Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Малаик
-
1
Дуца ракӀ чӀезабизе ккола Аллагьасул гьал хадур рехсарал малаикзаби рукӀиналда.
-
2
Жабраил - вахӀюгун вачӀунев; Микаил - ризкъаби рикьулев; Исрапил - Суралъе пулев; ГӀизраил - рухӀал росулев.
-
3
Гьал руго чӀахӀиял малаикзаби.
-
4
Гьединго ракӀ чӀезабизе ккола, инсанасул гӀамал хъвалел Ракъиб-ГӀатид, хабалъ хӀисабсуал гьабулел Мункар-Накир, алжанжужахӀ хьихьизе тарал, ГӀаршалда сверун тӀаваф гьабулел, ГӀарш баччулел ва гьел гурелги цогидал малаикзаби рукӀиналдаги.
-
5
Дуда малаикзаби рукӀин сундалъун лъалеб?
-
6
Хирияв аварагас цебесеб къоялъго рихьизаруна мушрикунал чӀвазе ругел бакӀал, бусурбабазе бергьенлъи щвезе бугиланги бицана; БетӀергьанас азарго малаикги витӀун бусурбабазе квербакъана; асхӀабзабазда жидеца кьабилалде чанги капурчиясул бетӀер тӀаса къотӀулеб бихьана, ай малаикзабаз кьабун ва гь.ц.
-
7
Бусурбабазул дугӀаялъе жавабги гьабун, тӀоцебесеб хӀалбихьиялда аскӀоб, лъабго нухалъ капурзабаздаса дагьал ругел бусурбабазе, гӀицӀго гьезул ракӀ парахалъизе рещтӀинарурал малаикзаби.