Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

МухӀамад Гунашев

Wikipedia · 18 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
98.4%
  1. 1
    Гьесул тӀоцересел асарал бакӀалъул газеталда хъван руго.
  2. 2
    Гьезул цояб «Дагестанская правда»-ялда басмаялда бахъун буго.
  3. 3
    ДГУялъул филиал дос занятиязде инчӀого лъугӀизабуна.
  4. 4
    Гьесул гӀемерал асарал кучӀдуллъун лъугьана.
  5. 5
    ХъахӀабросулъа МахӀмудил цӀаралда бугеб жамгӀияб литератураялъул премиялъул лауреат вуго дов.
  6. 6
    Гунашев МухӀамад Гунашил вас (гьавуна 1936 соналъ - хвана 8 март 2013 соналъ) - дагъистаналъул хъвадарухъан ва мугӀалим.
  7. 7
    МухӀамад гьавуна 1935 соналда Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социализмаялъул Республикаялда Унсоколо районалда ЦӀатӀанихъ росулъ.
  8. 8
    ХалтӀиялъул пиша байбихьизабуна МухӀамадица байбихьул классазул учителлъун, цинги хӀалтӀана Рилъаб районалъул «Заря коммунизма» газетаялъул жавабияв редакторлъун.
  9. 9
    1962-ялдаса 1976-ялде Унсоколо районалъул «Садовод» газетаялъул редакциялда хӀалтӀана, цин литератураялъул хӀалтӀухъанлъул, цинги редакторлъун.
  10. 10
    МухӀамад Гунашев Хасавюрталда «НасихӀат» авар газетаялъул редакторалъул заместителлъун хӀалтӀана.
  11. 11
    2000-ялдаса Россиялъул хъвадарухъаназул союзалъул член вуго дов.
  12. 12
    СССР-алъул журналистазул союзалъул членлъун вукӀана.
  13. 13
    1954 соналда МухӀамад Гунашевасул асарал «Дружба» альманахалда басмаялда рахъуна.
  14. 14
    1961 соналда гӀолохъанав шагӀирасул асарал «Голоса молодых» сборникаялде лъугьана.
  15. 15
    1974 соналда тӀоцӀебесеб «Мелодия гор» сборник бахъана.
  16. 16
    1989 соналда Дагучпедгизалда «Вечный очаг» асаразул тӀехь бахъана.
  17. 17
    2000 соналда МахӀачхъалаялда шагӀирасул «Избранное» тӀехь бахъана.
  18. 18
    И. Ленинасул 100 сон гьавураб къоялъул хӀурматалда» медаль кьуна.