Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
МухӀамад АхӀмадов
-
1
Институт лъугӀун хадув хӀалтӀана Хъвадарухъабазул Союзалъул правлениялъул секретарьлъун, литературиял журналазул жавабияв секретарьлъун, аваразул хъвадарухъабазул секциялъул нухмалъулевлъун.
-
2
ГьабсагӀат хӀалтӀулев вуго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун.
-
3
МухӀамад АхӀмадов ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул сопредседатель, Халкъалда гьоркьосеб Хъвадарухъабазул союзалъул исполкомалъул член.
-
4
ШагӀирас хъвана «Хасалихълъидул сагӀат», «Заманаялъул балладаби», «КучӀдул», «Шагьаралъул кучӀдул», «Сонал», «Жугьа», «Поэт», «ШагӀирги ватӀанги», «Балъголъидул сагӀат», «ХъахӀаб рас», «Какги кечӀги», «Рокьул апараг», «Классиказул цӀваби», «ГӀазу балеб буго» абурал тӀахьал.
-
5
Гьел тӀахьал рахъана Москваялдаги, МахӀачхъалаялдаги, Волгоградалдаги.
-
6
МухӀамад АхӀмадов ккола Россиялъул КӀудияб Литературияб премиялъул, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул, Халкъалда гьоркьосеб Расул ХӀамзатовасул цӀаралда бугеб премиялъул лауреат.
-
7
Адабият ва маданият цебетӀезабиялъулъ лъураб кӀудияб бутӀаялъулъ гьесие кьун руго М.Ю.Лермонтовасул, С.А.Пушкинил, М.А.Шолоховасул медалал.
-
8
МухӀамад АхӀмадовас авар мацӀалде руссинаруна А.С.Пушкинил, М.Ю.
-
9
Лермонтовасул, С.Есенинил, А.Блокил, Н.Рубцовасул, Ю.Кузнецовасул, О.Чухонцевасул ва цогидалги гӀурусазул поэтазул асарал, шигӀрабазулги шагӀирзабазулги хӀакъалъулъ хъвараб буго шагӀирасул гьаб цӀияб тӀехьги.
-
10
Дагъистаналъул халкъияв поэт.
-
11
1979 соналъ тӀокӀлъиялда лъугӀизабуна Москваялъул М.Горькил цӀаралда бугеб Литературияб институт.