Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Ислам
-
1
ГӀараб мацӀалда «ислам»-абураб рагӀи буго «сах-саламатго вукӀине», «хвасарлъизе», «цӀунун хутӀизе», «эркенав вукӀизе»-абурал рагӀабазул магӀна кьолеб سلم глаголалдасан лъугӀараб предметияб цӀар
-
2
Тарихалда Исламалъе кьучӀ лъураб заман рикӀкӀуна VII гӀасру МухӀаммад аварагас дагӀват гьабизе байбихьараб мех.
-
3
Амма Исламалъул гӀакъидаялда рекъон киналго цере рукӀарал аварагзаби ва расулал Муса авараг вукӀа, ГӀиса авараг вукӀа, рукӀана батӀи-батӀиял миллатазул, халкъазул гӀадамазухъе хӀакъаб дин - Исламги босун рачӀун, гьезда тавхӀид къабулабизе рачӀун.
-
4
Амма заман унщинахъе, гӀадамаца жедехъе щвараб дин хисизабулеб букӀана, гӀемерал бидгӀаби журан, гьитӀинабги, кӀудиябги ширк гьабун, цӀидасан хъанчазе гьабулеб букӀараб лъагълъи-гӀибадат гьабизе лъугьун, тӀадежоялъе Мукъадасал тӀахьазда хиса-баси гьабун.
-
5
МухӀаммадин абуни, гьев вуго Исламалъул ахирисев авараг, жиндихъ ТӀадегӀанас Къуръан вахӀью гьабурав.
-
6
Ислам къабулабуралщиназда абула бусурманалин.
-
7
Динияб мацӀ - классикияб гӀараб.
-
8
Ислам абураб рагӀиялъул хӀакъаб дин абураб магӀнаги букӀуна.
-
9
Гьеб магӀна босани гьелъ жанире рачуна иманалъул анлъабго рукнуги, исламалъул киналго аслабиги, тӀолабго шаригӀатги.
-
10
Гьаниб нилъеца исламалъул хассаб магӀнаялъул бицен гьабила.
-
11
«Ислам»-абураб рагӀиялъул таржама гьабизе бегьула «мунго Аллагьасе мутӀигӀав гьави», «мутӀигӀлъи», «гӀенекки».
-
12
Аллагьасда ракӀ чӀезаби.
-
13
Рамазан моцӀалъ кӀал кквей.
-
14
К. ШаргӀияб терминологиялда ислам буго цохӀого-цо вугев Аллагьасда иман лъей, Гьесие мутӀигӀлъи, Гьес хӀарам гьабуралдаса инкар гьаби, Гьес хӀалал гьабураб -къабул гьаби; гьединго политеизмалдаса ва ширкалдаса камилаб инкар гьаби.
-
15
Аллагьасул малаикзабада ракӀ чӀезаби.
-
16
Аллагьасул тӀухьдузда ракӀ чӀезаби.
-
17
Аллагьасул русулазда ракӀ чӀезаби.
-
18
Къиямасеб къоялда ракӀ чӀезаби.
-
19
Аллагьасул къадаралда ракӀ чӀезаби.