Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Къуръан
-
1
]] Къуръан - ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугӀжизат бугеб, ва жибги рещтӀараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухӀаммад аварагасда .
-
2
Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цӀунараб буго хисизабиялдаса, тӀадцӀикӀизабиялдаса ва камизабиялдаса.
-
3
Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9): Къуръан буго аварагас жал рацӀадал асхӀабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакӀарараб Абубакр асхӀабас, ГӀумар асхӀабасул ишараялдалъун.
-
4
ГӀусман асхӀабас жибги хъвараб, ва жинда тӀад тӀубанго умматги рекъараб.
-
5
Хирияб Къуръан буго TIадегӀанав Аллагьас жиндие вокьулев МухӀаммад Аварагасда рештӀинабураб тӀехь, гьелдалъун жинца гӀадамал жагьиллъиялъул бецӀлъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-хӀалалъул, талихӀ къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.
-
6
Къуръан букӀана аварагасдасан лъазабун ва къаламалъ хъван асхӀабзабаз.
-
7
Аллагьас гьеб ЖабрагӀил малаикасдасан рештӀинабуна МухӀаммадихъе.
-
8
Ва гьеб рештӀула букӀана 23 (жеги битӀун 22 соналъ, 610 соналдасан 632 соналде щвезегӀан.) соналъ, тӀоцебесеб вахӀьюги букӀана аварагасул 40 сон бугеб мехалъ, Лайлатул-Къадралъ .
-
9
Къуръан хӀакъалъулъ руго гӀемерал гӀелмиял хӀалтӀаби, бусурбабаз гьарурал гурониги капураз гьаруралги.
-
10
Къуръан, исламалъул догматикаялде рекъон, - буго: тӀолго инсанияталъе Аллагьасул нухмалъи, ахирисеб мукъадасаб тӀехь; Аллагьасул калам, цере рещтӀун рукӀарал тӀахьал хӀакъал рукӀанилан абулеб ва гьезда жанир рукӀарал къанунал къалеб ва цӀиял кьолеб, камилаб тӀехь.
-
11
Аллагьасул рисалатал ритӀулел рукӀана Адамидасан бахъараб МухӀаммадида щвезегӀан, гьезда гьоркьо Ибрагьим аварагасул Кагътал, Таврат, Забур ва Инжил .
-
12
В. Д. Цо-цо исламиял пачалихъазда бусурбабазул гӀадат - суннатгун Къуръан буго Къануналъул аслу, динияб рахъалдасанги, гражданскияб ва уголовнияб рахъаздасанги.