Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Дагъистаналъул байрахъ
-
1
КанчӀхъахӀилаб - ралъдал кьер , гьелъ тӀоритӀел гьабула дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялде ва къадру-къиматалде.
-
2
ЧӀванкъотӀун гӀорхъаби чӀезабичӀеб цӀияб лъазабураб жиндирго пачалихъалде Узун-ХӀажица гъорлъе рачана Дагъистаналъул мугӀрузул мухъал, мугӀрузул Чачанлъи ва Гъалгъайазул бутӀа.
-
3
Имират гӀуцӀун букӀана ГӀусманиялъул империялъе мутӀигӀаб шаргӀияб пачалихълъун.
-
4
ДАССРалъул 1927 соналъул конституциялда букӀана Руспубликаялъул бичахисиялъул ва рагъулаб байрахъалъул баян.
-
5
ЧӀоло лъугӀараб бакӀалдасан, квегӀаб рахъалъул тӀасияб бокӀнида бахъун букӀана нилъ ва гьецӀокъ ва гьелда тӀадги щугӀаркьелаб цӀва.
-
6
Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокӀон битӀараб ва лъабго цоцада бащадаб горизонталиял чӀалал жинда ругеб ххамил кесек: тӀасияб - гӀурччинаб кьералъул, гьоркьохъеб - хъахӀилаб ва гъоркьияб - багӀараб кьералъул.
-
7
Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ букӀана хасаб кӀодолъи-гьитӀинлъи чӀезабураб гӀурччинаб кьералъул ххамил кесекалда хъахӀаб кьералъул моцӀги гьелда тӀад хъахӀаб кьералъул лъабго цӀваги бахъараб.
-
8
Гьеб букӀана билбагӀараб кьералъул ххамил кесек, жиндир квегӀаб бокӀнида байрахъалъул гӀералда аскӀоб меседил кьералъ «Дагестанская Автономная Советская Социалистическая республика» абун хъвараб байрахъ.
-
9
1937 ДАССРалъул 1937 соналъул конституциялда рекъон республикаялъул пачалихъияб байрахълъун букӀана РСФСРалъул пачалихъияб байрахъ, гьебги букӀана багӀараб ххамил кесекалда байрахъалъул гӀералда аскӀосеб рахъалдасан гӀодосан эххедехун канчӀхъахӀилаб чӀоло биччараб байрахъ.