Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

МухӀамад Рамазанов

Wikipedia · 8 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
99.2%
  1. 1
    Гьасул эбел Гъоркьияб Инхело росулъа кӀкӀаралай йикӀана, ва гьасул эмен гъодоберисев вукӀана.
  2. 2
    ГӀуру къарал ва рехун тарал ракьазул хӀалтӀизариялъе гӀоло гьав Узбекистаналде рекӀун ана.
  3. 3
    Ташкент областалда Гулистан шагьаралда байбихьул классазул учителазул хӀадурлъи гьабиялъул педкласс лъугӀизабуна, Ленинасул цӀаралда бугеб Ташкент шагьаралъул пачалихъияб университеталъул филологиялъулаб факультеталде лъугьана, амма гьас тӀолго ункъго курсал лъугӀизабичӀо хъизаналъул шартӀал сабаблъун.
  4. 4
    Гьас хъвана хабарал, маргьаби, къисаби, легендаби, биценал.
  5. 5
    Жиндирго асаразда гьас захӀмат, гӀагараб ракьалъул берцинлъи, тӀолабго инсул ВатӀан ва халкъазул гӀадатал кочӀолъ беццулаан.
  6. 6
    Гъоркьияб Инхело росулъ анкьго соналъул школалъул лъугӀизабиялдаса хадув, гьав Болъихъ росулъ гьоркьохъеб школалде лъугьана ва 1953 соналъ гьас лъугӀизабуна гьаб.
  7. 7
    1954 соналдаса 1959 соналде щвезегӀан Максим Горькиясул цӀаралда бугеб колхозалда звеньевойлъун Донбассалъул шахтазда ва Гуржистаналда стройказда хӀалтӀулаан.
  8. 8
    РухӀияб, эстетикаялъулаб ва ватӀан хӀиралъиялъул тарбиялъул хӀакъалъулъ хъвалаан.