Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Иран
-
1
Тахшагьар - Тегьран.
-
2
БакътӀерхьуда гӀорхъи уна ГӀиракъгун, шималгун-бакътӀерхьуда - Азарбижан, Армения ва Турциягун, шималалдаса - Туркменистангун, бакъбаккуда - Афгъанистан ва Пакистангун.
-
3
Шималалдаса Ираналъул гӀорхъи чурула Каспий ралъадалъ, жунубалдаса - Гьинд океаналъул Парс ва ГӀуман заливаца.
-
4
ГӀемерал гӀасрабаца гьаб пачалихъалъул Машрикъалъул регионалда цӀцӀикӀкӀарасаб асар букӀана, амма жакъаги Иран жиндир ГӀЖПялда балагьун исламияб гӀаламалда ункъабилеб экономика ва БакътӀерхьул Азиялда кӀиабилеб экономикалъун ккола.
-
5
Гьеб гурони, технологиял церетӀеялъул рахъалдаса Иран ккола регионалда бищун церетӀурал пачалихъаздаса.
-
6
Гьединго Ираналъул ракь буго Евразиялъего стратегикияб рахъалдаса кӀвар бугеб регионалда ва пачалихъалъухъ чӀахӀиял нарталъул ва тӀабигӀияб газалъул запасал руго.
-
7
Парсал, азарбижанал, курдал ва лурал ккола Ираналъул бищун чӀахӀиял халкъаллъун.
-
8
Ираналъул хӀукуматияб тарих рикӀкӀуна дунялалда бищунго некӀсияздасан, хъвай-хъвагӀаяздалъун гьелъул заман бахула 5 азарсонида.
-
9
Гьелъул ракьалда, Хузестаналда, тӀоцебесеб Элам хӀукумат гӀуцӀана нелъер эраялдаса цебе III азарсонида.
-
10
Дариил I заманалда Парс империя тӀибитӀана Юнаналдаса ва Киренаикалдаса бахъун Гьинд ва Тарим гӀоразда щвезегӀан.
-
11
Иран, тӀолго жиндир хъвай-хъвагӀиялъул тарихалда жаниб жиб Парс-абун лъалеб, 2 азар соналъ букӀана дунялалъул бищун цӀцӀикӀкӀараб асар бугеб сиясияб ва маданияб марказлъун.
-
12
Цо-цо къавмал Иранияб тӀалъиялъул бакътӀерхьул рахъалда чӀана; балучал ана бакъбаккул рахъалда ва ГӀуман заливалъул рагӀаллъуда.
-
13
Мидиязе кӀвана жедер кверщалихъ тӀолго бакътӀерхьул Иран ва цо-цо бакъбаккул ракьалги рачизе.
-
14
Бабиланиялгун цадахъ гьез Ассириялъул империя щущах бана, Месопотамия ва Урартуги бахъана.
-
15
Курашица Экбатана кодо босула ва живго Мидиялъул ва Парсалъул ханлъун лъазавула.
-
16
Мидиязул Иштувегу ханин абуни гьеб заманалъ асирлъун ккола, амма хадув эркен гьавула ва цо останалъул бетӀерлъун тола.
-
17
Курашил вас Камбизица II инсул империялъул ракьал Мисралда ва ХӀабашиялда щун гӀатӀид гьарула.
-
18
Камбиз хведал ва гьелдаса хадуб ханасул рокъор лъугӀарал чӀваял ва кьалазул хӀасилалда, ханлъуда вачӀула Дарий Гистасп.
-
19
Гьанжесеб Ираналъул цӀикӀарасеб территория ккана Селевкиязул кверщалихъ, амма дагьаб хадуб парфяназул хан Митридат I цӀиял ракьал рахъизе гӀоло гьужумал гьаризе байбихьана ва Персиягун Мавараннагьр жиндирго пачалихъалда жанир рачана.
-
20
Нилъер эраялда цебе 92 соналда Парфиялдаги Рималдаги гьоркьоб гӀорхъи бикьана Евфрат гӀоралъул русло ккун, амма румал кватичӀого парфянал магърибиял сатрапиязда тӀад гьужум гьабуна ва парфияца къезе гьаруна.
-
21
Гьеб гьужумалъе жаваб хӀисабалда парфянаца гьабураб чабхъадул хӀасилалда Левант ва Анатолия бахъана румазухъан, амма хадур Марк Антонийил бояца цӀидасан Евфрат гӀоралъул рагӀалда нахъе реххана.
-
22
Гьелдаса хадуб Парфиялда цоялдаса хадуб цояб ккун гражданлъиялъул рагъал тӀоритӀана Рималъ парфиназдаги греказдаги гьоркьоб питна бекьиялъул хӀасилалда.
-
23
224 соналъ Ардашир Папакан абурав, Парсалда бугеб Хейр шагьаралъул бетӀерасул васас, парфян хан Артабан IV боги гъурун кӀиабилеб Персиялъул империя гӀуцӀула - Ираншагьр абун цӀарги лъола гьеб пачалихъалда, гьелъул тахшагьарги Фирузабадалда тола, живгоги цӀияб Сасаниязул династиялъул кьучӀ лъуравчилъунги вахъула.
-
24
Гьеб заманалда арстократиялъул ва зартуштиял рухӀаниязул асар ва къуват цӀикӀуна, цогидал дин ккурал чагӀазе квалквал гьабула.
-
25
Административияб реформа тӀобитӀана.
-
26
Сасанияца румалгун ва Марказияб Азиялдаса кочевникалгун рагъал гьарула.
-
27
Бищун кӀудияб шагьаралда - Тегьраналда гӀумру гьабула 8,7 млн чияс (ва 14 млн шагьаралъул агломерациялда).
-
28
Тегьраналда бакӀарун буго пачалихъалъул бащадаса цӀцӀикӀкӀараб промышленнияб къуват, гьени гьоркього уна - автомобилазул, электронияб, яргъил, химикияб ва кванил производство.
-
29
КӀиабилеб бищун кӀудияб шагьар ккола - Машгьад, гьеб буго шигӀияз мукъадасаблъун рикӀкӀунеб шагьар.
-
30
Халкъалъул къадар бихьизабуралдаса цӀцӀикӀкӀун бугел шагьарал
-
31
- 800 000-даса 999 999-ялде вахарав чи.
-
32
- 500 000-даса 749 999-ялде вахарав чи.
-
33
- 300 000-даса 499 999-ялде вахарав чи.
-
34
Иран бикьула 31 останалда
-
35
1950 соналда цебе Иран бикьулеб букӀана 12 останалда: Ардалян, Азарбижан, Балучистан, Парс, Гилан, Араки-ГӀажам, Хурасан, Хузестан, Керман, Ларестан, Лурестан ва Мазандаран.
-
36
Амма 1990-абилел соназ лъимергьаби лъалаго дагьлъана ва наслаби гӀезариялъул даражаялдасаги гъоркье ккана.
-
37
ТӀолго лъимергьабиялъул коэффициент - 1,87 (наслаби гӀезариялъе букӀине ккола 2,15).
-
38
Халкъалъул 61% цӀцӀикӀкӀараб процент гӀадамзул буго 30 сон тӀубачӀеб гӀелалъул .
-
39
Лъайбосиялъул даража бахула 84 %, урбанизация - 71 %.
-
40
ГӀемерисел ираниял руго бесурманал.
-
41
Халкъалъул 85 % - ккола шигӀиял .
-
42
ГӀиракъ, Азарбижан ва БахӀрейн пачалихъалгун, Иран ккола шӀигӀияб халкъалъул процент бащадасан цӀцӀикӀкӀараб бугеб пачалихъаздаса, амма, «Вилаят Факигь» абураб хӀукуматияб доктринаялда рекъон хӀукуматалъул сиясат шигӀизмалда тӀад гӀуцӀун гьечӀо.
-
43
Къум шагьар рикӀкӀула шигӀизмалъул марказлъун.
-
44
Гьенир руго гӀемер диниял университетал ва семинариял.
-
45
Машгьадалда буго шигӀиязе цӀакъ кӀвар бугеб Имам Резал зиярат.
-
46
Cунниязул къадар расмияб информациялда рекъон буго 9 %, амма цогидал баяназда рекъон гьезул къадар хӀатта 20% бахулеб батула.
-
47
Христианазул къадар ккола 4 %.
-
48
ХутӀараб 2 % жанир уна бахаял, мандеял, индусал, изидал, зартуштиял, иудеял.
-
49
Ахирисеб кӀиго расмияб къагӀидаялъ хӀукуматалъ рикӀкӀула ва къануналъ цӀунула.
-
50
Ираналда буго кваранрахъалъулаб транспорт иналъул къагӀида .
-
51
Гьеб ккола «Арияб пачалихъ»-абураб магӀна кьолеб прилагательное яги «Ариязул пачалихъ»-абун бугеб генетив, гьаб калимаялдаса кьучӀ босулеб авест.
-
52
ГӀемар гӀасрабаца батӀераб динлъун гьениб букӀана зартуштияб дин.
-
53
XVI гӀасруялда Ираналъул хӀукуматияб динлъун лъугӀана ислам.
-
54
Ираналъул халкъалъул 67,5 % гӀумру гьабула шагьаразда.
-
55
2030-абилеб соналда гьеб къадар 80 % бахине рес буго.
-
56
1950-абилеб соналъ гьзул къадар дагьлъана 10-яллда щвезегӀан, ва хадуб 1960 соналдаса 1981 соналда щвезегӀан гьезул къадар бахана 28 останалде.
-
57
2004 соналъ Хурасан бикьана 3 останалда, ва гьединго 2010 соналъ Тегьранги - 2 батӀаяб останалда.
-
58
1979 соналдаса бахъун 2006 соналде щвезегӀан халкъалъул къадар кӀицӀул цӀцӀикӀкӀана ва бахана 70 495 782 чиясда, цинги 2011 соналъ - 75 149 669 чиясдаги.