчӀвазе гучалдалъун.
-
78
Гьеб мехалъ бусурбабаца витӀана цо нусго лъикӀав бахӀарчи дол капурзабазул хӀал бихьизе.
-
79
Эзда дол ратана жудодасаги гӀемер бахӀарчилъи цӀакъал.
-
80
Гьеб мехалъ бусурбабазул ракӀал хӀинкъана, гьезиеги бокьана балъго дол боял рихизе гьаризе.
-
81
Цинги гьел хӀиллаялде ургъана.
-
82
ГӀемераб квен-тӀехги гьабуна, гьоркьоб загьруги жубана.
-
83
Гьеб загьруги букӀана бакьал тӀутӀулеб, черх гьоролеб.
-
84
Гьеб мехалъ, капурзаби тӀаде къайгун гьеб квенги, дагьа-макъаб къайиги гъоркь тун эл бусурбаби лъутана.
-
85
Дол капурзабазда эб тӀагӀам батараб мехалда гьез гьеб кванана.
-
86
Гьелдалъун гьезул хвана ункънусазарого (400 азарго) чи.
-
87
Гьелда хадуб Аллагьасул квербакъиялдалъун капурзабаз мугъ бана, бусурбабиги Дагъистаналде лъугьана.
-
88
Рагъ гьабун Хайдакъ шагьарги бахъана.
-
89
Гъазанфар абурав цо кӀудияв ханги чӀвана цойги гӀемерал бахӀарзабиги чӀвана гьенир.
-
90
Руччабиги куна энир, хӀалкӀун жалгоги энир парахалъана.
-
91
Имамги ханасул тахиде вахинавун, гьенир гӀемерал росабиги рана, гьебги тахшагьарлъун гьабуна.
-
92
Гьелда цӀарги КъалгӀатул Къурайш абун цӀарги тана.
-
93
Цинги Гъумекдерил ханзабазулгун загьираб рекъелги гьабуна.
-
94
Цо дагьаб заманалдаса рекъелги бихун балъго тӀаде кӀанцӀун гьел Гъумекдерил агьлуго пассат гьабуна.
-
95
Эзул киналго руччабиги мусаххар гьаруна.
-
96
Гьанже дол рачӀана Джабалул Джансиялде Хунзахъе.
-
97
Эзул хан вукӀана Баяр, Суракъатил вас Нуцалхан абун жинда абулев.
-
98
Эвги жиндирго рукъалъул агьлуги бачун, цойги кинабго гӀагарлъигун цадахъ Тушалъе лъутун анна.
-
99
Гьанже бусурбабаца гъазават гьабун магӀаруллъиялъул киналго рахъазулъ гӀемерал росабиги чӀунтизаруна, кинабго Дагъистаналда квершелги гьабуна.
-
100
Гучалдалъун эзул бахӀарзабиги чӀвана, руччабиги лъималги асир гьаруна, кинабго боцӀи-хазинаги нахъе босана.
-
101
Энив ханасул тахидаги чӀана Махсумбек, шайх АхӀмадил вас иманлъунги чӀана.
-
102
Абулмуслим шайх эз кинабго дагъистаналда тасарруф гьавуна.
-
103
Цоял ккун, цоял чӀван росаби чӀунтизе гьарун тана.
-
104
Эзул гӀадатги букӀана жудоца бахъарабщинаб росулъ цо-цо хан толаан.
-
105
АскӀовги толаан доздасан бергьунеб къадаралда жудорго солдаталги.
-
106
Гьанже дов Шамхалги чӀван Гъумекиб шагьаралда кинабго ракьалъул харжги босана, бусурбабазул закатги босана.
-
107
Эзиеги мутӀигӀлъана кинабго Дагъистан.
-
108
Гьал киналго харжал щибаб соналъ ХӀамзатилги ГӀаббасилги лъималада гьоркьоб бикьулаан.
-
109
Гьелдаса хадуб цо дагьаб заман ингун, дов Тушалде лъутун вукӀарав Суракъатил вац Байар вачӀана ЦӀунтӀаса бахъараб ГӀарчубе щвезегӀан боялги ракӀарун.
-
110
Цо бецӀаб сордоялъ Хунзахъе лъугьана.
-
111
РакӀал бусурманлъичӀого энир хутӀун рукӀарал чиязул рукъзабахъ боялги живгоги вахчун чӀана жудойго сверел, рес рекъезегӀан.
-
112
Гьеб сордоялъ Абулмуслим шайхасул вас Абулмуслимида макьилъ бихьана капурзаби бергьун Хунзахъ ва гьениб пасалъиги ккун.
-
113
Гьеб макьу бокьичӀогун эв радал вахъун Гъумекиве лъутана.
-
114
КӀиабилеб сордоялъ капурзабаца эзул хан Амир АхӀмадги чӀвана.
-
115
МагӀлумбекил вацасул васги чӀван эсул бетӀерги хъаладул къеда бан батун буго.
-
116
Гьеб къоялъ киналго бусурбабазул къокъадул гӀемерав чи гъурана.
-
117
Элги хадур мурадалде щвана, Баярги жиндирго инсул тахида гӀодов чӀана.
-
118
Гьебмехалъ бусурбабаздаги эздаги гьоркьоб гӀемерал рагъал ккана, питнаби халалъана.
-
119
Къоло ункъго сон бана гьедин.
-
120
ЦӀакъ рeкъзабиги къварилъана, бетӀербахъиги захӀмалъана, рагъги чӀалгӀана.
-
121
Гьанже гьезда иман лъун исламалъулгун маслихӀат ккана, жалги парахалъана.
-
122
Гьелдасан цо дагьал сонал ингун Гъумекдерил ханазабаздаги Хайдакъалъул ханзабаздаги гьоркьоб питна ккана.
-
123
Гьереси, мацӀ гьаби, мехтел эб гуребги пасалъаби ккана эниб.
-
124
Хайдакъалъул ханазаби МухӀаммадханги, Амир ХӀамзатги хундерил ханзабахъе кӀанцӀана, жал эзийги гьедана щибаб жоялъе эзда нахърилълъинилан.
-
125
Гьеб мехалъ эзда гьоркьобги Гъумекдерил ханзабазда гьоркьобги ккана гӀемерал рагъал.
-
126
Цинги хундерил ханас ритӀана гӀакълуялъул бетӀергьаби Кавтар шагьасухъе - Турк вилаяталде рекъел гьарун.
-
127
Элги гьеб заманаялъ ГӀумарасхӀабасул Халифаталъулъ рукӀана.
-
128
Цинги эзул къотӀи ккана цоцазулъ рекъон кӀиязулго тушманзабигун рагъизе.
-
129
Эзул амруги вацазул бакӀалде ккана.
-
130
Кавтар шагьасги абуна хундерил ханасул яс жиндирго васасе.
-
131
ЦӀар чӀван кӀиясго къабул гьабуна кӀияйго кӀиясего кьуна.
-
132
Гьеб мехалъ Кавтар шагь Гъумекиве вачӀуна туркалгун цадахъ бакъбаккул рахъалдасан.
-
133
СартӀанги вахъана хундерил вилаяталъул боялгун Хайдакъалъул ханзабигун цадахъ бакъшинкӀул рахъалдасан.
-
134
Эв кӀиявго эниве, Гъумекиве, щвана итни къоялъ, эбги рамазан моцӀалъул тӀоцебесеб къо букӀана.
-
135
Гьанже рагъана гьел мажгиталда тӀаса бугеб хъалаялда жанирги чӀун.
-
136
Энив эзул шагьидлъана лъабкъого чи.
-
137
Гьеб къагӀидаялъ жудорго рухӀалги кьун, боцӀиги кьун, рагъана сафар моцӀ щвезегӀан.
-
138
Гьеб мехалъ гьел гьеб хъалаялдаса ратӀа гьаруна шамат къоялъ Гъумекги чӀунтизе гьарун.
-
139
Гъумекдерил ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул ханзаби ракьалъул рагӀаллъабазде ккана.
-
140
Хайдакъалъул ханзабиги эзул бакӀалда чӀана.
-
141
Кавтар шагьги, СартӀанги жудорго ватӀаналде руссана.
-
142
ХӀамзатилги ГӀаббасилги наслуялъул хӀакъикъат гьадин ккун буго.
-
143
Гьелъул тарихги гьаб буго (718 / ) анкьнусиялда анцӀила микьабилеб сон буго.
-
144
Дибиров Насрудиницаги гьеб хъван бугоан ТӀанусиса Къебедасул МухӀамад абулев чиясул тӀехьалдасан.
-
145
"Гьабги хъвана ТӀанусиса Дибирасул вас Насрудиница 1988 соналъул 5 февралалъ", абун хъванги буго гьелъул ахиралда Къебедасул МухӀамадил гӀагарлъи цӀехедал нижеда гьезул чиги ватичӀо.